Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Бараъ ибну Малик аль-Ансарий
12.10.2008
«Нужеца Бараъ буссурбабазул аскаралда т1ад амирлъун тоге. Х1акълъунго гьес г1емер т1аде к1анц1изабун, нахъе къазе теч1ого аскар гьалаг гьабизе бегьула». (Г1умар ибн аль-Хат1аб, жиндаса Аллагь разилъаяв)

Бараъ вук1ана къечхарал расазул, лъухъаб лагаялъул, х1алакъав, жиндихъе балагьарав чияс хеккого жиндаса бер нахъе босулев чи. Кинниги гьес цо-цоял данде рагъизе риччан рагъулаго нусго мушрик ч1вана, рагъ боркьараб, х1алуцараб маг1ракаталда ч1варал малъич1ого.

Х1акълъунго гьев вук1ана нахъе къай гьеч1ев къвак1арав бах1арчилъун, х1атта Г1умар ибн аль-Хат1абица (жиндаса Аллагь разилъаяв) жиндаго гъоркь ругел амирзабазухъе хъвалеб бук1ана: «Нужеца Бараъ буссурбабазул аскаралда т1ад амирлъун тоге. Х1акълъунго гьес г1емер т1аде к1анц1изабун, нахъе къазе теч1ого аскар гьалаг гьабизе бегьула», - абун.

Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) хъулухъчи, Анас ибн Маликил вацги вуго Бараъ ибн Малик.

Гьанже дуе Бараъ ибн Маликил бах1арчиял лъугьа-бахъиназул бицине дун жувани, бицунеб калам г1емерлъун, заманго г1еларо. Гьединлъидал дида лъик1аблъун бихьана Бараил г1умруялъулъ ккарал къисабаздаса цо къиса бицине. Х1акълъунго гьелъ цойги-цойги гьесул къисабазул жинцаго бицина дуе.

* * *

Бараил гьаб къиса байбихьулеб буго Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) дунял тун араб т1оцебесеб лах1затаздасан. Исламалде къокъа-къокъаккун рач1ун рук1арал г1арабазул къапилаби ва тухумал дин тун унел рук1ана, х1атта Маккаялдаги, Мадинаялдаги, Т1аифалдаги гурони Исламияб диналда чиго хут1ун вук1инч1о. Аллагьас жидер рак1азулъ иман щула гьарурал г1адамалги рук1ана рикь-рикьун, цоцадаса бат1аго, цоял гьанир, цоял дора.

* * *

Гьаб т1аде бач1араб питнаялда данде ч1ана Абу Бакр ас-Сиддикъ (жиндаса Аллагь разилъаяв) рорхатал,щулиял кьураби г1адин. Мугьажирзабазулгун Ансаразул анц1ила цо аскарги гьабун, щибаб аскаралъухъе жидерго байрахъги кьун, Г1арабазул бащдаб ч1инк1иллъиялде "Аравийский полуостров" рит1ана гьел, Ислам тун арал, т1аде руссинарилан ч1арал муртадал хвалчадалъун т1ад руссинаризе.

Бищунго кутак ц1ик1к1арал ва рик1к1еналъеги жал г1емерал рук1ана Мусайламат аль-Каззабида нахъ рилъарал, «Бану Х1анифат», - абураб къапилаялъул муртадал. Гьезул рик1к1ен бахунеб бук1ана к1икъоазарго рагъ лъик1 лъалел рагъухъабазде.

Мусайламатида нахъ рилъарал г1адамал гьесда иман лъун нахъ рилъараллъун рук1инч1о. Гьел рук1ана жидерго тухумги ккун Мусайламат мекъи вук1ин лъаниги гьесда нахъ рилъун. Гьезул цо-цояз абулеб бук1ана: «Дица нуг1лъи гьабула х1акълъунго Мусайламат гьереси бицуневлъун ва Мух1аммад бит1аравлъун вук1иналда. Кинниги «Рабиг1агь» тухумалъул гьерсихъан вокьила дие «Музарр» тухумалъул бит1ун бицунесдаса», - абун.

* * *

Г1икримат ибн Абу Жагьлил бет1ерлъиялда гъоркь данде рагъизе араб буссурбабазул аскар Мусайламатил аскаралъ къвинабун т1ад буссинабуна. Цинги Абу Бакр ас-Сиддикъас Халид ибн Валидил бет1ерлъиялда гъоркь к1иабизеги аскар бит1ана, буссурбабазул ч1ах1и-ч1ах1и рагъул церехъабаздалъун, Мугьажирзабаздалъун ва Ансараздалъун жиб г1уц1ц1араб. Гьеб аскаралъул байбихьуда вук1ана Бараъ ибн Малик ал-Ансарий.

«Наждалъул ракьалда бугеб, «Йамама», - абураб бак1алда буссурбабазул аскар Мусайламатил аскаргун данде ч1вана. Цо г1емераб заманаго инч1ого буссурбабазул х1ат1ада гъоркь «ракь багъаризе» байбихьана, ва буссурбаби нахъе къан лъутизе журана. Цинги Мусайламатил аскараз Халид ибн Валидил чадир ракьулъаги бахъун, гьений йик1арай гьесул лъади ч1вазехъин йик1ана. Кинниги, Аллагьасул х1укмуялдалъун гьезул цояс жиндирго бербалагьиялда гъокье ячун гьей хвасарлъана.

Гьеб мехалъ буссурбабада бич1ч1ана жалго к1удияб х1инкъиялда гъоркь ругеллъи ва гьаб бак1алда жал къвани т1ок1алъ Исламалъул гьаракь борхизабун бажарулареблъиги.

Гьеб мехалъ аскарги данде бак1арун, ц1игьабун гьеб рекъазабизе жувана Халид ибн аль-Валид. Мугьажиринал Ансараздаса бат1а гьарун, ракь цоял цадахъ ккезарун, цо тухумалъул г1адамал цо байрахъалда гъоркье рит1ун, буссурбабазда кьаби кинаб рахъалъан щолебали лъазеб куцалъ рекъезабуна Халидица.

* * *

Тарихалда буссурбабазул ккарал рагъазда гъорлъ жинда релъараб рагъ батулареб, жинца г1адамал гьалаг гьарулеб рагъ ккана к1иябго аскаралда гьоркьоб. Киг1ан г1емерав чи жидер ч1ваниги, киг1анасеб балагь жидеде бач1аниги нахъе къай гьеч1ого щулиял кьураби г1адин ч1ун рук1ана Мусайламатил аскарал.Цинги, гьеб бак1алда бихьизабуна буссурбабаз жидерго иях1гун бихьинчилъи.

Гьале Сабит ибн Къайс, Ансаразул байрахъ ц1унун вук1арав гъазичи, жиндиего хобги бухъун, накабазде бахинег1ан жанивги лъугьун, вугеб бак1алдаса кьурич1ого, жиндирго къапилаялъул байрахъги ц1унун шагьидлъана.

Гьале гьанивехун Г1умарил вац Зайд ибн аль-Хат1аб цевеги вахъун ах1долев: «Ва нуж г1адамал! Нуж щулаго ч1а! Тущманасда кьаби щвезабун, нахъе къач1ого т1аде а! Ва нуж г1адамал! Валлагьи гьаб раг1иялда хадуб т1ок1алъ дун к1алъаларо Мусайламат ч1вазег1ан, яги Аллагьгун дандч1вазег1ан», - абун. Гьединги абун кафурзабазде т1аде векерунги ун, к1варав чиги гьезул ч1ван шагьидлъана Зайд.

Ва гьале гьанив Абу Х1узайфатил цеве тарав Салим, Мугьажириназул байрахъги борхун. Гьесул заг1ифлъиялъухъ балагьун, буссурбабаз гьесда абулеб бук1ана: «Дур рахъалдасан кьаби щвеялъукь х1инкъун руго ниж», - абун. Цинги гьес жаваб гьабуна: «Дун сабаблъун нужеда кьаби щвани, х1акълъунго дун вук1уна, жиндир рек1елъ Къуръан бугев квешав чи», - абун. Ай, Къуръанги рак1алдаса лъалев буссурманав чияс кин толеб кафурав чи бергьине. Цинги гьедин къвак1ун ч1ана Аллагьас шагьидлъи кьун, дунял тезег1ан.

Кинниги гьал бах1арчиял къисаби Бараъ ибн Маликил къисагун данде ккведал риун, т1аг1унго инаан.

Халидида рагъ боркьулеб бихьидал Бараихъеги валагьун гьес абуна. «Мун гьезухъе а, ва ансаразул мугъ ч1валеб бак1». Цинги Бараъ жиндирго къавмалъухъеги вач1ун, гьес ах1ана: «Ва нуж ансарал! Воре нужер цог1агиясда рак1алда ккоге Мадинаялде т1ад вуссине! Нужее т1ок1алъ, жакъаялдаса хадуб Мадина гьеч1о! Х1акълъунго нужее цох1о Аллагь вуго …, хадуб Алжанги буго»!

Гьеб мехалъ гьевги, гьесул къавмги, муртадазул мухъалги рикьизарулаго, гьезул гарбазда хвалчабиги расандизарулаго церехун ралагьун ана. Гьеб мехалъ Мусайламатилги, гьесда нахъ рилъаразулги х1ат1азда гъоркь «ракь багъарана» ва гьел х1инкъун т1урун ана «Хвалил ах», - абун, гьеб къоялдаса нахъе ц1ар кьураб бак1алде. Гьелде хвалил ахан абиялъе г1иллаги ккола, гьенив рик1к1ен г1емерав чи ч1вай.

* * *

«Хвалил ах» бук1ана ц1акъ рорхатал, ч1ах1иял къадаз сверун жанибе ккезабураб, к1удияб бак1. Мусайламатги, гьесул аза-азариде рахарал аскаралги жанире лъугьун, нуц1биги рахан, рорхатал къадаздасан буссурбабаде ц1ад балеб г1адин, ч1орал реч1ч1улел рук1ана. Гьеб мехалъ буссурбабазул бах1арчи Бараъ ибн Малик цевег1ан къан, гьес буссурбабазда «хъалхъаналдаги лъун, жив ц1унараб къалг1аялъуве рехе», - ян амру гьабуна.

* * *

Цинги, къанщараб бер рагьилалде хъалхъаналдаги к1усун, буссурбабаз хьваг1изавун Хвалил ахикье ккана Бараъ ибн Малик. Пирхулеб пири г1адин гьезда т1адеги к1анц1ун, халат бахъараб заманаялъ рагъги гьабун, гьезул анц1гоявги ч1ван, нуц1аги рагьун, ункъоялда хадуб ругъунги щун къват1иве вач1ана Бараъ. Гьеб мехалъ буссурбаби къадаздасан ва нуц1ихъан ун, к1удияб рагъги гьабун, къоазарго муртадги ч1ван, гьезул цевехъан Мусайламатги ч1ван къват1ире рач1ана. Гьелда хадуб Бараил хъулухъалда, гьесул ругънал сахлъизег1ан гьесда аск1ов вук1ана Халид ибн аль-Валид.

* * *

Т1адег1анав Аллагьас сахлъи кьун хадуб Хвалил ахикь жиндиего щвеч1еб шагьид хвелалъухъ хьулазда вук1ана Бараъ, цоцада хабуб гъазаватазда г1ахьаллъулев. Пурсазул ракьалда бугеб «Тустар» абулеб бак1 рагьулеб къоялъ, щулиял къалг1абазда жанир рахчун ч1ун рук1ана пурсал. Гьел къват1ире рач1инег1ан къалг1а сверун ккун рук1арал буссурбаби нахъе унареллъи бихьидал, ц1адуца баг1араб кьералде сверизарурал рахсазда рарал гъунц1дул буссурбабазде рехун, т1аде ц1алел рук1ана пурсаз буссурбаби. Т1аде щвелалде хун, ялъуни хвезе г1агарлъарав чи щолаан гьезухъе.

Гьедин рук1аго Бараил вац, Анас ибн Маликида щун гъанц1агун эхеде ворхун унев вац вихьидал Бараъ векерун ун, баг1арараб рахасги ккун, вац хвасар гьавизе рек1ана. Гьесул квералдасан к1к1уй к1анц1улеб бук1ана бух1иялъул кутакалъ. Гьелде щибго к1варги кьеч1ого вацги хвасар гьавун г1одове щварав Бараил квералда щибго гьан хут1ун бук1инч1о, г1иц1го цере лъурал рукьби рук1ана. Гьеб мехалъги гьарана Бараица Аллагьасда рак1 бац1ц1адго шагьидлъи кьеян, ва къокъаб заманаялдаго Аллагьас дуг1аги къабул гьабун шагьидлъана Бараъ ибн Малик аль-Ансарий.

* * *

Т1адег1анав Аллагьас Бараил гьумер гвангъизабеги Алжаналда, ва гьесул рак1ги боххизабеги Аварагасулгун (жинда ссвалат салам лъеяв) гьудуллъиги кьун, ва Аллагь разилъаги Бараидасаги киналго Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1абзабаздасаги. Амин.

Буссинабуна Абу Г1убайдица
20. 09. 2008 г

ИА GURABA

 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин