Хирияб Къуръан буго т1адег1анав Аллагьас жиндие вокьулев Мух1аммад Аварагасда решт1инабураб т1ехь, гьелдалъун жинца г1адамал жагьиллъиялъул бец1лъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-х1алалъул, талих1 къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.
Т1адег1анав Аллагьас абуна:
«Гьаб буго Мух1аммад, Дица дуда решт1инабураб т1ехь, дуца г1адамал куфруялъул ва жагьиллъиялъул бец1лъудасан иманалъул нуралде рахъинаризе, гьезул Бет1ергьанасул изнуялдалъун ва кумекалдалъун. Жив веццарав, жиндир гьунар-гуч бергьарав Аллагьасул нухалде гьел ах1изе». (Ибрагьим, 14 сурат, 1 аят).
Къуръан буго халкъ бижарав Халикъас гьеб халкъ т1обит1иялъе ва гьезие лъик1лъиялъе лъураб къанун (закон). Гьаб Къуръан хирияв аварагасде решт1инабуна т1адег1анал х1икматазе г1оло ва къиматал мурадазе г1ологи. Гьездасан буго:
1) Т1адег1анав Аллагьасул нухалде г1адамал т1орит1улеб ва гьел абадияб бахьи буголъиялде рачунебги бук1ине.
Т1адег1анав Алагьас хирияб Къуръаналда жаниб х1акъаб дин баян гьабун буго, Аллагьасе бит1ун г1ибидат гьабиги бицун буго, файда г1емераб ваг1заги, г1елму гъваридаб г1акълуги, къимат к1удияб т1абиг1атги баян гьабун буго, берцинаб мац1алдалъун насих1атги гьабун буго.
Гьеб кинабго буго лък1лъи бокьараб къавмалъе ва г1акълу бугеб жамаг1аталъе жидер дунялияб ва динияб ишалъулъ чара гьеч1ого гьел жинда х1ажалъулеб жо. Гьединлъидал, Къуръан буго Аллагьас решт1инарурал т1ахьазул бишунго лъик1аб, жиб даимго нахъе ц1унун хут1улеб, инсанасул киналго х1ажатазе жинца нух малъулеб далил ва имам (цевехъан).
2) Хирияв авараг жинца бицунеб жоялъулъ рит1ухъав вук1иналде т1орит1ел гьабулеб муг1жизатлъунги бук1ине.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Мух1аммад аварагас г1адамал ах1ана, гьезул х1акъав Бет1ергьанлъун вугев Аллагьасе г1ибадат гьабиялде, Аллагьасдехун ширк гьабиялдаса ва цогидал загьиралги бат1иналги къабих1ал ишаздаса гьел нахъеги ч1вана. Гьев расулас г1адамаздеги абуна:
«Дун Аллагьасул расул вук1иналъе далиллъун ва дие муг1жизатлъун хирияб Къуръан буго. Нужеда к1олеб батани, гьеб Къуръаналъул цох1о сураталда релъараб жог1аги гьабеха нужеца», - абун.
Гьезда гьеб гьабизе к1веч1о, киг1анго фасих1аб къавмлъун гьел ругониги. Гьел аварагасукьа къвана ва г1одорег1анлъунги хут1ана. Къуръан Аллагьасул калам бук1ин ва Мух1аммад Гьесул чапар вук1инги гьелдалъунги жеги ц1ик1к1ун х1акълъана.
3)Жиб ц1алун, рек1ехъе лъазабун, жиндилъ пикру гьабун ва жиндир х1укмуялде нахърилълъун г1адамал Аллагьасде г1агарлъиялъе сабаблъунги бук1ине.
Муъминчиясда хирияб Къуръан Аллагьасул калам бук1ин лъай буго бищунго багьа т1адег1анаб иш. Къуръаналъул бицун рач1арал х1адисал ц1акъго г1емер руго.
Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абуна: «Т1адег1анав Аллагьасул т1ехьалдаса цох1о х1арф ц1аларав чиясеги лъик1лъи (кири) буго. Цо лъик1лъи анц1го нухалъ ц1ик1к1инабун бук1уна. Дица абуларо алиф, лам, мим абураб раг1и цо х1арф бугин. Алиф х1арф буго, ламги х1арф буго, мимги х1арф буго», - абун.
Маг1на лъач1ониги жиб ц1алун кири щвей цох1о Къуръаналъе бугеб хаслъи буго. Цогидаб жоялъул жиб ц1алиялдалъун кири бук1унаро, гьелъул пикру гьабун, гьелдаса бич1ч1араб жо хал гьабун гурони. Диналъул аслолъун гьабураб какилги инсанасе кири гьеч1о гьеб какалдаса жиндие бич1ч1араб жоялда релълъараб гурони.
Тирмизияс Абусаг1идидаса бицараб х1адисалъулъ буго: Аллагьасул Расулас абуна, Т1адег1анав Аллагьас абулеб бугин: «Къуръан ц1алиялъ, дида жо гьариялдаса машгъул гьавурав чиясе, Дица гьараразе кьолелдасаги лъик1аб жо кьезе буго», - абун.
Г1абдуллагь ибну Масг1удидаса бицараб х1адисалда буго, Аллагьасул Расулас абунин: «Гьаб Къуръан буго Аллагьас решт1инабураб рух1ияб квен. Нужеца х1ал к1вараб жо лъазабе гьеб Аллагьасул квеналдаса», - абун.
Имам Бухарияс Г1усман асх1абасдасан бицараб х1адисалдаги буго, Аварагас абунин: «Нужер бищун лъик1ав вуго жинца Къуръан лъазабурав ва жинца гьеб цогидаздаги лъазабурав чи», - абун.
Гьединго Т1адег1анав Аллагьас жиндаго т1аде босун буго хирияб Къуръан хиса-сверизабиялдаса ц1унизе. Суратул Хlижриялда абун буго:
«Х1акълъунго дун вуго Мух1аммад, дица Къуръан рещт1инабурав, ва дица буго гьеб (Къуръан) ва гьелъул х1укму ц1унизеги». (аль-Х1ижри, 15 сурат, 9 аят).
Гьедин Къуръан ц1унараб бук1иналъе г1аламат буго, Аллагьас гьеб гьабун бук1ин жиб рек1ехъе лъазабизе бигьаяблъун ва буссурбабаз лъазабулеблъунги. Хирияв аварагас бицараб х1алалъ, цевесес хадусесухъе кьун, щибго хис-бас гьеч1ого жакъа къоялде щвезег1ан гьеб бач1ун бук1инги. Щибаб заманаялъ Аллагьас Къуръаналъул к1вар гьабулел, жидеца гьеб мух1канго лъазабун, хадуб цогидаздаги лъазабулел, г1умруго гьелъие хъулухъ гьабиялъе кьурал г1алимзаби гьарун рук1инги.
Къуръаналъе хъулухъ гьабун цояз гьелъул фасах1алъиялъул бицана, цойгидаз муг1жизатал рицана, цойгидаз шарг1иял х1укмаби рицана, цойгидаз иг1раб бицана ва цойгидаз къисса-хабар бицана. Щибаб аят рещт1иналъе сабаб бицун, жиндир х1укму хвезабараб ва жинца х1укму хвезабураб аят бицун, жидер маг1на мух1канал, жидер маг1на баян гьабич1ого тарал ятал рицун т1ахьалги хъвана.
Къуръан ц1ализе кколел къаг1идаби рицана, х1уруфал рахъунеб бак1, гьаракь-бакъан рекъон, ц1алулеб куц бицана. Къуръаналда жанир ругел надирал (къанаг1атал) раг1абазе баян гьабуна, Мадинаялда ва Маккаялда рещ1т1инарурал суратал ва аятал бат1а гьарун рицана. Ц1акъго г1емерал г1алимзабаз Къуръаналъе тафсир-таржама гьабуна, гьелъул маг1на ва мурад баян гьабуна.
Гьаб кинабго иш гьадин бук1иналъе сабаб буго, щивав инсанасул дунялияб ва ахиратияб бахьи буголъи Къуръаналдалъун бук1ин. Гьелъ т1овит1арав чи – бахьи бугев вуго, гьелда г1амал гьабич1ев – бахьи къосаравги вуго. Гьединлъидал, чара гьеч1ого лъазе т1адаб буго Къуръаналъ щиб бицунеб бугеб, сунде ах1улел ругел ва щиб жоялдаса нахъе ч1валел ругелалиги.
Къуръаналъе тафсир гьаби буго, гьелъ жидеда щвей гьабулел к1удиял ва г1емерал хазинаби жинца рич1унеб, гьеб баян гьабулеб к1ул. Бит1араб ва мух1канаб тафсир бук1ун гурони Къуръаналъ бицунеб т1орит1ел ва нухмалъи лъазе рес гьеч1о, киг1анго г1емер гьеб ц1аланиги ва такрар гьабуниги.
Къуръаналъул г1елмабазда хурхараб, жиндир цересел ва хадусел г1алимзабаз г1емер бицен гьабураб масъала буго, гьеб хирияб Къуръан г1ажам мац1алде буссинабун, гьелъул маг1на баян гьабулеб таржама гьаби. Гьеб масъала баян гьабун Мух1амад Г1абдулг1азим Заркъанияс лъик1 г1ат1идаб бах1с хъван буго, «Манагьилул г1ирфани фи г1улумил Къуръани» - абураб т1ехьалда жаниб. Мух1амад Г1абдулг1азимица хъвалеб буго: «Къуръаналъе гьабураб таржамаялда ц1ар лъезе ккола «Къуръаналъул тафсиралъул таржама», - абун. Гьеб таржама гьабиялъул мурадги бук1ине ккола:
А) Къуръаналъул берцинлъи ва фасах1атлъи бахчараб пардав борхун, г1араб мац1 лъаларел буссурбабазе гьелъул раг1абазул маг1на ва мурад баян гьаби. Гьелдалъун жидеда Къуръаналъул маг1на бич1ч1и бигьалъизе ва гьезул иманги ц1ик1к1ине. Къуръаналдехун бугеб гьезул рокьиги жегиги г1емерлъизе. Гьелъул нухда нахърилълъун, жал т1орит1ун ккезе ва гьелъул ралъдалъан жидеца г1елму босизе. Къуръаналъ жинда щвей гьабулеб жо лъан, гьелдаса мунфаг1ат босизе ва далил (сабаб) лъан, жидер иманги, г1елмуги ц1ик1к1ине.
Гьаб мурад гьадин бук1ин ва тафсиралъе гьабураб таржамаялъул файда к1удияб бук1ин дуда бич1ч1ула, лебалав г1алимчияс Къуръаналъул тафсир бицун дарс ц1алиялде г1енеккидал бук1унеб файдаялда борцун: жидерго мац1алъ гьезие тафсир баян гьабидал, гьезда жал х1ажалъулел масъалабиги рициндал ва жиндаса гьел гъафуллъун ругел, гьел мунагьалъукье кколел х1укмабиги баян гьаридал. Нилъеда бихьун лъалеб жо буго, гьедин Къуръаналъул тафсиралде г1енеккарал г1емеразул къасд ккей жидеца гьеб рек1ехъе лъазабизе, гьелъул г1елмаби ц1ализе ва гьеб ц1ойгидазеги баян гьабизе.
Б) Жеги ислам босич1ел г1адамаз таржама ц1алун, гьелдалъун гьезул рек1елъе иманалъул нур лъугьине. Хасго гьаб, бат1улаб жо г1емерлъараб, квешабщинаб жоялъул хъудиялда нахъе ккун, иман-исламалъул гьаракь заг1ифлъараб заманаялъ, х1акъаб жо ц1ехолел г1адамазе квербакъилъун бук1ине.
В) Куфру-ширкалъул агьлуялъ исламалда ва буссурбабада сверухъ бижизабураб квешаб, хъубаб пикру, жеги ислам босич1ел г1адамазул рек1елъаса нахъе инабизе сабаблъун бук1ине.
Гьел гьересиял, хъубал хабарал хирияв Мух1аммад аварагасул х1акъалъ рицуна, Къуръан гьереси гьабун, гьеб Аллагьасул калам гьеч1о абунги рицуна. Къуръаналъе таржама гьабулаянги абун, гьез жидеего бокьараб жо гьенибе жанибеги ккезабула. Нилъеца мух1канаб х1алалъ Къуръаналъул мурадги баян гьабун, тафсир ва таржама гьабиялъул шарт1алги ц1унун, жиделъ ишкал-шаклъи кколел масъалабиги рицун таржама гьабун хирияб Къуръан г1адамазухъе щвезабидал, гьел гьересичаг1аз г1уц1ц1араб х1илла ва макро биххун уна, х1акъаб нух лъазе бокьаразул беразда канлъиги бихьула.
Г) Т1адег1анав Аллагьас хирияб Къуръан халкъалъухъе щвезабеян гьабураб амру нилъеца т1убараллъун рук1ине.
Гьеб Къуръан халкъалъухъе щвезаби т1убаларо гьелъул лафс (раг1аби) ва маг1на гьезухъе щвезабун гурони.Къуръаналъул тафсиралъе таржама гьабураб мехалъ, гьелъ щвей гьабула хирияб Къуръаналъул г1арабияб лафсалде ва гьелъул г1ажамияб мац1алда бугеб маг1наялдеги. Имам Суют1ияс, Ибну Бат1алица, Ибну Х1ажарица ва цойгиги г1емерал г1алимзабаз абуна: «Т1адег1анав Аллагьасул вах1ю г1адамазухъе щвезаби т1аддаб жо буго. Гьеб щвезабиялъул к1иго къаг1идаги буго: Цо буго вах1ю – жиндир лафсги, назмуги, (рещт1араб х1ал) маг1наги ц1унун щвезабизе т1адаб. Гьеб вах1ю буго хирияб Къуръан. Цойгидаб буго, жиндир маг1на щвезаби г1олеб, лафс ц1унун гьеч1ониги. Гьеб буго Къуръан гуреб жо: х1адисул къудси, аварагас бицараб х1адис ва цогидабги».
Мух1аммад Муст1афа Аль-Марагъияс Къуръаналъул маг1набазе таржама гьабиялде хурхун бицараб хабаралъул ахиралда абуна: «Къуръаналъ жинда щвей гьабулеб маг1на г1адамаздаса бахчине х1арамаб буго, жидер г1елму дагьал г1адамазул пикраби хал гьарун ва гьез рижизарурал г1узраби ц1унун, - абун. Гьаб таржамаялда жаниб, жидер ният ва дин бац1ц1адал муъминзабазе Аллагьасул диналъе гьабураб к1удияб хидмат (хъулухъ) батизе буго ва самаияб (зобалазул) вах1ю бич1ч1иялъе ва лъаялъе квербакъиги щвезе буго».
Т1адехун бицараб жоялъул х1асил буго; жиндир шурут1ал т1уран, г1елмияб нух ц1унун ва Аллагь разилъи т1алаб гьабун гьабураб Къуръаналъул тафсиралъе таржама гьаби лъик1аб г1амал бук1ин, ахираталда батулеб хазинаги бук1ин.
Гьеб таржама гьабизе бегьуларин ва ц1ализе бегьуларин к1алъалел г1адамалги жидер г1елму гьеч1ел руго, яги шайт1аналъ гуккун, х1ал хъублъун к1алъалел руго.
Т1адег1анав Аллагьас тавпикъ гьабеги лъик1аб г1амал гьабизе. Гьеб таржамаги, жиб ц1аларасе ва раг1арасе мунфаг1ат щолеблъун гьабеги. Амин.
Г1алимзаби жинда рекъараб раг1и буго, «Къуръаналъул раг1абазе таржама гьабун гьелъул Аллагьасе бокьараб маг1на лъазе лъиданиги к1оларо», - ян абураб. Щай абуни, г1араб раг1абазул чанго бат1ияб маг1на гьабизе бегьулеб х1ал бук1уна ва цо раг1иялъе цох1о маг1наги гьабун, «гьаб бугин Къуръаналъул маг1на», - ян аби х1арамаб буго.
Тафсир гьабиялъул маг1на буго; г1алимчияс жиндир г1елму ва г1акълу нахъ рег1араб х1алалъ Аллагьасул каламалъе хъулухъги гьабун , «дир пикруялда рекъон гьаб мурад батизе бегьула гьаб каламалъул», - ан аби. Гьедин гьабидалго, гьелъ рес кьола цойги бат1ияб пикру бицун к1алъалесухъги г1енеккизе.
Къокъго абуни: таржама гьаби буго щибаб раг1иялъул мух1канаб маг1на гьабун, гьеб цойги мац1алде буссинаби. Тафсир гьаби буго, цо мац1алда ругел раг1абазул, бук1ине бегьулеб маг1на-мурад баян гьаби. Гьаб к1иябго жо цоцада релълъараб гьеч1о. Гьединлъидал, Къуръаналъе тафсир гьабула г1араб мац1алдаги ва цогидал мац1аздаги, амма таржама гьабуларо.
Цойги жинда кант1изе кколеб жо буго: таржама гьабураб мехалъ гьеб таржамаялъ баян гьабизе ккола аслуялда бугеб раг1иялъул кинабго мурад. Хирияб Къуръаналъул мурад буго гьеб Мух1аммад аварагасе муг1жизатлъун бук1инги. Гьаб мурад кинха к1олеб таржама гьабун баян гьабизе!
Цойги жинда кант1изе кколеб жо буго: Къуръан ц1алиялъул хассаб кири буго. Гьеб кири щоларо г1араб мац1алда бугеб х1алалъ х1уруфазул махраж ва тажвидалъул х1укмуги ц1унун, гьеб ц1алун гурони. Къуръаналъул тафсир ц1али ва гьелъул пикру гьаби, гьелдалъун Т1адег1анав Аллагьасул каламалъул маг1на ва мурад лъазаби ва гьелда г1амал гьаби – гьаб буго бат1ияб масъала ва гьалъул жиндирго кириги буго.
Г1алимзабаз абуна: «Къуръаналъул тафсир ва гьелъул таржама хъвалеб мехалъ гьениб цадахъ хъван хирияб Къуръанги бук1ине ккола. Хадуб гьелъул къокъаб маг1на хъвала, цинги щибаб бак1алда рекъараб баянги хъвала. Г1арабалъ Къуръаналъул аяталги хъвач1ого, г1иц1ц1аб тафсир хъвай х1арамаб буго. Гьеб буго Къуръаналда релълъараб жо гьабулев чиясул мисал».
Имаму Суют1ияс данде гьабураб «Аль иткъан фи г1улумил Къуръан», - абулеб т1ехьалдаса росун, хирияб Къуръан ц1алиялъул дагьалго адабал рицина:
- Къуръан ц1алулев чи какие чурун вук1ине рекъараб буго: гьеб бугелъул азкаразул бищунго хирияб. Бац1ц1адаб бак1алда ц1ализе суннатаб буго, масжидалде жаниб ц1али бищунго лъик1аб буго.
- Къиблаялде вуссун г1одов ч1езе, Аллагьасе х1елун, бет1ер г1одоб т1амун ч1езе рекъараб буго.
- К1ал бац1ад гьабизеги, сивак бахъизеги суннатаб буго.
- Къуръан ц1ализе бай бихьилалде цебе «аг1узу биллагьи…» абизе суннатаб буго. Щибаб сурат ц1алиялда цебе «биссмиллагь…», - абизеги лъик1аб буго. Сураталъул гьоркьоб бак1алдаса ц1ализе байбихьаниги бисмиллагь абизе лъик1аб буго.
- Г1едег1ич1ого, пикру гьабун, х1уруфазул х1акъ т1убан ц1ализе лъик1аб буго. Щибаб аяталъ бицунеб жоялъул пикру гьабун, рах1маталъул бицараб мехалъ роххел щун, г1азабалъул бицараб мехалъ рак1 пашманлъун ц1али буго кири г1емераб щолеб къаг1ида. Масала: г1едег1ун ц1алун к1иго жуз ц1аларасе щибаб х1арф рик1к1ун щолеб кириги, пикру-тадбирги гьабун цо жуз ц1аларасе щолеб кириги хал гьабураб мехалъ – к1иго жуз ц1аларасул кири г1емераб буго, цо жуз ц1аларасул кири къимат т1адег1анаб буго.
- Къуръаналда жанир ругел г1азаб бицарал ва х1инкъи кьей бугел аятал ц1алараб мехалъ рак1 пашманлъун г1одизе рекъараб буго: Аллагьасул г1азабалъул кутак хал гьабун, жиндир нафсалъул к1арччанлъи ва г1айибал хал гьабун.
- Берцинаб гьаракьалъ ц1ализеги суннатаб буго. Цойги чиясе ташвиш-зарал гьеч1они, гьаракь борхун ц1алиги мунфаг1ат бугеб буго: гьелъул асар ц1ик1араб бук1уна, раг1арасеги мунфаг1ат гьабула, ц1алулесул рак1ги тирхула, макьу-гъафлатги т1асса уна.
- Берцинаб гьаракьалъ ва мух1канаб х1алалъ Къуръан ц1алулев чиги гьеб ц1ализе виччан, гьесухъ г1енеккизе суннатаб буго. Цояз ц1алун, цойгидал г1енеккун, иргаялда ц1алиги асар щолеб бук1уна.
- Рек1ехъе ц1алиялдаса Къуръаналда т1адги балагьун ц1али кири г1емераб буго: Къуръаналде балагьиги г1ибадат буго.
- Суратазул ва аятазул тартибалда ц1ализе рекъараб буго. Цо сурат ц1алун т1убан хадуб цойгидаб ц1ализе байбихьила. Аятги т1убан ц1ализе рекъараб буго.
- Къуръан кинабго заманаялъ ц1ализе лъик1 буго. Какилъ ц1али, сардилъ т1аде вахъун ц1али, рузман сордо-къоялъ ц1али кири г1емераб буго.
- Щибаб анкьго къоялда жаниб Къуръан ц1алун т1убайги лъик1 буго. Гьедин ц1алулеб бугони, рузман къоялъ байбихьун, хамис къоялъ т1убазабила. Къуръан ц1алун лъуг1идал дуг1а гьаби суннатаб буго: гьеб буго жаваб гьабулеб г1уж. Жиндир агьлу-хъизан данделъун дуг1а гьаби г1емерго лъик1аб буго.
- Цо Къуръан ц1алун т1убарабго цойгидаб байбихьун тезеги суннатаб буго. Ибну Г1аббасидасан бицараб х1адисалда буго: «Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас, «къул аг1узу бирабби ннаси» ц1алун хадуб суратул фатих1аги бакъараталъул авалги ц1алулеб бук1ана. Цинги Къуръан ц1алун т1убаялъул дуг1аги гьабулеб бук1ана», - абун.
- «Ва ззух1а», - ялдаса байбихьун, щибаб сурат ц1алун хадуб «Аллагьу акбар» абиги суннатаб буго.
- Къуръан ц1алиялъул сужда гьабизе кколеб бак1алда суждаги гьабила. Гьеб сужда гьабула жинца ц1аларас ва жинда цойгияс ц1алулеб раг1арасги.
- Къуръан ц1алиги гьоркьоб къот1изабун г1адамаздехун к1алъай карагьатаб буго. Гьеб ц1алулаго щиб бугониги г1ададисеб жо гьабулев вук1инги рекъараб гьеч1о.
- Г1ажамияб мац1алъ (таржама гьабун) Къуръан ц1ализе бегьуларо, какилъ бугониги, цойгидаб бихьизабураб бак1алда бугониги. Ай, как балев чияс г1араб мац1алда бугеб х1алалъ гурони Къуръан ц1ализе бегьуларо. Какилъ гьеч1ев чияс Къуръаналъул раг1иги абун, хадуб гьелъул маг1на бицун гурони, Къуръаналъул маг1на бицизе бегьуларо.
- Къуръан ц1али маг1ишат т1алаб гьабиялъе сабаблъун кквезеги бегьуларо.
Жеги г1емерал суннатал ва адабал руго Къуръан ц1алиялда ва гьелъул х1урмат гьабиялда хурхарал. Т1адег1анав Аллагьасул калам бугелъул, гьеб жиндир къадро к1удияб т1ехь буго. Щибаб жоялъул къадроялда релълъараб бук1уна гьелъул адаб-х1урмат гьабиги.
Т1адег1анав Аллагьас тавфикъ гьабеги гьесул хирияб калам ц1ализе, гьелъул х1урмат гьабизе ва гьелда рекъон г1амалги гьабизе. Амин.
Къуръаналдаса цо-цо суратазул ва аятазул хиралъи
Къуръаналъул цо-цо суратазул ва аятазул хиралъи бицарал х1адисал г1емерал руго. Гьезул киналго сах1их1ал (бит1арал) гьеч1елъул, дица цо чанго сах1их1аб х1адис бицун тела.
Жинда Аллагь разилъаяв Ибну Г1аббасидасан х1адис бицана: «Аллагьасул свалат салам лъеяв авараг Жабраил малаикасда аск1ов г1одов ч1ун вугеб мехалъ, гьесда зобалаздасан цо гьаракь раг1ана. Жабраил зодихъехун валагьана ва гьес абуна, «Жакъа гурони рагьич1еб зобалазул каву рагьана», - абун. Цинги гьенисан г1одове цо малаик решт1ана. Жабраилас абуна: «Жакъа гурони решт1ич1ев малаик решт1ана зодисан», - абун. Гьев малаик аварагасда аск1ове вач1ана, гьесие саламги кьун жинца абуна: «Дуе рохел буго Мух1аммад, Аллагьас дуе кьураб к1иго хиралъиялдалъун. Дуе гурони гьеб лъиего кьунги бук1инч1о. Гьеб буго суратул Фатих1а ва суратуль Бакъараталъул ахираб к1иго аятги. Гьезул щибаб х1арф ц1алуншинахъе дуе сайгъат кьола», - абун».
Жинда Аллагь разилъаяв Ибну Масг1удидасан х1адис бицана, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Щив чияс сардилъ суратул Бакъараталъул ахираб к1иго аят ц1аланиги, гьесие гьелъ г1ей гьабизе буго», - абун. Ай, гьесда гьеб сородоялъ зарал хъат1изе гьеч1о.
Муслимица х1адис бицана, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Нужеца рукъзал хобалазде сверизаруге (ай рукъоб Къуръан ц1але). Суратул Бакъарат ц1алулеб рокъоса шайт1ан лъутун уна», - абун.
Абу Умаматидасан х1адис бицана, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Щибаб фаризаяб какда хадуб Аятуль Курсий ( Аллагьу лаилагьа илла гьува…) ц1аларав чи алжаналдаса рик1к1ад гьавун гьеч1о хвелалъ гурони», - абун. Ай, гьев чи хун хадув алжаналде лъугьуна.
Жинда Аллагь разилъаяв Абу Гьурайратица х1адис бицана: «Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас дун тун вук1ана Рамазан моц1алъ закат бахъун бач1араб т1орщел ц1унизе. Цо нухалъ гьеб т1оршел бикъизеян вач1арав чи дица ккуна ва гьесда абуна «дица мун аварагасухъе вачине вуго», - абун. (Лъабго сордоялъ т1ат1алаго вач1ана гьев т1оршел бикъизеянги абуна цо биценалда). Гьев чияс абуна, «Дуца дун аварагасухъе вачинч1ого тани, дица дуда цо лъик1аб жо лъазабила, Аллагьас гьелъухъ дуе г1емераб кири хъвалеб. Мун кьижизеян бусада вегараб мехалъ, дуца Аятуль Курсий ц1але. Гьедин ц1алараб мехалъ, Аллагьас рогьинег1ан мун ц1унулев чи тола ва шайт1аналда к1оларо дуе щибго зарал гьабизе», - абун. Дица гьаб хабар Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасда бициндал гьес абуна: «Гьелъ бит1араб бицун буго, киг1анго к1удияб гьерсихъан гьеб бугониги. Гьеб жо шайт1ан буго», - абун.
Жиндаса Аллагь разилъаяв Муслимица бицараб х1адисалда буго аварагас абунин: «Нужеца ц1але к1иго нур бугеб сурат, «Аль Бакъарат» ва «Ал Г1имран». Гьеб к1иябго къиямасеб къоялъ жиб ц1аларасе кумекалъе бач1уна», - абун.
Жинда Аллагь разилъаяв Абу Саид аль-Худрияс бицараб х1адисалда буго, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Рузман къоялъ суратуль Кагьфи ц1аларав чиясе нур гвангъун бук1ине буго т1асияб рузман къоялде щвезег1ан», - абун.
Жинда Аллагь разилъаяв Ину Г1умаридасан бицараб х1адисалда буго, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Рузман къоялъ суратуль Кагьфи ц1аларав чиясе гьесул х1ат1азда гъоркьан зобалазде щвезег1ан нур бук1ине буго къиямасеб къо ч1езег1ан, ва гьесул к1иябго рузман къоялда гьоркьор гьарурал мунагьалги чурула», - абун.
Жинда Аллагь разилъаяв Абу Дардаица бицараб х1адисалда буго, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Сурату Кагьфалъул авалаб анц1го аят рек1ехъе лъазабурав чи даджалил фитнаялдаса ц1унаравлъун вук1ине вуго», - абун.
Х1акимица бицараб х1адисалда буго, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин:
«Дица нужеда бицинищ, цо чиясда кинаб бугониги къварилъи щвараб мехалъ гьес жиб ц1алани, гьесдаса къварилъи т1асса унеб дуг1а? Гьеб буго Юнус аварагасул дуг1а: «Лаилагьа илла анта Субх1анака инни кунту мина ззалимина», - абураб».
Жиндаса Аллагь разилъаяв имам Ах1мадица бицараб х1адисалда буго: «Дир шейхаз (муг1аллимаз) дида бицана, жал рук1анин Фузайл бин Х1арисида аск1ор, гьев хвалил унтиялъ унтун вугеб мехалъ. Фузайлица гьикъана: «нужер цонигиясда Ясин ц1ализе лъалищ», - ан абун. Цинги Салих1 бин Шурайх1 Ясин ц1ализе лъугьана ва гьес к1икъоабилеб аят ц1алилалде Фузайлил рух1ги босана. Гьединго дир шейхаз бицунаан, «хвалил унти ч1варасда аск1об Ясин ц1алани гьесул рух1 бахъи бигьалъулин», - абун.
Асламица Г1умар Асх1абидасан бицараб х1адисалъулъ буго, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Къасси дида рещт1инабуна кинабго дунялалдаса дие жиб хирияб сурат. Гьеб буго «Инна фатах1налака фатх1ан мубинан абураб сурат», - абун. (Суратул фатх1и).
Жинда Аллагь разилъаяв Абу Гьурайратиса бицараб х1адисалда буго, дида Бичасул расул жинца абулев раг1анин: «Къуръаналда жаниб буго лъеберго аят бугеб сурат, жиб ц1аларасе гьеб кумекалъе бач1унеб гьесул киналго мунагьал чуризег1ан. Гьебги буго Суратул мулки», - абун.
Жинда Аллагь разилъаяв Анас бин Маликидаса бицараб х1адисалда буго, Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас абунин: «Дуца, «Къул я аююгьал кафируна» ц1але, мун къижизе лъугьунеб мехалъ. Гьеб буго ширкалдаса мун рик1к1алъи», - абун.
Жинда Аллагь разилъаяв Абу Саг1ид аль-Худриясдасан бицараб х1адисалда буго: Цо нухалъ Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас жиндир асх1абзабада гьикъана: «Сардилъ Къуръаналъул лъабил бут1а ц1ализе к1олев щив вугев нужедаса», - абун. Асх1абзабазда гьеб зах1матаб ишлъун бихьана ва гьез абуна: «Лъидаха гьеб к1олеб я расулуллагь», - абун. Аварагас абуна: «Къул гьува ллагьу ах1ад», - буго Къуръаналъул лъабил бут1а», - абун.
Жинда Аллагь разилъаяй Г1аишатидасан х1адис бицана: «Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас кьижилалде цебе жиндир к1иябго хъат к1алалда цебе ккун гьениб жаниб «къул гьуваллагьу ах1ад», «къул аг1узу бираббил фалакъ» ва «къул аг1узу бирабби ннаси» ц1алулеб бук1ана, цинги к1иябго квер гьумералда, бет1ералда ва черхалъул цебесеб ва нахъияб рахъалда бахъулеб (лъулъалеб) бук1ана. Гьедин лъабго нухалъ гьабурав чи Аллагьас кинабго квешлъиялдаса ц1унизе вуго ва гьесда аск1обе шайт1анги къазе гьеч1о гьев радал т1аде вахъинег1ан».
Жинда Аллагь разилъаяй Г1аишатидасан бицараб цойги х1адисалда буго: «Аллагьасул свалат салам лъеяв авараг унтараб мехалъ, гьес жиндирго кверазда жаниб к1иябго «Къул аг1узу» ц1алулеб бук1ана ва гьел кверал черхалда рахъулел рук1ана. Гьев зах1матго унтун вугеб мехалъ дица ц1алана гьеб к1иябго сурат гьесул кверазда жаниб ва гьел кверал гьесул черхалдаги рахъана», - абун.
Гьал т1адехун рехсарал, Къуръаналъул хиралъи бицарал х1адисал дагьалго жал руго, ва кинабго Къуръан жиндир хиралъи ва баракат г1емераб буго. Гьеб Къуръанги жиб ц1алун, жиндир мурад бич1ч1ун, жиндир х1укмуялда нахърилъун г1адамал хьвадизе г1оло рещт1инабураб буго.
Гьаб хирияб Къуръанги жинда рещт1инабун, Аллагь цо гьавун, г1иц1го цох1о гьесие лагълъи гьабиялде халкъ ах1изе вит1ана хирияв Мух1аммад авараг. Ахираталда щивав инсанасе жинца гьабураб г1амалалда рекъараб жазаъги бук1ине буго. Дунялалъул рокъов вук1адго Т1адег1анав Аллагьасе г1ибадат гьабиялдасаги гъафуллъун, лъида бугониги божун ва хьул лъун вук1иналъ ахираталда щведал инсан хвасар гьавуларо.
Хирияб Къуръаналда абун буго. Гьал аятазул маг1на буго:
«Дуца дун х1акъир гьавуге кинабго халкъ тIаде бахъинабулеб къоялъ. Жиндилъ лъималаз ва боцIи-малалъ щибго мунфагIат гьабулареб къиямасеб къоялъ. БетIергьан Аллагьасда цеве куфру-ширкалдаса, нифакъалдасан ва хIасадгун ццим бахъиялдаса ракI бацIцIадавлъун вачIарав муъминчиясе гьесул иманалъ ва лъикIаб гIамалалъ гурони, цойги щибго жоялъ мунфагIат гьабулареб къиямасеб къоялъ».
Жеги Т1адег1анав Аллагьас абулеб буго:
«Гьеб къиямасеб къо буго инсан жиндирго вацасдасан лъутулеб, жиндир эбел-инсудасаги лъутулеб, жиндир чIужуялдасаги, лъималаздасаги лъутулеб къо. Гьеб къоялъ щивав инсанасе букIуна жив цойгияздаса машгъул гьавулеб ургъел ва къварилъи».
Инсан хвараб мехалъ ч1аго ругез гьесие г1оло зикру бачинги, Къуръан ц1алиги, садакъа кьейги, хобалда аск1об чадирги ч1ван, гьениб жаниб Къуръан ц1алун сардал рорч1иги – гьаб кинабго ва гьалда релълъараб цойгидабги г1амал буго гьел г1адамазул г1амал ва гьелъул жазаъги гьезие бук1ине буго.
Хабалъ суалалал кьун к1ал гьикъулеб мехалъги, ахираталда х1исаб-мизан гьабулеб мехалъги, сират1 бахуне мехалъги щибав чи ц1акъ х1инкъун, жиндирго нафсалда машгъуллъун вук1уна. Гьениб цояс цойгидасе кумек гьабуларо, эбел-инсул, устар-шайихасул квербакъиги бук1унаро. Гьал рехсарал бак1азда устарас яги цойги чияс жиндие кумек гьабулин абун божун, гьесда хьул лъун вук1ин куфруялде ккезе х1инкъи бугеб бак1 буго.
Гьаб масъала бич1ч1изе т1аддаб буго щивав чиясда ва гьес ях1 бахъизе ккола жив ч1аго вук1аго, Т1адег1анав Аллагьасги, гьесул хирияв расуласги малъухъе хьвадизе ва абадияб рокъоб жив г1азабалдаса хвасарлъулеб г1амалги гьабизе. Г1адамаз ургъун рахъарал нухалги жалго тун, Аллагьасул расулас бихьизабураб нухдасан хьвадизе.
Т1адег1анав Аллагьас нилъеда х1акъаб жо х1акъаблъун бихьизабеги ва гьелда нахъ рилъине тавфикъги гьабеги. Бат1улаб, бидг1аяб жоялдаса Аллагьас рик1к1адги гьареги. Амин.
Ахиралдаги, кинабго рецц ва щукру Т1адег1анав Аллагьасе буго, жинца нилъ иман-исламалъул нухалде т1орит1арав. Гьесда гьарулебги буго, гьеб бит1араб нухдасан къосизе тогеян.
Жив к1одо гьавураб свалат-салам хирияв аварагасда лъеги, хадуб гьесул агьлуялда ва асх1абзабадаги лъеги, гьесул суннат ц1унун хьвадарал киналго муъминзабадаги лъеги. Амин.
11 рабиг1ул аввал 1429 сон. 19 март 2008 сон.
Аль-Ашбал
ИА GURABA
|