Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Аварагасул хвел-1

wmv     flv
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Росс талих1авлъун вук1ине бокьани…
25.05.2008

Хъизан – гьеб ккола шибав чи талих1авлъун вук1ине ккани жинде х1ажатаб мугъ ч1валеб бак1. Амма, хъизаналда жаниб хинлъиги, гьуинлъиги, талих1ги бук1ине ккани нилъер щивасда т1алъула гьелъие х1аракат бахъизе. Шейх Мух1аммад Г1абдул-Х1алим Х1амидица жиндир хит1абалда рехсон руго, хъизан талих1аблъун бук1ине ккани къвариг1унел сабабал.

Рос талих1ав вук1ине бокьани

1. Бихьинчиясул г1емераб заман уна рокъов гьеч1ого, сапаразде къойил х1алт1уде яги ц1ализе хьвадулаго. Г1емерисеб мехалъ свакан вук1уна рокъове вач1унаго.
-Гьев жаниве лъугьиндал дурго рохел загьир гьабила ва х1еренго жаваб гьабила гьесул саламалъе
-Т1ад рет1ина бац1ц1адаб ва берцинаб рет1ел, берцинаб мах1 гьабуни жеги лъик1 бук1ина.
-Ц1иял харбал ругони байбихьи гьабила лъик1алдалъун, квешаб хабар бугони гьес х1алхьи гьабизег1ан нахъ бахъун тела.
-Мунго гьесухъ ч1алг1ун йик1ин ва ялагьун ч1ун йик1арайлъи загьир гьабила.
-Х1аракат бахъила гьев вач1иналде бац1алъи ч1езабизе ва х1адурараб т1аг1амаб квен бук1инабизе. Бихьинчиясул рек1еде нух кванирокъосан бугилан абула.
-Х1еранаб, тамахаб гьаракьалдалъун к1алъай гьевгун кидаго, амма рак1алда бук1а гьедин чияр бихьинчиясда к1алъазе бегьулареблъи, мах1рамияв гурев (мун росасда гьеч1они ячине щолев)

2. Ххал бук1ине ккела дудаго хадуб
-Бац1ц1адаб ва гьесие бокьулеб рет1ел рет1ине, берцинал мах1ал гьаризе х1аракат бахъила.
-Г1ет1ул яги цойги бокьулареб мах1 бук1инаредухъ зама-заманалдасан черхалдаса лъим бахъила.
-Чорокаб рет1елгун, къеч-къечарал расалгун чорокго росасда йихьич1ого йик1ине х1аракат бахъила.
-Амма бич1чизе кколеб жо, х1арам буго чияр бихьинал ругел бак1алда яги къват1ие яхъунаго гьедин къач1адизе ва мах1ал гьаризе.

3. Цоцаде г1агарлъараб мех
-Росас ах1араб мехалъ гьабулеб бук1араб кинабгоги жибго тун ина гьес ах1аралъуе.
-Гьесие бокьулареб мах1 яги чороклъи бахун бугони гьеб ине гьабила.
-Аск1ор регун ругел мехалъ рокьул раг1аби абила гьесда ва гьесие бокьараб гьабизе х1аракат бахъила.
-Гьес т1алаб гьабулей йигебг1ан мехалъ аск1оса яхъун инаро.
-Гьев свакан гьеч1еб заман данде ккезабила.

4. Аллагьас кьуралда разилъун ч1ч1ей.
-Дур рос мискинав вугин яги г1адатияб х1алт1уда вугин къварилъахъдизе лъугьинаро.
-Нужедасаго мискиназухъ, унтаразухъ ва г1ажизал г1адазухъ балагьун Аллагьасе рецц гьабила нужго лъик1 тун рук1иналъухъ.
-Рак1алда бук1ине ккела унго-унгояб бечелъи Аллагьасукьа х1инкъиялъулъ ва бугелда г1ей гьабун ч1еялъулъ бук1ин. Гьедин гьеч1они Аллагьасул къадаралда рази гьеч1ого рук1иналда х1инкъи буго(Аллагьас ц1унаги нилъ гьединал рук1иналдаса).

5. Дунялалдехун г1ашикълъи бегьун гут1и
-Гьаб дуниял хьулал т1убалеб рукъ бугилан рак1алде ккезе бегьиларо. Гьелъул г1аксалда кидаго рак1алда бук1ине ккела чара гьеч1ого хвел цебе бук1ин, ва дагьаб заманаялъ рук1ине ругеб рукъ сабаблъун абадияб ч1унтизе тезе бегьиларо.
-Къвариг1ел гьеч1ел жал, ч1ух1дае роси т1алаб гьабизе бегьиларо росасдаса.
-Гьединал къвариг1ел гьеч1ел жалазде буссинабун г1арац исраф гьабич1ого, Аллагьасул нухда садакъаде кьун, гьелъухъ алжан босизе х1аракат бахъизе ккела. Гьеб буго унголъунги Аллагьас кьураб буголъиялъухъ рецц гьабиялъул маг1на.

6. Гьес дуе гьабураб лъик1лъиялъул къимат гьабулей ва баркала бугейлъун йик1ине ккела
-Аварагасул, жинда ссвалат салам лъеяв, х1адисалъ нилъеда бицунеб буго, жужах1алъур г1емерисел росабазе баркала гьеч1ел руччаби ругоанилан.
-Мун баркала бугей йигони гьев дудаса рази вук1ина ва гьес х1аракат бахъила дуе жеги ц1ик1к1ун лъик1лъи гьабизе.
-Гьедин гьеч1они росасдаги рак1алде ккела баркалаго гьеч1ей г1аданалъе щибизе дица лъик1лъи гьабилебан.
-Мут1иг1ай ва божарайлъун йик1ине ккела, хасго гьев свакан, унтун яги цойги сунца бугониги рах1ат хун вугев мехалъ.
-Гьединаб мехалъ, х1ажат бихьун, бажарараб кумек гьабизе ккела.

7. Гьесда т1аде яхун, дуего бокьа-бокьараб гьабизе т1амизеян лъугьине бегьуларо. Рокъов к1удияв ва сундулго жавабчилъи т1аде кколев рос вук1ин к1очене бегьиларо
-Щиб гьес малъаниги (х1арам хут1изег1ан) заманалда т1убазе х1аракат бахъизе ккела.

8. Рос кеп гьеч1ого, вич1ан вихьани чучизавизе х1аракат бахъила
-Киг1ан к1унги ццин бахъинабизе бегьиларо, нагагь ццим бахъун вугони берцинаб раг1и абун г1одовиччазавизе х1ал бихьила.
-Дуда г1айиб ккун бугони т1аса лъугьаян абила.
-Гьесда г1айиб бугони ва к1алъаялъ жеги ццин бахъин ц1ик1к1унеб бихьани раг1и абич1ого тела.
-Цодагьав г1одовиччарав мехалъ берцинго бич1ч1изабила живго мекъи ккун вук1ин.
-Къват1исан ццин бахъун вач1ани чучизег1ан г1емерал суалал кьун гаргадич1они лъик1 бук1ина.
-Гьес бугеб къварилъи бицун, ургъел бикьани, сабру гьабиялде гьесизавила, ццин бахъин шайт1аналдасан бук1ин рак1алде щвезабила, гьебги гьабила тамахго, бит1арал, гьесие данде кколел раг1абаздалъун.

9. Гьев рокъов гьеч1еб мехалъ хъизамалъул къадру ц1унила
-Мах1рамияв гурев чиясулгун калам гьабиялдаса ц1унун ч1ела.
-Росасда рихарал г1адамазулгун, гьел рокъоре риччан бухьен гьабиларо.
-Гьес къват1ие яхъине гьукъани, малъарабги гьабун сабруялда ч1ела.
-Росасул балъголъаби къват1ир загьир гьариларо.
-Рукъалъул ва лъималазул бук1ине кколеб х1алалъ милат гьабила.
-Къват1ие яхъунеб мехалъ т1ад х1иджаб бук1ине ккела.
-Росасул гьесул эбел-инсул х1урмат гьабизе к1очене бегьиларо.

10. Гьесул хъизамалъул ва гьудул-гьалмагъзабазул х1урмат гьабизе ккела
-Гьесухъе гьалбал рач1ани, т1аг1амаб квен х1адурун х1урмат гьабизе ккела, хасго гьесул эбел-эмен яги г1агарлъиялъул чаг1и рач1индал.
-Гьесул г1агарлъиялъулгун киг1ан к1унги гьоркьоблъи хвезе гьабич1ого бук1ине х1аракат бахъизе ккела.
-Мунго бит1ун йигониги к1алъач1ого ч1езе ккела, к1алъан даг1ба гьабиялъ зарал ц1ик1к1ун гурони дагьлъулареблъидал.
-Щиб гьабунги, дудаги гьесул эбелалдаги гьоркьоса цоял т1аса рищизе кколеб х1ал лъугьине биччазе бегьиларо.
-Гьесул г1агарлъи гьоболлъухъ ах1ун, гьезулгун лъик1аб гьоркьоблъи бук1инабизе х1аракат бахъизе ккела.
-Гьесул эбел, яцал рик1к1ад ругони телефоналъ ах1ун, кагътал хъван, къварилъи бач1индал кумек гьабун, бухьен т1аг1ине тезе бегьиларо.

11. Г1илла гьеч1еб щакдари бук1ине бегьиларо
-Нагагь г1илла загьирлъани берцинго, даг1ба-раг1и, ах1и-х1ур гьабич1ого, г1одор ч1ун бицун, мух1кан гьабизе ккела.
-Харбазда божун, дуцаго ургъун рахъун щибго гьеч1еб бак1алда адаб тараб к1алъай гьабизе бегьиларо.

12. Нуж миск1инлъи-къварилъиялда ругеб мехалъ сабру гьабизе ккела
-Дуде, росасде, нужер лъималазде, эбел-инсуде зах1матлъи бач1ани Аллагьасул къадаралда разилъун сабру гьабизе ккела.
-Даг1ват яги джигьад гьабулаго рос жанив т1амун рукъалде зах1матаб къо бач1аниги къварилъахъдун гьесие зарал гьабизе бегьиларо. Гьелъул г1аксалда, берцинаб сабру гьабила, ва росасдаги рак1алде щвезабила дин сабаблъун бач1араб къварилъиялъухъ Аллагьас нилъее Алжан х1адурун бук1ин.

13. Аллагьасул нухда даг1ват ва джигьад гьабизе кумек гьабила.
-Радакь вахъун тагьаджудал разе гьесизавила ва мунгоги цадахъ яхъина.
-Къуръан ц1ализе рак1алде щвезабила ва дуцагоги цадахъ ц1алила.
-Ваг1забазул, къуръаналъул кассетаби ва дискал росун к1иялго цадахъ, яги бат1а-бат1а гьезухъ г1енеккила.
-Аллагь г1емер рехсон, дуг1аби лъазе гьабун, исламалъеги буссурбабазеги бергьенлъи гьарила Аллагьасда.
-Руччабазда т1адал шарг1алъул х1укъукъал ва адабал лъазарила.
.Мунфаг1ат бугеб г1акълу кьун, бажарараб квербакъи гьабун, лъик1лъиялде гьесизе гьавун росасул иш цебе бачине х1аракат бахъила.
-Джигьад гьабизе рак1алде ккезе гьабила, жийгоги лъималги Аллагьасул балагьиялда гъоркь рук1унеблъи рак1алде щвезабила.

14. Богорокъоб (кухня) ва хут1арал рукъзабахъ, жанире лъугьине бокьулеб х1алалъ бац1алъи ч1ч1езабила
-Т1аг1амаб, файда бугеб квен х1адуризе лъазабила.
-Гьаб дида лъаларо, доб дида лъалароян, щиб абуниги жаваб гьабич1ого бук1ине, рукъ бачине къвариг1унеб щинаб лъазабизе х1аракат бахъила.
-Лъималазе бит1араб тарбия кьезе ва лъик1ал буссурбаби рахъине гьаризе х1аракат бахъила. Гьелъие къвариг1унел т1ахьал ралагьун гьел ц1алила.

15. Росас балагьараб г1арац гьесул изну гьеч1ого хвезе гьабиларо, садакъадецин кьеларо гьесие бокьулареблъи лъалеб бугони
-Рукъалъул, бугони машинаялъул ва цойги буголъиялъул милат гьабизе ккела гьев рокъов гьеч1еб мехалъ.
-Лъималазда, гьезул ц1алуда, хьвада-ч1вадиялда, рет1а-къаялда хадуб ххал бук1ине ккела. Гьезда Аварагасул(жинда ссвалат салас лъеяв), гьесул Агьлу-Асх1абзабазул рук1а-рахъин лъазе гьабизе кутакалда т1адч1ей гьабизе ккела.

Гьаниб рехсараб тун бат1иябги кинабниги Аллагьасда цебе нилъго хвасарлъулеб, гьесул разилъи щолеб г1амал гьабизе тавфикъ кьеги Аллагьас киназего!!!

Ва ссаламу г1алайкум ва рах1матуЛЛагьи ва баракатугьу валх1амду лиЛЛагьи раббил г1аламин

 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Тавхид.ру
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
БФ Солидарность
ИА Исламиндекс
Аварагасул хвел 2-б бутlа

wmv    flv
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин

 

>