|
Г1алхул г1арабияв вач1ана Аварагасухъе (салла ллагьу г1алайгьи ва салам), гьес Аварагасда (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) иман лъуна, гьесда хадувги вилъана, цинги, «дун дуда цадахъ гъазаваталде вахъина»,-ян абуна. Аварагас гьесул милат гьабизе асх1абзабазда т1ад къана.
Гъазаваталда щвараб давла бикьун Аварагас (салла Ллагьу г1алайгьи ва саллам) гьесухъе бут1а балагьизабуна. Гьесухъе жиндир бут1а щведал, гьес гьикъана: - Гьаб щиб жо кколеб?
Асх1абаз абуна: -Гьеб буго Аварагас (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) дуе кьураб бут1а.
Гьев Аварагасухъе вач1ана, гьесиеги кьуна гъобго суал. Аварагас (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) абуна: - Гьеб буго дур бут1а рагъулъ щвараб гъанимаялдаса.
Г1алхул г1арабияс абуна: - Дун гьеб жоялъе г1оло гуро дуда нахъ вилъарав. Дун дуда нахъ вилъана, дида реч1ч1араб ч1орги гьаб бак1алда щун (ишара гьабуна щекъералде), дун хвезе, хадув Алжаналъувеги лъугьине.
Аварагас (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) абуна: - Дуца Аллагьасе бит1араб бицун батани, дур бац1ц1адаб ниятги батани, Аллагьас дуе гьеб кьела,-абун.
Цо дагьалъги ч1ч1ун гьел рагьде рахъана. Цинги Аварагасухъе (салла ллагьу г1алайгьи ва салам), щокърониб ч1орги къан гьев ваччун вач1ч1ана. Аварагас (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) гьавищ гъован гьикъана?
Асх1абзабаз абуна: - У, гьев вуго гъов.
Аварагас (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) абуна: - Гьес Аллагь рит1ухъ гьавуна, Аллагьас гьевги къабул гьавуна. Цинги гьесдаса как бана. Какилъ абуна: -Бет1ергьан Аллагь гьав дур лагъ вуго, дур нухда къват1иве вахъана, шагьид хвелги щун ч1вана, дица гьесие нуг1лъиги гьабулеб буго.
Ц1АЛДОЛЕЗУЛ РАХЪАЛЪАН БАЧ1АРАБ
ИА GURABA
|