.jpg)
Имаму Загьабияс бицана Музаниясдасан: «Цо нухалъ дир рек1елъе Аллагьасда (ай тавх1идалда) хурхун цо масъалаялъулъ щаклъи бач1ана. Цинги дицаго дидаго абуна; «нагагьлъун гьаб щаклъи инабизе г1адамасда к1олеб бугони – гьев чи Имам аш-Шафиг1и вуго, т1ок1ав чиясда гьелъие х1ал к1оларо», - абун. Цинги дун гьесухъе анна, гьевги Мисриялъул(ай Египеталъул) масжидалда вук1ана.
Цинги дун гьесда цеве г1одов ч1ун хадуб, дица гьесда абуна;
- «Дир цо тавх1идалъул масъалаялъулъ щаклъи ккун буго, дуцаг1ан лъик1 дие гьеб баян гьабулев чиги дида ватиларо», - ян.
Имаму Шафиг1иясул ццин бахъна ва гьес абуна; - «Дуда лъалищ мун кив вугевали»?
Дица «лъала», - ян абуна.
Гьес абуна; - «Гьаб бак1 буго Аллагьас Фирг1авн г1анкъизабураб бак1. Дуда батанищ цониги х1адисалда Аварагас г1алайгьи салату ва салам гьелъул х1акъалъулъ гьикъейин амру гьабураб бак1го»?
Дица «батич1о», - ян абуна.
Цинги гьес абуна; - «Асх1абзабаз гьелъул биценго гьабунин раг1анищ дуда»?
Дица «раг1ич1о», - ян абуна.
Цинги гьес абуна; -«Нилъеда лъалищ зодоб чан ц1ва бугебан»?
Дица «лъаларо», - ян абуна.
Цинги гьес абуна; - «Цо ц1ва босани, гьеб сундасан гьабураб, гьелъул жинс, баккулеб бак1, т1ерхьунеб бак1 – гьеб кинабго лъалищ дуда»?
Дица «лъаларо», - ян абуна.
Имамас абуна; -«Цо дуда беразда бихьулеб, Аллагьас бижараб махлукъ дуда лъалареб мехалъ, мун гьеб бижараб Халикъасул асрарал лъазе, гьелъул х1акъалъулъ хабарго бицине кин вахъарав чи»?
Цинги гьес дида каки чуриялда хурхараб цо масъала гьикъана ва дида гьелъул щибниги лъач1о. Цинги гьес дида абуна; - «Къойил щуго нухалъ дуда лъазе кколеб жоги лъазабич1ого, цох1о Аллагьасда лъан бугоницин г1олеб жо лъазабулевищ мун вугев»?
Дур рекlелъе гьеди-гьединал пикраби рачlиндал, мун вусса Аллагьасул гьал аятазде:
«Х1акълъунго нужеца жиндие лагълъи гьабизе х1акъав Аллагь цо Аллагь вуго». «Жив гурев цойги гьеч1ев вуго гьев Аллагь: кинабго г1аламалда жив гурх1улев, гьезие ниг1матал кьолев ва дунялалдаги, ахираталдаги муъминзабазда жиндир гурх1ел г1емерав». «Х1акълъунго гьал зобал ракьал рижиялъулъ, гьезда жанир ругел г1ажаибал махлукъалгун цадахъ, ва сордо-къо цоялъ цояб хисиялъулъги к1удияб х1икмат буго Аллагь цо вук1иналде ва гьес кинабго жоялъул тадбир гьабулеб бук1иналде т1орит1ел гьабулеб. Ралъдада т1ад гуми хьвадиялъулъги г1адамазе мунфаг1ат бугеб жоялдалъун (даран базар гьабизе ва ралъдал ниг1матал росизе), Аллагьас зодисан ц1ад решт1инабиялъулъги, гьелдалъун бакъван, хур хер гьеч1ого бук1араб ракь ч1аго гьабун, гьелда т1ад боц1уе ва г1адамазе хур-хер, пихъал рижизариялъулъги буго Аллагьасул х1икмат ва г1аламат. Гьеб ракьалда т1ад г1емерал бат1и-бат1иял рух1 ч1аголъаби т1орит1изариялъулъги буго к1удияб х1икмат». «Зобал ракьазда гьоркьор нак1к1ал хьвадизариялъулъги, жиндир амроялда рекъон квегъун, жиндиего бокьухъин гьури хисизабиялъулъги (г1уж хисизабун рахъ хисизабун) к1удиял г1аламатал руго Аллагь цо вук1иналде ва гьесул х1ал к1олъиялде т1орит1ел гьабулел, жидеда жо бич1улел ва жидер г1акьло бугел г1адамазе». (Аль-Гlимран : 163-164)
Цинги гьес абуна: Махлукъалдалъун Халикъ вук1иналде мунго т1овит1изе т1алаб гьабе, дур г1акълу жинде щвезе кколарел жалазул пикроги гьабуге.
Абу ГlабдуЛлагь
ИА GURABA