|
Умму Саламат… Нужеда лъалебани щий кколей Умму Саламатали!
Умму Саламатил эмен ккола «Махзум» абулеб тухумалъул, т1адег1анал къадру-къимат бугел г1адамаздаса цоявлъун, ва г1арабиязул, рик1к1ен дагьал чаг1малал чаг1азул цоявлъунги. Х1атта гьесде абулаан «Нухлулазул х1ажат т1убалев чи», - абун, щайгурелъул, гьесухъе ине къасд гьабурал ва гьевгун цадахъ сафаралде рахъарал нухлулал цадахъ квен босиялде х1ажатлъунгут1иялъ.
Амма гьелъул росс ккола Исламалде т1оцере рач1арал анц1гоязул цояв Г1абдуллагь ибн Г1абдуль-асад. Гьесдаса цере Исламалде ккеч1о цо Абу Бакрги ва рик1к1ун к1иябго кверзул килщазде рахунарел г1адамалги гурони.
Гьелда жиндаго абуни ц1ар бук1ана Гьинд.
* * *
Жиндирго росгун цадахъ Исламалде яч1арай Умму Саламатги ккола, Исламалде цере ккарал г1адамаздаса цояйлъун.
Умму Саламатгун гьелъул рос Исламалде рач1ин лъайдал, Къурайшаз гьезие гьабуна кутакаб, кьурабигицин багъаризабулеб унтулеб г1азаб. Кинниги гьел к1иялго заг1ифлъун, рак1 бух1ун лъугьинч1о. Ц1акъго Къурайшазул зиян-зарал жидее зах1малъидал ва Бичасул аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) Х1абашаталде гьижра гьабизе изну кьедал, т1оцебе гьижра гьабун къват1ире рахъарал къокъагун цадахъ рук1ана гьел к1иялгоги.
* * *
Чияр улкаялде гьижра гьабун ана Умму Саламатги, гьелъул росги, Маккаялда лъик1аб к1удияб рукъги, т1адег1анаб тухум-кьибилги тун, Т1адег1анав Аллагьас, гьеб гьижрадухъ жидеего кири хъваялъул мурадалда.
Аллагьас алжаналда жиндир гьумер гвангъизабеяв Х1абашазул хан Нажашияс жидеего гьабураб лъик1лъигун цадахъ, гьес жал ц1унараб куц бихьаниги, гьел к1иязулго шавкъ къо анаг1ан ц1ик1к1унеб бук1ана, жинда жаниб Вах1ю рещт1араб Макка шагьаралде. Т1орит1елалъул иццлъун вугев аварагасухъе (жинда ссвалат салам лъеяв) бугеб зигардиялъ, гьезул т1улак1 т1у-т1ун балеб бук1ана.
Цинги цо заманаялдасан Мугьажирзабазухъе харбал щвана, Маккаялда буссурбабазул рик1к1ен ц1ик1к1ун бугин ва Х1амзат ибн Г1абдуль-Мут1т1алибгун, Г1умар ибн Хат1аб (жидедаса Аллагьа разилъаял) Исламалде рач1иналъ буссурбабазул къуватги ц1ик1к1ун бугин абун. Цинги гьезул цо къокъаялъ къасд гьабуна Маккаялде т1аде руссине, гьездаса рук1ана Умму Саламатги гьелъул росги.
* * *
Маккаялде щолаго буссурбабазда бич1ч1ана, жидехъе щвараб хабар т1ат1ала лъун ц1ик1к1инабун бугеблъи. Гьелдаса хадубги кафурзабаз ц1акъ кутакаб г1акъуба кьуна буссурбабазе. Гьедин буссурбабазе зах1матлъулеб бук1ин бихьидал аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьезие изну кьуна Мадиналде гьижра гьабун ине. Гьижра гьабулездаса рук1ине къасд гьабуна Умму Саламатицаги, гьелъул росасги. Кинниги гьезул гьижра, гьезда рак1алде ккавухъе, цойгидалазул г1адин бигьаяблъун бук1инч1о. Жиндаго бихьараб къоялъул бицине Умму Саламатихъе тела гьанже...
Умму Саламатица бицана:
- Абу Саламатие (ай росасе) къват1иве вахъине бокьидал, гьес дие рек1ине варани х1адуранн. Лъимер дир кверч1енибги лъун, дунги вараниялде яхинаюна. Лъихъго ва кивехунго балагьич1ого, цебеса вараниги ккун, гьев цевехун унев вук1ана.
Гьедин ниж унел рук1аго, Макка нижеца бахиналде ниж рихьана дир тухум «Бану Махзумалдаса» цо чанго бихьинчиясда ва гьез ниж иналде данде ч1ч1ун, Абу Саламатида абуна: «Мун нижедаса бергьун унев ватани, гьай лъади кие дуца ячуней? Гьей нижер тухумалдаса, нижер яс йиго, кинго нижеца дуе биччаларо гьейги ячун дуе бокьаралъуве ине».
Цинги гьесда т1аде рортун, дун гьесухъа ц1ц1ан яхъана гьез. Гьеб мехалъ дир росасул тухум «Бану Г1абдил Асадил» г1адамазда дунги, дир лъимерги гьесухъа бахъулеб куц бихьидал, гьезул кутакалда ццим бахъана ва гьез абуна: «Валлагьи нижеца лъимер, нужеца яс нахъе ячун хадуб гьелъухъ толаро. Гьеб буго нижер лъимер ва гьеб нижее цебесеб буго нужеялдасаги», - ян.
Цинги гьедин дида цебе, к1иябго тухумалъ лъимер цоцахъа бахъулеб бук1аго, лъимадул гъеж лъик1 жагъаллъана. Кинниги, дир лъимер «Бану Асадил» тухумалъул г1адамаз бачун ана.
Дир рос жиндирго дин ц1унун, Мадинаялдехун валагьун ана, лъимер гьесул тухумалъул г1адамаз бачун ана, щиб гьабилебали лъаларого дунги хут1ана. Цо лах1заталъ дунги, дир росги ва нижер лъимерги цоцадаса рат1алъана ва дунги хут1ана «Бану Махзумилазул» бер балагьиялда гъоркь.
Гьеб къоялдаса байбихьун дун щибаб радал нижеда зах1матлъи бихьараб бак1алде хьвадулей йик1ана. Рак1 къварилъун г1одулаго, ккараб щинаб рак1алде щвезабулей дун йик1аго къаси мехги щолаан.
Гьедин дун йик1аго лъаг1ел г1анасеб замана ана, цо къоялъ дида цевесан дир тухумалъул г1агарав чи инег1ан. Дида ц1акъ рак1 гурх1иялъ гьес тухумалъул г1адамазда абуна: «нужеда рак1алда гьеч1ищ гьай пакъир жиндирго росасухъе йиччазе? Х1акълъунго, нужеца гьайги, гьалъул росги ва гьазул лъимерги цоцадаса бат1а гьабуна». Ва гьев гьезда т1аса вич1ич1о, гьезул рак1ал т1ерен гьарун ва гьел гурх1изарун, ахирги «бокьун батани дурго росасда хадуй а», - ян гьез дун йиччан тезег1ан.
Амма, кин дун росада хадуй уней, дир васги – дидаса цо бут1аги Маккалда, Бану Асадил тухумалъул г1адамазухъ тун? Ва кин дир зигарди г1одобе буссунеб ва дир маг1у бакъвалеб, Мадиналда дунги йик1ун, дир лъимер Маккаялда, щиб х1алалда бугебали дида лъалебги гьеч1ого бук1ун?
Гьединаб зах1матлъиялда дун йихьидал цо-цоязда бич1ч1ана дир рек1елъ бугеб унти ва къварилъи, ва сундуца гьеб сах гьабулебалиги. Дида бугеб х1ал бич1ч1иялъ, гьел Бану Г1абдиль-Асадил тухумалъул г1адамазда к1алъана ва гьезулги рак1 гурх1ун, ахирги гьез дихъе лъимер т1аде буссинабуна.
* * *
Дие бокьич1о Мадиналде унев г1адамал щвег1ан Маккаялда ч1езе, дун х1инкъана гьаб дида бихьаралдаса хадубги цоги гьаб к1очараб бихьизе гурин абун. Гьединлъидал, дица рек1ине варани х1адурана ва васгун цадахъ гьелдеги яхун, дун Мадиналдехун юссун ялагьун ана, щивниги цадахъги гьеч1ого.
Гьедин унаго дун «Танг1им» абулеб бак1алде щведал дида данде ч1вана Г1усман ибн Т1алх1а ва гьес дида абуна:
- «Мун кие яхъарай, нухлулазе лъик1лъи гьабулев чиясул яс»?
- «Мадиналда вугев росасухъе ине йиго», - ян жавб кьуна дица.
- «Дуда цадахъ щивго гьеч1евищ», - ан гьикъана гьес.
- «Ва Ллагьи, цо Аллагьги, дирго васги тун бат1ияв чи щивго чи гьеч1о», - ян абуна дица.
- «Ва Ллагьи, дица мун жийго теларо, мун Мадиналде щвезаюн гурони», - янги абун, дир варанидул ч1олорхъоги кодобе босун, цевехун вилъана гьев...
Валлагьи, дида вихьич1о г1арабазда гьоркьов гьесдаса т1адег1анав ва лъик1ав инсан. Х1ухь бахъиялъе ч1езе бегьулеб бак1алде ниж щведал, гьев аск1овеги вач1ун, вараниги г1одоб ч1езабун, цодагьалъ довехун вуссун унаан. Цинги дун гьелдаса г1одой рещт1ун яхъарайлъи лъан хадуб, варани бачун гъот1одаги бухьун, цойгидаб гъот1ода гъоркьеги ун, гьениб х1ухь бахъулаан гьес. Ва гьениса ине бокьидалги, гьединго вараниги аск1обеги бачун, дун т1аде яхинег1ан цодагьалъ довехун вуссун унаан. Дун т1аде яхарайлъи лъан хадуб, аск1овеги вач1ун, вараниги цебеса ккун, цевехун вилъунаан. (ред.рахъ. - гьеб мехалъ Г1усман жеги Исламалде вач1ун вук1инч1о).
* * *
Гьедин дие хъулухъ гьабуна гьес Мадинаялъул раг1аллъиялда бугеб «Бану Г1амр ибн Г1авф» абураб къавмалъул росдал раг1алде щвезег1ан. Гьенире щведал, «дур рос гьаб росулъ вуго, Аллагьасул баракаталдалъун жанире лъугьа», - ян дидаги абун, гьев т1ад вуссун Маккаялдехун ана.
* * *
Гьоркьоб г1емераб замана рат1алъунги ун данделъана рос-лъади, ва ц1акъ гьелдаса роххунги рук1ана к1иялго. Гьелдаса хадуб ккараб кинабниги лъугьа-бахъинал гьезие къанщараб бер рагьулеб г1адин хеккого унеб бук1ана.
Г1емераб замана инч1ого ккараб Бадралдаса, буссурбабазда цадахъ к1удияб бергьенлъигун т1аде вуссана Абу Саламат. Бергьенлъи босараб Бадралда хадуб ккараб Ух1удалъул рагъдаса ц1акъ гъваридаб ругъун щун т1аде вуссана Абу Саламат. Гьеб ругъун сах гьабулаго бана г1емераб замана. Кинниги, ругъун бук1ана т1асан гьит1инаб жанисан ц1акъ гъваридаб, ва унти ц1ик1к1араб. Гьединлъидал, гьебги сахлъич1ого Абу Саламат бусаде ккана.
Цо къоялъ гьес лъадиялда абуна: «Ва Умму Саламат! Дида раг1ана Бичасул аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абулеб: «цониги ругъун лъурав чи, жинца «инна лиллагьи ва инна илайгьи ражиг1ун», - абун, цинги Аллагьасда дуг1а гьабун: «я дир Аллагь! Дир гьаб балагьалъухъ Дуда аск1об босила ажру. Я дир Аллагь! Дуца дие гьалдаса хадубги лъик1лъи кье», - абун, гьеб дуг1а къабуллъич1ого хут1уларо», - ян.
Гьедин чанго къоялъ хут1ана Абу Саламат бусада вегун. Цо къоялъ гьесухъе ваккизе вач1ана Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв). Гьевгун г1одов ч1ун, хабар бицун вахъун унаго, нуц1ихъе авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) щведал абу Саламатил рух1 бахъана. Цинги аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндирго к1иябго хирияб квералъ гьесул бералги къан, зобалаздехунги валагьун абуна: «Я дир Аллагь! Дуца Абу Саламатил мунагьал чуре ва гьесул даражаги Дудаго г1агар гьаруразде бахинабе, ва гьесул хъизан-агьлуялъе гьесда хадуб лъик1лъигун хайир кье, ва нижерги гьесулги мунагьал чуре, гьесул хобги г1ат1ид гьабун, нуралъул ц1езабе».
Амма Умму Саламатидайин абуни росас малъун бук1араб дуг1а рак1алде щвана. Кинго гьелда абун бажарулеб бук1инч1о, «я дир Аллагь, Дуца дие гьалдаса хадуб лъик1лъи кье», - абурал раг1аби. Гьелда рак1алде кколеб бук1ана, Абу Саламатидаса лъик1ав чи жиндие щивго вук1инарин абун. Кинниги, гьелъ росас малъун бук1араб дуг1а ахаде бахъинабуна.
Лъидаго рак1 гурх1ич1еб г1адин, буссурбабазул Умму Саламатида ц1акъ рак1 гурх1ана ва гьелъие «Г1арабазул къоролай», - абун ц1арги кьуна. Гьелъул Мадиналда щивго чи вук1инч1о, т1ад х1ули бижич1ел х1анч1ил т1анч1и г1адал г1исинал лъимал хут1изег1ан.
* * *
Мугьажируналгун ансаразда бич1ч1ана Умму Саламатил милат-агъаз жидецаго гьабизе кколеблъи. Росс хун г1ида (жаний ч1ей) гьелъул лъуг1идал, Абу Бакр Ссиддикъица (жиндаса Аллагь разилъаяв) жиндиего гьарана Умму Саламат. Амма гьелъ инкар гьабуна гьесие лъадилъун яч1ине.
Гьесдаго хадуб Г1умар ибн Хат1абица (жиндаса Аллагь разилъаяв) гьарана гьей. Умму Саламатица Абу Бакр Ссиддикъго г1адин гьевги нахъе ч1вана.
Цинги Бичасул аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьарана Умму Саламат жиндиего лъадилъун яч1ине. Гьеб мехалъ Умму Саламатица аварагасда (жиндаса Аллагь разилъаяв) абуна: «Ва Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв), дилъ буго лъабго сифат;
- Дун йиго ц1акъ щакдарулей г1адан, ва дун х1инкъун йиго дур ццим бахъунеб г1амал дидасан дуда бихьун, Аллагьасул дида ццим бахъиналда;
- Ва дун йиго ригь арай г1адан;
- Ва гьединго дир лъималги руго хьихьизе колел.
Гьеб мехалъ Бичасул аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: «дуца рехсараб кутакаб щакдари дулъаса нахъе босеян дица Аллагьасда гьарила. Дур ригь ун бук1иналъул абуни – х1акълъунго дунги ригь арав вуго, ва амма лъимал абуни – гьел дица дирго лъималлъун рик1к1уна», - абун.
Цинги гьелда хадуб аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) Умму Саламат ячана. Аллагьас гьелъул дуг1а къабул гьабун, Абу Саламатидаса лъик1ав рос гьелъиеги кьуна.
Гьеб къоялдаса бахъун Махзумияй Гьинд г1иц1го Саламатил эбеллъун хут1ич1о – гьей киналниги муъминзабазул эбеллъун яхъана.
Аллагьас алжаналда жаниб Умму Саламатил гьумер гвангъизабеги, ва гьелдаса Аллагьги разилъаги, Аллагьасдаса гьей разилъарай г1адин. Амин.
28 Щавваль 1429 сон. 27/09/2008 г.
Буссинабуна Шамиль Мух1амадовас
----------------------------------------------------------------------------------------------------------
Бич1ч1изаби: Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) киналго лъудбузда муъминзабазул эбелалин абулаан ва хирияв аварагасда хадуб гьел лъицаниги ч1ужулъун рачинеги бегьулароан. Ай, эбел ч1ужулъун ячиналъул г1адаб х1укмо бук1ана гьелъул.
ИА GURABA
|