Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Аварагасул хвел-1

wmv     flv
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Абу Аюб ал-Ансари
05.11.2008

къуст1ант1иналъул (стамбул) къадазда гъоркь жив вукъарав

Гьав асх1абасда ц1ар буго Халид ибн Зайд ибн Кулайб, ва гьав ккола Бану Наджар абураб къабилаялдаса. Гьесул т1ок1ц1ар буго Абу Аюб.

Вугищ буссурбабазда гьоркьов щивниги, жинда Абу Аюб лъаларев чи?!

Т1адег1анав Аллагьас Магърибгун, Машрикъалда гьесул ц1ар т1обит1изабуна ва халкъалда гьоркьоб гьесул къадру-къимат т1адег1ан гьабуна. Гьеб гуребги, Аллагьас гьесул рукъ т1аса бищана, гьижра гьабун вач1унев Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) рещт1унеб бак1лъунги.

Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Абу Аюбил рокъов рещт1иналъул бицунеб къиссаялъул, киг1ан гьеб такрарлъаниги, берцинлъи ва г1ащикълъи гурони бук1унаро.

Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Мадинаялде щвараб мехалъ, кинавниги сафаралдаса вач1унев чи к1одо гьавуларев г1адин, лъик1аб куцалда дандч1вай гьабун, к1одо гьавуна гьев Мадинаялъул агьлуялъ.

Гьез жидерго рак1ал рагьана гьесие ва жидер бералги гьесдаса рат1алъулел рук1инч1о, гьесухъ ккараб рокьигун г1ищкъуялъ.

Гьезул щивас авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) жидехъего рещт1ине, жидерго нуц1би рагьун тун рук1ана. Кинниги (жинда ссвалат салам лъеяв) аварагас Мадинаялде лъугьиналде цебе, Къубаялда ункъго къоги бан, гьениб Исламалда жаниб т1оцебесеб мажгит бана. Хадуб гьениса къват1иве лъугьун Мадинаялде гьев щваравго, гьевгун дандч1вазе рач1ана Мадинаялда ругел къадру т1адег1анал г1адамал ва гьев т1ад рек1ун вугеб вараниялда цере-цере лъугьун, гьез аварагасда жидерго минаялда рещт1аян гьарулеб бук1ана ва жидеца киналг1аги дуе квешлъи бокьарал г1адамаздаса мун ц1унилаянги абулеб бук1ана. Кинниги аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьезда абулеб бук1ана, «гьеб (ай варани) жибго биччан те, х1акълъунго гьеб Аллагьасул рахъалъан амру гьабураб буго», - ян абулеб бук1ана. (Ай, ч1езе бак1 хъирщизе амру гьабураб буго).

Гьедин варани жиндир рукъалда ццебесан билъун арабго, рукъалъул хважаинасул рак1 къварилъулеб бук1ана ва гьесда хадусев мадугьал воххулев вук1ана, жиндирго минаялъув рещт1иналда хьул лъун. Гьедин унаго варани, Абу Аюбил минаялда цебе г1одоб ч1ч1ана.

Амма Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) гьелдаса рещт1инч1о. Цинги варани т1адеги бахъун цодагьалъги цебег1ан билъун, ц1идасан т1адеги буссун, т1оцебе жибго г1одоб ч1араб бак1алда г1одоб ч1ана. Гьеб мехалъ кутакаб роххел рещт1ана Абу Аюбил рек1елъе ва гьев г1едег1ана аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) дандч1вай гьабун, гьев рокъове вачине. Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) къайи-матах1 кодобе босараб мехалъ, Абу Аюб (жиндаса Аллагь разилъаяв) вук1ана дунялалда т1ад бугебщинаб хазина кодоб ккурав чи г1адин вохун.

* * *

Абу Аюбил бук1ана к1ит1алаяб мина. Т1асияб т1ала ч1обого гьабуна Абу Аюбица авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) жанив рещт1ине. Амма аварагасе бокьана гъоркьияб т1ала, Абу Аюбицаги гьесие бокьаралъув тана гьев. Щай гурелъул, гьесул мурад бук1ана авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) рази гьави.

Сордоги бач1ун авараг бусаде вахиндал, Абу Аюбги, гьесул хъизанги т1асияб т1алаялде рахун, гьез нуц1а къарабго, Абу Аюбица лъадиялда абуна: «Нилъеца гьабураб щиб? Бичасул авараг гъоркьияб т1алаялъувги тун, нилъ гьесда т1адехун кин рук1унел? Аварагасда т1асан кин нилъ хьвадилел? Гьесде вах1ю рещт1унеб мехалъ нилъ гьезда гьоркьойищ рук1инел? Х1акълъунго, нилъ гьадин хут1ани, Аллагьас нилъ гьалаг гьарула», - абун.

Цинги рос-лъади ц1акъ ургъалилъе ккана ва жидецаго гьабураб пишаялда ц1акъ рак1 гурх1ун лъугьана. Кинго гьел к1иязего бокьич1о аварагасда т1аде кколеб бак1алда кьижизе ва т1огьисеб х1ат1азда къадал ракьандасанги рилъун, рукъалъул цо бук1нилъ регана.

Рогьарабго Абу Аюбица, жинда ссвалат салам лъеяв Бичасул аварагасда абуна: «Валлагьи Бичасул авараг, нолъ дицаги Умму Аюбицаги бер данде бачинч1о», - абун. Аварагас щайин гьикъидал, гьес абуна: «Мун нижеда гъоркьги вук1ун, кьижун ругел ниж бусада свер-сведидал, мокърукьан дуде ракь гъун, нижеца дуе зарал гьабиялда х1инкъана», - абун.

Цинги аварагас гьесда абуна: «Гьелъул дуца к1вар гьабуге, х1акълъунго нижее гъоркьияб т1алаялда лъик1 буго ва данде кколеб буго, т1аде рач1унел г1адамал г1емерал рук1унеллъидал», - абун.

Гьеб мехалъги аварагас абуралда нахъ вилъун, Абу Аюб т1асияб т1алаялъув вук1ана. Цо ц1акъ квачараб сордоялъ, жаниб лъим бук1араб хъабаги бекун, гьелда жаниб бук1араб лъим т1обит1ун ана. Абу Аюбица ва гьесул хъизаналъ, жидедаго т1аде балеблъун бук1араб къат1ипадуца бац1ц1ун, лъедаса ч1абар бакъвазабуна, аварагасде (жинда ссвалат салам лъеяв) т1инк1иялдаса х1инкъун.

Рогьел баккидал Абу Аюбица аварагасда абуна: «Дир эбел-эмен хун мун нахъе хут1аяв Бичасул авараг, дие ц1акъ бокьулеб гьеч1о мун гъоркьияб рахъалдаги тун, дунги, лъадиги т1асияб т1алаялда рук1ине», - абун. Ва жеги бекараб хъабадул къиссаги гьес бициндал, авараг т1асияб т1алаялдехун вахун, Абу Аюбги, гьесул хъизанги гъоркьиялде рещт1ана.

* * *

Варани ч1ч1араб бак1алда мажгит бан лъуг1изег1ан анкьго моц1алъ Абу Аюбил азбаралъув вук1ана авараг (жинда ссвалат салам лъеяв). Гьелдаса хадуб, мажгиталда сверун гьесиеги ва гьесул руччабазеги гьабурал г1иссиналго рукъзабахъе вахъана авараг (жинда ссвалат салам лъеяв). Кинниги, гьевги, Абу Аюбги мадугьалзабилъун хут1ана.

* * *

Рак1-рак1алъ Абу Аюбие вокьана Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв). Гьединго рак1-рак1алъ аварагасеги вокьана Абу Аюб, х1атта гьесул рукъ Бичасул аварагсда жиндиргоян кколеб бук1ана.

* * *

Ибну Г1аббасица бицана:

Цо къоялъ бух1ун баг1арараб къалъул г1ужалда, рокъосаги вахъун, мажгиталде вач1ана Абу Бакр (жиндаса Аллагь разилъаяв), цинги гьев вихьидал, Г1умарица t гьесда гьикъана:

- «Гьадинаб г1ужалъ мун щибизе къват1иве вахъарав», - абун?

- «Кутакаб вакъиялъ вахъанин», - абуна Абу Бакрица. Гьеб мехалъ Г1умарицаги t абуна:

- «Валлагьи, дунги гьебго жоялъ гурони вахъинч1о», - абун. Гьел гьедин рук1аго Бичасул авараг r т1аде вач1ун, гьезда гьикъана:

- «Гьадинаб саг1аталъ нуж сундуе г1оло къват1ире рахъарал», - абун? Гьез абуна:

- Валлагьи кутакаб ракъиялъ гурони ниж къват1ире рачинч1о», - абун. Цинги аварагас r абуна:

- «Дир нафс жиндир кодоб бугесул ц1аралх1аги, гьебго жоялъ гурони дунги къват1иве вачинч1о», - абун. Цинги аварагас r абуна:

- «Рахъа дида цадахъ", - абун. Цинги гьел Абу Аюбихъе ана. Абу Аюбица къойилго аварагасе r квен нахъ ц1унун толеб бук1ана, гьев r вач1ине кват1идал жиндирго агьлуялъе кьолебги бук1ана гьеб.

Цинги гьел Абу Аюбил нуц1ихъе щведал, Умму Аюб яч1ун, нуц1а рагьана ва гьелъ абуна:

- «Салам Аварагасе ва гьесда цадахъ ругезе», - абун. Аварагас r гьелда, «Абу Аюб кив вугев», - ан гьикъана? Аск1обг1анго бугеб чамасдакил ахикь х1алт1улев вук1арав Абу Аюбида аварагасул r гьаракь раг1идал, хехлъи гьабун вач1ун, гьес абуна:

- «Салам Бичасул аварагасе r ва гьесда цадахъ ругезе. Мун вач1унареб г1ужалъ вач1анаха Бичасул авараг", - абун.

- «Бит1араб бугоха», - ян абуна аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв). Цинги Абу Аюб ахикьеги ун, барщараб чамасдак т1ад бугеб г1аркьелги босун вач1ана, ва дица гьанже х1айванги хъвела», - ян абуна. Аварагас r гьесда абуна:

- «Дуца хъолеб бугони, беч1ч1улеб хъоге», - абун.

Гьеб хъун бахъиндал Абу Аюбица хъизаналда, «дуца гьанже буц буцун, нижее чед беже», - ян абуна.

Хъураб жоялъул бащадаб рахъги белъун, хут1араб бежана гьес. Х1адурараб квен цебе лъедал, аварагас r цо гьит1инаб гьанал кесек босун, чадида жанибги лъун, Абу Аюбихъеги гьебги кьун абуна: «Ва Абу Аюб, гьабги босун мун Фат1иматихъе ая (аварагасул яс), гьадинаб квен гьелъие цебегоялдаса щун бук1инч1о», - абун.

Кванан рахъараб мехалъ Бичасул аварагас r абуна: «Чед, гьан ва чамасдак...»! Цинги к1иябго бадиб маг1уги хулун гьес r абуна: «Дир нафс жиндир кодоб бугев Аллагьасх1аги, х1акълъунго гьаб буго къиямасеб къоялъ нужеда жиндир х1акъалъулъ гьикъулеб ниг1мат. Гьадинаб жо нужее кваназе щведал, нужеца церег1ан къан "Бисмиллагь" абе, ва кванан рахъиндал «Щибаб рецц Аллагьасе буго нилъее хирияб ва лъик1аб ниг1мат кьун, нилъ г1орц1изавурав», ан абе. Цинги авараг r т1адеги вахъун гьес r Абу Аюбида «метер нижехъе вач1а» - ян абуна.

Бичасул авараг r вук1ана, жиндие лъик1лъи гьабурасе лъик1лъи гьабизе бокьулевлъун. Абу Аюбида гьес r абураб раг1ич1еб мехалъ, Г1умарица t гьесда раг1изабуна. Гьеб мехалъ Абу Аюбица t абуна: «Раг1ана ва мут1иг1лъана Бичасул аварагасе», - ян.

Нахъисеб къоялъ Абу Аюб t аварагасухъе r индал, аварагас r гьесие жидеего хъулухъ гьабулей йик1арай яс сайгъат гьаюна ва гьесдаги абуна: «Гьалдехун лъик1аб бербалагьи гьабе ва Абу Аюб, х1акълъунго лъик1лъи гурони гьалдасан нижеда бихьич1о», - абун.

* * *

Цадахъ ячун хъулухъ ч1ужугун Абу Аюб рокъов вач1индал, Умму Аюбица гьесда гьикъана:

- «Гьай лъие ячарай ва Абу Аюб», - абун. Гьес абуна:

- «Гьай Бичасул аварагас r нилъее сайгъат гьаюрай йиго», - абун. Хадуб гьес абуна:

- «Бичасул аварагас r нилъеда васият гьабуна гьалдехун лъик1аб бербалагьи гьабе», - ян. Гьеб мехалъ Умму Аюбица абуна:

- «Щибха нилъеца гьелъие гьабилеб, аварагасул r васият т1убараллъун нилъ рук1ине ккани»? Цинги Абу Аюбица абуна:

- «Валлагьи нилъеца гьай тархъи гурони, дида т1ок1аб лъик1лъи гьалдехун бихьуларо», - абун. Цинги Умму Аюбица «мун бит1ун ккана», - ян абуна, ва гьесги гьей тархъана.

* * *

Гьаб буго Абу Аюбил ракълилаб заманаялда рук1арал цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьес рагъухъан х1исабалда тараб нухалъул хал гьабидал – гьенирги нилъеда ратила г1емерал лъик1ал лъугьа-бахъинал.

Т1убараб г1умруялъго Аллагьасул нухда г1азичилъун вук1ана Абу Аюб. Х1атта, гьесул х1акъалъулъ абулаан, аварагасул r заманалдаса бахъараб, Муг1авиятил заманалде щвезег1ан буссурбабаз гьабураб цог1аги гъазаваталдаса нахъе къан хут1ич1ин гьевин абун. Нагагь гьес жиндилъ г1ахьаллъи рагъ батани, гьебги бук1ана цойгидаб рагъулъ гьев г1ахьаллъулев вук1ин сабаблъун.

Гьесул ахирисеб гъазават бук1ана, Муг1авиятил заманаялъ, гьесул вас Язидил бет1ерлъиялда гъоркь, Къуст1ант1иния (Стамбул) рагьизе гьабураб гъазават. Гьеб мехалъ Абу Аюб вук1ана ункъогоялде г1умру бахарав херав чи. Кин бугониги херлъиялъ гьев, Язидил байрахъалда гъоркь аскаралде лъугьиналдаса ва гумузда рек1ун унел боялгун цадахъ, гъазаваталде вахъиналдаса нахъе ч1вач1о.

Амма, г1емераб замана инч1ого, цинт1аго т1аде бач1араб унтиялъ рагъул маг1ракаталдаса гьукъана гьев. Гьесде ваккизе вач1арав Язидица гьесда, «дур щибго х1ажат бугищ, ва Абу Аюб», - ан гьикъана? Гьеб мехалъ гьес абуна:

- «Дир рахъалдасан буссурбабазул аскаразда салам бице ва гьезда абе: - «Абу Аюбица нужеде васият гьабулеб буго, тущманасул ракьалда нуж таваккалалда, киг1ан к1унги церехун аян, ва нужеца Абу Аюбги цадахъ ваччеян, нужерго х1ат1азда аск1ов, Къуст1ант1иниялъул къадазда аск1ов вукъизе. Гьеб раг1абиги абун Абу Аюбил рух1 босун ана.

* * *

Бусcурбабаца Абу Аюбил васият т1убан, тущманасда дандеги рагъун, Къуст1ант1иниялде щвезег1анги ваччун, гьес абухъе вукъана Абу Аюб.

* * *

Т1адег1анав Аллагь гурх1аги, рагъул чуялъул мугъалдаги рек1ун, Аллагьасул нухда вагъулаго хвей тун бат1ияб, жиндир т1ок1аб мурад бук1инч1ев Абу Аюбида. Ункъогоялде бахараб санал рарав чи вук1ана Абу Аюб жив рух1 холеб мехалъ...

21 Щаввал 1429 сон. 20/10/2008 сон

Буссинабуна Шамиль Мух1амадовас

ИА GURABA

 

Добавить комментарий


След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Тавхид.ру
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
БФ Солидарность
ИА Исламиндекс
Аварагасул хвел 2-б бутlа

wmv    flv
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин

 

>