Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Аслияб гьумер
Машаригl-2. Капурзабазде джигьад гьабеян бугеб амру ва гьеб т1аддаб бук1ин Версия для печати Отправить на e-mail
03.07.2008

Т1ехь «Машариг1уль ашвакъ ила масариг1ил гъушакъ». Абу Закария ибну Нах1ас, 814 гь. соналъ Мисриялъул (Египет) Димят1 абулеб бак1алда шагьидлъана

БИСМИЛЛАГЬИ РРАХ1МАНИ РРАХ1ИМ

Т1адег1анав Аллагьас абулеб буго:

«Нужеда т1ад парзлъун гьабун буго кафуразда ва мушриказда рагъ бай, киг1анго нужее гьеб бокьулареб жо бугониги. Ва амма цо жо нужее риханиги гьелъул ахир нужеего лъик1аб бук1ине бегьула. Ва нужее цойги жо бокьула, гьелъул ахир нужее квешаб бук1инеги бегьула. Х1акълъунго Аллагьасда лъала, нужеда лъаларо» (аль бакъара:216)

«Нужеца Аллагьасул диналъе г1оло рагъ гьабе ва нужеда лъай т1адег1анав Аллагь нужеца бицунеб жо раг1улев ва нужер г1амал ва хиялал лъалев вук1ин». (Албакъара;244)

«Г1адамазул цо къукъаялъ цойгидаб къукъа квешлъиялдаса нахъе ч1валеб бук1инч1ебани, ракь фасалъилаан, кинниги Аллагь жиндир халкъалда ц1ц1об, гурх1ел ва рах1мат г1ат1идав вуго». (аль-бакъара;251)

«Нужеца мушрикзаби ч1вай кир нужеда гьел ратаниги, асирлъунги ккве, гьел жанир ругел хъулбиги сверун ккве. Нуж гьел хьвадулел нухда хъаравуллъи ккун ч1ч1а». (ат-тавба.5)

«Нужеца рагъ гьабе, Аллагьасда ва ахираталда иман лъоларел г1адамазда данде, Аллагьас ва гьесул Расулас х1арам гьабураб жо х1арамги гьабуларел ва жидеца х1акъаб динги гьабуларел, жидехъе т1ехь рещт1ине гьабурал ягьудиялги ва насраниялги. Гьезда рагъ гьабе абулеб буго Аллагьас жал мут1иг1лъун, мук1урлъун, г1одог1анлъун жидеца жизъят (налог) кьезег1ан». (ат-тавба.29).

«Г1адамазул цо къукъаялъ цойгидаб къукъа нахъе ч1валеб бук1инч1ебани, гьез (фасалъи гьабулеб къокъаялъ) ч1унтизе гьаризе рук1ана насраниязул килисабиги, ягьудиязул сенагогалги, жинда жаниб Аллагь г1емер рехсолел бусурбабазул масжидалги. Х1акълъунго Аллагьас квер бакъи гьабизе буго жиндир диналъе ва жиндир Аварагасе квербакъи гьабулел г1адамазе. Х1акълъунго Аллагь жиндир гуч бергьарав вуго, х1алк1олъи камилавги вуго». (ал-х1аж.40)



Х1акълъунго дин хут1иялъе, гьелъул агьлуялъе г1ибадат гьабизе рес кьеялъе сабаб джигьад буго. Гьеб даражаялда джигьад буголъараб мехалъ, мустах1икълъана гьеб иминалъул рукнулъун бук1ине. Муъминзаби рук1ине ккела бищунго гьелде хьул ц1акъал г1адамаллъун.

1) Аварагас (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам) абуна: «Дида амру гьабуна г1адамазулгун рагъ гьабеян гьез «ЛА ИЛАГЬА ИЛЛИ ЛЛАГЬ» - абун абизег1ан. Гlадамаз гьеб абун хадуб, гьез дидаса жидерго биялги боц1иги ц1унана, гьелъул (ЛА ИЛАГЬА ИЛЛИ ЛАГЬалъул) х1акъниги хут1ун, хут1араб х1исаб Аллагьасде т1амун тола».

2) Башир ибну Хасасиятица (жиндаса Аллагь разилъаяв) бицана: - «Дун аварагасухъе вач1ана исламалъе къот1и гьабизе. Гьес дие шарт1 лъуна;

- Дуца нуг1лъи гьабила х1акълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб жо гьеч1о цо Аллагь гурони, х1акълъунго Мух1амадги гьесул лагъги, чапарги вуго,-абун

-Щуябго какги бала

-Ррамазаналъ к1алги ккола

-Закаг1атги кьола

-Х1ежги гьабила

-Аллагьасул нухда джигьадги гьабила.

Дица абуна: - «Ва бичасул авараг (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам), к1иго жоялъе дида х1ал к1оларо;

а) закаг1ат кьезе - дир анц1го гурони варани гьеч1о, гьел дир агьлуялъе рахьги беч1улел ва гьел т1адги рек1унел жал руго

б) джигьад гьабизеян абуни - дида гьез (асх1абзабаз) бицунеб раг1ана, мугъ бан т1урарасда Аллагьасул цин бахъуна,-ян. Дун х1инкъун вуго рагъде ани дие хвел рихинин, дир нафсги х1инкъилин, - абун.

Цинги Аварагас (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам) дир квер ккуна, цинги багъаризабуна, цинги абуна: - «Садакъаги кьеч1они, джигьадги гьабич1они, сундалъун мун алжаналъуве лъугьинев.

Дица абуна: - «Ва Бичасул Авараг (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам), дица дуе къот1и гьабулеб буго гьеб киналъего. Цинги Гьес дир къот1и къабул гьабуна гьабуна.

3) Саламат ибну Нуфайлица абуна: - «Дун Аварагасда (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам), аск1ов г1одов ч1ч1ун вугев мехалъ, цойги чи т1аде вач1ана. Гьес абуна; - ва Бичасул Авараг (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам), г1адамаз чуязул милат г1абулеб гьеч1о, ярагъги г1одоб лъун буго, цо г1адамаз «т1ок1аб рагъги гьеч1ин» - абулеб буго. Аварагас (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам) абуна: - «Гьез гьереси бицана, гьанже бач1ана рагъ. Дир умматалъул цо къокъа т1аса инч1ого рагъизе руго Аллагьасул нухда. Гьезие къварилъи бук1ине гьеч1о жидеда г1адамал хилифлъаниги. Аллагьас цо-цо г1адамазул рак1ал гьет1изе гьарула гьезие ризкъи къезе. Къиямасеб къо ч1ч1езег1ан гьел рагъизе руго, къиямасеб къо ч1ч1езег1ан чол жалалда (грива) лъик1лъи бухьун буго».

4) Анас ибну Маликица Аварагасдас (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам) абунин бицана: - «Нужеца мушрикзабазулгун джигьад гьабе нужерго боц1ц1иялдалъун, нужерго нафсалдалъуни, нужерго мац1ц1алдалъунги».

Кафурзабигун мац1ц1алъ джигьад гьаби бук1уна, гьезда рихунеб, гьезие раг1изе зах1матлъулеб жо раг1изабун, гьел какун, гьезда хъач1аб хабар бицун.

5) Х1узайфа ибну Яманица Аварагасдасан (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам) бицана: - «Ислам минкьго бут1аялда буго;
- Ислам цо бут1а,
- Как цойги бут1а,
- Закаг1ат цойги бут1а,
- Хlаж цойги бут1а,
- Джигьад цойги бут1а,
- Рамазаналъ к1ал кквей цойги бут1а,
- Лъик1аб жоялдалъун амру гьаби цойги бут1а,
- Квешаб жоялдаса нахъе ч1вай цойги бут1а. Цо бут1аниги гьеч1ев чи г1ададе хвана.

6) Х1арис ибну Ашг1арияс абуна, х1акълъунго дида Аварагас (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам) абулеб раг1ана: - «Дица нужеда амру гьабула щуго жоялдалъун, Аллагьас дида жиндалъун амру гьабураб;
- г1енекки,
- мут1иг1лъи,
- джигьад гьаби,
- гьижра гьаби,
- жамаг1аталда вук1ин.
Рокьоялъул манзилалъ жамаг1аталдаса ват1алъарав чиясул горбодаса исламалъул к1ич1 бахъула, гьев жамаг1аталде нахъ вуссинег1ан.

7) Г1абдуллагь ибну Г1аббасидасан бицана, гьес абуна Аварагасдасан (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам): - «Макка бахъун хадуб гьижра гьеч1о, джигьадги, ниятги буго. Нужеда къват1ире рахъаян амру гьабураб мехалъ нуж къват1ире рахъа».

8) Абу Къатадатица абуна: - «Аварагас (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам) хут1ба гьабуна, гьес джигьадалъул х1акъалъулъги рехсана. Фаризаяб как тун бат1ияб жо гьелдаса хира гьабич1о».


Абу Рашадил Х1ибранияс абуна. Дун Аварагасул чодулав, Микъдад ибну Асвадихъе вач1ана. Дида гьев ватана Х1умсалъул (росо) раг1алда гъамсида г1одов ч1ч1ун, гьелдаса къват1ивеги ваккун къаркъалаялъул к1одолъиялъ. Гьев унев вугоан гъазаваталде. Дица гьесда абуна; - «Мун к1удияв чи вуго Аллагьас дуе г1узруги кьун буго». Гьес дида абуна: - «Дун рокъов толев гьеч1о «Буг1ус» абураб аяталъ». (Нуж гъазават гьабизе къват1ире рахъа я гьал муъминзаби, рек1ун ругониги, лъелго ругониги, г1олохъанал ругониги к1одолъарал ругониги. Ва нужеца Аллагьасул диналъе г1оло жигьад гьабе нужер напсаздалъун ва нужер маг1ишаталдалъун. Гьаб буго нужее лъак1аб жо, жиб т1аса унеб дунялалда разилъун гъазават гьабизе рахъинч1ого ч1еялдаса) (сурату ат-Тавба : 41).

Г1ат1ият ибну аби Г1ат1иятица бицана: - «Дида вихьана Г1абдулагь ибну умму Мактум, Аварагасул асх1аб, бецав чи Къадисияталъул рагъда, т1ад къолденги рет1ун мухъилъ вахъун ч1ч1ун. Гьесие г1узруги бук1ана беццлъи, амма гьев байрахъги ккун рагъулъ г1ахьаллъана, ва шагьидлъана.

Анас ибну Маликица бицана. Абу Т1алх1атил ансарияс ц1ц1алана гьаб аят: «Нуж гъазават гьабизе къват1ире рахъа я гьал муъминзаби, рек1ун ругониги, лъелго ругониги, г1олохъанал ругониги к1одолъарал ругониги». Цинги гьес абуна: - «Аллагьас нилъеда амру гьабун буго джигьадалъе къват1ире рахъаян, г1олохъаби рук1а, херал рук1а, нужеца дунги джигьадалде х1адуре». Лъималаз гьесда абуна: - «Дуца Аварагасдаги (свалла Ллагьу г1алайгьи васаллам), Абубакаридаги, Г1умаридаги, цадахъ джигьад гьабуна, гьанже дур бак1алда ниж рахъина. Гьезухъеги г1енеккич1о, джигьадалде вахъана, гамидаги рек1ун ана, ва гьенив хвана. Гьев вукъизе ч1инк1иллъи балагьана, анкьидаса гурони батич1о,гьесул къаркъала жеги хисун бук1инч1о».

Ибну Шигьаб Зугьрияс абуна. Саг1ид Ибну Мусайиб джигьадалде вахъана цояб берги гьеч1ев чи. Гьесда абуна: - «Мун унтарав чи вуго, (ай, рокъов ч1езе г1узру буго дуе)». Гьес абуна: - «Аллагьас киназдасаго къват1ире рахъаян т1алаб гьабулеб буго, унтарав вук1а, сахав вук1а, мискинав вук1а, бечедав вук1а, г1олохъанав вук1а, херав вук1а. Дида вагъун бажарич1они дица буссурбабазул рик1к1ен г1емер гьабила, гьезул къайиги ц1унила».

Ибну Джарир Т1абарияс тафсиралда рехсолеб буго. Шам бахъараб мехалъ муджагьидзабазда вихьана цо херав чи, херлъиялъ кьунсрул беразде даларав. Цояс гьесда абуна: - «Ле к1удияв Аллагьас дуе г1узру тун буго». Гьес абуна: - «Ва дир вац, Аллагьас киназдаго къват1ире рахъаян амру гьабун буго».

Г1абдуразакъица бицунеб буго. Макх1ул (табиг1инав) къилбаялдеги вуссун анц1го нухалъ гьедулев вук1ана: - «Ле буссурбаби, гъазават гьабизе нужеда т1аддаб буго». Цинги абулеб бук1ана: - «Нужее бокьани дун ц1ц1ик1к1ун гьедила, нужер рак1ал х1алхьизе».

Ва ссаламу г1алайкум ва рах1матуЛлагьи ва баракатугьу.

Абу Г1абдурах1ман

ИА GURABA

 
< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Амир Расулица халкъалдехун гьабураб кlалъай
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Батlи-батlияб
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал