Суфий – гьев ккола т1арикъат чи. "Суфий" абуниги "т1арикъатчи" абуниги маг1на цого бук1уна, гьединлъидал дица т1ехьалда бат1алъи гьабич1ого цин-цинаб х1алт1изабун буго к1иябго раг1и.
Суфизабаз абула: "Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьов чара гьеч1ого цо устар яги шайх вук1ине ккола. Гьев устарас гьавула г1адан Аллагьасде г1агар, ва гьес гьавула гьев Аллагьасде швезе", - ян. Гьеб буго т1аракъит жинда т1ад бараб, гьелъул кьуч1лъун бугеб суфизабазул г1акъида, гьелда гьезул рак1ги ч1ч1ола. Ва гьеб жо рак1алдагун уна устарасухъан вирд босизеги – иналъе г1иллаго гьеб буго.
- "Гьеб кин ва щай гьоркьовчи къвариг1арав"- абун гьезда гьикъидал, гьез гьеб бигьаго баян гьабула, гьаб хадусеб куцалда:
- «Нилъер г1адатияб г1умруялда нилъеда бихьун лъалеб жо буго, цо г1адатияв чиясе х1ажалъи ккун, ханасда т1аде ине бокьидал, яги цо гьит1инав аскариясе к1удияв генераласде т1аде ине бокьидал, к1анц1ун вахъун рагьун нуц1ц1агун гьев гьесде т1аде унаро, ун гьес къабулги гьавуларо, ине секретаралъ яги к1алт1у хьихьарав чиясги виччаларо. Гьесул г1адлоялда т1ад вахъун цощинав ани, гьеб адаб тейлъунги рик1к1уна. Гьединлъидал, гьас досде т1аде иналъе, ун дос гьумер бит1ун къабул гьавиялъеги чара гьеч1ого х1алае кквезе ккола, дов ханасул чукъбуздаса цояв, яги гьесда сверун бугеб, гьесде г1агараб агьлуялдаса цояв, ханасде т1адеги ун, дос гьасул х1акъалъ абизе: "гьав чи лъик1ав чи вуго, гьав чи нилъее къвариг1унев чиги вуго, дуца гьев къабулги гьаве ва гьесул мурадги гьабе", - ян. Гьеб мехалда бат1ияб бук1уна жиндихъе вач1арав чиясде ханасул яги генераласул бербалагьи. Гьабго жо буго Аллагьасде нилъ иналъулги. Аллагь вуго хан, ханзабаздаги т1ад вугев бищун к1удияв Хан. Т1арикъаталъул устарзабиги руго х1акъал Аллагьасул вализаби, якъинго нахъияздаса Аллагьасде г1агарал чаг1и, ай ханасе чукъби г1адал чаг1и. Гьединлъидал буго муридас Аллагьасде жив г1агар гьавиялъеги, Гьесда жив щвезавиялъеги, жиндаги Аллагьасдаги гьоркьов устар кквезе кколев".
Гьедин гьоркьохъан кквезе кколин абураб жоялъе т1арикъатчаг1аз, гьаб хадусеб аят х1ужжалъунги бачуна:
يَاأَيُّهَا الَّذِينَ ءَامَنُوا اتَّقُوا اللَّهَ وَابْتَغُوا إِلَيْهِ الْوَسِيلَةَ وَجَاهِدُوا فِي سَبِيلِهِ لَعَلَّكُمْ تُفْلِحُونَ
Я гьал иман лъурал г1адамал! Нуж Аллагьасул амруялда хилифлъизе, Гьесда г1асилъизе х1инкъа, Аллагьасул г1акъуба-г1азаб нужеда щвеч1ого бук1ине. Ва нужеца нуж Аллагьасде г1агарлъулел рахъалги сабабалги т1алаб гьаре, лъик1аб г1амал гьабун, Аллагь разилъи т1алаб гьабун хьваде. Ва нужеца Аллагьасул дин ракьалда бук1иналъе г1оло жигьадги гьабе. Гьедин нуж хьвадани нужер абадияб талих1-рохелалда кверщел батила. (Аль- Маида, 5 сурат, 35 аят).
Гьаб аяталда бач1араб «василат» абураб г1араб раг1ул маг1на буго, сундениги, лъихъениги чи щвеялъе чияс гьабулеб сабаб, батулеб нух, гьоркьохъанлъун кколеб жо. «Гьале", – ян абула т1арикъатчаг1аз – "Аллагьас гьоркьохъан кквеян абун буго, нижецаги гьелда г1амал гьабулеб буго, гьев гьоркьохъанасдаса мурадги т1арикъаталъул устарзаби руго».
Нилъеца хадуб ккун бицина, «василаталдаса» мурад щиб бугебали ва тафсиралъул г1алимзабаз жидерго т1ахьазда гьелъул маг1на кин гьабун бугебали.
Гьанже г1инт1аме, цо шайх кквезе кколин абун гьезул г1алимзабаз рагьун абурал гьезул т1ахьаздаса росарал раг1абазде.
1) Имам Гъазалияс хъвалеб буго: «… Гьединго муридасе чара гьеч1ого къвариг1уна бит1араб нухде гьев вачиналъе, гьев нахъ вилъунев цо шайх яги устар. Щай гурелъул, диналъул нух лъазе ва бич1ч1изе зах1матаб буго, шайт1аналъул нухалги г1емерал ва загьирал руго. Гьаб бак1алда бит1араб нухде жив вачине шайх гьеч1ев чи, кивего кьуризе виччач1ого щайт1аналъ жиндирго нухазде вачуна… Дол цере рицарал шарт1ал т1уран хадуб, живго ц1унизе мурид к1анц1улеб бак1 гьесул шайх вуго. Гьес гьев шулаго кквезе ккола, г1урул раг1ал ккун жив хадув ц1ц1ан вачунев чи, беццав чияс кколев г1адин …» (Их1-яъ: 3/65).
2) Къушайрияс хъвалеб буго: «Цинги муридасда т1алъула цо шайхги ккун, гьесул адаб гьабизе. Устар кквеч1ев чиясе кидаго талих1 кьоларо. Гьале Абуязид – альбист1алияс абулеб буго: «Устар гьеч1ев чиясул имамлъун шайт1ан бук1уна», - ян. (Аррисаля – аль Къушайрият: 181).
3) Ах1мад Ар-рифаг1ияс абулеб буго, живго хун хадубги т1аг1инч1ого, муридзабазулъ, "цояздаса цоязде рахун караматал хьвадулел ругев": «… Шайх гьеч1ев чиясул шайх шайт1ан буго… Ч1аго вук1араб мехалда бук1араб г1адинго устарасул х1акъ, ай гьесие гьабизе кколеб жо, гьев хун хадубги муридасда лъазе ккола… Шайх кквеч1ого Аллагь рехсолев чиясе я Аллагь щоларо, я Авараг щоларо, я устар щоларо». (Къиладатул-жавагьир: 177).
4) Аш-шайх аль-курдияс хъвалеб буго: «Шайх т1алаб гьави – гьеб буго живго Аллагь т1алаб гьавиго … "Цин гьамагъ ккве цинги вахъа нухав, (ай сафаралъ)", - ян буго аби. Шайх гьеч1ев чиясул шайх шайт1ан буго …». Нахъеги хъвалеб буго гьес: «Шайх къвариг1арав вуго гьоркьохъанлъиялъе. Шайх вуго как балел г1адамаз жиндехун руссун сужда гьабулеб каг1баялъул бак1алда вугев чи. Гьаниб сужда Каг1баялъе гуро гьабулеб бугеб, Аллагьасе буго. Гьебго г1адав чи вуго шайхги». (Альмавагьиб – ассармадия: 313). (Альанвар – алькъудсия: 525).
5) Шайх Накъшумандица абулеб буго: «Зикруялъул адабаздаса ккола, гьабулеб-толеб жоялъе къуват босизе мурид жиндирго устарасухъе уневлъун ва гьесде балагьаравлъун вук1ин. Гьесул гьоркьохъанлъиялдалъун гурони, Т1адег1анав Аллагьасде валагьун ине к1оларев вук1иналда рак1 ч1аравлъун вук1инги» (Альмавагьиб – ассармадия: 170).
Гьале гьал руго т1арикъаталъул т1ахьаздаса росарал гьезул г1алимзабаз абурал дагьа-макъалго раг1аби. Гьезулъ нилъеда баянго бихьулеб буго, "Аллагьасде Гьесул лагъ швезе ккани, гьес шайх кквезе ккола, гурони гьев Аллагьасдеги щоларо, гьесие шайхлъиги шайт1аналъ гьабула", - ян абураб жо.
Гьаб маг1наялда гьез хъвараб жо г1емераб буго, амма дица гьаб къадаралда г1ей гьабуна, щаян абуни, гьаб суалалъулъ гьезул г1акъида кинаб бугебали лъаялъе, гьаниб рехсараб къадар г1олеблъун дида бихьидал. Гьелдаса бат1ияб, гьеб хвезабулеб цойги раг1аби гьезул т1ахьаздаги гьеч1о.
Агьлуссуннати вальжамаг1аталъ абула: "Дуг1а-гьариялъулъ бук1а, г1ибадаталъулъ бук1а, Аллагьасде Гьесул лагъ г1агарлъиялъе бук1а, щвеялъе бук1а, Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьов кинавг1аги гьоркьохъан гьеч1о, къвариг1унаро ва вук1инеги бегьулароларо", – ян.
Щай гурелъул, гьаб бак1алда гьоркьохъан кквей шариг1аталда бач1ун гьеч1о, гьелда х1ажалъиги гьеч1о. Щай гьев кквезе кколев? Гьев гьеч1они нилъеца абулеб жо Аллагьасда раг1улареб бук1унищ? - Гьесда киг1ан гьит1инабги сас раг1ула. Яги нилъеца гьабулеб жо лъаларев Аллагь вук1унищ? - Гьесда зобалдаги ракьалдаги бугеб кинабго лъала. Яги нилъедаса рик1к1ад Аллагь вугевлъидалищ? - Гьев нилъеде нилъерго горбол щек1алдасаги г1агарав вуго.
Гьадин абулеб буго Аллагьас Къуръаналда:
وَلَقَدْ خَلَقْنَا الْإِنسَانَ وَنَعْلَمُ مَا تُوَسْوِسُ بِهِ نَفْسُهُ وَنَحْنُ أَقْرَبُ إِلَيْهِ مِنْ حَبْلِ الْوَرِيدِ
«ХIакълъунго гьав инсан Дица вижана ва Дида лъала гьесул ракIалда букIунеб вас-васги, шакдариги. Дун гьев инсанасда гIагар вуго, Дир гIелмуялъул рахъалъан, гьесул горбода бугеб бидул рихьалдасаги». (Къаф, 50 сурат, 16 аят).
Жеги абулеб буго Аллагьас:
وَإِذَا سَأَلَكَ عِبَادِي عَنِّي فَإِنِّي قَرِيبٌ أُجِيبُ دَعْوَةَ الدَّاعِ إِذَا دَعَانِ فَلْيَسْتَجِيبُوا لِي وَلْيُؤْمِنُوا بِي لَعَلَّهُمْ يَرْشُدُونَ
«Дуда Дир х1акъалъулъ Дир лагъзадерица гьикьараб мехалъ я Мух1аммад, дуца гьезда абе: Х1акълъунго Т1адег1анав Аллагь г1агарда вугин: щибав чи вихьулев, шивасул гьаракь раг1улев, щивасул рак1алда бач1араб хивал-пикроги лъалев. Дица дуг1а гьабулев чиясул дуг1аялъе жавабги кьола, гьев чияс цох1о дида ах1араб мехалъ ва гьарараб мехалъ. Дица дугIаялъе жаваб гьабизе бокьарал гIадамаз, дир ахIиялъе жаваб гьабун, дида иман лъе абе ва дие гIибадатги гьабе абе». (Аль-Бакъара, 2 сурат, 186 аят).
Гьаб рагIиялдаса бич1чIулеб буго, дугIаялъе жаваб гьабизе ккани, гьелъие шартIлъун букIин, Аллагьасда иман лъей ва гьев разилъулеб гIамал гьаби. Гьедин гьабуни жалги бит1араб нухалда рук1уна.
Гьаб аят решт1анила асх1абзабазул цояс Аварагасда – صلىالله عليه وسلم – ц1ехедал: "Аск1овищ вугев нилъер Бет1ергьан щурун гьаризе яги рик1к1адищ вугев ах1ун Гьесде гьаризе", – абун?
Аварагасги – صلىالله عليه وسلم – абулеб буго:
/اِنَّكُم تَدْعُونَ سَمِيعًا قَرِيبًا وَهُوَ مَعَكُمْ/ /رواه مسلم/
«Нужеца, х1акълъунго, ах1улеб буго (раг1и) Раг1улесда, аск1ов вугесда, ва нужеда цадахъ Жив вугесда» /Муслим/.
Гьаб абунила Аварагас – صلىالله عليه وسلم – цо сафаралда ц1акъ борхун гьаракьгун Аллагьасде ах1изе асх1абзаби лъугьараб бак1алда.
Жиндирго горбол щек1алдасаги инсанасде Аллагь г1агарав вугеб мехалъ, зобалдаги ракьалдаги Жиндаса балъго щибго хут1уларевги Аллагь вугеб мехалъ, щай Аллагьасде щвезе ккани яги ах1изе ккани, инсанас гьоркьохъан кквезе кколев?
Т1арикъаталъул устарзаби х1акъал Аллагьасул вализаби ругин, нахъияздаса ц1ик1к1ун Аллагьасде г1агарал чаг1и ругин абулеб раг1и киса босун абулеб раг1и бугеб?
Устаргун мурид, "гьав Аллагьасде ц1ик1к1ун г1агарав вуго, гьадав дагьав рик1к1адав вуго", – ян х1укмо гьабизе ккани, лъил киг1анасеб даража Аллагьасда аск1об бугебали лъида лъалеб? Къуръаналда гьезул ц1арал гьеч1о, х1адисазда гьезул бицун гьеч1о, Аллагьасул рахъалъан вах1ю баян босун ракьалде вач1унев вук1арав малаикги, авараг – صلىالله عليه وسلم – хваралдаса т1ок1алъ вах1ю босун вач1унаро. Гьаб лъабабго тун нахъияб, балъголъи лъалеб канал нилъерги гьеч1о.
Цинги ханасул яги генераласул мисал Аллагьасе бачун, гьезда Аллагь релъинавиги, Гьесул чукъбузул бак1алда тарикъаталъул устарзаби лъейги буго шариг1аталда Аллагьасе нилъеца гьабизе кинго бегьулареб ва жинцаго Аллагьас Къуръаналда гьабугеян нилъедаги абураб жо.
Гьадин абулеб буго Къуръаналда:
فَاطِرُ السَّمَاوَاتِ وَالْأَرْضِ جَعَلَ لَكُم مِّنْ أَنفُسِكُمْ أَزْوَاجاً وَمِنَ الْأَنْعَامِ أَزْوَاجاً يَذْرَؤُكُمْ فِيهِ لَيْسَ كَمِثْلِهِ شَيْءٌ وَهُوَ السَّمِيعُ البَصِيرُ
11. Жинца зобалги ракьги бижарав вуго гьев Аллагь (щибго мисал сурат гьечIого гьаб кIудияб гIалам жинца батизе гьабурав вуго Аллагь). Нужее Аллагьас руччабиги гьаруна нужерго нафсаздасан. Гьединго Аллагьас хIайваналги гьаруна бихьинал ва цIуял. Гьелдалъун Аллагьас нужер насло бижизабула ва хIайваналги гIемерлъизарула. Гьесда (ай Аллагьасда) релъараб щибго жо гьеч1о, ва гьев вуго кинабго Раг1улев, Бихьулев. (Аш-Шура, 42 сурат, 11 аят).
Цойги абулеб буго Аллагьас:
فَلاَ تَضْرِبُواْ لِلّهِ الأَمْثَالَ إِنَّ اللّهَ يَعْلَمُ وَأَنتُمْ لاَ تَعْلَمُونَ
«Нужеца Аллагьасе мисалал рачунге, гьасда досда (Аллагьги - от ред.) релълъинавун; х1акълъунго Аллагь жинда жо лъавев вуго, нужеда лъаларо». (Ан-Нах1ли, 16 сурат, 74 аят).
Огь, киг1ан рик1к1ад ругел гьал суфизаби х1акъаб жоялдаса?! Кинан ц1акъ х1инкъич1ого Аллагьасде раг1и абизе гьезда к1олеб бугеб?!
Ракьалда ругел генералаздаги ханзабаздаги Аллагь релълъинавизе бак1гойищ бугеб?
Жидехъе щвезабураб гуреб, вач1ун цониги чияс бицараб гуреб, щибго бат1ияб жо жинда лъаларев ханасда релъун вук1унищ, лъицаго щибниги Жинда бицине ккеч1ого, кинабго жо Жинда лъалев Т1адег1анав Аллагь?
Т1аде нуц1ц1аги къан, хвалдасаги рахчун, кавудахъ к1алт1у хьихьизе чаг1иги лъун, ц1акъго г1ага-божарав чи гурони т1аде-гьоркье риччач1ого ханзаби ратани, Аллагь гьедин гуревлъидал вугев. Аллагь нилъер беразда вихьулев гьеч1ониги, Жив киназдего г1агарав, Жинде ах1еян абулев, ах1арасул ах1иялъе жаваб гьабулев гурищ вугев?
Ракьалда ханзабаз жалго т1адег1ан гьарун, халкъ г1одобег1ан гьабун лъураб низам, Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьоб хьвадизабизе бегьилищ?
Бихьулищ сундаго релъарав гьеч1ев Т1адег1анав Аллагь, жидер х1улаз, кваналев, гьекъолев, х1ажатханалдеги нахъеги хьвадулев чиясда релъинавун? Вац1ад гьавула нижеца Мун ва Бет1ергьан Дуда т1асан гьез рицунел харбаздаса!
Цойгидал ханзабазде г1адин, жинда т1аде вач1унев чияс гьоркьохъан кквезе кколев вук1инч1ев г1адилав, рит1ухъав Г1умар асх1аб г1адинасда релъинавизецин Аллагьасе бегьулареб жо бихьулищ, цо гьоркьохъан ккун гурони т1аде нух гьеч1ел, к1алг1абазда жанир руссун кеп-г1оркьалда ругел зулмуял ханзабазда релъинавулев вуго Аллагь!
Т1ок1абги кинаб бук1инеб Аллагьасул Т1адег1анлъи инсанасул даражаялде г1одобе бачин! Гьеб гурищ унго-унгояб жагьиллъи? Гьеб гурищ х1акъаб нухдасан къосин?
Гьединазул х1акъалъ Къуръаналда гьадин абулеб буго:
مَا قَدَرُوا اللَّهَ حَقَّ قَدْرِهِ إِنَّ اللَّهَ لَقَوِيٌّ عَزِيزٌ
«Гьавич1о гьез х1акъаб куцалда Аллагь к1одо (ай, лъач1о гьезда кколеб куцалда Аллагьасул Т1адег1анлъи), х1акълъунго Аллагь Къуватав, лъилго квер Жинда баларев вуго». (Аль-Х1аж, 22 сурат, 74аят).
Щибго лъай гьеч1ого, кинабг1аги х1ужа-далилги гьеч1ого, абулеб раг1уда нахъе ваккун ургъич1ого, Аллагьасда т1аде вахъун абулеб раг1и буго т1арикъат чаг1азул «шайх гьеч1ев чиясул шайхлъун шайт1ан бук1унин", – абураб раг1и.
Жакъа дунялалда бугебги, цебе бук1арабги устар кквеч1еб т1олабго халкъ, шайт1аналда цадахъ бац1ун жужах1алъубе гъолеб буго суфизабаз, гьезда божун гьез бицунеб жоялда г1амал гьабуни. Кин гьебин абуни, шайт1ан шайхлъун бугев чи гьелъ жиндаго цадахъ вачинч1ого кин телев? Г1ададайищ бугеб гьелъ шайхлъи гьабулеб? Жидерго байрахъазда гъоркь, жалго аралъуре цадахъго муридзабиги рачине гурищ шайхлъиго гьабулеб? Гьедин цадахъ рачине гьелда к1олеб гьеч1они гьелъул щайихлъиялдаса нилъги щай бат1аго х1инкъизе кколел?
Шайт1аналъ лъие шайхлъи гьабулеб ва щал гьелъул шайхлъиялде гъоркье кколарел абун, кинабго бицун буго нилъеда Къуръангун х1адисалъ. Аллагьас абулеб буго:
ِنَّهُ لَيْسَ لَهُ سُلْطَانٌ عَلَى الَّذِينَ آمَنُواْ وَعَلَى رَبِّهِمْ يَتَوَكَّلُونَ إِنَّمَا سُلْطَانُهُ عَلَى الَّذِينَ يَتَوَلَّوْنَهُ وَالَّذِينَ هُم بِهِ مُشْرِكُونَ
Гьеб щайт1аналъул гьунар гьеч1о Аллагьасда иман лъурал ва гьеб иманалъулъ рит1ухъал чаг1и къосинаризе. (Гьел Аллагьасул ц1униялдалъун ц1унарал рук1уна). Аллагьасда жидеца таваккал т1амулел ва кинабго къварилъиги, г1ат1илъиги Аллагьасдаса бук1ин лъалел г1адамазда т1адги гьунар гьеч1о гьеб щайт1аналъул.
Гьеб щайт1аналъул гьунар буго жиб т1аса бищарал, жинда нахърилълъарал чаг1и къосинаризе. Гьеб щайт1аналъе лагълъи гьабун Аллагьасдехун ширк гьабулел г1адамал къосинаризеги. (Ан-Нах1ли, 16 сурат, 99-100 аятал).
Гьале гьадин буго Аллагьас абулеб. "Нужеца т1арикъаталъул шайх кквеч1они нужее шайхлъи шайт1аналъ гьабизе буго", - ян гуро абулеб бугеб. Лъида нилъ божилел?
Суфизабаз хъварал жалаздаги божун, гьезул раг1и рит1ухъ гьабуни, х1инкъи буго асх1абзабазеги, хадусел табиг1иназеги, гьездаги хадусел имамзабазеги. Щай гурелъул, гьезда жанив т1арикъат босарав, гьезул къаг1иялда устар ккурав, цо-цониги к1и-к1иниги ч1умал килщазда ххенезарулев чиго вук1инч1елъул. Авараглъи кьуралдаса 23 сон ракьалдаги бан, гьеб заманаялда жаниб кинабго диналъул жо халкъалдаги малъун, цинги хвана Мух1аммад Авараг – صلىالله عليه وسلم. Руччабазда щолеб х1айзалде г1унт1ун, к1удиябниги, гьит1инабги диналъул суал, цониги нахъа теч1ого баян гьабуна гьес нилъее, гьелъие вит1арав вук1индал гьев Аллагьас. Гьелъул х1акъалъ жинцаго Аварагас – صلىالله عليه وسلم – гьадин абулеб буго:
»انه لم يكن نبي قبلى الاكان حقاعليه ان يدل أمته على خير ما يعلمه لهم وينذرهم شر ما يعلمه لهم«
/ رواه مسلم فى حديث طويل/
«Дидасан цеве цониги авараг вук1инч1о жиндир умматалъе лъик1аб яги квешаб, жиндаго лъалеб жо гьезда бицине т1адаблъун бук1арав гурони» (Муслим).
Аллагь разилъаяв Абузаридаса бач1ана гьадинаб х1адис:
»توفي رسولالله– صلىالله عليه وسلم- وماطائر يقلب جناحيه الاّ ذكر لنا علما منه «
/رواه أحمد وغيره/
«Расулу-Ллагь – صلىالله عليه وسلم – хвана куркьби хьваг1улеб х1инч1гицин нахъа теч1ого, гьелда хурхараб г1елму-лъай нижеда бицинч1ого» /Ах1мад/.
Диналъул иш гьадин бугеб мехалда, бач1унеб буго гьанже гьадинаб суал: Жиб гьабич1они шайт1алъул шайихлъиялда гъоркье инсан ккеялда х1инкъи бук1инег1ан к1вар ц1ик1к1араб гьаб т1арикъаталъул суал, кибха бугеб Къуръаналда яги х1адисалда гьелъул х1акъалъ бицараб, цо раг1иялъул бащалъиниги? Суфизабаз абухъе, иман-исламалдасаги к1вар жиндир ц1ик1к1араб жо бук1унищ ва бук1ине бегьулищ жиндир далилго гьеч1еб? Гьаб дица гьезда абулеб раг1и нужеда ккоге гьезда лъолеб бугьтан бугилан. Гуро, гьеб буго Кизилюрталъул мажгиталъул имамас Рик1ванисев Х1абибаца абулеб жидер г1ундузда раг1арал чаг1аца бицараб жо: «Ислам таниги т1арикъат тезе бегьуларила муридас» - абун.
Х1асил: Лагъасдаги Аллагьасдаги гьоркьов гьоркьохъан кквей исламалда жаниб бук1араб, яги бугеб суал гуро. Бук1арабани гьелъул хъвараб щибниги жо батулаан нилъеда Къуръаналда, х1адисалда ва имамзабазул т1ахьазда. Гьелъул г1аксалда, т1арикъатго какун, Имам Шафиг1ияс абун буго, жинда Аллагь гурх1аяс: – «Радал т1арикъаталде чи лъугьани, къалъилелде гьесул ах1макъ вахъула» - ян. (Тальбису иблис: 370).
Кисаха бач1араб буссурбабазухъе шайх яги гьоркьохъан кквей абураб жо? Гьеб бач1ана христианаздасан. Гьезда жаниб буго гьеб. Масала: квеш хьвадулев, х1арамлъи гъачагълъиялда вук1ун, цинги вуссарав чиясул вуссин гьезул диналда рекъон къабул гьабизе ккани, килисаялъул епискапасухъеги вач1ун, цинги жинца гьабун щинаб мунагь-хат1аъ рагьун гьесдаги бицун, гьесул гьоркьохъанлъиялдалъун гьабизе ккола тавбу. Гьес досие дуг1а гьабизе ккола, гьасул мунагьал чуризе ккола, цинги дол мунагьал чурараб документги хъван, гьелда мугьроги ч1ван гьесухъе кьезе ккола. Гьеб документалда ц1арги буго г1урусулъ «индулгенция». Хал гьабе цо киг1ан "ц1акъаб" дин бугеб, жиб ФСБеялъе хайираб. Гьебги буго цо г1илла, кидаго ва кибго, «нилъер» Россиялда гурониги, къват1исел улкабазги, гьезул бут1рузги, ФСБеялъги, органазги, киналго т1арикъаталъул рахъ кквеялъе. Гьеле гьеб христианазул диналдаса босун гьабулеб буго т1арикъаталдаги гьеб жо. Ц1арал бат1иял рук1ин гурони, щибго бат1алъи к1иялдаго гьоркьобги гьеч1о.
Аллагьасухъе швеялъе гьоркьохъан кквеялъул суалалъул х1акъалъулъ гьикъидал, Аллагь жинда гурх1аяв Ибну Таймиятица хъвалеб буго гьадин:
«Ханасдаги гьесул раг1ияталдаги гьоркьор к1алт1ателал рук1унеб г1адин, Аллагьасдаги г1адамазда гьоркьорги рук1ине ккола гьоркьохъаби", - ян абулев чи вугони, - "ва гьел гьоркьохъабаз щвезарула Аллагьасде дол г1адамазул къвараг1елал. Аллагьас г1адамал гьездалъун т1орит1ула бит1араб нухде, ризкъи-маг1ишатги дозул гьоркьохъанлъиялдалъун кьола, г1адамаз гьездаса гьарула, гьез Аллагьасдаса гьарула, ханзабазухъе къвариг1елалъ унел чаг1аз г1адин, щай гурелъул, жалго г1адамал гьоркьохъан кквеч1ого бит1ахъе ханасда т1аде ине адабалда рекъон бук1унаро. Нахъеги, гьоркьохъаби ккун ханзабадаса х1ажалъи т1алаб гьаби, жалго ун гьабуралдаса хайир ц1ик1к1араб буго, щай гурелъул, дол гьоркьохъаби ханасде ц1ик1к1ун г1агарал ругелъул. Гьаб куцалда, гьоркьохъаби рук1ине ккола Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьор", - абун абулев чи вугони, гьев чи кафурчи вуго, мушрик вуго. Гьесда тавбо гьабеян абизе ккола, гьабуни живго тола, гьабич1они гьесул бет1ер къот1изе ккола». (Маг1муг1уль – фатава: 1/126).
Жакъа Дагъистаналъулги, Чачаназулги суфизабазул хал гьабуни, цониги ватуларо нилъеда устарасул кумек жиндие швезеги, гьес Аллагьасдаги жиндаги гьоркьоб гьоркьохъанлъи гьабиялъеги гурони гьезухъе хьвадулев чи. Устар ккурал муридзабазда гьикъидал, гьедин гьеб жо бук1ин балъго гьабула цо-цояз, амма г1емераз щибго бахчич1ого рагьунги бицуна. Х1атта, цо к1ванадисес, «бук1унаро гьев Кунта Х1ажил дуе кумек, вач1унаро гьев дуда цебесан жаваб кьезе х1абалъеги", – ян абидал абун буго: «Дир рух1 бахъулелъул иманалда рух1 ц1унизеги вач1унев гьеч1они, дида цебеса Мункар-Накирасе жавабги гьес кьолеб гьеч1они, дун алжаналдеги гьес вачунев гьеч1они, гьадингун додин гьавизейищ дие гьев къвариг1ун вугев», - ян хъубаб раг1удалъун абун буго. Гьеб абурав чиги Бутаг1инил Нажмудин раг1ула.
Доб цебе бицараб, Ибну Таймияца абураб раг1иги х1исабалде босун гьал суфизабазе къимат кьуни, нужго балагьеха, щиб бак1алда гьел кколел ругел? Нилъгони гьезда кафурзабиян ц1ар лъезе г1едег1иларо. Нилъеца гьезда ц1ар лъуниги лъеч1ониги, Аллагьас гьезие гьабулеб жо, нилъеда бач1ого, Гьесул жиндирго бук1уна. Кинниги, к1удияб х1инкъиялда гьоркь руго гьал гъаримал суфизаби.
Устар кквезе ккеялъе х1ужжалъун суфизабаз бачунеб гьаб аяталъул бицани:
يَاأَيُّهَا الَّذِينَ ءَامَنُوا اتَّقُوا اللَّهَ وَابْتَغُوا إِلَيْهِ الْوَسِيلَةَ وَجَاهِدُوا فِي سَبِيلِهِ لَعَلَّكُمْ تُفْلِحُونَ
Я гьал иман лъурал г1адамал! Нуж Аллагьасул амруялда хилифлъизе, гьесда г1асилъизе х1инкъа Аллагьасул г1акъуба-г1азаб нужеда щвеч1ого бук1ине. Ва нужеца нуж Аллагьасде г1агарлъулел рахъалги, сабабалги т1алаб гьаре, (лъик1аб г1амал гьабун, Аллагь разилъи т1алаб гьабун хьваде). Ва нужеца Аллагьасул дин ракьалда бук1иналъе г1оло жигьадги гьабе. Гьедин нуж хьвадани нужер абадияб талих1-рохелалда кверщел батила. (Аль-Маида, 5 сурат, 35 аят).
Къуръаналъул маг1на гьабулел тафсиралъул г1алимзабаз гьеб «василаталъул» мурад бугин абулеб буго, "Аллагьасда иман лъей, лъик1аб г1амал гьаби, гьабеян амру гьабураб гьабун, теян нагью гьабураб тун, Аллагь разияб куцалда ракьалда т1ад хьвади. Аяталъул маг1на кколеб бугоха гьеб мехалда: "Аллагьасда иман лъейги ва лъик1аб г1амал гьабиги ккве гьоркьохъанлъун Аллагьасде г1агарлъиялъе ва швеялъе", - ян абураб. Амма, "тарикъаталъул устарги ккун, гьесул гьоркьохъанлъиялдалъун гьабе Аллагьасде г1агарлъизе т1алаб абураб мурад буго гьаб аяталъул", - ан абурав вахъун гьеч1о цониги тафсиралъул г1алимчи.
Гьелъул г1аксалда, гьал суфизабаз абулеб г1адабго жо хъанчие лагълъи гьабулеб агьлуялъ абулеб бук1араблъи бицун бач1ун буго Къуръаналда Аллагьас:
أَلَا لِلَّهِ الدِّينُ الْخَالِصُ وَالَّذِينَ اتَّخَذُوا مِن دُونِهِ أَوْلِيَاء مَا نَعْبُدُهُمْ إِلَّا لِيُقَرِّبُونَا إِلَى اللَّهِ زُلْفَى إِنَّ اللَّهَ يَحْكُمُ بَيْنَهُمْ فِي مَا هُمْ فِيهِ يَخْتَلِفُونَ إِنَّ اللَّهَ لَا يَهْدِي مَنْ هُوَ كَاذِبٌ كَفَّارٌ
Мун кантIе ва дуда лъай! ЦохIо Аллагьасе буго бацIцIадаб ва хIакъаб дин. Гьев Аллагьги тун цоги Аллагьзаби жидер вализабилъун ккурал гIадамаз абулеб буго: «Нижеца гьал алагьзабазе лагълъи гьабулеб гьечIо, гьез ниж Аллагьасде цIакъ гIагар гьаризелъун гурони», - абун. Къиямасеб къоялъ Аллагьас хIукму гьабизе буго гьезда гьоркьоб жал хилифлъараб диналъул масъалаялъулъ: Аллагь цо гьавун гьесие гIибадат бацIцIад гьабураздаги, жидеца хъанчие лагълъи гьабун Аллагьасдехун ширк гьабураздаги гьоркьоб. Аллагьас хIакъаб диналда тIовитIуларо жинца гьересиги бицунев ва Аллагьасда инкар ккурав чи. (Аз-Зумар, 39 сурат, 3 аят).
Хал гьабеха, щиб бат1алъи бугеб хъанчил агьлуялъул доб жавабалдаги, т1арикъаталъул агьлуялъул гьаб жавабалдаги гьоркьоб? Щибго гьеч1о. Батаниги цо бат1алъи буго: доз хварал хъанчазе лагълъи гьабулеб буго ва долги жидеца гьабулеб жо лагълъи бук1иналда мук1урал руго, лагълъи гьабиялъул маг1на дозда бич1ч1улеб бук1иналъ, амма, гьал цоял, жидеца гьабулеб жо лагълъи гуроян ч1ч1ун руго.
Доздаги гьаздаги гьоркьоб г1ажаибаб цойги релъенлъи буго аяталда бач1ун: доз жидее лагълъи гьабулел хъанчазда Аллагьас «авлияал» абун ц1ар лъун буго, гьаз жидерго устарзабада-шайхзабаздаги «авлияалин» абула. Гьалдеги суфизаби шайт1аналъ кант1изе риччаларо.
Доб «василат» квеялъул аяталда хурхун, жеги цойги жо буго абизе бокьараб. Гьеб аят буго доб заманаялъго авараг – صلىالله عليه وسلم – ч1аго вук1ун гьесда рещт1араб. Т1оцебе аяталда г1амал гьабизе мустах1икъал чаг1и руго живго аварагги – صلىالله عليه وسلم – гьесда сверун рук1арал гьесул асх1абзабиги, аят решт1инего гьелъие (г1амал гьабиялъе) г1оло решт1араб бук1унелъул. Гьаха суфизаби, нужеца абухъе маг1на гьаб аяталъул батани, шайха доз устар-шайх кквеч1ев? Гьев кквеч1они шайхлъун шайт1ан бук1унинги щай абич1еб? Гьединаб жо гьез абун яги гьабун бук1арабани, гьебги щвелароанищ нилъехъе, Къуръан-Х1адисалда ва асх1абзабазул раг1иялда цадахъго? Яги аварагасдаса – صلىالله عليه وسلم – хадуб 3 г1асро индал, суфизабазейищ загьирлъараб аяталъул ц1ияб маг1на?
Пикро гьабурав чиясда гьаниб бич1ч1ула т1арикъат чаг1аца жидерго жо билъанхъиялъе, шайхазабазда сверун халкъ бак1ариялъе ва г1адамазул бут1урул сверизаризе кин Къуръаналъул маг1наби жидеего бокьухъе хисизарулел ругел абун. Аллагь, Мун вуго нижер Вакиль, цох1о Дудасан бугоха нижее кумекги.
Мух1аммад авараг – صلىالله عليه وسلم – гьоркьохъан гурищ вук1арав, нилъедаги Аллагьасдаги гьоркьовин гьикъани, гьелъие жаваб гьадинаб буго: У, гьоркьохъан вук1ана, амма сундуе гьоркьохъан гьев вук1арав? Нилъ Аллагьасде жинцаго г1агар гьариялъе яги щвезариялъейищ? Яги, холеб заманаялъ нилъер иман ц1унизе гьев вач1инейищ? Ялъуни, хун хабалъ нилъ лъедал вач1ун, нилъеда цебесан Мункар-Накирасе жинцаго жаваб кьеялъейищ? Гуро, гьездаса цонигиялъе вук1инч1о. Гьев гьоркьохъан вук1ана, Аллагьас гьесухъе кьураб жо, гьесде рещт1араб вах1ю, гьес нилъехъе кьеялъе ва Аллагьасде нилъ г1агарлъулеб ва Гьесде нилъ щолеб нух нилъеда малъиялъе. Къокъго абуни – кинабго диналъул лъай-г1елму нилъеда малъиялъе. Гьеле гьелъие буго аварагасул – صلىالله عليه وسلم – гьоркьохъанлъи.
Гьелъие бук1ана гьесул гьоркъохъанлъиян бач1ун буго Къуръаналдаги:
يَاأَيُّهَا الرَّسُولُ بَلِّغْ مَا أُنْزِلَ إِلَيْكَ مِنْ رَبِّكَ وَإِنْ لَمْ تَفْعَلْ فَمَا بَلَّغْتَ رِسَالَتَهُ وَاللَّهُ يَعْصِمُكَ مِنَ النَّاسِ إِنَّ اللَّهَ لَا يَهْدِي الْقَوْمَ الْكَافِرِينَ
Я гьав Бичасул авараг! Дуца г1адамазухъе щвезабе, дица дуде рещт1инабураб Къуръан. Гьаб Къуръан дуца г1адамазухъе щвезабич1они, мун Аллагьасул рисалат т1обит1аравлъун вук1унаро. Г1адамазул заралалдаса мун х1инкъуге. Аллагь вуго мун ц1унулев гьезул заралалдаса. Х1акълъунго Аллагьас кафураб къавм бит1араб нухалда т1обит1уларо. (Аль-Маида, 5 сурат, 67 аят).
Гьале гьаб буго аварагасде – صلىالله عليه وسلم – бугеб Т1адег1анав Аллагьасул буюрухъ. Буюрухъ т1убан аварагасги – صلىالله عليه وسلم – швезабуна, малъана, бихьизабуна, бич1ч1изабуна ва диналъул кинабго жо камилго нелъехъеги кьун, цинги Бет1ергьанасухъе ана.
Гьадин дин малъиялъулъ нилъедаги Аллагьасдаги гьоркьов авараг – صلىالله عليه وسلم – вук1араб г1адинго, гьесдаги Аллагьасдаги гьоркьов Жабраил малаикги вук1ана гьоркьохъанлъун. Гьединго нилъедаги аварагасдаги гьоркьор, кинабго гьаб диналъул г1елму жидедасан нилъехъе бач1арал г1алимзабиги рук1ана гьоркьохъабилъун.
Кинниги гьелъул маг1на кколаро, нилъеца гьабулеб г1ибадаталъулъги, Аллагьасде гьабулеб дуг1а-гьариялъулъги гьел нилъее гьоркьохъаби ругин ва гьез руго нилъ Аллагьасде щвезеарулелин абураб. Гьез нилъеда малъулеб жо малъана, жидехъ бугеб г1елму-лъай кьуна, Аллагь гурх1аги гьезда. Гьанже нилъ Аллагьасде г1агарлъизеги, Гьесде нилъ швезелъунги, нилъеца нилъерго г1амал кквезе ккола гьоркьохъанлъун. Цо кисаналиго шайхги вач1ун, гьес гьакидаги рахинарун Аллагьасде швезариялъул х1орал хьулазда нилъ рук1ине бегьуларо. Гьале гьадинаб буго «васила» кквеян абураб аяталъул маг1на.
Цо нухалда, цо данделъун к1алъай гьабулеб бук1алда, жиндир г1агараб щинаб тухумалъул ва г1агарав щинав чиясул ц1ар-ц1арги бахъун, хит1аб гьабун Мух1аммад аварагас – صلىالله عليه وسلم – абун буго: «…ва Г1аббас, Расулу Ллагьасул имг1ал, мун ц1аялдаса хвасарлъиялъе дуцаго г1амал гьабе, метер Аллагьасда цебе дуе щибго кумек гьабун дихъа бажаруларо… Ва Фат1имат, Расулу Ллагьасул яс, гьаб дунялалда дихъ бугеб шагьи-пара дидаса гьаре, гьеб к1ола дида нужее кьезе, амма метер къоялда Аллагьасда цебе дуе кумек гьабун дихъа бажаруларо …» - ян. (Муслим, ан-Насаи).
Бихьулищ диналъул вацал, аварагзабазулги к1удияв, Аллагьасеги вищун хирияв Мух1аммад аварагас – صلىالله عليه وسلم – абун бугеб раг1и, берзул канлъиг1ан жиндие хирияй ясалдаги ва тухумалда жанив вищунго г1агарав имг1аласдаги? Шайхас муридасда г1адин абун гьеч1о, «нужеда нахъа ч1ч1ун дун вуго, нужеда ургъел ч1ваге, дица рачуна нуж алжаналде» - абун. Гьедин абулебги, абизе бегьулебги низам исламалда бук1арабани, гьединаб раг1и абизе Аварагасдаса – صلىالله عليه وسلم – мустах1икъав щивго вук1инароан. Кинниги, Аллагьас жинцаго лъураб, инсанас ургъун бахъараб гуреб, исламалъул г1адлу-низам, суфизабазулалдаса кьуч1дасанго бат1ияб буго. Кида гьаб жо бич1ч1улеб гьал мискинзабазда?
Гурабаялда хъвазе т1ехь къач1ана Абу Ах1мадица.
Т1ехьалъул автор Г1абдуЛЛагь Мух1аммад ад-Дагъистани.
Хадусеб бук1ине буго…
ИА "GURABA" |
Комментарии
Багьавдинил ваг1заялъул цогиял бут1аби кват1ич1ого рук1ина , Аллагьас хъван батани.
Нилъер Дагъистаналда г1емерисезда т1арикъаталъ хъублъизабураб гурони бат1ияб дин бихьизе толаро, ва г1емерисезда лъаларо рит1ухъаб дин.
Нилъеда т1адаб буго киназдаго бац1адаб дин бихьизабизеги малъизеги. Ответить | Ответить с цитатой | Цитировать