Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Закаталъул хlакъикъат ва гьелъул хlадал
30.10.2008

БисмиЛлагьи ррах1мани ррах1ими

Хириял диналъул вацал. Гьаб закаталъул х1акъалъулъ цодагьаб баян гьабизе дида рак1алде ккана, цо чанго бечедав, буссурманалин абурал г1адамазул к1алдисан гьал тохал раг1аби рач1индал: «дида кколила гьеб закат ц1аларал г1алимзабаз жидеего г1арац, боц1ц1и щвезе бицунеб хабар бугин абун».

Гьезие баянлъизе цойги нухалъ бицина, аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна:

«Ислам бан буго шуго жоялда: шагьадат бит1и, как бай, закат кьей, рамазан моц1ц1алъ к1ал кквей, ва нухлуе (сахлъиялдалъун ва боц1ц1удалъун) рес г1урав чияс х1еж гьаби».

Закат кколеб буго г1ибадаталъул т1адаб рукнолъун. Гьебги гьал хадур рехсарал жалаздаса бахъизе ккола.

1) Ракьулъан бахъулел ниг1матаздасан.

Аллагьас абулеб буго: «Я иман лъурал г1адамал! Нужеца х1алт1ун швараб, нужер х1алалаб бац1ц1адаб боц1ц1и кье лъик1аб нухалда садакъаде ва дица нужее ракьалдасан рахъинарурал ниг1матаздасанги кье садакъа гьединго лъик1аб нухалда…». (Суратуль-Бакъара, 2 сурат, 267 аят).

Жеги Аллагьас абулеб буго:

«…Нужеца Аллагьас нужее кьурал пихъал кванай жиб кваназе бегьулеб лъугьараб мехалъ. Нужеца пихъги, хурги бак1арулеб мехалъ гьелдасан кколеб х1акъги кье садакъаде ва амма нужеца исраф гьабуге. Т1адег1анав Аллагьасе жидеца исраф гьабулел г1адамал рокьуларо». (Аль-Анг1ам, 6 сурат, 141 аят).

Абу Х1анифал мазгьабалда рекъон закат кьезе ккола кинабго ракьулъан баккараб ниг1матаздасан, жибго баккараб хер ва гъвет1 хут1изег1ан. Жинда ссвалат салам лъеяв Аварагасул х1адисалъ нилъее мух1канлъи гьабун бицунеб буго, нилъецаго бекьун лъалъан раккарал ниг1матаздасан 20 бут1а гьабун цо бут1а кьезе кколин, амма, ц1адаца лъалъан раккарал ниг1матаздасан 10 бут1а гьабун цо бут1а кьезе кколин абун. Гьеб бут1аги кьезе ккола ниг1матал рак1арун лъуг1арабго.

2) Г1арац меседалдасан

Закаталъул бицунеб лъабабилеб аяталъулъ абулеб буго, закат кколин г1арцуда, меседида, бичулеб къайи-ц1аялда ва гьезда релъарал хириял жалаздагиян. Аллагьас абулеб буго:

«Жидеца г1арац-месед данде бак1арулел, гьеб хазинаде ц1унулел ва гьелдаса фаризаяб закаг1атги кьоларел, Аллагьасул диналъе г1оло гъазават гьабизеги бокьуларел г1адамазда дуца роххел бице Мух1аммад, ц1акъ унтизабулеб жужах1алъул г1азабалдалъун. Гьеб г1арац-месед жужах1алъул ц1адаб баг1аризабун, цинги гьелдалъун мугьру ч1валеб жидер нодоялда, хьалбазда ва мугъзадаги. Ва гьездаги абула: гьале нужеца данде гьабураб жо. Гьанже ч1амеха нужеца г1азаб гьеб сабаблъун». (ат-Тавбат, 9 сурат, 34-35 аятал).

Гьединго Аллагьас абулеб буго:

Гьал жидеца тавбо гьабурал г1адамазул боц1ц1удаса фаризаяб закат босе, гьелдалъун жал рац1ц1ад гьарулеб мунагьаздаса ва чороклъабаздаса, гьезул лъик1аб г1амалги жиндалъун ц1ик1к1унеб. Гьелдалъун гьел Аллагь разиял г1адамазул даражаялде рахине. Дуца гьезие дуг1аги гьабе Мух1аммад. Гьеб дур дуг1а буго жинца гьезул рак1 парахат гьабулеб жогьезие рах1мат буго гьеб. Аллагь жинда кинабго жо раг1улев ва лъалев вуго». (ат-Тавба, 9 сурат, 103 аят).

Нилъеца данде бак1арун ц1унун гьабураб, Аллагьасул нухда жиб хвезабич1еб бечелъи бук1уна бац1ц1адаб гьеч1еб. Гьеб бац1ц1ад гьабулел нухазул цояб буго Аллагьасе кколеб къадар Гьесул нухда садакъаде кьей. Цебе рехсарал аятазулъ бугеб кьварараб х1укму жидехъе швараб мехалъ, месед-г1арац кодоб бук1арал асх1абзаби ц1акъ х1ал хисун, рах1ат гьеч1ого лъугьанила. Гьезда рак1алде ккана кинабго г1арац лъуг1изабизе кколин абун. Г1умар асх1абас (жиндаса Аллагь разилъаяв) гьезул рах1ат хвараб хабар жинда ссвалат салам лъеяв Аварагасда бицана ва гьарана, гьеб аяталъул маг1на бич1ч1изабеян. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: «Аллагьас закат т1адаблъун гьабуна, гьелдалъун нужер хут1араб боц1ц1и бац1ц1ад гьабиялъе».

Гьал цере рехсарал закаталъул т1адкъаяз щвей гьабуна ракьулъа бахъулеб ниг1матаздеги ва месед г1арацалдеги. Амма суннаталда рекъон, закат т1алъула бичулеб къаялда, варанабазда, г1ачиязда ва чахъабазда.

3. Х1улиязда (ай, ювилерние изделия)

Месед ва г1арац бугони берцинлъиялъе базе х1адурараб (к1илик1, рахас, ва гь.ц.) Г1умар асх1абасул ва Г1абдулагь ибну Масг1удил (жидедаса Аллагь разилъаял) пикроялда рекъон гьездасаги закат бахъизе ккола. Гьебго пикро Абу Х1анифалги буго.

Цо нухалъ Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) к1иго ч1ужуг1адан йихьанила меседил курхинги ххун. Гьес гьезда гьикъанила: «Нужеца гьеб меседил закат кьунищ? Гьезул цоялъ кьеч1ин жаваб гьабидал гьес гьабунила: «нужее бокьилищ къиямасеб къоялъ гьезул бак1алда ц1адул курхаби рет1ине»?

Гьединлъидал месед-г1арацалдасаги закат кьезе ккола, гьел берцинлъиялъе ралел т1аг1елал ругониги. Цойгидал мазгьабазда рекъон, закаг1ат кьезе кколаро бриллиантаздаса ва багьаял ганч1аздаса.

Жиндаса закат кьезе кколеб нисаб (къадар)

Г1арац - 200 диргьам (г1ага-шагарго 600грамм).

Месед – 85 грамм.

Бичулеб къай – 600 грамм г1арцул яги 85 грамм меседил къиматги гьабун.

Варанаби – 5 жоялдаса.

Г1ачи -30 бет1ералдаса.

Чахъаби – 40 бет1ералдаса.

Щив чи вугони гьал т1ад рехсарал рик1к1еналдаса ц1ик1к1ун жиндир бугевгьев чиясда закат т1алъула. Кьезе кколеб къадарги 2,5 % ( бут1а).

Амма Абу Х1анифал мазгьабалда рекъон меседилги, г1арцулги закат кьезе ккола гьеб к1иябго цоцаде жубаялдалъун нисаб (къадар) г1униги.

Закат лъие щолеб?

Къуръаналда рекъон закат щола микьго тайпаялъе:

1) Факъирзабазе

Гьев ккола жиндир г1ураб г1арац гьеч1ев, зах1матлъиялда г1умро т1обит1улев чи, гьедин вугониги лъидаго гьардоларев.

2) Мискинзабазе

Гьев ккола жиндир щибго г1арац гьеч1ев чи. Жиндаса Аллагь разилъаяв Г1умар асх1абас гьезда гъорлъ рик1к1унел рук1ана жидеда х1алт1изе к1олелги, амма жидер х1алт1и гьеч1ел.

3) Закат бак1арун, гьеб бикьулелги, ай, гьелъул милаталда тарал чаг1азе.

Исламалъул х1укуматалъ закат бак1аризе рихьизарурал г1адамазе харжги бук1уна закаталдасан.

4) Ц1иял исламалде рач1аразеги, исламалъе кумек гьабизе ах1аразеги, ва ислам босун хадуб жидер х1алт1и т1аг1аразеги.

Гьел мустах1икълъула кинабниги кумекалъе. Ислам босарав чи бечедав вугониги кьезе бегьула гьесие закат, исламалъул лъик1лъи бихьизабизелъун.

Х1унайналъул рагъда хадуб аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) г1емераб гъанима (трофей) кьуна ц1иял исламалде рач1аразе. Гьеб мехалъ ансаразда квеш бихьана гьеб. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьезда абуна: «гьел руго гьанже исламалде куфроялдаса рач1арал г1адамал, дие бокьун буго гьел роххизаризе», - ян.

5) Лагълъиялдаса лагъ тархъизе

Лагълъиялдаса живго хвасарлъизе бокьарав лагъасе кьезе бегьула закат, гьес жиндасаго хважаинас т1алаб гьабулеб бугеб г1арац кьезе. Жакъа лагълъи гьеч1еблъидал, г1алимзабазул пикроялда рекъон, гьезие кьолеб г1арац буссинабизе бегьула туснахъазда ругел вацал къват1ире рахъизе.

6) Налъулазе

Жал налъуда гъоркье ккарал, гьеб бец1ун бажаруларел г1адамазеги кьола закат. Амма закат кьезе бегьуларо жидер налъи бец1изе г1олеб яги гьелдасаги ц1ик1к1ун г1арац жидер бугезе. Амма гьеб кьезе бегьула жидер налъаби жидехъа бугеб г1арцудаса ц1ик1к1ун бугел, гьеб налъи бец1ун хадуб жидехъ закаталъул нисаб (къадар) нахъе хут1улел гьеч1ел г1адамазе. Цо-цо г1алимзабаз абулеб буго; закат кьезе лъик1аб гьеч1о гьукъараб пиша гьабулаго жал налъукье ккаразе, щай гурелъулкидалго закаталъул гъарцуда хьулги лъун, гьукъараб г1амалалда гьел даимлъиялдаса ц1унизе.

7) Аллагьасул нухда ругезе

Аллагьасул нухда ругел абураб раг1иялъул маг1на ккола, кинабго лъик1ал ишазда ва хасго джигьадалда рунел абураб. Щай гурелъул, гьеб ккола Аллагьасул раг1и ракьалда борхизелъун гьабулеб рагъ. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: «бечедав чиясе закат босизе бегьуларо, амма гьев чиясе кумек х1ажалъун бугони жигьадалъе, гьесие закат кьезе бегьула».

8) Нухлулазе

Нухлулав вук1ине бегьула бечедав жиндирго рокъов, амма гьев нухда унаго г1арцуде х1ажалъани гьесие закат кьезе бегьула.

Гьал т1адехун рехсараб микьабго тайпаялъе, закат щола. Амма, руго жеги бич1ч1изабизе кколел къаг1идабиги.

· Кинабго мазгьабазда рекъон, умумуз лъималазе ва росас хъизаналъе кьезе бегьуларо закат.

· Закат буссурбабазе гурони щоларо, закаталъул х1акъалъулъ бицараб х1адисалда гьадин абулеб буго: «Гьеб босула нужер бечедазухъан, ва кьола нужер мискиназе». (Бухари, Муслим).

Гьедин бугониги, буссурбаби гурел, амма жидеца исламияб пачалихъалда жаниб г1умро гьабулел ругел киналго мустах1икълъула гьеб х1укуматалда жаниб гьабулеб лъик1лъабазде, ва гьел лъик1лъабаздаса гьукъизе бегьуларо.

· Г1емерисел г1алимзабаз абула, «жиб бак1арараб бак1алда ругел мискинзабазда гьоркьоб бикьизе кколин закат ва бит1араб гьеч1о закат цойги бак1алде бит1и гьеб бахъараб бак1алдаса», - ян. Гьеб бахъараб бак1алда закат кьезе чи гьеч1они, яги цойги бак1алда балагь бач1ун бугони (ракъи, ц1а ккей, ва гь. ц.) бегьула гьеб цойги бак1алде бит1изе. Кин бугониги, гьеб кколаро цо бак1алдаса цойги бак1алде закат бит1изе бегьуларин абулеб жо.

· Цересел загьидиназ (дунял тарал г1адамал) рик1к1унаан, жидер рокъоб к1иго муд кванил бугев чияс закат босизе кколарин, ва руго гьез жидеда мугъч1вай гьарулел х1адисалги. Гьел ккола жидер ахлакъал т1асияб даражаялде рахарал г1адамазул дарсал.

К1вар кьезе ккола, т1адаб жо цо бук1иналде, амма гьабизе лъик1аб жо цойгидаб бук1иналде.

Щибав т1алаб гьабурав чиясе закат кьезе бегьиялъе мугъч1вай гьабулел х1адисалги руго. Мисалалъе: Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абунин буго: «Закат щола щибав гьарун вач1арав чиясе, гьев нужехъе чода рек1ун вач1аниги». (Абу Давуд).

Цо нухалъ аварагасухъе (жинда ссвалат салам лъеяв) вач1ана к1игояв ва закат кьеян гьарана. Гьев гьезухъе балагьана цинги абуна: «нужее гьеб бокьун бугони, дица гьеб нужее кьела. Амма (нужеда лъай), гьелда жаниб бечедасул ва х1алт1ун бажарулесул бут1а гьеч1оха». (Абу Давуд).

Баянаб жо буго, жиндир г1арацалъул къадар нисабалде бахинч1ев чиясе изно бук1ин закат босизе.

Буссинабуна Абу Г1асимица

ИА GURABA

 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин