Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Аварагасул хвел-1

wmv     flv
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Хизрилги Муса Аварагасулги къиса. (сурату-ль-кагьфалда жаниса босараб)
10.06.2008
60. Дуца бице МухIаммад, Муса аварагас жиндир гьалмагъасда абураб гIуж: дун нухда ине вуго ва дун тIад вуссине гьечIо кIиго ралъад данделъулеб бакIалда щун гурони. КигIан гIемер заман аниги дун гьенив щвезегIан ине вуго абун. Гьав гьалмагъ вуго ЮшагI бину Нун, жинца Муса аварагасе хъулухъ гьабулев вукIарав ва гьесдаса гIелму тIалаб гьабулев вукIарав. Гьаб кIиго ралъад данделъулеб бакIги буго Пурсазулги Румазулги ралъадал данделъулеб бакI, бакъ баккул рахъалда жиб бугеб.

Гьаб сапаралда Муса авараг къватIив вахъиялъе сабаб бицана: жинда Аллагьасул свалат салам лъеяв Муса авараг цо къоялъ бануисраилазе вагIза гьабун хутIба гьабулев вукIана. Гьесда цо чияс гьикъана: «гIадамазда гьоркьов бищунго гIелму лъалев чи щив вугев»-абун. Муса аварагас абуна: «дун вуго»-абун. ТIадегIанав Аллагьас Муса аварагасда гIайиб чIвана кинабго гIелму лъалев чи цохIо Аллагь вуго абун щай абичIеб абун.

Цинги Муса аварагасул чIухIи тIаса ине гьабун Аллагьас абуна: дир лагъ вуго кIиго ралъад данделъулеб бакIалда жив вугев, гьев вуго дудаса цIикIун гIелму бугев абун. Муса аварагас абуна: «Я дир БетIергьан Аллагь! Киндай дида гьев лагъ ватулев ва кин дун гьесда тIаде щолев абун. ТIадегIанав Аллагьас абуна: «дуца цо чугIа босе таргьинибги лъун, гьеб чугIа дудаса батIалъараб бакIалда дуда гьев лагъ ватизе вуго»-абун. Цинги Муса аварагас таргьиниблъун цо чугIаги босана, живгун цадахъ ЮшагI абулев гIолохъанчиги вачана ва дов Аллагьас жиндие гIелму кьурав лагъ цIехезе сапарада вахъана.

61. Жив кIиявго щвараб мехалъ кIиго ралъад данделъулеб бакIалда гьев кIиясдаго кIочIана жидер чугIа. Гьеб чугIаялъ жиндие нух гьабун букIана ралъдалъе унеб каратI гIадинаб.
Муса авараг ва ЮшагI жидер сапаралда унаго гьеб кIиго ралъад данделъулеб бакIалда щун рукIана. Гьенив цо кIудияб гамачIалда тIад гIодор чIун хIухь бахъи гьабулеб мехалъ Муса авараг кьижун ккун вукIана. ЮшагIида доб чугIа жаниб букIараб таргьа багъарулеб бихьана, цинги гьениса къватIибги бачIун чугIа ралъдалъе жанибе ана. Гьеб чугIа араб бакIалда ЮшагI валагьидалго лъим данде бачIичIого гъваридаб, жиндир тIино бихьулеб каратI (кьватIел) лъугьун букIана. Хадув ЮшагIги кьижун ккун ва жал тIаде рахъун нухда лъугьараб мехалъ, ЮшагIида кIочана Муса аварагасда бицане жинда бихьараб гIажаибаб жо. Муса аварагасдаги кIочана ЮшагIица чугIа жаниб бугеб таргьа цадахъ босулеб бугодай абун балагьизе. Тапсиралъул гIалимзабаца абуна: «гьеб чугIа букIана бежараб жинда цIанги бараб жиб кваназе абун хIадурун бугеб чугIа. Гьеб чугIа жиндилъ рухIги лъугьизе гьабун Аллагьас чIаго гьаби ва гьеб ралъдалъе араб бакIалда лъим цоцаде жубачIого каратI лъугьун чIейи Муса аварагасул гIемерал мугIжизатаздасан цо мугIжизат букIана»-абун.

62. Цинги Муса авараг ва ЮшагI гьеб бакIалдасан араб мехалъ. Гьел ун рукIана гьеб къоялъул нахъе хутIараб мехалъ, тIобараб сордоялъги, нахъисеб къоялъул дагьаб занаманаялъги. Мусаца жиндир гIолохъанчиясда абуна: «босе нилъер радал кваналеб квен. Гьаб сапаралъ нилъ сваказе гьаруна, ракъизеги гьаруна. Нилъеца хIухь бахъи гьабизе буго ва дагьаб квенги кваназе буго»-абун.

63. ЮшагIица абуна: дуда лъалащ лъугьараб жо! Нилъ кIиявго доб к1удияб гамач1алде т1аде рук1ун, мун кьижун вугеб мехалъ, нилъер чугIа таргьиниса къватIибе бачIун ралъадалъе жанибе ана. Мун макьидаса ворчIараб мехалъ гьеб хабар дуда бицине дидаги кIочана. Гьеб жо дуца бицине дида кIочене гьабураб жо шайтIан буго. Гьеб чугIаялъ ралъдалъе жиндие нух гьабуна жинда гIажаиблъулеб хIалалъ. Муса аварагасе ва ЮшагIие гIажаибаб жо букIана жиб бежараб чугIа жибго таргьиниса къватIибеги бачIун ралъдалъе ин ва гьеб араб бакIалда каратI (кьватIел) нахъ хутIи.

64. Мусаца абуна: гьеб бугоха нилъеца тIалаб гьабулеб букIараб жо! Гьеб чугIа нилъедаса батIалъараб бакIалда нилъеда дов Аллагьас жиндие гIелму кьурав лагъ ватизе ккола. Цинги кIиявго тIад вуссун жал рачIараб нух цIехолаго рачIун доб кIудияб гамачI бугеб бакIалда щвана.

65. Гьев кIиясдаго гьеб бакIалда дир лагъзадеридаса цо лагъ ватана дица жиндие дир рахъалъан рахIмат кьурав ва дица дида аскIоб бугеб гIелмуялдаса цо гIелмуги жинда лъазе гьабурав. Гьев вуго Хизри гIалимзабазул гIемерисел жинда рекъараб рагIи буго гьев Хизри авараг гьечIин абураб. Гьев вуго жинца Аллагьасе гIибадат бацIцIад гьабурав, Аллагьас жиндие караматалги кьурав муъминав лагъ. Цо хIадисалда буго: Муса аварагасда гьев Хизри ракьалда вегун тIаде жиндирго ретIелги рехун гьелда гьоркье тIерхьун (вахчун) ватанилан. Мусаца абуна: «Ассаламу гIалайкум»-абун. Хизрица бетIер къватIибе баккизе гьабуна ва дагьабго гьеб бетIерги эхеде борхун абуна: «дур ракьалда тIад салам (рекъел) кибе бакIараб жо!»-абун. Хадуб Хизрица гьикъана: мун щив кколев? абун Мусаца жаваб гьабуна: дун Муса вугин абун Хизрица нахъеги гьикъана: бануисраилазул Мусайиш мун? абун. Мусаца абуна: У гьев вуго дун, дудасан гIелму лъазе гьабизе вачIарав»-абун.

Гьев Хизрие Аллагьас кьураб гIелму буго инсанас цIалун ва малъун тIалаб гьабулареб, гьедин тIалаб гьабуниги жиб щолареб, Аллагьас жиндие вокьарав чиясе щибго гIакъуба бихьичIого кьолеб «гIелму ладун» абулеб жо. Гьеб гIелмуялдалъун, цо-цо балъгоял умурал лъала инсанасда.

Гьеб гIелму Аллагьас кьейи сабаблъун букIуна кутакалда Аллагьасдасан хIинкъун, гьесдехун щибго жо гIахьал гьабичIого гIибадат гьаби ва кинабго хIалалъ Аллагь разилъи тIалаб гьабун жив хьвади. Гьеб гIелму Аллагьас кьола цо хасал гIадамазе: жиндие рокьарал, жинца гIагар гьарурал ва жинца гьезие карамат (хиралъи) кьурал. Гьаб гIелму буго авлияазул карамат. Аварагзабазе мугIжизат букIунеб гIадин халкъ диналда ахIизе, гьел гIажиз гьарун мукIур гьаризе, авлияаазе караматги букIуна: Аллагьасе тIагIат гIибадат бацIцIад гьабураб мехалъ Аллагьас гьел гIадамазе хасаб гIелму ва гьунар кьолеблъи гIадамазда бихьизе ва гьез иман лъеялъе сабаблъун букIине. Гьаб авлияазе бугеб карамат киналниги имамзабаца ва гIалимзабаца тасдикъ (ритIухъ) гьабураб жо буго. Гьединго гьел имамзаби ва гIалимзаби жинда рекъараб жо буго авлияазе бугеб караматалда релълъараб жо шайтIаналъги загьир гьабулеб букIиналда ва шайтIаналда нахъе рилълъарал цо-цо гIадамаз жагьилал гIадамал гуккизе нухлъун гьеб шайтIанияб карамат хIалтIизе гьабулеб букIиналдаги.

ШайтIаниябги Аллагьасул рахъалъан бугебги карамат батIа гьабизе лъала гьев чи щив чи вугеб лъазе гьабураб мехалъ ва гьес бицунебги, гьабулебги жо шаргIалда боцун гьелъул гIорхъабазда жаниб лъураб мехалъ. ХIакъикъияв муъминчи вукIунаро бихьараб щинаб ва рагIараб щинаб жо жинца ритIухъ гьабулев ва гьеда жив божулев. Муъминчияс кинабго гIамал: жиндирго бугониги, жив гуресул бугониги, борцине ва цIазе ккола шаргIалъул цIадироялдалъун. Гьеб шаргIияб цIадиро буго ТIадегIанав Аллагьас рештIине гьабураб гьаб хирияб Къуръан ва Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас нахъе тараб суннат. Гьеб Къуръаналдаса ва хIадисалдаса хIукму босизе кIоларев чиясе, имамзабаца ва гIалимзабаца Къуръан хIадисалъул тапсир гьабун битIараб гIелмуялъул нухги лъун буго. Кинабго жоялъул бетIер буго гIелмуги гIакълуги цоцада рекъей, гьеб кIиябго хIалтIизе гьабизе лъай. Аллагьас битIараб нухалда тIоритIараздаса гьареги нилъ.

66. Муса аварагас Хизрида абуна: «Дун дуда цадахъ чIелищ ва мунгун цадахъ хьвадилищ Аллагьас дуда лъазе гьабураб гIелмуялдасан дицаги мунпагIат босизе ва дун тIовитIулеб жо лъазе гьабизе»-абун. Гьаб буго шаргIияб адаб ва инсанасул хIалимлъи. Муса аварагас изну гьарулеб буго Хизридаса жив гьесда аскIов чIезе ва гьесдаса жиндие мунпагIат бугеб жо тIалаб гьабизе. Инсанасда рекъараб буго жинца гIелму тIалаб гьабулеб мехалъ гьеб гIелмуялъул адаб ва хIурмат гьабизе.

67. Хизрица абуна: дуда кIвезе гьечIо дунгун цадахъ чIун сабро гьабизе. Дида Аллагьас цо-цо гъаибаб жо лъазе гьабула. (балъгояб, рик1к1адаб жо)

68. Дуда жиб лъалареб жо дица гьабураб мехалъ дуца сабро кинха гьабулеб? мун вуго загьираб гIелму Аллагьас кьурав чи. Дуда жиб бичIчIулареб, дур шаргIалда данде кколареб жо дица гьабураб мехалъ дуца гьелда инкар гьабичIого рес букIунаро. Дурги дирги гIелму цохIо Аллагьасдаса бугониги, жиб кIиябго батIияб буго.

69. Муса аварагас абуна: «Дуда дун ватизе вуго, Аллагьасе бокьани, (иншааллагь) дица сабро гьабулевлъун, ва дун дур амруялда гIасилъизе гьечIо»-абун.

70. Хизрица абуна: «Мун дунгун цадахъ чIолев вугони, ва дида нахъ вилълъуневги вугони дуца дида щибго жо гьикъуге дица гьабураб жоялъул хIакъалъулъ, дица дуе гьеб баян гьабизегIан»-абун. Муса аварагас гьаб шартI къабул гьабуна, ва гьев кIиявго цадахъ чIезе хIукму гьабуна.

71. Цинги гьев кIиявго цадахъ ралъдал рагIалдаса гIебеде ана цоцаде хабарги бицунаго. Гьедин унаго гьев кIиявго цо гамида рекIана, ва гьеб гамида тIад жал рекIун заманго иналде Хизрица цо хъаршиги бахъун, гама жанибе лъим бачIунеблъун гьабуна. Муса аварагас абуна: «Дуца гьаб гамил хъарши бахъана гурищ! Гьеб гамида тIад ругел гIадамал гъанкъизе гьаризейиш дуе бокьун бугеб? Гьаб дуца гьабураб иш цIакъ квешаб жо буго гурищ?»-абун.

Жинда Аллагь разилъаяв Убаю бину КагIбидаса бицараб хIадисалда буго: «Цинги Муса авараг ва Хизри ралъдал рагIалдаса унаго гьезда аскIосан цо гама унеб букIана. Гамида ругел гIадамазда гьев кIиясго абуна: «Нижги рекIине гьаре гьаб гамида тIад»-абун. Дол гIадамазда Хизри лъана ва гьез щибго мухь босичIого гьел гамида тIад рекIине гьаруна. Гамида рекIун заманго инчIого цо маххул жоги босун Хизрица гьеб гамидасан хъарши бахъана. Мусаца гьесда абуна: «Дуца гьабулеб жо щиб? Гьал гIадамаз нилъ чIорого, мухь босичIого гамида рекIине гьаруна, дуца гьезул гама хвезабулеб буго ва гьеб гамаги гIадамалги гъанкъулеб жо гьабулеб буго»-абун.

72. Хизрица абуна: «Дица дуда абун букIана гурищ дуда кIоларо дунгун цадахъ чIун сабро гьабизе»-абун.

73. Муса аварагас абуна: «Дуца дида гIайиб чIваге гьеб дидаса ккараб жоялда. Гьаб буго дир напсалда дуе гьабураб къотIи кIочIон ккей абун. Дуца дие тамихI къвакIараб гьабуге ва дир амру къварид гьабуге. Дидехун гурхIел ва бигьалъи гьабе. Ай дуца дун дуда аскIоса вачахъуге, иншааллагь, гьанже хадуб дица яхI бахъила дур амруялда гIасилъичIого вукIине абун.

Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абуна: «Гьаб авалаб къотIи тIубан гутIи букIана Муса аваарагасда гьеб къотIи кIочен сабаблъун ккараб. Гьеб гамида тIад жал рукIадго цо гьитIинаб хIинчI чIана гамаялъул рагIалда ва гьелъ лъималда жаниб гозо бегьун, цинги гьеб гозо эхеде борхана. Хизрица Мусадехун абуна: «Дудаги дидаги лъалеб гIелмуялъул къадар гьечIо Аллагьасул гIелмуялда данде ккун гьаб хIинчIалъ ралъдалъан босараб лъел къатIра гIадаб жо гурони»-абун. Гьелъул магIна буго: «ТIадегIанав Аллагьасул гIелму гьаб ралъад гIадаб гIемераб жо буго, дудаги дидаги лъалеб жо гьеб ралъдал цо къатIра гIадаб жо буго»-абураб. Цинги гьев кIиявго гамидасан гIодор лъугьун цо росо бугеб бакIалде щвана.

74. Цинги жив кIиявго цадахъ унел рукIана. Гьезда данде ккана цо вас ва гьев вас Хизрица чIвана. Гьеб росдал къотIносан унаго жидеда расандулел лъимал ратана. Гьезда гьоркьов жиндир гьумер берцинав, черх чIурканав, жинда балалъун чIезе бокьулеб сипаталъул цо васги вукIана. Хизрица гьев вас аскIове ахIун гьесул бетIер кьурун, хвезе гьавун, гIодове рехана. Муса аварагас абуна: «Дуца гьаб щибго жинда гIайиб гьечIеб напс чIвана гурищ: я къисасалъе гьечIеб, я гьеб балугълъараб, жинца мунагьал гьарурабги гьечIеб! Гьаб дуца гьабураб жо цIакъ кIудияб мункар буго. Ва гьеб бихьараб мехалъ кIалъачIого чIезе дида кин кIолеб»-абун. Муса аварагасда къотIи кIочон букIинчIо, ва жив гъапуллъун вукIинчIо. Гьес къасд гьабуна кIудияб мункаралда инкар гьабизе, кигIанго кIалъачIого вукIине къотIи гьабун бугониги.

Гьаб аяталдаса бичIчIулеб хIукму буго: кинаб къотIи гьабун бугониги ва лъилгун гьеб къотIи гьабун бугониги гьеб къотIиялъул хIукму шаргIалъул хIукмуялдаса хилиплъараб мехалъ гьеб къотIи биххизе ккола. Муса аварагас кIалъачIого вукIине къотIи гьабун букIана. Амма шаргIалда хилипаб ва гIадамазе зарал бугеб жо гьабун Хизрица гамидасан хъарши бахъараб мехалъ, ва гьитIинав вас чIвараб мехалъ: «гьеб дуца гьабулеб гIамал шаргIалда хIарамаб ва мункараб»-буго абун абизе Мусада тIадаблъун ккун букIана.
КъуртIубияс бицана Муса аварагас абуна: «Дуца бацIадаб напс чIвана гуриш»-абураб мехалъ Хизрил ццим бахъана. Гьес дов васасул бугьналогодасан гьан тIасса ине гьабуна ва гьениб хъвараб жо Мусуда бихьизе гьабуна. Гьениб хъван букIана: «Капурчи вуго гьав, кидаго жинца иманги лъезе гьечIо»-абун.

75. Цинги Хизрица Мусаде абуна: «Дица дуда абун букIана гурищ дуда дунгун цадахъ чIун сабро гьабизе кIоларо абун. Муса аварагас гьаб нухалъ гIузру бицичIо ва жив кIиго нухалъ Хизрие гьабураб къотIуе хилиплъидалго, цоги нухалъ гьевгун цадахъ хутIизе нух тIалаб гьабуна.

76. Мусаца абуна: «Гьанже хадубги дица дуда жо гьикъани дуца дирго гьалмагълъи гьабугеха. Дуца дир гIузру кIиго нухалъ къабул гьабуна. Гьанже дица хилиплъи гьабуни дуе ихтияр буго диргун гьабураб къотIи бихизе»-абун.

77. Гьанжеги кIиявго цадахъ церехун ана. Цоги росулъе щвараб мехалъ гьез ракъунги рукIун гьеб росдал агьлояда гьарана жидее гьоболлъи гьабейин абун. Гьел гIадамаз нахъе чIвана гьезул гьари ва гьезие гьоболлъиги гьабичIо.

Ибну ГIаббасица абуна: гьеб буго «Антакият» абулеб шагьар. Гьеб шагьаралъул гIадамал цIакъ хIалихьатал рукIана: вакъарасе тIагIам кьоларел, къечарасе лъим къоларел, свакарасе гIодовчIезе рагIад кьоларел. Гьаб буго бахиллъиялъул къуват. Гьеб бахиллъиги жал какарал сипатазул бищунго квешаб буго: хасго вакъарав чияс гьарараб мехалъ гьесие тIагIам кьунгутIи цIакъго хIалихьатаб бахиллъи буго. Гьеб бахиллъиялъ киналго лъикIлъаби тIаса ине гьарула, сахавалъиялъ мунагьал тIаса ине гьарулеб гIадинго.

Цинги гьев кIиясдаго гьениб цо къед батана жибги гьетIун, бихун ине гIагарлъун бугеб. Хизрица кверал чIван гьеб къед битIизе гьабуна. Цоги магIна гьабуна: Хизрица гьеб къед биххизеги гьебун цIидасан бана абун. Муса аварагас абуна: «Дуе бокьун букIараб ани дур ихтияр букIанаха гьаб хIалтIиялъухъ мухь босизе»-абун. Нилъ ракъунги ругелъул, гьаз нилъее гьоболлъиги гьабулеб гьечIелъул, гьеб къед къачIаралъухъ мухьги босун гьелъухъ бичун тIагIам босизе бегьилаан нилъеца ян абуна Мусаца. Муса аварагас Хизрида инкар гьабуна жидее лъикIлъи гьабизе мустахIикъал гьечIел гIадамазе лъакIлъи гьабунин абун: кваназе квенги кьоларел, гьекъезе лъимги кьоларел, тIаде рачIарал гIадамазе гьоболлъиги гьабуларел гIадамазухъа ужра-мухь босун букIарабани лъикI букIана дуца, гьезие чIового хIалтIиялдаса абураб магIна буго гьаб рагIиялъул.

Ибну ХатIибица абуна: гьаб аяталдаса нилъеда бичIулеб буго жинца лъикIлъи гьабулев чияс гьеб лъикIлъи гьабизе кколеблъи жиндие лъикIлъи гьабурасеги, зарал гьабурасеги. Гьеб лъикIлъи гьаби абураб жо буго данде мухь босичIого гьабулеб жо. Нилъеда гьаб заманаялъ бихьулеб жо бугоха жидер тIабигIатал хIалихьатал напсаз лъикIлъи гьабурасеги квешлъи гьабулеб букIин, жидеда гурхIаразеги рахIмо гьечIолъи гьабулеб букIин.

78. Хизрица абуна: «Гьаб бугоха мунги дунги кIиявго цоцадаса ратIалъулеб заман. Гьебги дурго къотIиялда рекъон буго, дица дуе щибго къотIиги хвезабичIо. Нилъ кIиявго ратIалъилелде цебе дица дуда бицине буго дуда сабро гьабизе кIвечIого дуца дида гьикъараб гьаб лъабго масъалаялъул хIикмат»-абун.

Жинда Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абуна: «Аллагь гурхIагиха дир вац Муса аварагасда! Дие бокьилаан гьес сабро гьабун букIараб ани. ТIадегIанав Аллагьас нилъее гьев кIиясулго къиса халат бицинаан ва нилъеда гIажаибал жалги лъалаан»-абун.

79. Доб гама букIана гIиц1го мисканал гIадамаз жиндалъун бетIербахъиги гьабулеб, ва жидер залимзабаде данде чIезе хIалкIолъиги гьечIел гIадамазул гама. Дие бокьана гьеб гама цо гIайиб бугеблъун гьабизе. Гьел унеб нухда цо залимав хан вукIана, жинца гIадамазухъан гьезул гуми хIал гьабун рахъулев. Жаниб лъимги бачIунеб, хвараб, къадараб жо бугин абун гьезухъа гама бахъичIого букIине гIоло гьабуна дица доб дуца гIайиб чIвараб гIамал (гьезул гамаялдаса хъарши бахъи).

80. Дов дица чIварав васасул эбел-эмен рукIана иман лъурал, Аллагьасе лагълъи гьабулел, купру-ширкалдасан рикIкIад чIарал гIадамал. Дун хIинкъун вукIана дов вас кIудияв гIураб мехалъ гьес жиндир эбел-эмен къосине гьарилин абун, гьезие гьес къварилъи гьабила абун. Гьев вас жидее вокьун, гьесие бокьараб жо гьабун гьел эбел-эмен хIакъаб диналдасан руссун гьесда нахърилълъине гурин абун.

81. Дие бокьана гьезул БетIергьан Аллагьас гьев капурав васасул бакIалда гьезие цо лъикIаб лъимер кьезе: жинца Аллагьасе лагълъи гьабулеб ва гьел эбел-имсуда гурхIелги гьабулеб.

Къатадат абулев гIалимас абуна: Аллагьас гьев васасул эбел-эмен рохизе гьаруна гьев вас чIвараб мехалъ. Гьел къосине гьаризе рукIана гьев кIудияв гIезе тун вукIарав ани ва гьеб гьезул гьалаглъи букIана. Инсан кидаго разияв вукIине ккола Аллагьасул хIукмуялда. Муъминчиясе Аллагьас гьабураб хIукму жинда жаниб гьесие маслахIат ва лъикIлъи бугеб букIуна. Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасул хIадисалда буго: «Аллагьас муъминчиясе хIукму гьабуларо гьеб хIукмуялда жаниб гьесие лъикIлъи букIун гурони»-абун.

Жалалайниялда абуна: «Гьев васасул эбел ургьиб лъимергун йикIана ва гьелъ яс гьаюна. Гьей ясалъ херал эбел инсуе гIемераб хъулухъ-адабги гьабуна. Гьей ясалъ авараглъун вукIинесев вас гьавуна, гьев васасул васги авараг вукIана, гьев аварагасдалъун Аллагьас халкъги иманалда тIобитIана»–абун. Гьев аварагасул цIар ШабгIун букIана.

82. Доб жиб бихун унеб букIараб къед букIана гьеб шагьаралда вугев кIиго ятимасул. Гьеб къедалъул кьучIалда гъокь лъун, гьениб бахчун гьезул жив лъикIав инсуца гьезие тараб хазина букIана. Дур БетIергьан Аллагьасе бокьун букIана гьеб хазина гьениб хутIизе гьев кIиявго вас балугълъун жидер гIакъло тадбир камиллъиялда щвезегIан. Гьебги букIана дур БетIергьан Аллагьасул рахIмат: лъикIав инсул баракаталдалъун гьесул нахъе хутIарал ятимазе хазина цIуни.

ГIалимзабаца абуна: эбел-эмен лъикIал рукIиналъ лъималазе мунпагIат гьабула. Гьев кIиявго васасул анкьабилев эмен вукIана жив лъикIав лагълъун. Аллагь цо гьавун гьесие гIибадат бацIцIад гьабурав. Гьеб заманаялдаса нахъе цIунараб хазина букIана доб къедалда гъоркь. Аллагьас гьеб хазина жидее кьезе мустахIикъаб насло цебе бачIинегIан гьелъул тадбир гьабуна. Гьеб хазинаги гIарац месед букIана Къуръаналъул магIна хал гьабун ва гIемерисел гIалимзабазул тапсиралъул магIна хал гьабунги. Цо гIалимас абуна гьениб бугеб хазина гIелму букIана абун. Гьаб рагIи жинда Аллагь разилъаяв ибну ГIаббасидаса бицараб буго.

ХIасанул Басриясдаса бицана: гьеб къедалда гъокь меседил къоно (хъарши) букIана. Гьелда тIад хъван букIана: «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим. Дица гIажаиблъи гьабула Аллагьасул къадаралда божулев чи киндай пашманлъула абун. Дица жегиги гIажаиблъи гьабула жив хвезе вукIиналда божулев чи киндай воххула абун. Цогиги дица гIажаиблъи гьабула гьаб дунялалъул хIал лъалев чи, гьелъул хиса-свериги лъалев чи, киндай дунялалда ракIгъун, хIалхьон вукIунев абун. Лаилагьа иллаллагь МухIаммаду расулуллагь»-абун. Гьаб хазина лъурав эмен жинца хам бессулев чи вукIана абунги абуна. Гьеб хазина гIелму букIана абурабги, гIарац месед букIана абурабги кIиябго рагIи битIараблъун кколеб буго, гьеб меседил хъаршиялда хъвараб вагIза букIин лъараб мехалъ; меседил хъарши гIемераб бечелъи буго, гьелда тIад хъвараб жо гIелмуги буго.

Гьаб лъабабго къисаялда жаниб бугеб, Муса аварагасда жиб бичIичIеб ва гьесда магIна лъачIеб. Хизрил пиша буго Аллагьасул рахIматлъун бугеб. Дол гамил бетIергьабазе, дов васасул эбел-инсуеги, дов кIиявго ятимасеги. Гьаб иш дица гьабичIо диего бокьун. Гамидаса хъарши бахъиги, дов вас чIвайги, гьаб къед битIизе гьабиги дица гьабуна Аллагьасул амруялдалъун ва гьесул илгьамалдалъун. Гьаб бугоха дуда сабро гьабизе кIвечIого дуца дида гьикъардараб ишалъул магIна.

ГIалимзабазул хилап буго гьав Хизри щив вукIарав абун. Цо гIалимзабаца абуна гьев авараг вукIана абун. ГIемерисел гIалимзаби руго Хизри авараг вукIинчIо, гьев Аллагьасул вали вукIана абулел. Хадубги гIалимзабазул хилап буго гьев Хизри чIаго вукIиналъул хIакъалъулъ. Гьев чIаго вуго ва къиямасеб къо бичIинегIан чIаго хутIизе вуго абураб рагIи абуна имам Нававияс ва ибну СвалихIица. Гьев чIаго гьечIо абуна гIемерисел гIалимзабаца. ЧIаго гьечIо абулезул далилал ва хIужаби гIемерал руго. Гьелъие цо далил буго хирияв МухIаммад аварагасда абураб Аллагьасул калам: «Дудаса цеве щивго чи дица чIаго хутIулевлъун гьавичIо»-абун.
Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасул хIадисги буго жиндир хвел гIагарлъараб мехалъ абураб: «Гьаб ракьалда тIад ругел гIадамазул цониги чи чIаго хутIизе гьечIо гьаб сордоялдаса бай бихьун нусго сон араб мехалъ»-абун.

Жинда Аллагь разилъаяв Бухариясул сахIихIалда буго (тIехьалда цIар буго сахIихIул Бухари абун) жинда Аллагь разилъаяв абу Гьурайратидасан бицараб хIадис: Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абуна: «Гьав Хизрида (Хазари) абун цIар лъеялъе сабаб буго жив бакъвараб, гIодоб гьаршараб хер бугеб ракьалда тIад гIодов чIараб мехалъ, гьесда гъокь букIараб хер гIурччинлъун, цIидаса бижин»-абун. «Хазари» абураб рагIиялъул магIна буго гIурччинаб абураб. Гьаб буго инсанас Аллагьасе гьабулеб гIибадат мухIкан гьабураб мехалъ Аллагьас гьесие кьолеб хиралъи ва тIокIлъи.

Цо-цо цIаларал гIадамазе бакьула гьав Муса аварагасул ва Хизрил къисаги бицун, Аллагьас жиндие вокьарав чиясе карамат кьолеблъи тасдикъ гьабизе. Аллагьас карамат кьей буго киналго гIалимзаби жинда рекъараб гIакъида (рекIел чIей). Гьелда инкар гьабуларо жидеда гIелму дин лъаларел, жагьилал гIадамаз гурони. Гьаб Мусалги Хизрилги къисаялда жаниб Хизрие бугеб карамат бихьизе гьабиялдасаги кIудияб хIикмат буго Муса аварагасул загьираб гIелмуялда нахъвилълъинги, гьес шаргIалда хилапаб жо бихьараб мехалъ гьелда инкар гьабиги бихьине гьаби.

КигIанго жинца Хизрие къотIи гьабун букIаниги гьесда шибго жо гьикъиларо абун, Мусада кIолеб гьечIо жиндир шаргIалда хилипаб жолъун бугеб ятимазул гама хвезе гьаби жинда бихьараб мехалъ, гьелда тIад кIалъачIого чIезе. Хадусеб кIиго къисаги гьалдаго релълъун буго. Гьаб буго хIакъаб жоялдалъун амру гьабиги, квешаб жоялдаса нагью гьабиги тIадаб букIиналъе гIаламат, ва гьеб ишалъе Аллагьасул салам лъеял аварагзаби бишунго камилал рукIиналъе далилги.

Аллагьасул свалат салам лъеяв Муса авараггун цадахъ вукIарав гIолохъан чиясул щиб хабар бугеб? гьев киве тIагIарав? абун гьикъулев чи вугони: гьев гIолохъанчи ЮшагI бину Нун вукIин лъала нилъеда: жинца Муса аварагасе хъулухъ гьабулев вукIарав, гьев Муса аварагасда хадув бануисраилазул авараглъунги вукIана. Гьеб къиса бициядаса мурад Муса аварагасулги Хизрилги ккараб жо бицин бугелъул, гьев кIиявго данделъун хадуб гьев ЮшагIил бицен гьаби жибго тана ТIадегIанав Аллагьас. Аллагьас нилъее жив разияб гIелму кьеги.

САСИКЬАСА Г1АБДУРАХ1ИМИЛ ТАФСИРАЛДАСА БОСАРАБ

ИА GURABA

 

Добавить комментарий


След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Тавхид.ру
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
БФ Солидарность
ИА Исламиндекс
Аварагасул хвел 2-б бутlа

wmv    flv
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин

 

>