Аллагьас халкъ бижизабуна жиндиего г1ибадат гьабизе. Ва гьезие г1ибадат гьабиялъе кумекалъе къвариг1унеб ризкъиги бижизабуна. Аллагьас абуна:
«Дица киналго женал ва г1адамал рижич1о жидеца дие лагълъи гьабизелъун гурони. Дие гьездаса кинабг1аги ризкъиги бокьун гьеч1о, яги гьез дие квен-т1ех кьеялда х1ажатавги гьеч1о дун. Х1акълъунго Аллагь вуго жинца ризкъи кьолев Разикъ, жиндир къуват гуч бергьаравги вуго гьев Аллагь». (Аз-Зарияти, 51 сурат, 56-58 аятал).
Щибаб нафс жиб бижараб фит1раялда тани – гьелъ т1аса бищула Аллагь вук1ин, Аллагь вокьи, ва Гьесие г1ибадат гьаби ва сундалъунго гьесие ширк гьабич1ого бук1инги. Гьедин гьеб нафс бугониги, гьеб фасад гьабула ва бит1араб нухалдаса хъушт1изабула – гьелда берцин бихьизабула г1адамазулги жундузулги щайт1абаз, цояз цоязда вах1ю гьабун абулел берцинал, амма гьересиял раг1аби. Тавх1ид (Аллагь цо гьави) фит1раялда жаниб бугеб жо буго, амма ширк гьеб фит1раялда т1аде лъугьунеб ц1ияб жо буго. Аллагьас абуна:
«Дуца дур нафс цох1о Аллагьасе дин гьабиялде буссинабе ва гьелда т1ад ч1ч1езабе. Кинабго бат1улаб динги жибго тун, цох1о исламияб дин гьабе. Исламияб дин буго, Аллагьас киналго г1адамал жиб гьабизе к1олеллъун рижараб дин. Гьелъул аслуги Аллагь цо гьави буго. Гьеб Аллагьасул амруги жиб хисизабулареб (амру) буго». (Ар-Рум, 30 сурат, 30 аят).
Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: «кинабго лъимер фит1раялда бижула, гьезул эбел-инсуца ягьудияллъун, нассранияллъун яги мажусияллъун рахъинарула». (Бухари ва Муслим).
Адамил лъимадул аслу тавх1ид буго. Динул ислам Адамил (г1алайгьи салам) ва гьесда хадур рач1арал, гьесул зурияталъул заманалдаса бахъараб бугеб дин буго. Аллагьас абуна: «Киналго г1адамал цо исламияб умматлъум бук1ана (тавх1идалъул агьло бук1ана). Цинги (гьезул иман биххизе лъугьиндал) Аллагьас аварагзаби рит1ана, жидеца (иманалда ч1аразе алжаналдалъун) рохел бицунел, (куфро-ширк гьабуразе жужах1алдалъун) х1инкъи къолел…». (Аль-Бакъарати, 2 сурат, 213 аят).
Т1оцебесе ширк ва бит1араб нухалдаса гьет1и байбихьана Нух1 (г1алайгьи салам) аварагасул къавмалда. Ва Нух1 (г1алайгьи салам) вук1ана т1оцебесев Аллагьасул чапар (расул). Аллагьас абулеб буго: «Х1акълъунго дица дуда вах1ю гьабуна Мух1аммад, умматалъухъе щвезабулеб дин, Дица Нух1 аварагасде вах1ю гьабураб г1адин, гьесда хадуб цойги аварагзабаздаги вах1ю гьабураб г1адин». (Ан-Нисаъ, 4 сурат, 163 аят).
Ибну Г1абасица (жиндаса Аллагь разилъаяв) абуна: «Адамида ва Нух1ида (г1алайгьима ссалам) гьоркьоб анц1го къарно (век) бук1ана, гьеб кинабго заманаялъ ракьалда исламги бук1ана», - ян.
Ибну Къайимицаги (рах1матуллагьи г1алайгьи) гьедин абулеб буго.
Аварагзаби халкъалде рит1иялъе сабаблъун ккана, бит1араб диналда рук1арал г1адамал рикь-рикьун, бат1и-бат1ияб дин гьабизе лъугьин. Г1арабал рук1арал г1адин Ибрагьим аварагасул (г1алайгьи салам) диналда, Г1амр ибну Ал-Лух1ай Алхузаг1ияв вач1инег1ан. Гьес Ибрагьим Аварагасул дин хисизабуна, ва г1арабазул ракьалде хъанчалги рач1ана. Цинги гьез Аллагьги тун хъанчазе г1ибадат гьабуна, ширкги т1обит1ана гьаб хирияб ракьалда (Макка), ва гьелда сверухъ ругел ракьаздаги, авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Аллагьас вит1изег1ан. Мух1аммад аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) г1адамал ах1ана Ибрагьим аварагасул диналде, ва Аллагьасул нухда жигьадги гьабуна, бац1ц1адаб г1акъидаялде г1адамал рач1инег1ан. Гьес хъанчал рекана ва гьесдалъун Аллагьас динги камил гьабуна. Ва гьесдалъун г1аламалъего ниг1матги камил гьабуна. Цинги, цебего Адамил заманаялъго бук1араб г1адин, бит1араб диналде умматги буссана.
Амма, хадусел г1асрабазда жагьиллъи т1обит1ана ва исламалда жанибе цойгидал диналги лъугьана. Гьаб умматалъул г1емерисел ширкалде т1ад руссана, къоселалде г1адамал ах1улезулги къадар ц1ик1к1ана. Вализабийин ва лъик1ал г1адамалин абун, хабалазда къубаби рана. Хъанчазе г1ибадат гьабизе лъугьана, Аллагьасе г1ибадат гьабиги жибго тун, ва гьел хабалазулъ ругезда ах1и базе байбихьана, ва гьезул макъамалъе би т1езе лъугьана (ай, гьезие къурбанал хъвезе). Ва гьеб ширкалда ц1арги лъуна, «лъик1ал г1адамаздалъун тавасул (ай хурхен) гьаби, ва гьел рокьи загьир гьаби», - абун, ва гьезги, «гьеб г1ибадат кколаро», - ян абуна. Ва гьезда к1очана, гьеб раг1и цере рук1арал мушрикиназги абулеб бук1ин. Гьелъул х1акъалъулъ, кафурзабазул раг1и бицун, Аллагьас абулеб буго: «…Нижеца гьал аллагьзабазе лагълъи гьабулеб гьеч1о, гьез ниж Аллагьасде ц1акъ г1агар гьаризе гурони…». (Аз-Ззумар, 39 сурат, 3 аят).
Инсанияталъул церецел ва хадусел умматазде жиб ккараб ширкгун цадахъ, ц1ик1к1унисеб умматалъ иман лъола рубубияталда, ай, Аллагь бет1ергьан вук1иналда, амма гьез ширк гьабула г1ибадаталъулъ. Аллагьас абулеб буго: «Аллагьасде иман лъурал г1адамазул г1емерисез иман лъоларо, (иман лъейгун цадахъ) жидеца ширк гьабулел рук1ун гурони». (Юсуф, 12 сурат, 106 аят).
Инсанияталда жаниб Бет1ергьан вук1иналъе жах1да кквеч1о ц1акъго дагьаб къадаралъ гурони (фирг1авница ва комунистал г1адиназ гурони). Гьез Аллагьасде жах1да кквейги жидер ч1ух1иялъ бук1ана. Гьедин бук1инч1ебани, гьелги мук1урлъизе рук1ана Аллагь вук1иналъе. Аллагьас гьединазул х1акъалъулъ абулеб буго: «Жидеца гьел баянал х1ужабазда инкар ккуна, жидер нафсазе гьел х1акъал рук1ин лъалеб бук1аниги: жидеца нафсазе зулму гьабун ва х1акъаб жо къабул гьабизе ч1ух1ун ...» (Ан-Намли, 27 сурат, 14 аят).
Гьезул г1акълоялда лъала шибаб бижараб жоялъе бижизабулев чи вук1ине кколеблъи ва гьаб дуниял бачине жиндир къудрат бугев чи вук1ине кколеблъиги. Гьеб инкар гьабурав чи вук1уна, яги жиндир г1акъло гьеч1ев, яги ч1ух1арав ва ч1ух1иялъ жиндир г1акъло рахарав. Валь х1амуду ли Ллагьи раббиль г1аламин.
Буссинабуна Абу Г1асимица
ИА GURABA
|