|
БисмиЛлагьи Ррах1мани Ррах1ими. Щибаб рецц буго рецалъе мустах1икъав Жив гурони гьеч1ев т1адег1анав Аллагьасе. Ссвалат салам лъеги нилъехъе дин босун вач1арав Аллагьасул чапар Мух1аммадида, гьесул агьлуялда, асх1абзабазда ва гьесул нухдасан хьвадарал киналго муъминзабаздаги, гьелда хадуб…
Хириял диналъул вацал ва яцал, жакъа г1емерисез кьолеб суал буго, -бегьуларищха кеч1-бакъаналъухъ г1енеккизе,-абун? Лъалеб бук1ахъе, гьеб суалалъе цебего жаваб кьун бук1ана, х1акъаб раг1иялда нахъ рилъиналдалъун машгьурал г1алимзабаз. Кин бугониги, камулел гьеч1о жакъа г1адамал, цо-цо г1алимзабазул гъалат1азда нахърилъун кеч1-бакъан бегьизабураблъун рик1к1унел, руго г1енеккич1они лъик1 бук1инаанин рик1к1унелги.
Т1адег1анав Аллагьасул кумекалдалъун, х1аракат бахъилинха гьаб суалалъе, къуръан-х1адисалдасан кьуч1ал далилалги рачун, бит1араб жаваб кьезе.
Ибну Г1аббасидасан (жиндаса Аллагь разилъаяв) бицунеб буго: -Маккаялда, Мух1амадихъе (жинда ссвалат-салам лъеяв) Авраглъи кьун хадуб, Надр ибн Х1арис абурав кафурчияс ричун росулаанила коч1охъаби, ва Аварагасухъ (жинда ссвалат-салам лъеяв) кив, щив г1енеккун вихьаниги, гьезул цояй ялагьизаюлаанила, ва гьелъ куч1дулги ах1ун жиндехунго руссинарулаанила г1енеккарал. Гьесул х1акъалъ къуръаналда гьадинаб аятги решт1анила: -«Г1адамазда гьоркьов вуго цояв, жиндица ихтилат кепалъул раг1аби ричун росулев, ва гьезул кумекалдалъун, Аллагьасул нухдаса г1адамал къосинарулев, жинда щибго жоги бич1ч1уларого вук1ун, куръаналда т1ад велъанхъулев. Гьединазе х1адурун буго, жинца х1акъир гьарулеб г1азаб». Аллагьас гьаб аяталда рехсон руго, къуръанги жибго тун, жинда жаниб щибго файда гьеч1ел раг1аби ах1улел ва гьел т1орит1изарулеб агьлу, (Аллагьас нилъ ц1унаги гьединаллъун рук1иналдаса).
Аварагасул (жинда ссвалат-салам лъеяв) асх1аб, г1алимзабазда гьоркьов бищун машгьуразул цояв, ибну Г1абасица (жиндаса Аллагь разилъаяв) абуна: -гьаб буго куч1дузул ва гьелда хурхарабщиналъул х1акъалъ решт1араб аят.
Г1абдуЛлагь ибну Масг1удица (жиндаса Аллагь разилъаяв) абуна: - Жив гурони гьеч1ев, Аллагьасул ц1аралдалъун гьедула дун, ихтилат кепалъул раг1аби - гьел ккола куч1дул. Лъабц1ул такрарги гьаруна гьел раг1аби.
Гьебго пикру бук1ана къуръан бич1ч1иялъул рахъалъ жал машгьурал цойги г1алимзабазулги.
Х1асанул Басрияс абуна: -«гьел ккола куч1дул ва бакънал рачунел алатал».
Т1адег1анав Аллагьас, къиямасеб къо щвезег1ан заманаги нахъ бахъулаго иблисалда абулеб буго: -Гьет1изаре дудехунго щив бажараниги дурго гьаракьалдалъун. Имам Мужагьидица абуна: -гьаракьалъул маг1на ккола куч1дул ва бакънал рачунел алатал.
Т1адег1анав Аллагьас цойги аяталда абулеб буго: -Нужеца г1ажаиблъийищ гьабулеб (божуларого) гьаб харбида (къуръаналда), кин к1олеб нужеда релъахъизе ва кепалда рук1ине, г1одизе кколеб мехалъ? Кеп абураб раг1ул цо маг1на кеч1 ккола,-ян абуна ибну Г1аббасица (жиндаса Аллагь разилъаяв).
Аварагасул (жинда ссвалат-салам лъеяв) х1адисалин абуни - гьенирги руго бакънал рачунел алатал х1арам рук1иналъе далилал. Кутакалда мекъи кколел руго жидеца, гьелъул х1акъалъ кьучаб х1адис гьеч1ин абулел г1адамал. Цох1о Бухарияс (рах1имагьуЛлагь) жиндирго сах1их1алда (кьуч1аб) рехсараб, умматалъулго жинда щаклъи гьеч1еб х1адис г1езе ккелаан гьедин абулезе жалго мекъи рук1иналъе х1ужалъун.Гьениб Аварагас (жинда ссвалат-салам лъеяв) абулеб буго: -Дир умматалдаса рук1ине руго жидеца зина, дарай, чагъир ва бакънал рачунел алатал х1алал гьарулел г1адамал. Гьаниб якъинго бихьулеб буго, киг1ан х1арамал жалазул кьерда рехсон ругел бакънал рачунел алатал,-абун.
Анасидасан (жиндаса Аллагь разилъаяв) бицараб х1адисалдаги абулеб буго: -«К1иго пиша буго жиндие наг1ана бугеб к1иябго дуниялалда, рохалилъ зурмаги, къварилъиялъулъ маг1абиги».
Цойги Анасидасан (жиндаса Аллагь разилъаяв) бицараб х1адисалдаги абулеб буго: -Къиямасеб къо г1агарлъидал г1емерлъизе буго ракьал т1ей, рорти (падения) ва г1узро бугел лъимал гьари - гьебги бук1ине буго, гьекъел-мехтел, коч1охъаби рачин, ва бакънал рачунел алатазда расанди г1емерлъидал.
Нафиг1идасан бицун буго: -Нухда унаго Г1абдуЛлагь ибну Г1умарида (жидедаса аллагь разилъаял) раг1анила зурмил гьаракь ва гьев жиндирго г1ундулги рахан, гьеб бак1алдаса рик1к1алъанила. Дида Аварагасги (жинда ссвалат-салам лъеяв) гьедин гьабулеб бихьанин абунила гьес, вехьасул лалуялъул гьаракь раг1идал.
Абу Гьурайратидасан (жиндаса Аллагь разилъаяв) бицун буго: -Ц1урмал ккола шайт1аналъул зурмаян (свирель) абулеб раг1ана дида Аварагас (жинда ссвалат-салам лъеяв).
Гьанже балагьизин щиб бугеб пикру гьаб суалалда хурхун, умматалъго жидер къимат гьабулел, ч1ах1иял г1алимзабазул
Имам Шафиг1ияс (рах1имагьуЛлагь) абулеб буго: -«Щив вугониги бакънал рачунев, куч1дул ах1улев, ва щиб бугониги гьелда хурхараб пиша гьабулев - гьев чи ккола жиндир замана г1адада хвезабулев чи. Гьединаб, маг1на гьеч1еб пиша гьабулаго, замана г1адада хвезабулев чи вук1уна г1акълу мукъсанав чи г1адин. Нилъеца, х1укмо къот1улаго, гьединав чиясул нуг1лъи къабул гьабуларо (судалда)».
Имам Маликица (рах1имагьуЛлагь) бакънал ва куч1дул бегьизабун бугин абулев чи - гьев ккола жинца имамасда бугьтан лъолев чи. Имамасла гьикъидал: -«Щай цо-цо Мадинаялъул г1адамал кеч1-бакъаналъухъ г1енеккулел,-абун, гьес жаваб гьабунила: -гьел руго нижеда гьоркьор ругел фасикъзаби»,-абун.
Ибну Насирица гьадин абулеб буго: -«Х1акълъунго куч1дуз бижизабула нифакъ (лицемерие) - лъеца т1орщел бижизабулеб г1адин ва х1акълъунго Аллагь рехсеялъ бижизабула иман -лъеца т1орщел бижизабулеб г1адин».
Шейхуль-Ислам ибну Таймиятица абулеб буго: -«Кеч1 ккола зинадуде рачунеб сабаб. Гьелда т1ад рижула рекъеч1ел пишаби. Киг1ан ц1унарав г1олхъанчи яги яс кеч1-бакъаналда ругьунлъаниги - гьелъ гьезул рак1ал рикь-рикьизарула, къабих1ал пишаби гьабиялде нух лъола, г1аракъи-чагъиралъ лъолеб г1адин.
Имам аль-Авзаца жаваб берталъе ах1иялъе жаваб гьабулеб бук1ун гьеч1о гьенир бакънал рачунел алатал ругони.
Щибха нилъее гьалдасан щвараб дарс?
-Кинаб бугониги кеч1алъухъ, сундул х1акъалъ ах1улеб бугониги г1енеккизе бегьуларо, бакънал рачунел алаталгун цадахъ бугони. -Х1арамаб жоялъул х1акъалъ, зинаялде ва фасалъиялде т1амулел куч1дузухъ г1енеккизе бегьуларо, алатал х1алт1изарич1ого ругониги. -Киналниги бакъназухъ г1енеккизе бегьуларо, раг1аби гьеч1ого рачунел ругониги.
Куръан-х1адисалдасан далилазги, г1алимзабазул раг1абазги асар гьабич1ев чиясе - хвалица гурони асар гьабуларин абула г1алимзабаз.Лъида рак1алде кканиги кеч1-бакъаналъухъ г1енеккиялъ жиндие лъик1лъи гьабулеб бугин - гьев кутакалда мекъи кколев вуго. Шайт1аналъ рах1ат бугин рак1алде ккезабулеб бугониги, гьелъ черхалъеги зарал гьабулеб бук1ин х1акъаб жо буго.
Ц1акъго лъик1 бицун буго ибну Къайимица гьелъул х1акъалъ: -«Щив чи куч1дузда ругьунлъаниги, гьесул рек1елъе жиндаго лъач1ого лъугьуна мунафикълъи. Мунафикълъи щиб жояли гьединав чиясда лъалеб бук1арабани, гьесда гьеб жиндирго рек1елъе лъугьунеб бихьизе бук1ана.Цо чиясулъ къуръан бокьигун цадахъ кеч1 бокьиги загьирлъани, чара гьеч1ого цоялъ цояб къват1ибе хъамула. Нижеда бихьана киг1ан зах1малъулеб къуръан, куч1дул рокьулев чиясеяли, киг1ан бокьич1ого гьез гьеб ц1алулебали ва киг1анго гьезие къуръаналдасан мунфаг1ат щолареблъиги. Гьезул рак1ал ва пикраби рик1к1ад ругел г1адин рук1уна. Амма, коч1ол гьаракь раг1ун хадур гьел хисун лъурал г1адин лъугьуна ва сардилъ кват1изег1анцин гьезухъ г1енеккула. Гьединлъидал, къуръаналъухъ г1енеккиялдаса цебеги гьез кеч1-бакъаналъухъ г1енекки лъола. Какилъ к1арччанлъи гьабуларев чиги ц1акъ къанаг1ат гурони вук1унаро гьединазда гьоркьов. Хасго абуни мажгиталъуб, жамаг1ат гьабун как баялъулъ».
Сундухъха бегьулеб г1енеккизе?
Г1енеккизе бегьула нилъее Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) х1адисалъулъ х1алалаблъун бихьизабуралъухъ: -«Х1арамалдаги х1алалалдаги гьоркьоб г1орхъи ккола жергъен ва берталъ кеч1 ах1и», - (т1адехун рехсарал г1орхъаби ц1унун ругони). Жергъен щибан гьикъани, гьеб ккола ц1урмал гьеч1еб, цояб рахъ рагьараб къали. Амма жакъа г1емерисез х1алт1изабулеб, ц1урмал ругеб жергъен х1алт1изабизе бегьуларо.
Куч1дул ва шиг1раби (стихи) бакъналгун цадахъ гьеч1ел, лъик1аб г1амалалде гьесизарулел бегьула, цо-цо бак1алда реццараллъунцин руго, масала: -рагъулъ, х1алт1улеб мехалъ, берталъ ва г1идалъул къояз.
Руччабаз абуни кеч1 ах1изе ва жергъеналда бакънал рачине бегьула жалго ругеб бак1алда, жидер гьаракь бихьиназда раг1улеб гьеч1они.
Амма, кинниги къуръаналдаса нашидаби рокьиялъ гуккизе ч1езе бегьиларо.
Аллагьасада лъик1 лъала…
Ва ссаламу г1алайкум ва рах1матуЛЛагьи ва баракатугьу
Ц1АЛДОЛЕЗУЛ РАХЪАЛЪАН БАЧ1АРАБ ИА GURABA
|