Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Аварагасул хвел-1

wmv     flv
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Чlужугlадан талих1айлъун йик1ине бокьани…
25.05.2008

Хъизан – гьеб ккола шибав чи талих1авлъун вук1ине ккани жинде х1ажатаб мугъ ч1валеб бак1. Амма, хъизаналда жаниб хинлъиги, гьуинлъиги, талих1ги бук1ине ккани нилъер щивасда т1алъула гьелъие х1аракат бахъизе. Шейх Мух1аммад Г1абдул-Х1алим Х1амидица жиндир хит1абалда рехсон руго, хъизан талих1аблъун бук1ине ккани къвариг1унел сабабал.

Ч1ужуг1адан талих1ай гьайизе бокьани

1. -Х1алт1удаса, ц1алудаса яги сапаралдаса т1ад вуссиндал, рохел загьир гьабила:
-Байбихьила саламалдалъун, ва гьимила гьелъие. Салам кьей ккола Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) суннат ва гьелдаго цадахъ дуг1аги.
-Квер босила, байбихьи гьабила лъик1ал харбаздалъун, квешаб хабар бугони нахъе бахъун тела.

2. -Х1еренал раг1аби абила ва комплиментал гьарила.
-Хехал, рокьуларел раг1аби абиларо, тамахал рек1ее асар кьолел раг1абаздалъун к1алъазе х1аракат бахъила.
-Т1оцебе гьей к1алъазе байбихьани, лъуг1изег1ан г1енеккила.
-Дуцаго абулеб раг1и бич1ч1иледухъ абила, раг1ич1они такрар гьабила.
- Х1еренал, гьелъие рокьулел ц1араздалъун ах1ила гьелде, мисалалъе: хирияй, берцинай, мокъокъ…

3. -Гьудуллъи ва аваданаб замана рак1алде щвезаби:
- К1иязего раг1изе бокьулеб хабаралда т1обила замана.
- Цебе рук1арал кепал лъугьа-бахъинал рак1алде щвезарила.
-Расандила ва махсараби гьарила.
-Кинал ругониги х1арам гъорлъ гьеч1ел играби х1азеги бегьула.

4. -Рукъалъул х1алт1улъ къвариг1араб кумек гьабила, хасго гьей свакан яги унтун йигони.
-Кутакалда къвариг1уна гьелда бихьизабизе дуца гьелъул рукъалъул х1алт1ул къимат гьабулеб бук1ин.

5.-Кинабго рукъалъе къвариг1унеб гьелъулгун дандбала
-Бич1ч1изабила гьелда гьелъул пикруялде дуца к1вар кьолеб бук1ин.
-Гьелъие къвариг1араб бич1ч1изе х1аракат бахъила.
-Нагагь гьелъул пикру дургоялдаса бит1ун бихьани ч1ух1иги реххун тун гьелъулалда нахъ вилълъина.
-Баркала кьела гьелъие рукъалъул зах1малъаби рорхизе гьабураб кумекалъухъ.

6. -Гьейгун цадахъ гьоболлъухъе хьвадила.
-Гьудуллъи гьабила иман бугел, Аллагьасукьа х1инкъарал г1адамазулгун.
-Г1агарлъиялде, унтарал г1адамазде раккизе ина.
-Гьадинго, корол харбал рицунел г1адамазухъе, замана г1адада хвезабизе инаро.
-Гьоболлъухъ рук1аго шарг1алъул г1орхъаби хвезариларо, бихьиналги руччабиги журан рук1инаро. Гьединаб бак1 бугони хехго гьениса нахъе ина.
-Гьелъие рокьуларел, рак1алъ къабул гьабуларел г1адамазухъе цадахъ ячинаро.

7.Сапаралъ унаго:
-Тамахго рат1алъе гьейгун, мунго вач1инег1ан гьабизе жо малъун тела.
-Дуг1а гьабеян абила гьелда.
-Щибниги къвариг1ел ккани гьелъие кумек гьабеян абун тела г1агарлъиялда.
-Мунго т1ад вуссинег1ан х1ажалъулеб къадар г1арцул тела гьелъухъ.
-Рес рекъон х1аракат бахъила гьейгун телефоналъ, интернеталдасан яги почта гьоркьоб ккун гара-ч1варизе.
-Киг1ан к1унги хех т1ад вуссине х1аракат бахъила.
-Т1ад вуссунаго гьей йоххизайизе сайгъат босила.
-Радакь яги кват1араб мехалъ т1ад вуссинаро рес бук1ун.
-Цадахъ ячина сапаралъ рес рекъолеб бугони.

8. Г1арцудалъун кумек гьаби:
-Рос вук1ине ккела квербиччарав, лъадиялъул къвариг1ел т1убалаго. Бахилав вук1ине бегьиларо, амма исрафчилъунги вук1ине данде кколаро.
-Росасе лъадул къвариг1ел т1убалаго хвезабураб кинабго г1арцухъ кири хъвала, х1атта гьит1инаб чадил кесекалъухъцин, жиндирго кодосан гьелъие кьураб (х1адис).
-Рекъараб бук1ина лъадуе къвариг1аралъе г1арац гьелъ гьарилалдего кьуни.

9.-Лъадигун вук1аго берцинал мах1ал гьарила.
-Къаркъала далдализе биччач1ого ч1езабила.
-Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) суннаталда нахъ вилълъун къвалакьаса ва г1авраталдаса расал инарила.
-Рац1алъиялда т1адч1ей гьабила, г1ет1ул яги цойги мах1 бугони чвердон гьеб инабила.

10. Унти яги цогидаб шарг1ияб г1узру гьеч1они зама-заманалдасан гьелда аск1ове лъугьина.
-Аск1ове лъугьунаго бисмиЛлагь абила ва дуг1аги гьабила аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьабулеб бук1араб.
-Расандиялдалъун ва рокьул раг1аби абилдалъун байбихьила.
-Х1алалаб бак1алдасан гурони жаниве лъугьинаро (цевехунисан).
-Гьелъул мурад т1убазег1ан лъуг1ич1ого вук1ине х1ракат бахъила.
-Кинабго лъуг1ун хадуб гьелдехун х1еренлъи бихьизабила.
-Х1айиз бач1унеб мехалъ гьелде аск1ове лъугьинаро, гьеб ккола х1арам.
-Гьелъул нич бекизабизе лъугьинаро, ай, гьей ничалъ жеги гьабизе х1адур гьеч1еб гьабизабизе т1алаб гьабиларо.
-Гьелъие санаг1ат гьеч1еб яги унтулеб куцалъ ч1езайиларо, мисалалъе: -керен мерхьун, гьелъие х1ухьел ц1азе зах1мат гьабун (хасго мун вак1ав вугони).
-Аск1ове лъугьине т1аса бищила санаг1ат бугеб, гьей свакач1еб яги унтун гьеч1еб замана.

11. Хъизаналъул балъголъаби ц1унила, хасго гьоркьоблъиялъул балъголъаби, ва цогидабги гьелъие къват1иб загьир гьабизе бокьулареб.
-Т1аде мах1рамияв (ячине щоларев чи) тун бат1ияв бихьинчи вач1индал гьей цее яч1инайиларо, квен, чай цебе дуцаго босила.

12. Аллагьас малъухъе хьвадизе кумек гьабила.
-Сардил лъабабилеб бут1аялъулъ мунгоги вахъина ва гьейги йорч1изайила тагьаджудалъул как базе.
-Къур’ан-х1адисалъул дудаго лъалеб гьелдаги малъила.
-Радал-къасилахъ аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьабулел рук1арал дуг1аби ва зикру малъила.
-Гьелъ жиндирго г1арцудаса садакъа кьолеб бихьани рец-бакъ гьабила гьелъие ва щиб бук1аниги лъик1лъи гьабун цойги кьеялде гьесизайила.
-Рес рекъани х1ежалде, г1умраялде цадахъ ячина.

13. Гьелъул г1агарлъиялъул ва гьудулзабазул къимат гьабила.
-Гьелъул г1агарлъиялъухъе, хасго эбел-инсухъе гьоболлъухъ ина.
-Нужехъе гьел рач1индал х1урматалда къабул гьарила.
-Рес бугони х1ажат бихьун сайгъаталги гьарила.
-Къо ккун бугони г1арцудалъун яги х1ажат бихьун кумек гьабила гьелъул г1агарлъиялъе ва гьудулзабазе.
- Нагагь гьей дудаса цее хвани, гьелъул г1агарлъиялъулгун ва гьалмагъзабазулгун бухьен т1езе теларо. Суннаталда нахъ вилълъун, гьелъ гьезие гьабулеб бук1араб лъик1лъи ва кумек къат1ине теларо.

14. Исламалъ малъухъе хьвадила мунгоги ва гьелдаги исламалъул г1орхъаби рич1ч1изарила.
-Гьелъие ва гьелъ дуе кьезе кколеб х1акъ ва ихтияр к1очене теларо.
-Къур’ан ц1ализе ва г1араб мац1алъ хъвадаризе малъила.
-Исламалъул дарсазде хьвадиялде гьет1изайила.
-Исламалъ руччабазда т1ад гьабун бугеб рак1алдаса ине теларо.
-Исламалъул т1ахьал ва записал (кассетаби,дискал) рокъор рук1инарила.

15. Къват1ие яхъунаго:
-Гьелъ т1убан къаркъала бахчиялда т1адч1ей гьабила.
-Берцинал мах1ал гьабизе х1арам бук1ин бич1ч1изабила.
-Мах1рамияв (ячине щоларев) гурев чиясда к1алъач1ого йик1ине киг1ан к1унги рес рекъезабила.
-Ц1акъго щакдариялдаса ц1унун вук1ине х1аракат бахъила, масала:
а) жиб-жиб раг1уда хадуб хал кквей, дуего бокьаралъубе раг1абазул маг1на ц1ай.
б) къвариг1ел кканиги гьей къват1ие йиччач1ого тей.
в) телефоналъ жаваб кьезе гьукъи ва гь. ц.

16. Сабру ва тамахлъи:
-Нилъеда лъала жиндир зах1малъаби камураб цониги хъизан бук1унареблъи, гьединлъидал цо-цо г1унгут1аби рук1ин, гьеб буго г1адатияб жо.
-Ццин бахъин загьир гьабила гьелъ шарг1иял г1орхъаби хвезаруни, масала: - как кват1изабуни, квешал, хъубал раг1аби абуни, телевизоралъур рук1унел х1арамал передачабазухъ ялагьулей йигони ва гь. ц.
-Дудехун ккарал гъалат1ал т1аса лъугьун тела (балагье 18 пункталде).
-Гьелъул гъалат1ал рит1изарулаго:
а) бит1араб къаг1ида малъила яги гьелде берцинго кант1изайила.
б) тамих1 х1исабалда бусада гьелдехун мугъ кьун вегила, дурго разилъунгут1и загьир гьабизе. Амма бич1ч1изе ккараб жо, гьелъул маг1на кколаро мун цойги рокъове яги рукъзабахъе вегизе ине, яги к1алъач1ого ч1езе бегьулин абураб.
в) гьединги йит1изайизе к1олеб гьеч1они унтиларедухъ кьабизеги бегьула шарг1алъ ихтияр кьолеб бак1алда. Амма, кинниги к1очене бегьуларо:
- Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) киданиги квер борхич1о цониги ч1ужуг1аданалде яги лагъасде.
-ц1акъго мук1урлъулей гьеч1они, рес къот1ун гурони кьабизе бегьуларо. Мисалалъе: -г1илла гьеч1ого аск1ой егизе разилъулей гьеч1они, какил г1уж кват1изабулеб бугони, изну босич1ого къват1ие хьвадарулей йигони, заманалда аралъуса юссуней гьеч1они, кий йик1араяли бицунеб гьеч1они ва гь. ц.
- къур’аналъ малъухъе, довехун вуссун вегун, гьелъие г1илла бицун, г1акълу малъун хадуб гурони кьабизеги бегьуларо.
- унтиледухъ, ругънал лъеледухъ, гьурмада, яги цойги унтулеб бак1алда кьабизеги бегьуларо.
- къабих1 гьаюн кьабизе яги гьурмаде х1ац1у тузеги бегьуларо.

17. Т1аса лъугьин ва г1айиб ч1вай:
-Ч1ах1иял гъалат1азда гурони рак1 хвеларо.
-Дудехун ккарал гъалат1ал т1аса лъугьун тела, амма какил г1уж инаби г1адаб Аллагьасдехун биччарал гъалат1аздехун ццин бахъин загьир гьабила.
- Дудехун гъалат1ал риччани, гьелъул лъик1ал г1амалалги рак1алде щвезарила.
- К1очон тоге, гъалат1ал кколарев чи вук1унареблъи ва х1аракат бахъе гьелъие г1узраби рачине, мисалалъе: - свакан, унтун, яги къваридго йик1ун ятила.
- Квен т1аг1ам гьеч1еб батани г1айибал ч1вазе лъугьинаро, щай гурони Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) киданиги цониги лъадиялда квен сабаблъун г1айиб ч1вач1о. Бокьич1они кванач1ого тела, амма г1айибал ч1вазе лъугьинаро.
-Щиб бугониги сабаблъун г1айиб ч1валелде цебе, берцинго кант1изайила жийго мекъи ккун йик1иналде.
-Киданиги абиларо хъубал, рекъеч1ел, бег1 гьеч1ел раг1аби.
-Бицине ккараб жо бугони г1едег1иларо, нужго к1иялго хут1изег1ан ч1ела, чияда цебе нужерго данде ккунгут1и загьир гьабиларо.
- Ццин г1одобе буссинег1анги лъалхъила, щайгурони цин бахъарав чиясул пикраби х1абургъун рук1уна ва мекъал раг1аби рорч1изе бегьула.
Аллагьас нужер хъизан талих1аблъун гьабеги…

Ва саламу г1алайкум ва рах1матуЛЛагьи ва баракатугьу
валх1амду лиЛЛагьи раббил г1аламин

 

Комментарии 

 
0 # magomed 2009-08-31 23:44 bit1arab bugo dungi helda rekola Ответить | Ответить с цитатой | Цитировать
 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Тавхид.ру
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
БФ Солидарность
ИА Исламиндекс
Аварагасул хвел 2-б бутlа

wmv    flv
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин

 

>