|
БисмиЛлагьи Ррах1мани Ррах1ими. Щибаб рецц буго реццалъе мустах1икъав Жив гурони гьеч1ев т1адег1анав Аллагьасе. Ссвалат салам лъеги нилъехъе дин босун вач1арав Аллагьасул чапар Мух1аммадида, гьесул агьлуялда, асх1абзабазда ва гьесул нухдасан хьвадарал киналго муъминзабаздаги, гьелда хадуб…
Аллагьас жиндир хирияб каламалда абулеб буго: …Х1акълъунго Аллагьас халкъалда бугеб лъик1абниги квешабниги х1ал хисизе гьабуларо гьеб халкъалъ жидецаго жидер х1ал хисизе гьабун гурони. (Сурату ар-Раг1д : 11)
Кинха бугеб жакъа нилъер х1ал? Бит1ахъего абуни Аллагьас нилъ г1одорег1ан гьарун руго ва нилъеда т1ад т1амун буго кафурзабазда гьоркьобги бищунго чорокабин абизе бегьулеб г1урусазул къавм.
Чанго соналъ цебе, Болихъ кафурзабаз рагъулаб база балеб мехалъ, бак1алъул г1адамазги, хут1арал Дагъистаниязги щибго данде ч1ч1ей гьабич1о гьелда. Цох1ого-цо гьениса щолеб гъурущалъул гурони пикруго гьабулеб бук1инч1о ва разилъи гьеч1олъиги гьелъие г1оло гурони бихьизабич1о. Кафурзабаз кьураб гъурущ гьеч1они ракъуца холин абураб пикру буго г1адамазул.
Аварагаc (жинда ссвалат салам лъеяв) абулеб буго: «Нужеца Аллагьу Таг1алаясда унго – унгояб, х1акъаб х1алалъ таваккал т1амулеб ани, нужее Аллагьас ризкъи кьезе бук1ана х1анч1азе кьолеб г1адин: гьел х1анч1и радал ракъун т1аде рахъула ва къасси г1орц1ун жидерго бак1алда руссуна»-абун.
Г1арац лъуг1ула, г1емерисезул гьанжеялдего лъуг1ун батила, амма болъонал кваналезул база хьолбохъ тункизабураб туманк1лъун щиб кканиги гьениб хут1ила. Г1ажаиблъи гьабизе ккараб жо буго, жив буссурманавлъун рик1к1унев, маг1арулавлъун ватиялдаса ч1ух1ун хьвадулев чи, кафурзаби нилъер рокъор ханзаби г1адин рук1иналда разилъун ч1ей. Бах1арчи цоц1ул холин, х1алихьат нусц1ул холин абулаан нилъер умумуз. Амма жакъасел г1адамазул хал гьабуни, азарго нухалъ хваниги ургъел бугев чиго къанаг1ат гурони вихьулев гьеч1о. Анц1го-къого сонидасан Иваналги, Наташабиги маг1арул т1алъиялда Магаялгун, Патябигун журан, щал киналали лъалареб х1алалъ, къвал бан хьвадизе ругин цояс абуни, г1абдалас гурони гьедин абулесда даг1ба базе бегьиларо. Щай абуни, щай гурелъул иш гьедин ккеч1ого бук1иналъе шурулев яги раг1и абулев чи, къад чирахъ бакун валагьаниги кодове щвезехъине гьеч1о.
Х1акимзаби абуни, гъурщихъ динги, ях1-намусги бичун кафурзабазда цебе ч1вараб наку эхеде борхизего ургъулел гьеч1о. Москваялдаса кинав вугониги нафсияб рахъалъгицин бац1ц1алъи гьабуларев, жугьут1ав вач1ине вугин раг1ани, кагъатги босун гьесул хвах бац1ине цебе ккарав, бищунго талих1ав вугин абизе бегьула гьезда гьоркьов.
Г1адамазги щиб гьабуниги х1ехьолеб буго, къанаг1атав чияс гурони лъугьа-бахъунелъул пикруго гьабулеб гьеч1о. «Т1ад чаг1азе х1елх1еди, х1алихьатазул къисмат», - абурал (Ц1адаса Х1амзатил ратилин ккола) раг1аби рач1уна рек1елъе халкъалъул х1акъикъаталъухъе балагьидал. Т1ок1аб жо бицинч1ониги, анлъго муг1рузул районазул г1адамазда т1ад, тоннелги рахан, гьабулеб бугеб зулму г1езе ккеларищ г1адамазе ригьине дарслъун. Жеги абуни, Рихьуниб ГЭС сабаблъун чанго росдал ракьал ана ахириял саназ лъеда гъоркье. Гьелъухъ кьолеб конпенсация абуни ц1ик1к1аб бут1а ришват кьун гурони щвеч1ин абизе бегьула г1адамазе.
Районалъул, росабазул имамзабиян ругел г1адамазул жиб-жиб анкьида, моц1ида гьабулел данделъабазда сундул гьез бицунебали лъазе бокьилаан. Имамзабиян абураб ц1ар бук1ин гурони, халкъалъул зах1малъаби рорхиялъе щибго шура-хъури бихьулеб гьеч1о гьел факъиразул. Х1акимзабада къвалги бан хьвадизе щвани т1ок1аб сундулго ургъел гьеч1ел чаг1азул мисал буго гьезул. «Духовное управление» абун бугеб, ФСБялъул динияб рахъалъул отделалъги бегьилаан, жалго т1убанго къват1ире ч1вач1ого рук1ине, халкъалъул унти загьир гьабун цо-к1иго раг1иниги абизе. Кин бугониги, г1емерал буссурбаби махсароде ккун, гьезул раг1и кодобе босулелги ругеллъидал. Халкъалъ рищулел чаг1и рук1аралани, рищиязул заманаялъ чакар бикьунниги мунфаг1ат бук1инаан гьезул.
Генал сабаблъун бугин тоннель рахаян абизе бегьула цо-цояз. Генал сабаблъун чанго нусазарго чиясе кьолеб г1акъуба кин бич1ч1илеб г1акълу бугев чиясда. Москваялдасан приказ бугиланги абун щибго бет1ерги эхеде борхич1ого, данде раг1иги абич1ого рук1ине ккани, киг1ан ц1ик1к1араб х1алихьалъи рек1елъ бук1ине ккелеб нилъер церехъабиян ругел г1адамазул.
Нилъеда тарихалдасан лъала, гьаб жакъаялда релъараб х1ал 200 г1анасеб соналъ (1832 сон) цебеги бук1ана Гендерил к1к1алахъ. Гьеб бук1ана имам Гъазимух1аммадги, гьесда цадахъ рук1арал къуркьи гьеч1ел г1олохъабиги, кафурзабазги, гьезие х1алае лъугьун муртадазги сверун ккураб замана. Жакъа бугеб жо бич1ч1изе бокьарав чияс тарихалдасан ц1але, щиб ах1вал-х1ал ва сунда сверухъ гьеб бук1араб доб заманаялъали. Г1адамазда ц1арал хисун гурони, щибго бат1ияб хисараб жо гьеч1о доб мехалда данде ккун. Розенил бак1алда Ченчик вуго, Аргутинскиясул бак1алда Г1абдалгерей вуго, Бахубикал бак1алда жиндир ц1улъиялъе г1орхъи гьеч1ев Мух1у вуго. Цадахъ рекъон, вагьабисталин ц1арги кьун, шариг1ат бук1иналъе къеркьолел г1олохъаби дол рик1к1адал соназго г1адин цо-цоккун т1аг1инарулел руго.
Дол соназ Гьарак1униса Саг1идги, гьесда релъаралги ц1аларал чаг1аз фатвабиги кьун г1олохъаби халкъалъул тушбабилъун рихьизарулел рук1ун ратании, жакъаги балагье, ц1арал рехсон абич1ониги, дагьалищ ругел кафурзабазе хъулухъалъе рахъине жидедаго хадур рилъаразе изну кьолел ц1аларалин жидеда абулел г1адамал.
Гьединабго ах1вал-х1ал бук1ана Нажмуддин имамасул заманалъги. Халкъалъул тушбабиян ц1арги кьун, ц1аларал чаг1иги, кафурзабиги рекъон, гъурана шариг1ат бокьарал г1олохъаби. Амма, динги, ват1анги бичаразулги ахир лъик1аб ккеч1о. Сон диналъул вацал ричарал нужеца метер нижги ричулинги абун, къвариг1ел лъуг1изег1ан мунфаг1атги босун т1аг1инаруна гьелги советияб х1укуматалъ.
Аллагьги живго тун лъие г1ибадат гьабиялде гьез жакъаги буссурбаби ах1улел ругел? Г1ибадат гьаби мажгиталдеги ун какалги ран, к1алалги ккун лъуг1улебин ккезабун буго гьез г1адамазда. Г1ибадат абураб раг1иялъул маг1на цодагьаб г1ат1идаб буго как баялдасаги к1ал кквеялдасаги, гьелда релъаралдасаги. Аллагьас гьабеян абураб кинабго гьаби ва теян абураб жибго тей - гьеб буго г1ибадаталъул маг1на. Ченчикил яги Путинил амру т1убазабиялда – Аллагьги тун гьезие г1ибадат гьабийилан абула.
Аллагьас къуръаналда абулеб буго: Гьаз (насраниял ва ягьудиял) жидер кашишал ва рагьибал ккун руго жидее бет1ергьабилъун Аллагьги живго тун. (Сурату ат-Тавба : 31)
Г1адий ибну Х1атимица бицунеб буго. Гьаб аят Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) ц1алулеб раг1идал дица гьесда абуна: - «Нижеца гьезие г1ибадат гьабулароан»,- абун. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: - «Нужеца гьез х1алал гьабураб х1алалаблъун ва х1арам гьабураб х1арамаблъун рик1унеб бук1инч1ищ»? - Бук1ана,-ян абуна дица: - Гьеле гьеб буго нужеца гьезие г1ибадат гьаби».
Гьадинал чорокал г1адамал Аллагьас нилъеда т1ад т1амиги г1ажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро.
Аллагьас х1адисул къудсиялда гьелъул х1акъалъулъ абулеб буго: Дун лъалев лагъ (Аллагьасда иман лъолев) диде г1ассилъани, дица гьесда т1аде т1амула дун лъаларев лагъ.
Аллагьасде г1асилъиялъул щиб нилъеца гьабич1ого тун бугеб. Нилъер васазул, вацазул хьвада-ч1вадиялъухъ балагьани, кафурзабадаса бат1ияб г1амал щиб нилъеца гьабулеб бугеб? Сверухълъиялда фасалъи бихьидал гьеб гьукъизе чан чияс квербагъари гьабулеб бугеб? Г1аракъи бичи, казиноял, игра х1алел автоматал, стриптиз-клубал, дискотекаби, руччаби ричулел рукъзал, саунаби, анкьи-анкьида хъубал руччабазги, бихьиназги кьолел концертал, камураб жо щиб нилъер бугеб? Кин абилеб рик1к1адаса вач1арав гьоболасда гьаб буссурбабазул ракь бугин абун? Руччабазул рет1а-къаялъухъе балагьани, гьезие г1адлу гьабун бажарулев бихьинчигойищ вук1унарев хъизамалда жанив? Кивехун валагьун вук1унев бихьинчи жиндир эбел, яц, яс яги ч1ужу толо-х1очон къват1ие яхъунеб мехалъ?
Замана щун гьеч1ищ нилъее, Аллагьасда иман лъолеллъун нилъ ратании т1убанго Гьесде руссине? Замана щун гьеч1ищ цадахъ рекъон, гьаб Аллагь лъалареб, Гьесул тушманлъун бугеб иблисалъе мут1иг1аб къавм нилъедаго т1аса рехизе. Гьез нилъее пенсияби, зарплатаби кьолеб бугин абуни, гьелде гурищ абулеб бук1араб нилъер умумуз гъурщихъ дин бичийилан? Яги к1очонищ тун бугеб щибаб жоялъе ризкъи кьолев чи иван гуревлъи? Аллагьасул гурищ Раззакъ (Ризкъи кьолев) абураб ц1ар бугеб? Зобал ракьал жинца рижарав Бет1ергьанас, кафурзабазда гъоркье инч1ого, жиндие мут1иг1лъарал лагъзал ракъун толин абилищ ах1макъав чияс гурони?
Аллагьас буссурбабазда т1ад гьабун буго нилъер ракьалда шарг1алда рекъон х1укму къот1изе. Шариг1ат тун бат1ияб х1укму гьениб билъанхъизабулеб бугебг1ан мехалъ, кинавниги гьенив г1умро гьабун вугев, куфруялда разилъун ч1ун вугев чи мунагьалъулъ ва Аллагьасул цин бахъиналда гъоркь вук1уна ункъабго мазгьабалда рекъон. Куфроялда рекъонгут1иян абуларо щибго жоги гьабич1ого, квералги г1одоре риччан, дун гьелда рази гьеч1инги абун ч1ун вук1иналда. Гьаб диналъе г1оло, дуниял-г1аламалда гьоркьов бищун хириявлъун жив Аллагьас вижарав, нилъер Авараг Мух1аммадида (жинда ссвалат салам лъеяв) г1емерал ругънал щвана кафурзабаздасан. Чан аза-азар асх1абасги, гьезда хадур рач1аразги кьурал жидерго рух1ал гьаб дин нилъехъе щвезабулаго. Нилъеда т1алъуларищ щибго зах1малъи бихьизе диналъе г1оло нилъ буссурбаби ратани?
Бит1араб буго, жакъа кафурзабазул ярагъги, г1адамалги г1емерал руго. Амма жиндие бокьараб гурони ракьалда лъугьунарев Аллагь буссурбабазда цадахъ вуго. Аллагьас жиндир нухда къеркьолаго нилъер бат1и-бат1ияб жоялдалъун х1албихьула.
Жиндир хирияб каламалда Гьес нилъеда абулеб буго: Дица нужер х1ал бихьи гьабила я гьал муъминзаби, дагьабго жоялдалъун: х1инкъиялъул рахъалъан, яги ракъизе гьарун, яги къечезе гьарун, яги нужер боц1и т1аса ине гьабун, нужее вокьарав чи хвезавун, нужер пихъал дагь гьарун. Гьаб х1албихьи гьабураб мехалъ жудеца сабро гьабурал г1адамазе к1удияб рохел буго: (Ахираталда кири ва алжан бук1ине буго. Гьал къварилъабазда сабро гьабич1ого, гьеб Аллагьасул х1ал бихьи бук1ин лъач1ого ч1ва-ч1вадарал г1адамазе ахираталда г1азабги бук1ине буго). (сурату-ль-Бакъарагь : 155)
Цойги аяталда абулеб буго: Дуца абе Мух1амад (купру-ширк бокьарал, гьезда т1ад рекъарал г1адамазда): - «Нужее нужер умумул, васал, ваццал, нужер руччаби ва г1агарлъи хирияб батани. Гьединго нужеца данде гьабураб маг1ишатги, жиб дагьлъила, хайир бахиларо абун х1инкъулеби даранги, нуж жиндасан ч1ух1ун ругел нужер рукъзалги ратани нужее хириял Аллагьасдаса ва гьесул расуласдасаги, Аллагьасул диналъе г1оло гъазават гьабиялдасаги нуж балагьун ч1аха нужедаго кинаб къодай бач1улеб абун. Нужеда Аллагьасул г1азаб бач1ина гьаб дунялалдагоги, ахираталда щвараб мехалъги. Аллагьас х1акъаб нухалда т1орит1уларо г1асияб, пасикъаб къавм». (Сурату ат-Тавба : 24)
Кьижарасе ворч1изе, ворч1арасе пикру гьабизе, пикру гьабурасе шура-хъуризе замана цебего щун буго нилъее! Аллагьас х1акъаб х1акъаблъунги бат1улаб бат1улаблъунги бихьизабеги киназдаго. Х1акъаб кквезеги бат1улеб тезеги тавфикъги кьеги нилъее Аллагьас!
Ва ссаламу г1алайкум ва рах1матуЛлагьи ва баракатугьу.
Абу Ахlмад
ИА GURABA
|