Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Сумамат ибну Усаль
01.11.2008
Гьижрияб анлъабилеб соналъ Бичасул аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) рак1алде ккана даг1ват г1ат1ид гьабун, рик1к1а-рик1к1ад ругел г1адамал Исламалде ах1изе. Цинги микьго кагъат хъван, г1арабазулгун-г1ажамиязул ханзабазухъе гьебги босун чапарзаби рит1ана. Жиндихъе кагъат балагьизабурал микьгоязул цоявлъун вук1ана Сумамат ибн Усал.

Сумамат вук1ана г1арабазул жагьилияб заманаялъ рук1арал ханзабазул цояв. Гьев вук1ана Бану Х1анифа тухумалъул цевехъанги, Еменалъул бут1рузул цоявги ва г1адамазда гъорлъ жиндир раг1и билъарав чиги.

* * *

Аварагасдасан (жинда ссвалат салам лъеяв) бач1араб кагъат Сумаматица ц1акъ ццин бахъун, добег1ан гьабуна. Гьев ч1ух1иялъ гуккун, х1акъаб жо раг1иялдаса г1инкъ гьавуна. Шайт1аналъ т1ад кьили лъун, авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) ч1ван, гьесул даг1ват гьевгун цадахъ букъи берцин бихьизабуна гьесда.

Цо нухалъ авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) ч1вазе хиял гьабун, бит1ахъе авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) гъафуллъараб мехалъ гьев ч1вазе вач1унев вук1арав Сумамат, инсул вацазул цояс гьабизе рак1алда бук1араб хъубаб пишаялдаса сверизавуна. Гьедин ц1унана Т1адег1анав Аллагьас Жиндирго чапар Мух1аммад (жинда ссвалат салам лъеяв).

Кинниги авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) ч1вач1ого хут1аниги жиндирго хъубал кверал Сумаматица гьесул асх1абзабаздаса нахъе росич1о. Кирехун асх1абзаби аниги хадуб хал ккун, г1азаб кьун, чанго асх1аб ч1вана гьес. Гьеб мехалъ Бичасул аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьев ч1ван, гьесул би г1одобе т1езе изну кьуна асх1абзабазе.

* * *

Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб г1емераб заманго инч1ого Сумаматица г1умра гьабун Маккаялде ине къасд гьабуна. Гьесул кутакаб анищ бук1ана каг1баялда сверун т1аваф гьабизе ва хъанчазе къурбаналги хъвезе.

* * *

Цо нухалъ Мадиналдаса г1емер рик1к1ад гьеч1ого нухда унев вук1аго, рак1алдаго гьеч1еб жо ккана гьесие. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) Мадина ц1унун, гьениб квешлъи бокьарав ватани гьев нахъе ч1вазелъун хал-шал гьабизе бит1ун бук1ана аскаралъул цо т1ел, ва цинт1аго гьеб т1ел Сумаматида т1аде ккана. Гьев асирлъун вачун асх1абзабаз аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) мажгиталъул цо х1убиялда вухьун тана, Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) вач1ун, гьес х1укму-тамих1 гьабизег1ан.

Мажгиталда жаниве лъугьунаго аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) х1обода вухьарав Сумамат вихьидал, гьес асх1абзабазда гьикъана: «Нужеца ккурав чи щивали лъалищ нужеда», - абун. Цинги гьез лъалароян абидал, аварагас асх1абзабазда абуна: «Гьав вуго Сумамат ибн Усал, нужеца гьесдехун лъик1аб бербалагьи гьабе».

Гьеб мехалъ жиндирго агьлуялъухъеги ун Бичасул аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: «Нужер рокъоб бугеб т1аг1ам бак1арун, гьеб Сумамат ибн Усалие бит1е. Ва гьединго, жиндирго вараниги беч1чун, радал-бакъанида гьелъул рахьги гьесие щвезабеян амру гьабуна аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв).

Гьаб кинабго лъугьа-бахъин (гьесие квенгун рахь кьей, гьесухъехун лъик1аб бербалагьи гьаби) ккана, авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) гьесухъе ун, гьевгун к1алъалелда цебе.

* * *

Цинги гьелда хадуб Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Сумаматихъе вач1ун, гьев тамахго исламалде ах1изе хьулалда, гьесда гьикъана: «щиб жогун мун вач1арав, ва Сумама», - абун. Сумаматица абуна: «дун лъик1лъигун вач1арав вуго. «Дуца дун ч1вани – бидул х1акъ босаравлъун вук1ина мун, гурх1ун виччан тани – жиндие гьабураб лъик1лъиялъул къимат лъалесда гурх1аравлъун вук1ина мун, амма боц1и къвариг1арав мун ватани – дуца гьаре, дица гьеб дуе кьезе буго».

Цинги аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) жеги к1иго къоялъ гьеб х1алалда тана гьев, квенгун варанидул рахь гьесие щвезабулебги бук1ана. Лъабабилеб къоялъ нахъеги вач1ана Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) гьесухъе ва гьикъана: «бицеха Сумамат, щибха бугеб дур гьанже? Гьес абуна: «цебеккун дица дуда абураб гурони т1ок1аб жаваб дир гьеч1о. Дуца дун ч1вани – бидул х1акъ босаравлъун вук1ина мун, гурх1ун виччан тани – жиндие гьабураб лъик1лъиялъул къимат лъалесда гурх1аравлъун вук1ина мун, амма боц1и къвариг1арав мун ватани – дуца гьаре, дица гьеб дуе кьезе буго».

Гьедин гьевги тун ана Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв). Цинги хадусеб къоялъги вач1ун, гъобго суал кьуна аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) ва Сумаматицаги гъобго жаваб кьуна. Гьеб мехалъ асх1абзабаздехун вуссун, «Сумамат виччан те», - ян аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) буюрухъ кьун, гьев виччан тана.

* * *

Сумаматица аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) мажгит тана ва Мадинаялъул раг1алда бугеб чамасдакил гъут1би ругеб бак1алдехун валагьун ана. Гьениб жиндирго вараниги биччан тун, гьелдаго аск1об бугеб иццухъги чвердон, Сумамат т1ад вуссун мажгиталъувехун валагьун ана.

Т1ад вуссун вач1унаго буссурбабазул къокъаялде гъорлъеги лъугьун гьес шагьадат бит1ана. Цинги аварагасухъеги (жинда ссвалат салам лъеяв) ун гьес абуна: «Ва Мух1аммад! Валлагьи ракьалда т1ад дур гьурмадаса рихараб гьумер бук1инч1о дида, амма гьанже дуралдаса бокьулеб ва хирияб гьумер гьеч1о дие. Валлагьи дида бищун рихараблъун бук1араб дур дин, амма жакъа дие гьеб бищун бокьулеблъун лъугьана. Валлагьи бищун рихараблъун дида бук1ана дур шагьар, амма жакъа гьеб дие бищун бокьулеблъун лъугьана». Жегиги гьес абуна: «дица дур асх1абзаби ч1ван, гьезул биял т1ун рук1ана, дие щиб тамих1 гьабизе кколебали гьабе», - абун.

Цинги аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьесда абуна: «дуда щибго мунагь гьеч1о ва Сумамат… Х1акълунго Исламалъ цебе араб жо бац1ц1уна», - абун. Бичасул аварагас, (жинда ссвалат салам лъеяв) Исламалде вач1иналдалъун Аллагьас гьесие хъвалеб лъик1лъиялъул бициндал воххун Сумаматица абуна: «ва Ллагьи дур асх1абзабазе гьабуралдаса ц1ик1к1ун дица мушрикзабазе зарал гьабила, ва дирго нафс, ханжар ва дун сверун ругелщинал г1адамал, мунги, дур динги ц1унун лъела дица», - абун. Жеги гьес абуна: «Ва Бичасул авараг, дур г1адамаз ккун вачана г1умра гьабизе унев вук1арав дун, гьанже щиб дица гьабизе кколеб», - абун. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: «Мун дурго г1умра гьабизе а, кинниги Аллагьасул шарг1алда бугеб куцалъ гьабе гьеб», - абун, ва гьесдаги малъана, кинаб куцалда г1умра т1обит1илебали.

* * *

Гьениса вахъун ун Маккаялде щваравго, борхатаб гьаракьалдалъун Сумаматица ах1ана: «Лаббайка Ллагьумма лаббайк, лабайка ла шарика лака лабайк, иннал х1амда ва нниг1мата лака вал мулк, ла шарика лак...», - абун. Гьевги лъугьана лабайкаги бачунаго т1оцеве Маккаялде лъугьарав буссурманав чилъун.

* * *

Къурайшазда лабайкадул гьаракь раг1идал, ццим бахъун, лъалиниса хвалчаби къват1ире рахъун, гьеб гьаракь раг1араб рахъалдехун ана гьел. Цинги гьел аск1оре щведал ч1ух1ун нахъеги "лаббайка" бачине лъугьана гьев. Гьеб мехалъ Къурайшазул цо г1олохъанчиясе бокьана ч1ор реч1ч1ун гьев ч1вазе, кинго къавмалъ гьев нахъе ч1ван гьесда абуна: «дуда лъалищ гьав щивали? Х1акълъунго гьев Ямамаялъул хан Сумамат ибн Усал вуго», - абун!

Нилъеца гьев ч1вани, гьесул тухумалъ ризкъи къот1изабун, нилъ ракъуца хвезарула. Бук1араб бак1алда лъалинир хвалчабиги лъун Сумаматида сверун руссун гьез абуна: «Дуе лъугьараб щиб ва Сумамат?! Умумазул динги тун щиб дуца гьабулеб бугеб», - абун?!

Цинги гьес абуна: «Дица лъик1аб ва бит1араб дин босана... Дунги Мух1ммадида (жинда ссвалат салам лъеяв) нахъ вилъана», - абун. Жеги гьес абуна: «Гьаб Каг1ба рукъалъул ц1аралдалъун дун гьедула, гьаниса дун рокъове щун хадуб нужее нижер рахъалдасан цо мугьг1аги ролъул бач1ине гьеч1о, нуж киналго Мух1аммадида нахъ рилъинег1ан».

Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) малъараб куцалъ Къурайшазул ц1ураб бак1алда г1умраги гьабун, Аллагьасе г1оло чахъуги хъун биги т1ун, Сумамат Ямамаялде т1ад вуссун, гьес жиндирго къавмалда «Маккаялъул агьлуялъе щибг1аги кумек гьабуге», - ян лъазабуна. Къавмалъги гьесухъ г1енеккун, цо мугьгицин Маккаялъул агьлуялъухъеги бит1ич1о.

* * *

Сумаматица т1аг1ам къат1инабун хадуб Маккаялда ц1акъго багьаби рахун, ракъи т1обит1ун ана. Х1атта, къурайшал х1инкъун рук1ана ракъиялъ жалго гьалаг гьариялда. Гьеб мехалъ къурайшаз аварагасухъе (жинда ссвалат салам лъеяв) кагъат хъвана ва гьелда бук1ана: «Х1акълъунго нижеда мун лъалаан г1агарлъи хурхинабулев, гьелде г1адамал ах1улевлъун вук1ун. Ва амма, гьанжениги дуца г1агарлъи къот1изабуна, эменал хвалчадалъун хвезаруна ва лъимал ракъуца хвезарулел руго. Х1акълъунго Сумаматица нижедаса мугь къат1изабун нижее зарал-зиян гьабуна, дуе бокьани хъвай гьесухъе кагъат, ниж х1ажатлъараб щинаб нижее ч1езабеян. Цинги, аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) кагъат бач1ун хадуб Сумаматица бук1ахъе гьезие мугь биччана.

* * *

Гьедин Алагьас кьурал къоял лъуг1изег1ан Сумамат диналда ч1ч1ун вук1ана. Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) хун, г1арабал къокъа-къокъабиккун дин тун унел мехалъ, Мусайламат Каззаб Бани Х1анифат тухумалда вахъун, жиндаго иман лъеялде гьес халкъ ах1улеб мехалъ, гьесда данде ч1ч1ун Сумаматица Бани Х1анифатил къавмалда абуна: «Ва Бану Х1анифатил къавм, воре нуж аск1орег1ангицин къаге жиндилъ нурго гьеч1еб, бец1аб гьаб пишаялде», - абун. «Валлагьи, нуж гьесда хадур рилъани нужее буго талих1 къвин ва гьесда хадур рилъинч1ого ч1аразе к1удияб х1албихьиги буго.

Жеги абуна: «Ва Бани Х1анифатил къавм! Х1акълъунго цо заманаялъ к1иго авараг загьирлъуларо, ва х1акълъунго Мух1аммад (жинда ссвалат салам лъеяв) вуго Аллагьасул чапар ва гьесда хадувги т1ок1ав авараг вук1унаро.

Цинги "Х1а мим" алъул бет1ералда бугеб к1иго ят ц1алун, Мусайламатил гьересиял "аяталгун" данде ккун, гьеб бат1улаб бук1ин бихьизабуна гьезда.

Ва гьелда хадуб, жиндаго нахъ рилъарал жиндирго къавмалъул г1адамалги цадахъ рачун, муртадазда данде рагъ бан, Аллагьасул калам т1адег1ан гьабун жигьад гьабулев вук1ана.

Т1адег1анав Аллагьасул рах1матал г1ат1илъаги Сумаматие, диналде ва буссурбабазде гьесул бук1араб г1ищкъуялъухъ, ва Аллагьас муъминзабазе къот1и гьабураб алжанги кьеги гьесие. Амин.

15 шавваль 1429 сон. 14/10/2008

Буссинабуна Шамиль Мухlамадовас

ИА GURABA

 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин