К1иабилеб баб: Салафу ссвалих1иназул т1абиг1ат ва г1амал
Нужеда лъай диналъул вацал, нужедаги дидаги Аллагьу Таг1ала гурх1аял, г1олохъанлъиялъулъе ва балугълъиялъулъе лъугьулев чиясе бищунго к1вар бугеб жо буго берцинал т1абиг1атал чорхолъ лъей, ва квешал, щайт1аниял т1абиг1атал нахъе рехиги.
Ибну Сайрин абулев г1алимас абуна: «Цересел мутаг1илзабаз лъик1ал т1абиг1аталги, берцинаб хьвадиги лъазабиялда ях1 бахъулаан, г1елму лъазабиялда ях1 бахъулеб г1адин», - абун.
Х1абиб бин Шагьидица абуна: «Я дир вас, дуца г1алимзабигун гьалмагълъи гьабе ва гьездасан адаб босе. Мун адаб-хатир бугев лъугьизе бокьила дие, мун г1емераб жо лъалев лъугьналдасаги», - абун.
Т1адег1анав Аллагьас Аварагасе (жинда ссвалат салам лъеяв) рецц гьабун абуна:
«Мун ц1акъ къадру к1удиял т1абиг1ат-г1амалазда вуго», - абун.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас абуна: «
Дун вит1ун вуго бищунго лъик1ал т1абиг1атал т1уразаризе"- абун. Ай умматалъе гьел т1абиг1атал нухлъун лъезе.
Аллагьас нилъги ах1ана гьесда нахърилъизе:
"Х1акълъунго нужее буго берцинаб нахърилъин Аллагьасул Аварагасда, нужедаса Аллагь разилъи ва лъик1аб ахират бокьаразе ва жидеца Аллагьги г1емер рехсолезе"-абун.
Гьедин бугелъул гьел Асх1абзаби ва табиг1инал (асх1абзабада хадусеб г1ел) ва салафу ссвалих1инал (табиг1инал ва гьезда хадусеб г1ел) Аварагасда нахърилъана ва жидеца гьесул т1абиг1аталги ккуна, гьес гьабеян амру гьабураб гьабуна, теян абураб жибго тана.
Жинда Аллагь гурх1аяв имам Маликица абуна: "Дида бицунеб раг1ана, насраниязда Шам улка бахъарал асх1абзаби рихьидал, гьез абунин; "Валлагьи, гьал г1адамал лъик1ал руго Г1иса Авараггун рук1арал х1авариюназдаса"- абун.
Амма гьездаса хадуб г1емер соналги индал, г1адамалги дин тун, дунял т1алаб гьабиялде руссидал, дол свалих1иназул т1абиг1ат-г1амал, г1адамазул хьвада-ч1вадиялда гьоркьоса т1аг1ун ана. Гьединлъидал дица къасд гьабуна дол лъик1ал г1адамазул т1абиг1ат-г1амал бицун гьит1инабго т1ехь данде гьабизе, ва гьеб, дин бокьарал муъминзабазе сайгъат гьабизе. Нилъецаги иншаа Ллагь ях1 бахъила гьел хьвадараб нухдасан хьвадизе.
Аллагь разилъаял свалих1иназул (лъик1ал муъминзаби) т1абиг1ат бук1ана:
Жидер г1илму- г1амалалъул ихлас бук1ин (г1иц1го Аллагь разилъи т1алаб гьаби). Жидер г1амалалъулъ рияъ лъугьиналдаса х1инкъулаан. (рияъ буго г1адамазе лъик1 вихьизе бокьун г1амал гьаби).
Суфян бин Г1уяйнатида гьесул гьалмагъзабаз абуна: «Мун нижгун г1одов ч1еларищ нижее хабар бицизе», - ян абун. Гьес абуна: «Валлагьи дун нужее хабар бициналъул агьлу гьеч1о ва нуж дида г1енеккиялъул агьлуги гьеч1о. Нилъер цояз цоял къват1ире ч1вазари гурони гьелъул щибго файда ккезе гьеч1о"-абун.
Щаг1бийу абулев г1алимас абуна: "Г1алимзабазул адабалдасан буго, жидеда цо жо лъараб мехалъ гьелда г1амал гьаби ва гьедин г1амал гьабураб мехалъ жал г1адамаздасан машгъуллъула (ай, г1адада харбида рук1изе замана бук1уларо). Цинги жидер г1елму дагьаб батани жеги г1елму т1алаб гьабула ва жал диналъул фитнаялде ккела абун х1инкъун, г1адамазда гьоркьосан лъутун уна"-абун (ай, г1адамаздаса рахчун дин гьабун ч1ола).
Ва гьезул цойгиги т1абиг1ат бук1ана нифакъ тей (ай, жидер балъгоябги загьирабги г1амал цого бук1ин). Гьезул цонигиязул бук1ич1о жив метер къоялъ нечелоб яги къват1ив ч1валеб г1амал. Свалих1иназул цояс Г1умар бин Г1абдулг1азизие ваг1за гьабуна ва жинца абуна: «Мун ц1уне Г1умар, загьиралда Аллагьасул валилъун вук1иналдасаги, бат1иналда Аллагьасул тушманлъун вук1иналдасаги. Жидер загьирги бат1инги бащад гьеч1ел г1адамал мунафикъзаби руго, ва киналниги мунафикъзаби жужах1алда жанир рук1ине руго"- абун.
Зубайр бин Г1аввамица абуна: "Нужеца гьабулеб лъик1аб г1амалги балъго гьабе, квешал г1амалал балъго гьарулел г1адин"- абун.
Цойги гьезул т1абиг1аталдаса бук1ана, х1акимзабазул зулму-х1алалда сабру гьабулел рук1ин ва гьез рик1к1унаан, дозул квешлъи жидер мунагьаздасан дагьаб бугин абун.
Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Дица нужер цо зулму чаг1и цойгидал зулму чаг1азда т1аде т1амила"-абун. Ай, нужеца Аллагьасдехун зулму гьабураб мехалъ, амру нагью тун – нужеда т1ад х1акимзаби зулмуял т1амила, нужее зулму гьабизе, - абураб маг1на буго.
Мух1аммад бин Юсуфихъе васас кагъат хъвана, жидер х1акимзабазун зулму-къварилъи бицун, зигара гьабун. Гьесие Мух1аммадица жаваб гьабуна, «дуда лъалаха дир вас жинца г1асилъи гьабурав чиясда г1акъуба т1аде кколеблъи ва гьеб нужеда бугеб къварилъи нужерго мунагьал сабалъун бук1ине кола», - абун.
Г1ат1аъ бин Аби Раббах1ида гьикъана, х1акимзабазда аск1ов гьезул х1укму хъвалевлъун вугев ва цойги щибго мунагьго гьеч1ев чиясул х1акъалъулъ, ва гьес жаваб гьабуна, «гьеб г1амал тун лъик1 буго гьев чиясе», - абун. Дуда Муса Аварагас абураб раг1и лъаларищ:
"Я дир бет1ергьан, дуца дие кьураб ниг1маталдалъун (ай гьеб ниг1маталъул х1урматалдалъун) дуца дун ц1уне кафураб, квешаб къавмалъе квер бакъулевлъун вук1иялдаса"- абун.
Цойги гьезул т1абиг1ат бук1ана Аллагьасе г1оло ц1акъ бах1арчилъи гьабулеб, Гьесул дин г1одобег1ан гьабулев чи вихьараб мухалъ. Жидеца щибго г1амал гьабулароан ва цониги чиясулгун гьалмагълъиги гьабулароан гьеб ишалъулъ Аллагь разилъи бук1инин абун рак1алде ккун гурони. Цониги чи вокьулароан ва цониги чиясда ццимги бахъулароан дунялалъул маг1ишат сабалъун.
Ва Аварагасул х1адисалдаги буго,
«Аллагьасе г1оло ццим бахъинги ва Аллагьасе г1оло рокьиги, иманалъул бищунго щулияб рухьен буго, - абун.
Ах1мад бин Х1арб абулев г1алимас абуна: «Бищунго муъминчиясул рак1алъе мунфаг1ат гьабулеб жо буго лъик1ал чаг1аздехун гьалмагълъи гьаби ва гьез гьабулеб пишаялде балагьи. Ва гьесул рак1алъе бищунго зарал гьабулеб жо буго г1ассиял, фасикъал г1адамалгун жуван вук1ин ва гьезул г1амалазда валагьи», - абун.
Дуцаги пикруги гьабун, нафсалъул хал гьабе, диналъул вац, дур цониги нухалъ Аллагьасе г1оло ццим бахъанадай абун ва Аллагьасе г1оло цониги чи вокьанадай абун. Мун дурго нафсалда къасиги, къадги гурх1а ва истигъфарги г1емер гьабе.
Аллагь гурх1аял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана дуниялалъул маг1ишат сабалъун роххи дагьлъи. Гьелъул г1аксалда жидее ц1ияб рет1ел- хьит ва цогидаб жо швараб мехалъ гьезул х1ал къварилъулаан, гьеб жидее кьураб жо ахираталъул бут1а нукъсан гьабун кьун батила абун х1инкъун.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас абуна:
«нуж дагьал релъанхъилаан ва г1емерал г1одилаан дида лъалеб жо нужеда лъалеб бук1арабани», - абун.
Фузайл бин Г1иязица абуна: «Велъанхъулев чи г1емерав вуго, жиндие мусру босун х1адурунги бук1аго», - абун (ай, хвелги жинда т1аде щун бук1ун гьебги лъаларого).
Дунял бокьаралги ахират бокьаралги г1адамал рат1а гьаризе лъалеб бак1 буго гьезул ахираталъе гьабулеб х1адурлъиялде балагьун. Дуцаги х1исаб гьабе диналъул вац, дурго нафсалъул кинаб гъафлаталда мун вугев гьеб ахираталъул амруялъулъ, ва тавбу гьабизе г1едег1и гьабе.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана Аллагьасул ццим бахъулеб жоялъулъ жал ккеялда х1инкъараб мехалъ гьезул хвелалда хьул лъолаан. Цо г1асилъи ккезе бегьулеб амру нафсалдасан загьирлъани, гьел х1инкъулаан жидеда Аллагьасул ццим бахъина абун.
Абу Гьурайратица абулаан: «Г1адамазда т1аде цо замана бач1изе буго, гьезул г1алимзабада жал хун лъик1 абун рак1алда кколеб. Х1атта, жиндир диналъул вацасул хабаде вач1идал, валлагьи дун дур бак1алда вугев анищан абулеб».
Ибну Масг1удица абулаан: «дунялалъул т1ок1к1ел т1асса ун, кинабниги х1абургъин нахъе хут1ун буго. Гьанже хвел лъик1аб сайгъат буго буссурманав чиясе», - абун.
Муслим бин Къутайбатица абулаан: «Нижеда лъалаан цо заман, х1акимлъун тей чиясе к1удияб баллагьлъун бихьулеб ва цо жиндир гьалмагъ х1акимлъун тун вуго абун раг1араб мехалъ гьес абулаан; «я бет1ергьан Аллагь, нижеда гьевги гьесда нижги к1оченаре, цоцада аск1оре ккеч1ого рук1ине», - абун. Гьанже заман бач1ун буго, х1акимлъун тей г1адамаз т1алаб гьабулеб», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана Аллагьасдасан х1инкъи г1емерал рук1ин, жидер лъик1ал х1алазул аваладаги, ахираталдаги. Авалада гьел х1инкъулаан мунагьал г1емерал рук1ун г1азаб гьабиялдаса, ахиралда гьел х1инкъулаан Аллагьу Таг1ала к1одо гьавун, гьесул х1урмат гьабун.
Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Бет1ергьанасда ццеве ч1езе вук1иналдаса х1инкъун хьвадарав чиясе к1иго алжан буго"-абун.
Жегиги Аллагьас абуна:
"Ахираталда бук1инисеб жоялъе г1оло бет1ергьанасдасан х1инкъарал г1адамазе мунагьал рахчиги к1удияб ажруги буго"- абун.
Абу Тураб Алхашнияс абулаан: «Цо чияс мунагьал тезе къасд гьабураб мехалъ, гьесде Аллагьасул кумекал чвахун рач1уна кинабниги рахъалдасан. Мунагьаздалъун рак1 ч1ег1ерлъун бук1и лъалеб лъабго г1аламат буго: 1) Мунагь гьабизе х1инкъун гут1и. 2) Т1аг1ат гьабизе ругьунлъун гут1и. 3) Ваг1за насих1аталдасан мунфаг1ат лъугьун гут1и», - абун.
Х1асанул Басрияс абулаан: «Мунагьазда жанив т1ерхьун, рак1 ч1ег1ерлъун бук1иналъул г1аламат буго къад к1ал кквезеги, къасси вахъизеги (тагьажуд базе) к1вах1алав лъугьин», - абун.
Г1ат1аъ бин Абу Рабах1ица абулаан: "Аллагьасда г1ассилъи ц1акъ к1удияб жолъун бихьун, гьеб г1ассилъи гьабиялдасан ц1унарав чи – жиндие гьеб Аллагьасда аск1об лъик1аб г1амаллъун батулев чи вуго"-абун.
Аррабиг1 бин Хайшамица абулаан: «Къурбан хъвеялъул г1ид т1аде щвараб мехалъ дун гьедула; "Дур к1одолъи хиралъиялх1аги я дир Бет1ергьан, жакъа дир нафс къурбаналъе хъвеялъулъ мун разилъи бугеблъи лъалебани дица гьеб нафс хъвелаан», - абун.
Жидеда Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, Аллагьасдасан х1инкъун рук1ин; жидер лъик1ал г1амалал дагьал руго, мунагьалги г1емерал руго абун, ва къиямасеб къоялъ цо жиндие зулму гьабурав чи вач1ани, гьеб зулмуялъухъ рец1ел босун, цох1о гьесие кьезецин жиндир лъик1ал г1амалал г1еларо абун.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас абуна:
«Нужеда лъалищ къияммасеб къоялъ щив вугев дир умматалъул хъарк1асчи (бищунго мискинав чи)?- абун. Асх1абзабаз абуна: «Нижеда гьоркьов хъарк1асчи вук1уна, жиндир г1арац меседги боц1иги гьеч1ев чи», - абун. Цинги Аварагас абуна: "Къияммасеб къоялъ хъарк1асчи вуго, жив как, к1ал, сах1, х1аж, зак1аг1ат ва лъик1ал г1амалал гьарун вач1арав чи, цинги гьел г1амалал жиндир налъулаз рахъун арав. Цоясда хъат кьабурав, цоясул боц1и хвезабурав, цоясул би г1одобе т1урав ва цойгидасде хьандарав. Цинги рикьун лъик1ал г1амалалги т1аг1ун, гьел налъулазул квешал г1амалалги т1аде реххун, жужах1алда кколев чи"- абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана; гьел х1инкъулаан дагьабниги жидеда унта-щокълъи бач1араб мехалъ, гьеб унти жидер къадаралъул унти батилин, ва жалги «тавбу гьабун, чияр х1акъалги т1уран, х1адурун гьеч1ого, Бет1ергьанасда цере ине ккеладай»,- абун, г1емерал г1асилъабиги гьарун, лъутун вук1арав лагъ сайидасда цеве ч1езавулев г1адин.
Хварал чаг1и рихьараб мехалъ, гьез ц1акъ пикру гьабулаан ва жалги пашманлъун лъугьунаан.
Абу Гьурайратица абулаан жаназа бихьараб мехалъ: «Мун дур бет1ергьанасухъе а, нижги дуда хадур рач1изесел руго. Ц1акъ къокъаб, амма маг1на гъваридаб ваг1за буго хвел, ва къабих1аб гъафуллъи буго нилъер рак1азулъ», - абун.
Хвел рак1алда щвараб мехалъ ц1акъ пашманлъулаан гьел, хвалил зах1малъиги лъан, рух1 бахъи мекъи ккеялда х1инкъун.
Х1амид ал-Лафафу абулев г1алимас абулаан: «Хвел рак1алде щвеялъул лъабго лъик1лъи буго: тавбу хехго гьаби, нафсалъе г1емераб жо т1алаб гьабун гут1и, г1ибадат гьабизе вагъари», - абун.
Суфян бину Саври абулев валияс абулаан: «Метер жив ч1аго вук1инин кколев чи хвалий х1адурарав гьеч1о», - абун. Цойгиги гьес абулаан: «Хвел рак1алде щвеялъ т1аг1ат гьабизе т1амула, хвел к1очеялдасан г1асилъаби рижула», - абун.
Гьаб хабар дуда бич1ч1а диналъул вац, ва дуца гьалмагълъи гьабе г1ибадат гьабулел, дунялалъ гуккич1ел г1алимзабигун ва свалих1иналгун цадахъ, ва мун рик1алъе хвел рак1алда щоларел, гьелдасан гъафулал г1адамаздаса.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, Аварагасул т1абиг1ат-г1амал жидеца ккун, жидее зарал-къварилъи гьабурал г1адамазда т1аса лъугьулел.Хирияв Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндир нафсалъе г1оло ццим босулев вук1инч1о. Гьес ццим босулаан Аллагьасул шарг1алъул х1урмат хвезабураздасан.
Жаг1фар бину Мух1аммадица абулаан: «Г1афву гьабун, т1аса лъугьиналда рек1екълъизе рекъараб гьеч1о – т1аса лъугьич1ого хут1араб жоялда рек1екълъи рекъараб буго», - абун. Гьелъие далил буго Аллагьасул раг1иялда нахърилъин: «Мун гьезда т1аса лъугьа ва квешлъи гьабиялдаса вусса. Х1акълъунго Аллагьу Таг1алаясе лъик1лъи гьабулел г1адамал рокьула», -абураб.
Гьел салафу свалих1инал жидеца буссурбабазул х1урмат ц1акъ к1одо гьабулел рук1ана ва гьезие лъик1лъи лъугьине бокьулелги рук1ана. Абубакр сиддикъ вук1ана жинца абулев: «Цониги чияс цойгидав чи х1акъир гьавуге, абе. Буссурманав чиясул гьит1инабго х1акъ Аллагьасда цебе к1удияб жолъун буго», - абун.
Г1абдуллагь бин Г1аббасица абулаан: «Бищунго хирияб лъик1лъи буго жинда аск1ов вугев чи к1одо гьави», - абун. Каг1ба рукъалдеги балагьун гьес абулаан: «Аллагьас мун х1урмат ц1унараблъун, хирияблъун, къимат-къабру бугеблъун гьабуна ва амма муъминчи дудаса х1урмат к1удияв вуго Аллагьасда аск1ов», - абун.
Г1икриматица абулаан: «Нуж ц1уне г1алимчиясе зарал гьабиялдаса. Г1алимчиясе зарал гьабурав чи, жинца Аварагасе зарал гьабурав чи вуго абун.
Гьаб хабаралдасан дуца ваг1за босе, ва дуца х1исаб гьабе диналъул вац, мун буссурбабазулги, г1алимзабазулги, свалих1иназулги адаб-х1урмат гьабулев вугищ, дудаса Аллагь разилъизе бокьун? Яги гьелъул г1аксалдайищ вугев, фасикъал чаг1аздасан мунго вук1инелъун бокьун.
Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидер руччабазул ва хъизамалъул къварилъи баччулел рук1ин. Жидеца ханлъи, бет1ерлъи т1алаб гьабуларел рук1ин, х1атта, как базе имамлъун рук1инецин бокьулароан гьезие.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагасухъе к1иго чи вач1ана,
«жал цо амруялда т1аде те», - абун. Аварагас гьезда абуна:
«Гьарун вач1аравги, жиндир амирлъун вук1изе хьул лъуравги амирлъун толаро дица», - абун.
Суфяну Cаврияс абуна: «Жиндихъе бач1инч1еб бет1ерлъи т1алаб гьабурав чи гьеб щвеч1ого хут1ула ва гьесул г1емераб г1елмуги г1ададе холла», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана цоцазе ваг1за-насих1ат гьабулел рук1ин, жидедаса г1исиназ жидее насих1ат гьабуниги, гьеб рихунарел рук1ин. Жидедаса г1исиназулги берцинаб адаб гьабулаан. Жидеда бащадазул ва жидедаса к1удиязул ц1акъго адаб гьабулаан. Г1агарав чиясулг1ан лъагъасулги адаб гьабулаан, г1алимчиясулг1ан жагьил чиясулги адаб гьабулаан.
Т1адег1анав Аллагьас Мусада ва Гьарунида абуна:
"Нужеца гьев фирг1авнида тамахаб раг1и бице"- абун, гьев фирг1авн бищунго залимав, кафурав чи вук1аниги.
Муъминчиясул даража-макъам борхи, гьесул адаб г1емерлъиялдалъун бук1иналда г1алимзаби рекъана. Жинца адаб гьабулевлъун цо чи вук1изе ккани гьесда живго мукъсанавлъун ва цогидав жиндасан лъик1авлъун вихьи буго аслу.
Г1али асх1абас абулаан: «Бищунго Аллагь лъалев чи вуго жинца «Лаилагьа Илла Лллагь», - ан абулел г1адамал к1одо гьарулев чи», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана жидер ахир мекъи ккеялдасан х1инкъун рук1ин ва Аллагь вихьулареллъунги, жужах1алда кколеллъунги рук1иналдаса х1инкъи.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас абуна:
"Нужер цояс Аллагь разилъулеб г1амал гьабула, гьесдаги алжаналдаги гьоркьоб цо нат1 хут1изег1ан. Цинги жужах1алда кколеб г1амал гьабула ва живги жужах1алда ккола"- абун.
Г1аишатица абулаан: "Алжаналда унезул г1амал гьабулев вук1ула нужер цояв, живги (Аллагьасда аск1ов) жужах1алъул агьлулъун вук1адго"- абун.
Х1атиму Ассамияс абулаан: "Нуж х1инкъуге ва пашманлъуге"-ян абураб Аллагьасул раг1и – гьеб ахираталда Аллагьасдаса х1инкъун ва пашманлъун хьвадулел рук1арал г1адамазда абуна. Амма ч1ух1ун, мунагьал гьарун хьвадарал г1адамазе гьеб раг1и бук1унаро», - абун.
Жидеда Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1аталдаса бук1ана, сардилъ рахъун г1ибадат гьаби ва фаризаяб жоялъул г1адин гьелъул к1вар гьаби.
Т1адег1анав Аллагьасги абуна:
"Гьел х1акъикъиял муъминзаби сардилъ ц1акъ дагьал гурони регулел рук1ич1о ва радакь Аллагьасдасан мунагьал рахчи т1алаб гьабун, гьардолел ва х1елулел рук1ана"-абун.
Хирияв аварагасги абуна:
"Фаризаяб какалдасан хадуб бищунго хирияб как буго сардилъ рахъун балеб как"- абун.
Цойгиги абуна:
«Нужеца сардилъ рахъиналда т1аде ч1ей гьабе. Гьеб нужедаса цере рук1аразул нух буго, нуж бет1ергьанасда г1агар гьарулеб жоги буго, нужер мунагьал чуриялъе сабабги буго, нуж мунагьал гьариялдасан нахъе ч1валеб жоги буго ва чорхолъа унти нахъе инабулеб жоги буго абун.
Г1абдуллагь бин Масг1уд, берал къанщун макьу щун хадувго т1аде вахъулаан ва рогьизег1ан гьесул зикруялъул гьаракь бук1унаан найидал т1алаялъул г1адаб.
Г1абдулг1азиз бин Давудица къасси мех щведал бусен т1амулеб бук1ана, цинги бусеналда кверги лъун гьес абулаан: «Дур тамахлъиго щиб, амма алжаналъул бусен ц1акъго тамахаб буго», - абун, цинги какал разе лъугьунаан ва рогьинег1ан какал ралаан.
Цо чияс Ибрагьим бин Адгьамида абуна: «Дида к1олеб гьеч1о сардилъ вахъине, дуца гьелъие дару (сабаб) малъе дида», - абун. Ибрагьимица гьесда абуна: дуца къад Аллагьасе г1асилъи гьабуге, Аллагьас мун къасси т1аде вахъинавизе вуго. Х1акълъунго сардилъ вахъун бет1ергьанасда цеве ч1ей к1удияб хиралъи, к1одолъи буго ва гьеб г1асиял г1адамазе щоларо», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, ц1акъ х1еренал, х1алимал рук1ин. Г1иссинал лъималаздаги жал нахъ рилъунаан. Т1адег1анав Аллагьас Аварагасда хит1аб гьабун абуна: "Аллагьасул рах1маталдалъун мун гьел асх1абзабадехун тамахав, х1алимав вуго. Мун ццим бахъунев, рак1 къвак1арав вук1аравани, гьел асх1абзаби дуда аск1оса нахъе ине рук1ана"-абун.
Ибну Г1аммарица абуна: «Я дир вас! Лъик1авлъун вук1ин ц1акъ бигьаяб жо буго; гьумер щвакаравлъун вук1а, мац1 тамахавлъунги вук1а», - абун.
Гьел свалих1иназ жидедаса г1елму босулезул, г1елму т1алаб гьабиялъулъ рак1 бац1алъи гьеч1олъи бихьидал, гьезие лъик1аб дуг1а гьабулаан ва гьезда жеги т1ад ч1ч1ун, г1елму малъулаан. Гьеб буго шарг1алъул мурадги.Г1елму малъиги буго к1иго сабабалъе г1оло: Гьелда г1амал гьабизе цо ва гьелдалъун шариг1ат ч1аго гьабизеги. Г1елмуялда хурхарав чи жиндие ажру кири щолев вуго ва г1елмуги гьелъул бет1ергьанасе кинабго х1алалъулъ жинца мунфаг1ат гьабулеб жо буго.
Гьел свалих1иназда киг1ан г1емер гьабуниги жидер суннатаб г1ибадат суннатаблъун бихьулароан. Гьез гьеб жидер фарзалъулъ ккараб жагъаллъи-гъалат1 бац1ц1инелъун толаан. Гьеб суннатаб г1амалги жиндир фарз камиллъарав чиясе бугеб жо буго. Т1адег1анав Аллагьас гьелда ишара гьабун абуна:
"Мун сардилъ г1ибадат гьабизе вахъа Авараг, дуе гьеб суннатаблъун бугеб х1алалъ"-абун. Хирияв Аварагасул фарз камилаб бугелъул гьесда абуна;
«дуе сардилъ вахъи суннатаб буго», - абун, ай дуе сардилъ т1аде вахъун г1ибадат гьаби дур даража т1ок1лъиялъе сабаб буго, гьеб дур умматалъе мунагьал чуриялъе сабаб бугеб г1адин.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, щибаб саг1аталъ жидер нафсалъул х1ал ц1ехолеб ва жидер чорхолъ мунафикъзабазул г1амал бугодай абун балагьулеб. Гьединаб г1амал батани, гьеб нахъе реххизе ва гьелъул бак1алда муъминзабазул лъик1аб г1амал лъезе.
Т1адег1анав Аллагьас муъминзабазе къуръаналда рехсарал сифатаздасан руго: Аллагьасе рецц гьабулел рук1ин, тавбу гьабулел рук1ин, к1ал кколел, как балел рук1ин, лъик1алдалъун амру гьабулел ва квешалдаса нагью гьабулел рук1ин, какилъ хушуг1 (х1инкъи) бугел рук1ин, г1ададе хабар бицунарел рук1ин, закат-сах1 бахъулел рук1ин, х1арамаб жоялдасан г1аврат ц1унарал рук1ин, жидеца гьабураб къот1и-аманат т1убалел рук1ин. Гьадинал муъминзаби алжан ирсалъе босулел ругоян абуна Аллагьас.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагасги абуна: "Нужер цонигияв иман камилав вук1уларо жиндиего бук1ине бакьараб жо жиндир диналъул вацасеги бук1ине бокьун гурони"- абун.
Цойги х1адисалда буго:
«Жиндирго лъимал-хъизаналдасаги, эбел-инсудасаги, киналниги г1адамаздасаги дун (Авараг) ц1ик1к1ун вокьич1ев чиясул иман камилаб гьеч1о», - абун.
Ях1я бин Муг1азица муъминзабазул сифатал рицун жиндир т1ехьалда хъвана: «Муъминчи вук1уна жиндир нич г1емерав, зарал дагьав, лъик1лъи г1емерав, фасалъи дагьав, бицулеб раг1и бит1арав, калам дагьав, лъик1аб г1амал г1емерав, мекъи ккей дагьав, мурад гьеч1еб жо гьабуларев, г1агарлъиялда рах1му бугев; Аллагьасе шукру-рецц гьабулев, гьесие х1ели ва мут1иг1лъи г1емерав, жиндие ризкъи къварилъарабг1ан ц1ик1к1ун Аллагьасдаса разилъулев, диналъул вацазда гурх1улев, гьезда т1асса лъугьулев, жинца щибго жоялъе лаг1нат кьоларев, жив хьандоларев, жинца гъибат гьабуларев; бер ин, х1асад гьаби, мац1 гьаби гьеч1ев; х1ал хъублъи, г1амал к1одолъи, цойгидаздасан живго лъик1авлъун вихьи, дунялалда хьул халалъи гьеч1ев; гъафлат- кьижи г1емер гьеч1ев; мунафикълъи, бахиллъи, жасуслъи жиндилъ гьеч1ев; гьумер бит1и, разилъи жиндилъ бугев; Аллагьасе г1оло бокьулев ва Аллагьасе г1оло ццим бахъулев; жиндир зад (ахираталда цадахъ бук1унеб жо) Аллагьасдасан х1инкъи бугев, жиндир мурад ахират бугев, жиндир гьалмагъ Аллагь рехсей бугев, жиндир вокьулевлъунги Аллагь вугевлъун.
Дуца дур нафсалъул х1исаб гьабе диналъул вац ва гьал сифатал дурго сифатазда рорцун, лъик1аб босун, квешаб рехун хьваде. Аллагьас нилъеда гурх1ел гьабеги.
Фузайл бин Г1иязица абулеб бук1ана: «Муъминчияс чамасдак1ил гъвет1 ч1ч1ола ва гьев х1инкъун вук1уна, гьеб зазил гъвет1лъун бижилин абун. Мунафикъас зазил гъвет1 ч1ч1ола ва гьесул хьул бук1ула гьелда чамасдак1 бижилин абун».
Жидеда Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидеца дунялалъул г1амалаздаса ахираталъул г1амал цебе ккезабулел. Хинаб босенги тун, ц1орораб хасалил сардилъ тагьажуд базе рахъулев г1адин, рогьалил как бан хадуги г1ибадат гьабиялда т1ад ч1олаан гьел. Гьединал т1абиг1атал чорхолъ гьеч1ел чаг1и, рогьалилъ т1аде рахъаралго дунялалъул г1амалазде лъугьула ва гьел свалих1иназул нухалдасан рахъарал г1адамал руго.
Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Нужее нужер умумулги, васалги, г1агарлъиги, руччабиги, боц1и-малги, дарам-базарги, мина-мулкги Аллагьасдаса, ва Гьесул Расуласдаса, ва гьесул диналъе г1оло гъазават гьабиялдаса хирияблъун батани – нуж Аллагьасул амру т1аде щвеялда хъаравуллъи ккун рук1а (ай, г1азаб щвеялда). Х1акълъунго Аллагьас фасикъаб къавм х1акъаб нухда т1убит1уларо"- абун.
Жеги Аллагьас абуна:
"Жиндие ахират бокьарав чиясе дица гьеб ц1ик1к1инабун кьола. Дунял бокьарав чиясе дица гьеб кьола, амма гьесие ахираталъул бут1а бук1унаро"- абун.
Малик ибну Динарица абуна: «Дунялалъулгун ригьин гьабизе бокьун, гьелда хит1аб гьабурав чиясдасан дунялалъ т1алаб гьабула, гьев чияс жиндир кинабго дин магьариде лъей. Гьедин гурони дунял разилъуларо. Ай, дунял бокьарав чиясул дин бук1унаро абураб маг1на буго гьаб раг1иялъул.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана буссурбабазул хобазде зиярат г1емер гьабулел рук1ин, Аварагасул раг1иялда нахърилъун:
"Дица нужеда абун бук1ана хабалазде зиярат гьабугеян, гьанже дица абулеб буго нужеца зиярат гьабеян. Гьеб зияраталъ нужеда ахират рак1алда щвезабула"- ян, абураб раг1иялда.
Кидаго, щиб мажлисалда жал г1одор ч1аниги, Аллагь рехсеялдаса ва Аварагасде свалат бит1иялдаса жал гъафуллъуларел рук1ана. Аварагасул раг1иялда нахърилъунел рук1ана гьел:
"Щиб мажлисалда буссурбаби г1одор ч1аниги, гьеб мажлисалдаса жал Аллагь рехсеч1ого ва Аварагасде свалат бит1ич1ого т1аде рахъани, гьеб мажлис буго къияммасеб къоялъ гьезие г1азаблъун батулеб"- абураб.
Фузайл бин Г1иязица абулаан: «Нужеца нужер мажлисалда г1адамаздасан хабар бицараб мехалъ, гьелда хадуб Аллагь рехсей нахъа рег1изабе. Гьеб буго г1адамал рехсейлъун бугеб унтиялъул дару», - абун.
Абулмалих1, жинца Аллагь рехсараб мехалъ жив ц1акъ вохулев вук1ана ва гьес абулаан: «Дун воххулев вуго Аллагьас дун рехсеялдалъун, Аллагьас абун бугелъул: "Нужеца дун рехсе, дица нужги рехсезе руго"-абун.
Гьев Абулмалих1 цо нухда унаго Аллагь гьесда рехсезе к1очани, т1адеги вуссун Аллагьги рехсолаго унаан ва жинцаги абулаан: «Дие бокьун буго дун хьвадараб бак1алъ дие нуг1лъи гьабизе», - абун. Ай, Аллагь рехсолев чи вук1анин абун нуг1лъи гьабизе.
Ях1я бин Муг1азица абулаан: «Нужеца рак1ал ц1и гьаре Аллагь рехсеялдалъун, гьел рак1ал ц1акъ хехго гъафлат т1аде бач1унел жал руго», - абун.
Жидеда Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана рак1 т1еренал рук1ин ва жидер к1арчанлъи гъафлаталда рак1 бух1ун г1одулел рук1ин, Аллагь гурх1иялда хьуллъун рук1унел.
Г1умар бин Хат1абил гьумералда к1иго ч1ег1ераб мухъ бук1ана жив г1емер г1одун, маг1о бач1ун лъугьараб. Ибну Г1аббасил беразул гъоркьияб рахъ хьиталъул биччараб рохьен г1адаб бук1ана, г1емер г1оди сабаблъун.
Г1али бин Абут1алиб цо рогьалил какдасан х1ал хисун вахъана, кверал сверизарулаго ва гьес абуна: «Дида г1емерал Аварагасул асх1абзаби рихьана, амма жакъа дида рихьулел г1адамал гьел асх1абзабада релъараб бак1 гьеч1ел руго. Гьел асх1абзаби мискинал, факъирал рук1ана, сардилъги рахъунаан, рохьор гъут1би г1адин Аллагь рехсолаго рахъ-рахъалда хьвалаан, Аллагьасдасан х1инкъун г1одулаан, къуръан г1емер ц1алулаан. Валлагьи, дун жакъа гъафулаб къавмалда гьоркьов ккаравлъун вихьула». Гьеб къоялдаса хадуб, гьев велъулев вихьич1о, жив Мулжамица ч1вазег1ан.
Фузайл бин Г1иязица абулаан: «Лъик1ал чаг1азул г1аламат буго, гьел кьер т1огьилал, берал г1одарал, макьу теялъ гьумер хисарал рук1ин», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана ч1ах1иял минаби хъалаби ралареб. Жидер х1ажат т1убазе г1ураб ва ч1ух1и гьеч1еб х1алалъ балаан мина. Гьелъул г1иллаги бук1ана, гьединал минаби разег1анаб х1алалаб ризкъи щун гут1и (т1алаб гьабич1ого), дунялалдаса хьул къокъал рук1инги.
Свалих1иназул цо чи щвана ц1акъ мух1кан гьабун к1удиял минаби ралев чиясде т1аде ва гьес абуна: «Дуца даимго дунялалда рук1улезул мина балеб буго. Дуца пикру гьабуни дуда лъала мун гьенив жанив г1емералъ хут1улареблъи. Арак гъвет1алъул раг1адги г1ураб буго метер жив къокъун ине вук1ин лъалев чиясе», - абун.
Суфян бин Саврияс абулаан: «Я ибн Адам… Мун дунялалда рик1к1арал къояз вук1инисев вуго ва цо-цо къо араб щинахъе мун дунялалдаса уневги вуго», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана буссурбабазда ц1акъ гурх1улеллъун рук1ин, гьел Аллагьасе мут1иг1ал ругониги яги г1ассиял ругониги. Гьединго, х1айваназдаги гурх1улаан. Гьаб бук1ана гьезул бищунго берцинаб т1абиг1аталдаса ва гьеб т1абиг1атги щоларо Аллагьас жидер рак1азда нур базабурал чаг1азе гурони. Жидерго нафсаздасанги лъик1 гурх1улаан гьел г1адамазда. Гьеб бук1ана, гьел Аварагасул ирс босарал рук1иялъул г1аламат. Т1адег1анав Аллагьас Аварагасе сифат гьабун абуна:
"Жив муъминзабазда ц1акъ гурх1улев" - абун.
Маг1руф абулев вали вук1ана, жинда цо г1асилъи гьабулев чи вихьараб мехалъ жинца «гьесул мунагьал чуре», - ян абун дуг1а гьабулев ва гьесда Аллагь гурх1аян абулев. Ва гьес абулаан: «Аллагьас хирияв Авараг вит1ана г1адамазе рах1матлъун ва гьел жужах1алдаса хвасар гьарулевлъунги. Ва, жинда наг1ана лъеяб щайт1ан бит1ана г1адамал гьалаг гьаризе ва гьезда гьоркьоб къварилъи, баллагь ккезабизеги. Нилъедаги т1адаб буго Аварагасул т1абиг1ат квезе ва щайт1аналъул т1абиг1ат рехизе», - абун.
Ибрагьим бин Таймийи абурав валияс кидаго квешаб дуг1а гьабулароан жиндие зулму гьабурав чиясегицин, жинцаги абулаан: «Гьесие г1езе буго гьеб зулму гьабун щвараб къварилъи», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидерго нафсал квегъиялда т1ад ч1ей гьабулел рук1ин. Гьез мех-мехалъ жидер нафсазул г1айибал хал гьарулаан ва жидер лъик1аб г1амалги лъик1аблъунго бихьулароан. Масала: Т1адег1анав Аллагьасул раг1и раг1араб мехалъ:
"Жидеда жо лъалелги лъаларелги г1адамал къадру бащадал рук1унищ?"- абураб, гьез жалго жагьилзабилъун х1исаб гьабулаан ва жидер гьалмагъзаби г1алимзабилъун х1исаб гьабулаан ва жив гьезда ващадавлъун гьеч1ин, жив г1одог1анав вугин рик1к1унаан.
Гьаб буго жидер нафс квегъич1ел чаг1азул бук1унеб пикруялъул г1аксияб пикру. Дуца гьалъул фикру гьабе диналъул вац ва дуца нафс квегъиялда т1аде ч1ей гьабе, дуе ц1акъ к1удияб рах1мат щвезе буго.
Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана жидер дуг1аялъе жаваб кьей т1алаб гьабунгут1и, жидерго нафсалъе дуг1а гьабураб мехалъ. Г1адамазе дуг1а гьабулеб мехалъ, жаваб кьеян гьарун, х1елун дуг1а гьабулаан.
Цо ханасул хъулухъчияс Малик бин Динарида ц1ал кьабана. Цинги Маликица абуна: «Гьасул квер къот1е Бет1ергьан», - абун. Нахъисеб къоялъ гьесул квер къот1ун батана.
Цо чияс Мат1раф бин Г1абдуллагьида гьереси г1унт1изабуна. Мат1рафица абуна: «Я Аллагь, гьав чи гьереси бицулев ватани, гьав чи хвезаве», - ян. Гьев чи балагьун г1адамалгун г1одов ккана. (Ред. рахъ - Гьаб буго Аллагьас гьезул дуг1а къабул гьабулеб бук1иналъул бицен).
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, цониги чиясда «мун дир гьалмагъ вугин, диналъул вац вугин», - абуларел цин жиндир нафсалъул х1исаб гьабун гурони: гьев чиясе жиндир боц1и-мал бикьизе к1везе бугодай абун ва гьесда щвараб къварилъи жиндаго щвараб г1адин зах1малъизе бугодай абунги. Гьедин жив хьвадизе вук1ин лъани абулаан гьесда «мун дир диналъул вац вугин, ва дие мун Аллагьасе г1оло вокьулин», - абун. Гьедин хьвадизе гьеч1они жив вуц1ун ч1олаан, гьереси бицунев чилъун вук1изе бокьич1ого.
Гьаб заманалъ гьединал чаг1и кирха ратилел, диналъул вацал?
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, г1ассиял г1адамаздаги гурх1ел гьабулел ва гьел г1одорег1ан гьаруларел рук1ин, ва жидерго нафсаздалъунги гьел хвасар гьаризе бокьулел рук1ин.
Зугьайр бин Наг1имица абулаан: «Дие дир гьан къот1-къот1ун базе бокьила, цониги чи Аллагьасе г1асилъиялдаса», - абун.
Мат1раф бин Г1абдуллагьица абулаан: «Жив г1ассияв чиясда гурх1ун, гьесие кумек гьабизе к1веч1ев чияс гьесул мунагьал чуреян гьарун дуг1а гьабе, ва гьес тавбу гьабеянги т1алаб гьабе. Малаиказул т1абиг1ат буго жидеца ракьалда ругезул мунагьал чури т1алаб гьабулел рук1ин», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, дагьабго маг1ишалда разилъун, гьелда г1ей гьабун ч1ей, г1емераб жо т1алаб гьабуларел (боц1и-мал бук1а, рет1ел-квен бук1а, мина-мулк ва цойгидаб жо бук1а).
Вагьб бин Манбагьица абулаан: «Бечелъиги, къадру-к1одолъиги къват1ире рахъун руго жал аск1ор г1одор ч1езе, гьалмагълъун кквезе рекъарав чиги ц1ехон ва гьел ч1ч1ун руго дагьабго жоялда разилъулев чиясда аск1ор», - абун. Ай, дагьалда г1ей гьабулев чи жив бечедав ва жиндир къадро к1удияв вуго.
Мух1аммад бин Васиг1 вук1ана жинца ц1ангун цадахъ чед кваналев ва жинцаги абулев: «Дунялалдаса гьадин дагьаб жоялда разилъун ч1арав чи, г1адамазда аск1ов г1одовег1анлъизе кколаро», - абун.
Суфяну Савриясги абулаан: «Дунялалда пурч1инадул чедалда разилъич1ев чияс г1одовег1анлъиги х1акъирлъиги х1ехьезе ккола», - абун. Цо нухалъ, маг1ишат т1алаб гьабизе гьесул изну гьарана цо чияс ва Суфяница гьесие жаваб гьабуна: «Маг1ишат т1алаб гьабурав чи, щуго жоялъулъе ккола: хьул халалъиялъулъе; дунял т1алаб гьабун, ях1 бахъи г1емерлъиялъулъе; бахиллъиялъулъе, ахират к1очеялъулъе, вараг1 дагьлъиялъулъе.
Жидеда Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидеда ахират якъинго, къуваталда лъалел рук1ин. Х1атта цо-цо вализаби рук1ана рек1ел бералдалъун ахиратги, гьелъул ниг1маталги рихьулел (ай, пикрабалъ), жидер дагьабги ихлас вараг1 ц1ик1к1ине, дунял тун ахират т1алаб гьабиги ц1ик1к1изе. Гьедин якъинго ахиратги, гьелъул ниг1матал-г1азабалги лъалел гьеч1они – гьев чи ахират т1алаб гьабиялдасан рик1к1ад вуго.
Г1абдуллагь бин Саламица абулаан: «Жинда, дунял т1алаб гьабуларевлъун вук1ун, ахират бералде цебе ч1ун бихьуларев чияс, ахират т1алаб гьабизе лъугьин бат1улаб (гьересияб) жо буго ва гьевги щолареб жоялде жинца къасд гьабурав чи вуго», - абун.
Гьел свалих1иназ имамгун цадахъ как бухьине ях1 бахъулаан, гьелда жаниб Аллагьасул амру к1одо гьаби бук1ин бихьун. Муса аварагасул къиса бицулаго Къуръаналда абуна:
"Дун духъе хехлъана Аллагь, мун разилъиялъе г1оло"-абун.
Мунафикъасул сифат бицун Аллагьас абуна: "Жал как базе абун эхеде рахъулеб мехалъ ц1акъго к1вах1алъун рахъуна"-абун.
Гьел свалих1инал гьаб дуниял ц1акъ файда гьеч1еб жолъун бихьулел, гьеб реххун тарал рук1ана, Аварагасул раг1иялда нахърилъун:
«Гьаб дуниял ахираталде данде борцани – ралъдалъе ччураб килищалда т1ад бач1унеб лъим г1анаб дагьаб жо буго. Нуж балагьеха щиб жодай гьеб килищалде т1аде бач1унаян», - абун.
Цойгиги х1адис буго:
«Гьаб дуниял Бет1ергьанасда аск1об к1к1арадал к1варкьи г1адаб жониги бук1арабани – Аллагьас цо к1ал ц1езег1анаб лъимцин кьезе бук1ич1о кафурзабазе», - абун. Ай, щибго къимат гьеч1еб жо бук1ун кьуна кафурчиясе дуниялалъул боц1и-мал.
Малик бин Динарица абулаан: «Нуж ц1уне г1алимзабазе сих1ру гьабулей сих1ру ч1ужуялдаса. Гьел г1алимзабиги Аллагьасдасан машгъул гьарула гьелъ. Гьей сихру ч1ужу дуниял буго. Гьелъул сих1руги ц1акъ къабих1аб буго, Гьарутилги, Марутилги сих1руялдасаги. Гьезул сих1ру бук1ана рос-лъади рат1а гьарулеб, амма дуниялалъ Бет1ергьанасдаса лагъ т1езавула», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана жидее щвараб х1алалаб боц1и исраф гьабулареб. Гьеб х1алалаб боц1и кинабго заманаялъ къанаг1атаб, ц1акъ дагьаб бук1ана. Х1алалаб ризкъи т1алаб гьаби цебе гьабулаан гьез цогидал к1вар бугел жалаздасанги. Гьел рук1ана Аллагь разилъи ва ахират т1алаб гьабулеллъун. Гьеб к1иябго жоги х1арамаб яги шубгьаяб жоги кванан щоларо. Х1арамаб жо кванарасдаса х1арамал г1амалал рук1уна. Х1атта, х1арамаб жоги кванан, Аллагьасеги мут1иг1лъун хьвадизе лъугьаниги, гьесда гьеб бажаруларо. Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Я гьал Аварагзаби, нужеца х1алалаб, лъик1аб ва бац1адаб жо кванай ва лъик1ал г1амалалги гьаре"-абун.
Х1алалаб жо кванай бищунго т1аг1ат-г1ибадаталъе квербакъи гьабулеб жо буго. Юнус бин Г1убайд вук1ана жинца абулев: «Гьаб заманаялъ цо т1убараб х1алалаб динар щоларо. Гьедин щвани, унтарасе дарулъун сверизабилаан», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана цоцазе ваг1за-насих1ат ва васият гьабулеб, ва жидеца гьебги къабул гьабулеб. Ва, жиндие ваг1за насих1ат гьабурасе шукруги гьабулеб. Масала: «Жинда лъик1аб жо малъарав чиясе г1умруялъго лъик1лъи гьабуниги – гьебги дагьаб буго абун», - кколаан гьезда рак1алде. Гьелъие г1иллаги буго; ахираталъул умурал дунялалъул боц1уда данде рорцун рекъоларо ва ращалъуларо.
Х1асанул Басриясда цо чияс абуна: «Дуца дидехун цо васият гьабе абун (цо лъик1аб жо малъе абун)». Х1асанул Басрияс абуна: «Дуца Аллагьасул амру к1одо гьабе мун кив вугониги, Аллагьас мунги к1одо гьавизе вуго мун вугеб кинабго бак1алда», - абун.
Цо нухалъ Х1асанул Басрияcда цо чи раг1ана жинца абулев: «Жиндие вокьарав чигун вук1ула г1адан ахираталдаги», - абун. Х1асанул Басрияс абуна: «Мун гьеб раг1иялъ гуккизе ч1оге дир вас. Дуе лъик1ал г1адамал рокьана абун мун гьезда хадув гъоларо ва гьелгун цадахъ вук1унаро, гьез гьабулеб г1адинго дуцаги лъик1аб г1амал гьабич1они. Масала ягьудиязеги, насраниязеги жидер Аварагзаби рокьула, амма гьел гьелгун цадахъ рук1изе гьеч1о, жидеца гьез малъараб нух тедалго ва гьезул динги хисизабидалго. Дица г1ажаиблъи гьабула, жидеда квен-т1ехъ цадахъ босе ва нуж сафаралде ине руго абурал г1адамал парахат г1одор ч1ч1ун, релъа-роххун киндай хьвадула абун». Жив хвезе вук1ин лъалев чи ахираалъе х1адурич1ого кин вук1улеб абураб маг1на.
Жидеда Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана жидеца гьабулеб лъик1аб г1амал ва г1ибадат ц1акъ дагьаблъун рик1к1унеб. Кинабго г1аламалъ гьабурабг1ан г1емераб г1ибадат гьабуниги, Аллагьасул х1акъазул цох1о зарра г1адаб жо гьабич1о жидеца абун рук1унеб.
Аллагьасул свалат салам лъеяв Авараг, жиндир х1ат1алги бохдулги гьорозег1ан сардилъ вахъун какал разе вахъун ч1ч1едалго асх1абзабаз абуна:
«Дур цереселги, нахъиялги мунагьал чурана абун къуръанги рещт1ун бук1адго, дуца гьедиг1анго нафсалъе щай х1ал гьабулеб», - абун. Аварагас абуна:
"Дун Аллагьасе шукру-рецц гьабулевлъун вук1инарищ?"- абун. Ай, дица Аллагьасе щукру гьабизе ккола абураб маг1на.
Гьел свалих1инал сордо бач1араб мехалъ рохулаан, Аллагьасе г1ибадат гьабизе г1адамаздаса рахчизе щолеб бугин абун, ва къо бач1араб мехалъ пашманлъулаан, дунялалъул ургъелаз Аллагьасе гьабулеб г1ибадаталдаса машгъул гьарила абун. Жидеда метер къиямасеб къо бач1ине бугин абураб мехалъ гьабизе бук1аралде щвезе, т1ок1аб жо т1аде ц1ик1к1инабизе к1олареб х1алалъ нафсал г1ибадаталда машгъул гьарулаан, жидеда Аллагь разилъаяз.
Жидер г1елму-г1амалалда жаниб мекъаб бат1улаб жо лъугьиналдаса х1инкъун рук1анаан гьел свалих1инал ва уммат т1обит1иялъулъ гъалат1 ккеялда х1инкъулаан дунялалъул ва ахираталъул умуразулъ. Г1емер хабар бицинеги х1икъулаан гьел, жидеца бицунеб жоялдаги жидер г1амалалдаги гьоркьоб хилифлъи ккезе гурин абун.
Фузайл бин Г1иязица абулаан: «Дие г1адамазе динарал къезе бигьаяб бук1уна, гьезие хабар бициналдаса», - абун.
Г1абдуллагь бин Г1умарица абулаан: «Нужеца г1елмуги хвезабуна, гьелъул нурги инабуна. Дунги, нужги Г1умар асх1абасда рихьулелани, гьес нилъ кьабун г1одизарилаан», - абун. Гьел салафу свалих1иназ хабар бицунеб бук1инч1о гьаб гьабила, доб гьабила абун. Сих1 къот1ун, жидеца лъик1аб г1амал гьабулел рук1унаан гьел. Гьелдаса хадур ругел г1адамал лъугьана жидеца хабар бицунел, г1амалги гьабулел. Гьездасаги хадур г1адамал лъугьана жидеца хабар бицунел, амма г1амал гьабулареллъун. Ахир заманаялъ г1адамал рук1изе руго жидеца хабарги бицунарел г1амалги гьабуларел.
Г1абдурах1ман Салмияс абуна: «Нижеда г1адамал рихьана жидеца Къуръаналдаса анц1го аятги ц1алун ч1олел, гьеб анц1го аят лъазег1ан ва гьелда г1амалги гьабизаг1ан», - абун.
Суфяну Саврияс абуна: «Г1елмуялъ жив г1одизе гьавурав чи вуго г1алимчи», - абун. Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Нужеда цересел жидехъе т1ехь кьурал г1адамазе Аллагьасул калам ц1алараб мехалъ гьел суждаялде ун, ракьалда гьурмалги цузарун г1одулаан ва жидецаги абулаан: «Мун вац1адав вуго бет1ергьан ва Дуца бицараб жоги жиб лъугьунеб, х1акъаб буго», - абун. Ва гьел суждаялде уна ва жегиги г1одула ва гьезул Аллагьасдасан х1инкъи т1адеги ц1ик1уна"- абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидеца хириял асх1абзабазул т1абиг1ат г1амал ц1ехей ва гьез хьвадизабураб нух хьвадизаби: квен бук1а, рет1ел бук1а, г1арац-месеб бук1а, налъи т1убай, къот1и т1убай бук1а, къварилъи х1ехьей бук1а. Гьаб заманаялъул г1адамал гьеб г1амал гьабиялдаса ц1акъ рик1к1ад руго. Масала: гьанже цояс гьикъула жинда лъалел г1адамазда «нужер х1ал щиб бугеб», - ан абун. «Лъик1 буго», - ян гьез жавабги кьола. Гьикъулевги, щибго к1вар гьеч1ого, г1адатияб жолъун ккун гьикъулев вук1ула. Жаваб кьолевги, киг1ан къварилъи бугониги «лъик1 буго», - абун жаваб кьолев вуго, жиндие квер бакъиги, рак1 бух1иги щолареблъиги лъан. Амма свалих1иназул г1адат бук1ана жидеца «щиб х1ал бугеб», - ан гьикъулареб, жидеца гьесул къварилъи борхизе рак1алда бук1ун гурони. Гьедин ният гьеч1они, гьев чи мунафикъ ккола. Гьел свалих1инал цоцалазул х1ал гьикъулел рук1ана, гьез «Алх1амду ли Ллагь» абун, Аллагьасе рецц гьабизе бокьун, ва киназего ажру-кири щвезеги бокьун.
Абубакрида гьикъана: «Дуца кин сордо рогьараб», - абун. Гьес абуна: «Аллагьасе х1елулев ва гьесул амруялда мут1иг1ав лагълъун рогьана», - абун.
Имам Шафиг1ицаги абуна: «Дун Бет1ергьанасул ризкъи кваналевлъун ва гьесие шукру гьабулевлъун ватана дида», - абун.
Малик бин Динарица абуна: «Дир г1умру нукъсанлъулев, мунагьал ц1ик1уневлъун ватана дида дун», - абун.
Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана щайт1аналда рагъ гьабиялдаса жал гъафуллъулареб ва даимго, кинаб рахъалдасандай гьелъ макру-х1илла гьабила абун, хъаравуллъи гьабун, нафсалъул х1ал ц1ехон рук1улеб. Гьаб т1абиг1атги гьанже киналго г1адамал жиндасан гъафуллъараб буго. Амма шайт1ан нилъедаса гъафуллъун гьеч1о, гьеб кидаго х1алт1улеб буго лагъ Бет1ергьанасе г1асилъиялъулъе ккезавизе ва гьесда Аллагьасул ццинги бахъинабизе. Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Гьеб шайт1ан нужее тушман буго, нужеца гьебги тушманлъун ккве. Щайт1аналъ жинда нахърилъарал г1адамал жужах1алда лъугьиялда ах1ула"- абун.
Жеги Аллагьас абуна:
"Я гьал иман лъурал г1адамал, нуж щайт1аналъ бихьизабураб нухалдасан хьвадуге. Гьеб щайт1аналъ квешаб къабих1аб жоялде ах1ула, ва Аллагьасе бокьулареб жо гьабизе ах1ула"-абун.
Цо х1адисалдаги абуна:
«Гьеб иблисалъ жиндир г1арш (тах) ралъдада т1ад лъола ва г1адамазде т1аде жиндир аскаралги рит1ула. Бищунго иблисалда аск1об къадру к1удияблъун бук1уна, жинца бищунго г1емер г1адамал къосизабураб щайт1ан», - абун.
Фузайл бин Г1иязица абулаан: «Гьеб иблисалъ инсанасул лъабго жоялъул цояб жиндихъе щвараб мехалъ абула: «Гьанже дие г1езе буго, гьанже гьав чи дир чи лъугьана», - абун. Гьеб лъабго жоги: 1) Инсан жиндирго нафсалда разилъи ва гьев гьелдасан ч1ух1и буго. 2) Жинца гьабулеб г1амал г1емераблъун бихьиги буго. 3) Гьесда жиндир мунагьал к1очейги буго». Воре диналъул вац, мун иблисалъ гуккизе ч1оге, гьеб дуда хадуб ч1ун бук1инги лъай. Мун лъик1аб г1амал гьабиялда ва гьеб г1емерлъиялда хьвадизе лъугьараб мехалъ, гьелда жанибги иблисалъул макру буго абун ц1акъ пикру гьабе, ва дур гьеб г1амалалда жаниб цо бут1а щайт1аналъе бокьулеб батизе буго.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, ч1ух1и ва к1одолъи рек1елъе кколел жалаздаса жал рик1к1алъи. Масала: диналъул вацасухъе зияраталъе унгут1и г1адаб, цо гьит1инаб лъимер хвани, гьеб хабалъ лъезе унгут1и г1адаб, унтарасде ваккизе унгут1и г1адабги.
Гьел вализаби ва свалих1инал дунялалдаги ахираталдаги цойгидал муъминзабадаса цере т1урал руго жал гурх1ел рах1му бугел, х1елулел, г1одориччан, нечон рук1унел рук1иналдалъун. Цо жаназаялда аск1оре щвараб мехалъ гьел ц1акъ пашманлъун рук1улаан, жал хвезе рук1инги, жидер Бет1ергьанасда аск1об г1емераб к1арччанлъи ва тохлъи бук1инги рак1алде щун, гьесие гьабулеб г1ибадат-г1амалалъулъ.
Гьеб жаназагун цадахъ унеб мехалъ щибго дунялалъул хабарги бицунароан, х1атта, гьаракь раг1уледухъ Аллагьги рехсолароан, ч1ух1араб рет1елги рет1унароан. Гьелъие г1иллаги буго хварав чиясе щафаг1ат гьабизе къват1ир рахъун рук1ин ва гьеб шафаг1ат (дуг1а) къабул гьабиги ч1ух1и-рецц гьеч1ого, г1одорег1анлъун, х1елун ругеб мехалъ жинда хьул лъолеб буго. Гьедин къват1ире рахъуна ц1ад гьаризе унеб мехалъги.
Гьеб жаназа бихьун хадуб гьезул г1емераб заман унаан хвел хобалъул фикру рек1елъа унарого, пашманлъун, гьурмал кьер хисун.
Цойгиги гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, масжидалда аск1об мина-рукъ бук1ине бокьи, гьенир хехго щвезе, ва г1одор ч1ун г1ибадат гьабизе рес бук1изе. Т1адег1анав Аллагьасул раг1иги бугелъул:
«Масжидазда Аллагь рехсон, гьаракь борхизе изну кьуна, радал бакъанида Аллагьасе тасбих1ги гьабизе. Гьел руго бах1арзал, дарам базар гьабиялъ Аллагь рехсеялдасан ва х1укъукъал т1убан, жамаг1ат гьабун как баялдасаги машгъул гьаруларел», - абун.
Фузайл бин Г1иязица абулаан: «Ниж нахъ рег1ана свалих1иназул жамаг1аталда, масжидалда г1одор ч1ун ругебг1ан мехалъ щибго цоцадехун калам гьабич1ого, х1узур-хушуг1алда рук1унел», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана жал дарам базаралда г1одор ч1олареб, цин цебеккун гьеб дарам базаралъул ах1камал лъазарун гурони, ва «жал гьеб дарам базаралъ ахираталдаса машгъул гьариларо», - абун рак1 ч1ун бук1ун гурони. Ахираталдаса машгъул гьабулеб щинаб жо дунял-ахираталъе баллагьлъун сверула муъминчиясе.
Имам Малик вук1ана жинца амирзабазда амру гьабун, цо-цо нухалъ дарам гьабулел г1адамал данде гьарулев ва гьезда дарам гьабизе лъалеб бугодаян х1ал бихьулев. Гьеб лъаларев чи дарам гьабизе виччалароан ва гьесда абулаан: «Дуца шарг1алда рекъон дарам гьабизе лъазабе, гьедин гьеч1они мун вук1уна риба кваналев чи, дуда лъаниги лъач1ониги», - абун.
Гьев имамасул г1амалалъул камиллъиялъухъе балагье диналъул вацал, ва нужеца гьабулеб жоялъул пикруги гьабе. Цох1о гъурущ т1ок1лъун щолеблъи лъани х1арамаб жоялде к1анц1ула ва шарг1ги к1очон тола жакъа г1емерисезда.
Жинда Аллагь гурх1аяв Къатадатица абулаан: «Дица г1ажаиблъи гьабула дарам гьабулев чиясда, къоялъ гьедарулев вук1улев ва къаси щвараб хайиралъул х1исаб гьабулев вук1унев, гьев чи х1арамаб жоялдасан киндай ворч1ила ва г1азабалдаса киндай хвасрлъила абун».
Гьел салих1иназул т1абиг1ат бук1ана, щибаб фаризаяб как базе мех щвелалде жал х1адурлъулел бет1ергьан Аллагьасда цере рахъун ч1езе ва какие чури байбихьаралдаса жидер рак1 х1узуралда ч1езабун, Аллагьу Таг1алаясда х1елун, хушуг1 гьабун, гьеб как балеб мехалъ кинабниги жо к1очон толеб. Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас абуна: «Щуго как буго Аллагьас лагъасда т1ад лъураб. Гьеб щуго как т1убан, щибго жо г1ададе хвезе теч1ого барав чиясе Аллагьас гьабураб къот1и буго жив алжаналъуве лъугьинавила абун».
Жинда Аллагь гурх1аяв Х1асанул Басриясда цо чи как балев вихьана ва жиндир мегеж квералъ гважалев ва суждаялда араб мехалъ жинца абулев: "Я дир бет1ергьан Аллагь, дуца дий алжанлъул х1урулг1ин кье дир бер бохулей ва разилъулей"-абун. Х1асанул басрияс гьесда абуна «Дида мун г1анав нич т1аг1арав чи вихьич1о; Бет1ергьанасда х1урулг1ин гьарулев вуго мун, какилъ махсараби гьарулевги вук1адго», - абун.
Гьел свалих1инал жидеца лъик1ал г1амалал гьарич1ого ч1олел рук1инч1о «Бет1ергьан Аллагь гурх1ила, т1аса лъугьила», - абурал раг1абаз гуккун. Щибаб къоялъ гьез т1аг1ат-г1ибадат ц1ик1к1инабулеб бук1ана ва цинги Аллагьасул ц1об рах1маталда хьул лъолелги рук1ана. Ва амма жидер г1амалазда мугъ ч1валел рук1инч1о. Гьезул цояз г1ибадат гьабун заг1ифлъун хьабалухъа г1уч1ал загьирлъун ругеб мехалъ гьезда цогидаз абидал: «Аллагь гурх1ел-рах1му г1емерав вуго, нафсалда гурх1ел гьабе», - абун, жидеца гьев чиясе х1инкъи кьолаан, «мун гьедин к1алъаге, дуца бицулеб раг1и бит1араб буго, ва амма гьев Аллагь гурх1улев вук1инч1евани, гьес нилъ гьалаг гьарилаан нилъер г1ибадаталъулъ ругел мунагьаздалъун, цогидал г1ассилъаби малъич1ониги», - абун.
Х1узайфагь бин Къатадат вук1ана жинца абулев: «Цо чияс дида абуни, «дур г1амал ахираталда божуларев чиясул г1амал буго», - абун, дица гьев чиясул раг1и бит1араб буго, - ян абилаан. Ай, гьедин жидер г1амал дагьаблъун г1одобег1анлъун бихьулеб бук1ана гьезда.
Дуца ях1 бахъе диналъул вац, мун Аллагьасдасан х1инкъизе шарг1ияб нухалдалъун. Дуе гьеб лъик1аб буго хадуб истигъфар гьабиялдаса ва хадуб рак1 бух1ун зигардиялдасаги.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидеда щвараб къварилъи-балагьалда сабру г1емерал рук1ин, ва жидер ццим бахъунгут1иги Бет1ергьанас къадар гьабун бач1араб жоялда. Гьез абулаан: «Сабру гьабизе к1веч1они, сабру гьабулеллъунг1аги рук1а», - ян абун, хирияв Аварагасул х1адисалъе г1оло: "Жив сабру гьабулевлъун ч1арав чиясе бет1ергьанас сабру кьола"- абураб.
Жинца сабру гьабич1ев чиясда малаикзабаз ахираталда абуларо: "Нужее салам буго, нужеца дунялалда гьабураб сабруялдалъун"- абун. Сабру гьабич1ел г1адамал гьеб къоялъ пашманал къваридал рук1уна ва жидее лъик1аб ахират щвеялда божи гьеч1ого рук1уна. Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Бет1ергьанас жидеца сабру гьабурал г1адамазе ажру ц1ик1к1инабула х1исабго гьеч1ого"- абун. Ай г1емер ц1ик1инабула.
Жеги Аллагьас абуна:
"Дуца рохел бице Мух1аммад, жидеда цо къварилъи щвараб мехалъ сабру гьабун, жидеца «инна лиллагьи ва инна илайгьи ражиг1ун», - абулел г1адамазе. Гьезие Бет1ергьанасул ссвалат буго ва рах1мат буго, ва гьел бит1араб нухда т1орит1арал г1адамал руго".Г1умар бин Г1адулг1азизица абуна: «Гьаб дунял жиндилъ къварилъи гьеч1еб, ниг1матазул ц1ураб жо бук1арабани гьеб алжан бук1инаан ва ахираталда ине х1ажалъи бук1инароан», - абун.
Жидеда Аллагь разилъаял свалих1иназ цо г1агарав чи, вас вац хваниги сабру гьабулаан ва гьеб х1укмуялда разилъун, гьеб Аллагьасе бокьараб жо бук1ин лъан рук1унаан. Жидеего бокьараб жоялдаса, Аллагьасе бокьараб жо т1аса бищарал рук1ана.
Т1адег1анав Аллагьас абуна:
"Инсанасда цониги къварилъи щоларо Аллагьасул х1укму къадар бук1ун гурони. Аллагьасда божарав чиясул рак1 гьес х1акъаб жоялда т1обит1ула"-абун.
Маймун бин Магьраница абуна: «Бет1ергьанасул х1укмуялда рази гьеч1ев чиясул ах1макълъиялъул г1орхъиго гьеч1о», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана ц1акъ г1адамазе лъик1лъи гьабизе бокьулеллъун рук1ин. Диналъул вацасда гьумер бит1изабун, гьесул рек1елъе роххел лъугьинабун хьвади. Жидерго рохелдаса цебе гьабулаан диналъул вац вохизави.
Т1адег1анав Аллагьас, Мадинаялъул агьлу – ансаразе рецц гьабун абуна:
"Гьел руго жидеца ват1анги, иманги цебе ккурал, жидеда т1аде рач1арал мугьажиралги рокьулел, боц1и-мал кьун гьезие лъик1лъи гьабизе рак1алъеги рихунарел, ва жидерго нафсалдаса т1аде рач1аразе т1аг1ам кьей т1аса бищулел, ракъун къечон жалго ругониги. Гьеб г1амал гьабулаго нафсалъулъ бахиллъи къарумлъи лъугьине теч1ел г1адамал руго, жидер ахираталда алжаналда кверщел батулел, жидее рохелги бугел г1адамал".Фузейл бин Г1иязица абулаан: «Къарзалъе жо кьей лъик1аб г1амаллъун толаро нижеца, гьеб буго жиндие кириги бук1ине ва жидирго малги нахъе босизе бокьун гьабулеб г1амал. Щиб жо инсанасе бокьаниги, гьесул х1ажат т1убай буго лъик1аб г1амал», - абун.
Мух1аммад бин Х1анафиятица абулаан: «Жинца лъик1лъи гьабулев чи г1одов кколаро. Г1одов кканиги гьесие зарал кколаро», - абун.
Цоги валияс абуна: «Лъик1лъи гьаби т1аса ун, дарам гьаби хут1ун буго гьаб заманиялъ. Жиндие данде бит1ун жо кьезелъун гурони цояс цойгидасе жо кьолеб гьеч1о», - абун.
Ибну Г1аббасица абулаан: «Лъик1лъи т1убаларо лъабго хаслъи (г1аламат) цадахъ бук1ун гурони; хехго гьабиги, жинца гьабураб лъик1лъи дагьлъун бихьиги, г1адамаздаса балъго гьабиги».
Ибрагьм бин Адгьамица абулаан: «Нижеда ниж рихьуларо нижерго боц1ул бет1ергьабилъун, нижер диналъул вацазулги буго гьеб абун гурони».
Авс бин Харижатида цояс абуна, «дун духъе цо гьит1инабго х1ажаталъе вач1ана», -ян абун. Авсица гьесда абуна: «Гьит1инаб х1ажаталъе дуца гьит1инав чи валагье абун. Ай, дица к1удияб х1ажатги т1убазе буго абураб маг1на буго гьеб.
Жаг1фар бин Мух1аммад вук1ана жинца абулев: «Жив рокъовги гьеч1ого, жиндир диналъул вац рокъоса жиндие къвариг1араб жо босун ине к1олевлъун гьеч1они, гьев диналъул вац гьеч1о», - абун. Ай, гьелъул маг1на буго: цояв щибго нич-намусги гьеч1ого жиндир диналъул вацасда божун гьесул рокъове лъугьулевлъун вук1ин, ва цойгидавги гьес гьабураб жоялда щибниги жо абуларев вук1ин.
Аль Аг1маш абулев валияс абулаан: «Нижеда лъалаан диналъул вацал, г1емер цоцада данде ч1валарел, данде ч1вараб мехалъги шиб х1ал-х1укму нужер бугебан гьикъи гурел, цойги щибго жоги гьабуларел. Ва амма х1ажалъи ккараб мехалъ гьев вацасе жиндир г1арац-месед, боц1и-мал кьолел ва щибго бахиллъи лъазабуларел. Гьанже г1адамал лъугьун руго, жиндир диналъул вац щибаб къойил ва щибаб саг1аталъ данде ч1ваниги, гьесда ц1акъ х1ал гьикъун, хабар ц1ехон, бокьоб бугеб г1анк1уялдеги щун бицен гьабун рук1унел. Ва амма цо х1ажалъи ккараб мехалъ цох1о диргьамги диналъул вацасе кьоларел», - абун.
Гьаб хабар буго диналъул вацал, гьанжеялдаса азарго соналъ цебе бук1араб х1ал бицин. Гьаб заманаялъ ругел г1адамал, г1емер х1ал хваралги, нафс чорокалги рук1ин ц1акъ загьираб амру буго.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, гьобол хира гьави ва к1одо гьави, Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагасул раг1иялда нахърилъун:
"Аллагьасдаги, ахираталдаги иман лъурав чияс гьобол хира гьаве!" -абураб.
Анас бин Маликица абулаан: «Азбаралъул, минаялъул закаг1ат буго гьеб минаялъуб гьоболасе къач1ан х1адурараб цо-цо рукъ бук1ин», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидер боц1иялда гьоркьобе, шубгьа бугел г1адамазул боц1и ккезе бокьуларел рук1ин. Шубгьа гьоркьоб бугеб бук1уна амир г1адав, дибир г1адав, х1аким г1адав чиясул боц1и. Х1алалаб бугониги г1адамазул боц1и-малалдасан жо бокьулароан гьезие.
Жиндаса Аллагь разилъаяв Абу Аюб берталъе ах1араб мехалъ, гьениб къадазда т1амса бигъун батанани жив нахъе вуссунаан ва жинца абулаан: «Къедазда т1амса бигъуларо боц1и-мал г1емерал, г1амал к1удиял г1адамаз гурони ва нижеца гьединал г1адамазул т1аг1ам кваналаро», - абун.
Цо валияс абуна: «Бертаби гьариялъул суннат хун буго. Бертин гьабулев чияс т1аг1амалъул х1арчал ц1езарулаан ва гьеб баччулаан масжидалде ва гьебги кваналан мискиназги, бечедазги т1адег1анасги, г1одог1анасги ва гьенир ругел киналго г1адамазги», - абун.
Бертин гьабулев чияс бечедал чаг1и хасс гьарун берталъе ах1ун ругони, гьесул т1аг1ам лъик1ал г1адамаз кваналароан ва гьезги абулаан, «гьеб бищун квешаб т1аг1ам бугин», - абун.
Гьел салих1иназул т1абиг1ат бук1ана садакъа кьей г1емер гьабулел рук1ин: щибаб т1ок1лъараб жоялдаса, релъедалги, къадги, балъгоги, загьиргоги, Т1адег1анав Аллагьасул раг1иялда нахърилъун:
«Дуда асх1абзабаз гьикъулеб буго Мух1аммад, «щиб жо садакъаялъе кьелеб», - абун. Дуца гьезда абе, «т1ок1лъараб жо кье», - ян абун».
Гьеб т1ок1лъиги щивав чиясул т1абиг1аталда рекъон бук1уна. Масала: «Лъик1ав муъминчиясул жиндие жакъа г1олеб жоялдаса т1ок1лъараб жо садакъаде кьолеб г1адат бук1уна. Бахилав чиясе киг1ан балагьаниги жиндир боц1и-малалъул т1ок1лъараб жого бихьуларо.
Жеги Аллагьас абуна:
"Жидеда алжаналдалъун рохел бицарал руго, жидеца релъедалги, къадги, балъгоги, загьиргоги боц1и лъик1аб бак1алде кьолел г1адамал. Гьезие Бет1ергьанасда аск1об ажру-кири буго, ва гьезие щибго х1инкъиги гьеч1о, ва гьел ахираталда пашманлъизеги гьеч1о"- абун.
Жиндир боц1и-мал гьеч1ев чиясул садакъа жиндир къварилъиялдаса г1адамал ц1уни ва гьезул зарал къварилъи жинца баччи буго.
Жив гьарун вач1арав чиясдехун гьумер бит1ун балагьиги, гьев х1инкъизавун, нахъе ч1вангут1иги ва «цо къварилъи х1ажалъи гьеч1ого гьев чияс гьарилароян», - х1укмо гьабиги бук1ана гьел свалих1иназул т1абиг1ат.
Суфяну Саври воххулаан жиндир рагьде гьарулев чи вихьараб мехалъ ва жинца абулаан: «Марх1аба дуе, дир мунагьал чуризе вач1арав чи», - абун.
Фузайлицаги абулаан: «Ц1акъ лъик1аб жо буго гьарулев чи вук1ин. Гьев вуго нилъее ахираталде жо босун унев чи, нилъедаса ужра-мухь босич1ого, ва гьеб Аллагьасда цебе ц1адерабаздаги лъолев», - абун.
Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана, жидеца гьудуллъун кколарев гьесул х1акъ т1убазе бук1ин лъалев чи гурони. Дуца жиндир мурад-х1акъ т1убач1еб мехалъ, дур гьудуласул рак1 дудаса бат1улъула.
Т1адег1анав Аллагьас хирияб Къураналда абун буго:
«Ахираталда гьудулзаби цоцазе тушманлъун ратула, Аллагьасдаса х1инкъун хьвадарал гурони», - абун.
Аллагьасдаса х1инкъарав чи Бет1ергьанасунги, гьудуласулги, диналъул вацасулги х1акъ т1убалев вук1уна.
Амирул муъминин – Г1али асх1абас абулаан: «Нужеца гьудул-гьалмагъасул х1урмат гьабе, гьел нелъее дунялалдаги, ахираталдаги квер бакъи гьабулел руго. Нужеда ахираталда куфарас абулеб раг1и раг1ич1ищ: «Жакъа нилъее шафаг1ат гьабулев чи гьеч1о ва рит1ухъав, нилъ рокъун, нилъеда гурх1ел гьабулев гьудул-гьалмагъги гьеч1о», - абун».
Дуца нафсалъул х1ал бихье диналъул вац, ва мунго пикру гьабун валагье, дуца диналъул вацасул х1акъ т1убан бугодай абун. Гьез дудехъун аманат гьабидал, ва раг1иялдалъун, х1алалдалъун дудаса цо жо къвариг1ун бук1ин лъазабураб мехалъ, гьеб жо дуца т1убанищ абунги балагье. Гьезулгун дуца гьабулеб гьалмагъли Аллагьасе г1олойищ бугеб, яги дурго нафсалъе цо мурад бук1инищ бугеб? Аллагьасе г1оло гьеч1еб щинаб жо, дуе дуниялалдаги, ахираталдаги балагьлъун бук1ин лъай дуда. Гьудул гьалмагъас дур мурад-х1ажалъи т1убалевлъун вук1ич1ого, мун вук1а гьесул х1ажатги, мурадги т1убалевлъун, дуда Аллагь гурх1аяв.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана г1адамаздехун тушманлъи гьабуларел рук1ин ва гьезулгун х1ал рекъезабулел рук1ин. Жидее гьабураб квешлъиялда данде гьезие квешлъи гьабулароан. Г1адамаз гьездехун г1емераб тущманлъи гьабулаан ва амма, свалих1иназ гьел т1асан лъугьун толел рук1ана. Т1адег1анав Аллагьас гьезул х1акъалъулъ абуна: "Гьел лъик1ал Аллагьасул лагъзал руго ракьалда т1ад жал бигьаго, тамахго хьвадулел (ч1ух1и рец гьеч1ого), ва жагьилал г1адамаз квешаб жоялдалъун хит1аб гьабураб мехалъ гьезда "салам"- абун гьел толел"- абун. Ай, гьезда релъараб г1амал гьабич1ого, квешлъи гьабич1ого толел.
Жеги Аллагьас абуна:
«Жидеца лъик1аб жоялдалъун квешаб жо нахъе ч1валел руго гьел», - абун. Ай, квешлъи гьабурасе лъик1лъи гьабулел руго абураб маг1на.
Дунялалдаса жиндие бугеб бут1а мукъсан (дагьаб) гьабун, г1адамазулгун х1ал рекъезаби суннатаб буго, амма, дин мукъсан гьабун х1ал рекъезабизе х1арамаб буго. Гьалдасан бич1ч1изе ккола, г1асиял фасикъал г1адамалгун гьудуллъи тезе кколеблъи.
Цоцазе насих1атал гьарун кагъталги хъвалаан гьел свалих1иназ ва гьеб насих1ат гьабиялдаса рохун, рецц гьабун, данде жавабги гьабулаан, «баракаллагь», - абун. Гьанже г1адамазул х1ал г1аксалда ккун буго. Гьезда лъик1аб жо бицун насих1ат гьабуни, гьез дур г1айибал ц1ехон, гьел г1адамазда рицун, мун г1одовег1ан гьавизе къасд гьабулеб буго.
Мун ц1уне диналъул вац, дурго г1амалал лъик1аллъун рихьиялдаса, ва мун Аллагьасе вокьулев вугин абун рак1алде ккеялдаса, х1атта г1адамаз дуе рецц-бакъ гьабуниги, «мун лъик1ав вуго», - абун. Гьебги ахираталда даража-макъам мукъсанлъиялъе сабаблъун батизе бегьула: лъик1аб г1амалалда данде дуе ажру гьабун батизе бегьулелъул, гьеб ахираталда гьабизе теч1ого.
Цогидазе насих1ат гьабилалде цебе дурго нафсалде валагьун, гьелъие гьабе насих1ат ва дуе цойгидаз гьабураб насих1атги рихунге, Иншаа Ллагь, дудаса Бет1ергьан разилъила.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана г1адамалгун журай дагьал рук1ин ва жалго бат1аго ч1ун, т1аг1ат-г1ибадат гьаби. Шарг1ияб маслих1ат бугеб жоялъе гурони г1адамаздехун журангут1и. Щивго чиясда данде ч1вач1ого, т1ок1аб, мурад гьеч1еб хабар бицинч1ого араб къо гьезие, г1идалъул къог1ан хирияб бук1ана. Г1емер г1адамазде жувазе ккарав чи салафу свалих1иназул нух тарав вуго, ва жиндие ахираталъул мунфаг1ат хварав чи вуго.
Цо г1алимас абуна: «Дида цог1аги мажлис рак1алде щвезабизе к1оларо, дун устарзабазухъе зияраталъе араб, ва гьеб мажлисалдаги гъибат гьабич1ого хут1араб. Гьедин бук1индал дица зияраталъе ин дагь гьабуна, гьел устарзабазулги, дирги дин ц1униялъе г1оло, гьезухъе ине бокьич1ого яги к1вах1алъун гьеч1о дун», - абун.
Устарзабигун бугеб мажлис гьадинаб бугеб мехалъ цогидалгун бугеб мажлис кинабха бук1унеб?
Х1асан бин Свалих1ица абулаан: «Дида г1адамал лъалаан, цоцадаса рик1к1адги рук1ун жал цоцалазе рокьулел, ва жидее цоцаде аск1оре щвезе бокьуларел», (ред. рахъ – хеч1-хабаралдаса ц1униялъул ва г1адада замана биччангут1иялъул мурадалда).
Рабиг1 бин Гьайшамица абулаан: «Цониги чи г1адамаздаса ват1алъун г1ибадат гьабизеян лъугьизе бегьуларо, цин жинда т1адаб г1елму лъазабун гурони», - абун (ред. рахъ – лъалареб жо гьабич1ого вук1иналъул мурадалда).
Имам Маликицаги абулаан: «Цин г1елму лъазабе, цинги г1адамаздаса ват1алъе», - абун.
Суфяну Саврияс абулаан: «Гьаб замана буго рукъзабахъ рахчун, руц1ц1ун ч1ун, чара гьеч1еб квен т1алаб гьабун рук1ине кколеб замана. Дида лъалаан, жалгун данделъи рак1азеги, чурхдузеги дарулъун рук1унел г1адамал. Гьанже ругел г1адамал руго жиделъ загьро гурони, дару гьеч1ел», - абун.
Гьел свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана жидер Аллагьасда г1агарлъи ва г1ибадат г1емерлъи ц1ик1к1анаг1ан, Аллагьасе х1ели, г1адамазе х1алимлъи ва ч1ух1и гьеч1олъи ц1ик1к1унеб (гьелда тавазуг1 абула).
Абу Муслим Хавланияс абулаан: «Ч1ух1и-рецц загьир гьабуларо живго г1одовег1анав чияс гурони. Х1акъирав чи гурони къадру к1удиявлъунги ч1оларо. Бат1улаб жо ккун ч1оларо, рижиго къадарав чи гурони», - абун.
Гьеб тавазуг1алъул бищунго лъик1аб жо буго мун цониги чиясдаса лъик1авлъун вихьунгут1и ва киналго г1адамал дудаса лъик1аллъун рихьи.
Мадина шагьаралъул амирлъун вук1аго Абу Гьурайрат абулев, къадру к1удияв асх1аб базаралдасан мугъалда ц1улал къвалги лъун вач1унаан, «нужерго амирасе нух г1ат1ид гьабе, нужеда Аллагь гурх1аял», - абун абулаго.
Шарг1алъ лъик1аблъун бихьизабураб жо киг1ан гьит1инаб бук1аниги гьез г1одоб толароан. Гьеб жо гьаби Аварагасул нух кквей бук1ана ва киг1ан г1емераб г1амал гьабуниги т1убараб кири щвеялда рак1 ч1еч1ого рук1унаан.
Х1асанул Басрияс абулаан: «Нилъ г1адал г1адамазе суннатаб г1амал бук1уларо, гьеб бук1ула жидер дин камилал г1адамазе», - абун.
Аллагь разилъаял свалих1иназул т1абиг1ат бук1ана истигъфар ва тавбу г1емер гьабулел рук1ин, къасиги къадги, х1атта г1ибадат гьабун хадубги. Гьезда лъалеб бук1иналъе г1оло мунагь-хат1аъ гьеч1ого жал хут1унареблъи ва жидер г1ибадат-г1амал камилаб гьеч1еблъи.
Мужагьидица абулаан: «Щибаб радал-бакъанида тавбу гьабуларев чи зулмучи вуго. Гьелъие далилги буго Т1адег1анав Аллагьасул раг1и:
«Жинца тавбу гьабич1ев чи зулмучаг1аздаса вуго», -абураб. Ай, жиндир нафсалъе зулму гьабулевлъун вуго, гьеб нафс ахираталда г1азаб т1адаблъун гьабун.
Фузайл бин Г1иязица гъазаваталде унел г1адамаздехун абулаан: «Нужеца тавбу гьабиялда т1адч1ей гьабе. Гьеб тавбуялъ хвалчаца нахъе ч1валареб жоги нахъе ч1вала», - абун.
Г1умар бин Хат1абица абулаан: «Нуж тавбу г1емер гьабулел г1адамалгун г1одор ч1а. Гьел руго рак1ал т1еренал г1адамал», - абун.
Ибрагьим бин Адгьамица абулаан: «Аллагьас лагъасда тавбу рак1алда щвезабуларо, гьев лагъасе г1азаб гьабизе бугони», - абун.
Дуца тавбуялда т1адеч1ч1ей гьабе диналъул вац, мун дунялалъул рокъов вугебг1ан мехалъ. Гьеб тавбу х1ал к1вей ва гуч бергьарав Бет1ергьанасул ццим бахъин свинабулеб жо буго ва муъминчиясе парахатлъиги гьеч1о ахираталде щун, алжаналъуве лъугьун гурони.
Гьел салих1иназул т1абиг1ат бук1ана, лъик1алдалъун амру гьабулеб ва квешаб теян нагьюги гьабулеб, жидерго г1айибал мунагьал ругониги. Гьаб т1абиг1атги гьанже бугеб халкъ жиндаса гъафуллъун бугеб буго. Гьезда рак1алда кколеб буго, жинца амру-нагью гьабулев чи, щибго мунагь хат1аъ гьеч1ев вук1ине кколин», - абун. Гьаб раг1и г1елмуялда г1амал рекъарал г1алимзабаз нахъе ч1валеб раг1и буго ва гьез абула: «Мунагь гьеч1ев чияс гурони амру нагью гьабулареб батани, Аварагасдаса хадуб гьеб амру-нагьюялъе агьлулъун цониги чи гьеч1о», - абун.
Увайсица абулаан: «Х1акъаб жоялдалъун к1алъалев чиясе дунялалда гьудул-гьалмагъго хут1уларо ва гьесда бач1еб рогьоги, г1унт1изабич1еб мунагьги хут1уларо. Х1акъаб жоялдалъун Аллагьасе г1оло к1алъалев чи г1адамазе жидер гьан кваналев чилъун вук1уна», - абун.
Х1узайфатица абуна: Г1адамазе замана бач1ине буго, жидер мажлисал х1амил балканг1ан мах1царал ругел ва жидее гьебги бокьулеб, ва амма, лъик1аб жо бицунев муъминчиясул мажлисалдаса жал х1амил балканалдаса г1адин лъутулеб», - абун.
Суфяну Савриясда гьикъана, «жинца къабул гьабун гут1и лъалев жиясдаги ваг1за гьабизе келищ», - абун? Суфяница абуна: «Ккела, Бет1ергьан Аллагьасда аск1об жиндие х1ужалъун бук1изе жив квешаб жоялде рекъон гут1иялъе», - абун.
Малик бин Динарица абулаан: «Х1акъаб жо г1одилаго нахъе унеб буго, бат1улаб жо белъанхъулаго т1аде бач1унеб буго. Жидеда хадур г1адамалги рилъунел, жидеца х1акъаб жоги бицулел бах1арзал т1аг1ун руго. Ва нахъе хут1ун буго, цоясул г1айиб цояс бац1унеб, бат1улаб, мункараб жоялъул агьлу», - абун.
Гьанже дуца пикру гьабе диналъул вац гьаб т1ехьалда хъвараб жоялъул, ва дур нафс кинаб цояб къокъагун бугеб: х1акъаб жоялъул агьлугунищ яги дуниялалъ ахират к1оченабураб, беццаб, г1инкъаб, х1акъабги, бат1улабги жо бат1а гьабизе лъаларелгунищ?
Жегиги мун валагье, щиб жодай дуца гьабуна Аллагьги, гьесул свалат салам лъеяв Мух1аммад жиндалъун воххулеб, Исламияб диналъе квер бакъулеб, - абун? Гьаб заманаялъ г1емерисеб халкъ, жидер г1амалалдалъунги, раг1иялдалъунги Аллагьасул бац1адаб шариг1ат хвезабун хьвадулел руго, ва мункараб жо бихьараб мехалъ гьелда руц1ц1ун ч1олел руго.
Жегиги кват1ун гьеч1о дуда Аллагь гурх1аяв х1акъаб жо кквезе ва бат1улаб реххун тезе ва г1адада араб заманаялъе кафаратлъун бук1ине, лъик1аб г1амал г1емер гьабизе.
Хирияв Аллагьас Мух1аммад Аварагасул умматалда гурх1ун, рух1 бахъи т1аде щвезег1ан тавбу гьабизе рес кьун буго. Цох1о х1ухьел ц1азе замана дуе хут1ун батаниги тавбу гьабе, я дир вац!
Т1адег1анав Аллагьасдалъун буго лъик1алъе квер бакъиги квешалдаса нахъе ч1вайги. Кинабго рецц ва щукру цох1о Аллагьасе буго.
Аль-АшбалИА GURABA