.jpg)
ТIаде гIанав Аллагьас абулеб буго:
«Дица женалги гIадамалги рижичIo дие гIибадат гьабизе гурони.». (Аз-Зарияти, 56 аят).
Ц|акъ ракI унтизе ккараб жо буго, жидер гIелму-лъай гьечIел буссурбаби, гIибадат абураб жоялъул хIакъикъияб магIна лъаларел рукIин. Жидер лъай гьечолъиялъ гьез ТIадегIанав Аллагь гуреб жоялъеги гIибадат гьабулеб буго ва жалги кIудияб ширкалъул мунагьалде кколел руго. КIудияб ширк буго Аллагьасе гьабизе кколеб гIибадат, гьесие гьабулеб гIадин, цойги щибниги жоялъе(ги) гьаби. Гьеб мунагьги инсан исламияб диналдаса ватIа гьабулеб мунагь буго. Гьеб ширк гьаби буго гIадамаз жал хIинкъун ва хIелун хварал Аварагзабазде дугIа гьаби, ай гьездасан щиб бугониги жо т1алаб гьаби. «Аллагьасул гьудулзаби руго, мунагь хатIаъ гьечIел гIадамал руго», - абун цо-цо гIадамазда «жал гIазабалдаса хвасар гьаре», - абун гьари. Гьел гIадамазе назро гьаби, гьезул цIаралда боцIи кьей, хIатта гьезул хабазда сверун тIаваф гьаби, КагIба рукъалда сверухъ гьабулеб гIадин.
ХIакълъунго гьадинаб гIамал гьаби буго Аллагь гуреб жоялъе гIибадат гьаби, жидеца гьелда бат1иял цIарал лъуниги. Масала: «Гьезул баракат ва шафагIат тIалаб гьабулеб буго», - абун. Гьадинаб ширк гьаби жагьилал, жудеда дин бичIчIуларел гIадамаз гьабулеб бугони – гьезие гIузро букIинеги бегьула: гьезда гIибадат щиб жо бугеб ва гьелъул хIакъикъияб магIна бичIчIун гьечIелъул. Ва амма, кин битIараблъун рикIкIунеб кIудиял гIалимзабаз, жудеда гIибадаталъул магIнаги лъалел ва ракI-ракIалъ, гьел жагьилал гIадамаз гьабулеб жо ширк букIинги лъалел, гьел гIадамал диналдасан къватIире рахъунеблъиги бич1ч1улел – цинги жидеца гьез гьабулеб ширкалъе нухал рачулел. Гьез абула: - «дол жагьилал гIадамаз гьабулеб ширк: рагIабазулъ букIа, ишазулъ букIа, рекIел ч1еялъулъ букIа – гьеб бугин, гьез Аварагзаби, Аллагьасул гьудулзаби (авлияуЛлагьал) ва рацIцIадал гIадамал рокьун, гьезул шафагIат, баракат тIалаб гьаби», - абун. Гьелдаги тIад гьел гIалимзабаз жидер раг1и ритIухъ гьабун, жалгоги гIахьаллъула цо-цо ширк гьабулел ишазулъ: хатму гьаби гIадаб ва цогидалги данделъаби. Кин гьел гIалимзаби Аллагьасдасан хIинкъуларел хIакъаб жо бахчизе ва гIадамал куфро-ширкалда рачине.
Гьел гIалимзабаз гьабулеб кIудияб мунагь жидее щолеб дагьабго гIарац, яги гIадамазул къокъабго рецц-бакъ бокьун гьабулеб жо бугин абизе бегьиладай? ХIакълъунго гьел руго жалгоги къосарал ва жидеца гIадамалги битIараб нухдасан къосине гьарулел.
Цинги, хирияв техь цIалулев: Ц1акъ гIатIидаб хIалалъ исламияб ракьалъул кинабго рахъазда тIибитIулеб буго гьеб ширк. Дун вуголъидал гьаб, жинца хIинкъи ракIалде рехулеб хIакъикъат лъалездасан, дица ТIадегIанав Аллагьасдасан кумек тIалаб гьабуна, ва гьев Аллагьасда мугъ чIвай гьабун гьаб техь гьабуна. Гьелда цIарги лъуна:
«Кин нилъеда Аллагь цо гьави бичIчIунеб», - абун? Дир хьулги буго ТIадегIанав Аллагьас гьаб дир хIалтIи къабул гьабилин, - абун. Дир божи буго гьаб хIалтIиялъ Аллагьасул хIакъаб нухалдасан мекъи ккаразе кумек гьабилин, - абун.
Ва жидер гIелму гьечIого мекъи карал, яги гIелму букIун мекьи ккарал! ХIакълъунго дир гьаб тIехь буго ширкалъул бецIлъудасан Аллагь цо гьавиялъул канлъуде гIадамал рачизе бокьун гьабураб. Аллагьасе бокьарал чагIи гьеб канлъиялде рачIина. Жинда мугъ чвалезул ва жинца кумек гьабулезул бищунго лъикIав вуго гьев Аллагь.
Жиндаса Аллагь разилъаяв ГIумарасхIабас абуна:
«ХIакълъунго исламалъул рохьенал цо-цодасан тIун ине руго, гьаб исламалда жанир жагьиллъи щиб жояли лъаларел гIадамал раккараб мехалъ» - абун.
Хобазе лагълъи гьабулезул гьереси. Мушрикал ва хобазе лагълъи гьабулел гIадамазул хIакъалъулъ бугеб шаклъи хвезаби. - Дир вук1ана цо гьудул. Гьев ц1акъ динияв чи вукIана. ЧIухIи-рецц гьечIев, гIодове виччарав, кутакалда битIараб жо гьабулев ва бицунев чи вукIана.
Дун кидаго гьесда рекъолаан ва нижер пикру данде кколаан, цохIо жоялъулъ хутIизегIан: кумек гьаби ва хвасарлъи тIалаб гьаби Аллагь гуресда гьаризе бегьи ва гьезие назро гьаби ва садакъа гьаби. Гьаб масъала сабаблъун нижеда гьоркъоб гучаб къецц кколаан. Гьесул рагIабаздасан дида бичIчIана, цоги гIемерал гIадамазда релъун, гьасда аскIобе гьеб иш гIемер лъикIаб гьечIониги, кинниги гьабизе бегьулеблъун букIин.
Цо нухалъ гьес дида абуна:
- «Дуда лъалищ, дица цохIо Аллагьасда гурони гьаруларо, ва дица гьев Аллагьасда гьаруларо дирго ишалда хурхун гурони», - абун.
Дицаги абуна:
- Дида гьеб лъала, гьединлъидалин дица дуе лъикIлъи лъугьин гьарулеб, ва дудасан лъикIаб бихьиялда хьул буго дир. Мун гIадав гIакъилав чияс ракIалдаса ине тезе бегьуларо ахIмакъал пишабазда тIаде рачIунел балагьал ишал: хварал чагIазул хабал цIунаразе ва хобал ричулезе садакъа гьаби гIадаб.
Живго Аллагьасда гьаричIого, Аллагьасул вализабаде дугIа гьаби ширк бугищ? Дир гьудулас абуна:
- Дица дуда цебеги абуна чанго нухалъ, гьанжеги абулеб буго, дица битIараблъун рикIкIунаро, «хварал чагIазда гьари, гьездасан хвасарлъи тIалаб гьаби ширк буго», - абун, инсан жиндир диналдаса къватIиве вахъулин (кафурлъулин) аби, хасго гьел хварал чагIи Аллагьасул вализаби ругони, Аварагзаби ва ритIухъал чагIи ругони. Гьел хварал чагIаз , «жудерго гьунаралдалъун квешлъиниги, лъик1лъиниги гьабула», - абун ракI ч1езе гьабуни, яги, «гьез жо бижула, хвезе гьабула», - абун, «Аллагьас хIукмо гьабичIеб жо гьез гьабула», - абун ракI ч1езе гьабуни – гьеб буго ширк», - абун.
Гьадинаб бахIс нижер гIемер колаан ва гIемер гъварилъуда раккичIого, цояс-цояв мукIур гьавичIого гьеб хабарги лъуг1улаан.
Цо нухалъ гьес абуна:
- «РачIа нилъеца хIал бихьизе, гьаб нилъ кIиявго цоцада ричIчIунареб масъала гъваридго лъазабизе ва нилъерго ракIалъе бокьараб жоялда нахъ рилъунгутIизе. ХIакълъунго инсан мекъи кколеб бакI буго жиндие бокьараб жо хIакъаб хIужа гьечIого ритIухъ гьабизе лъугьараб мехалъ», - абун.
Дица гьесда абуна:
- «Аллагьасул цIаралдалъун гьедула дун: дие ццебего бокьун букIана гьедин гьабизе. Дие бокьун буго дуда цо-цо мун шакдариялде ккезарулел ва дуда битIун ричIчIун гьеч1ел хIужаби рицине. Дун воххарав вуго мунгун цадахъ гьаб масъала битIизабизе», - абун.
- «Ц1акъ лъикI буго», - янги абун гьудулас абуна: - Щибха бугеб нужер мухIканаб хIужа, хварал чагIиги рукIаго, Аварагзаби, вализаби яги ритIухъал гIадамал – гьезде дугIа гьабулел, гьездасан шафагIат тIалаб гьабулел, гьезие назро ва садакьа гьабулел гIадамал нужеца кафураллъун рик1к1иналъе. Нужеца хIукму кин гьабулеб, - «гьел гIадамал диналдасан ратIалъула (кафурлъула)», - абун:
Дица абуна:
- Нижер пикру буго, гьеб масъалаялъулъ бищун цере нилъ, Аллагьасул Къуръаналда абураб жоялда нахъ рилълъине ккела. Нижеца бицунеб жо ва нижер хIукмо гьечIо нижеего бокьараб жо бицин яги нижеца ургъун бахъулеб хIукмо. Кинабго нижер хабаралъул аслу буго, жиб даимаб ва жинда жанибе кинабгIаги гьереси лъугьине рес гьечIеб Къуръаналдасан босараб. Нижеца гуро, Къуръаналъ буго хIукмо гьабулеб , «гьел хобазе лагълъи гьабулел гIадамал кафурал руго ва гьел мушрикал руго», - абун.
Кидаго гIадин, гIодове виччан, гьалмагъас дида абуна:
- Гьеб хабар такрар гьабизе ккеларо. Дида чанго нухалъ рагIана дуца гьеб бицунеб. Гьеб хабар, «жиндие хIужа гьеч1еб, нужерго пикро буго», - абун тола дица. Кибха бугеб нужер гьеб хабаралъе мухIканаб гIилла! ГIезегIанго кIвар бугеб масъала буго гьаб ва гьородахъ рагIаби рехун тIубаларо. Нужеца цакъ хехго ва кьварун, «буссурбаби кафурал руго», - ян абулеб буго. Гьеб рагIиялъ буссурбабада гьоркьоб гъалмагъир ккезабун буго ва гьел гьеб фитнаялдасан къватIире рахъулелги гьечIо.
Дица гьесда абуна:
- Нуж къватIире рахъулел гьечIо мекъаб хIалалъ гьабулеб малъа-хъваялдаса, ва гьеб мекъаб пикруялъ нужеда кIолеб гьечIо, «ширк гьабулел чагIи кафурал руго», - ян абизе. Нижеда гIайиб чIвайги гьебго гIиллаялъ буго. Нижер ихтияр буго бокьараб пикро гьабизе. Нужеца абизеги бегьила нижеца бицунеб жо гIантаб, фитна гьабулеб, ургъичIого бицунеб бугин, ва цойги нужее бокьараб жо.
Ва амма гьелдалъун хIакъаб жо хисуларо. Гьеб хIакъаб жоги буго ниж рукIин ТIадегIанав Аллагьасул Къуръаналда гIамал гьабулел. Нижеда гьеб Къуръаналда бихьана щиб абулеб бугеб Аллагьас ццересел умматазулъ рукIарал мушриказул хIакъалъулъ. Гьеб жо т1убанго данде кколеб буго гьанже ругел, хобазе лагълъи гьабулел, хвараздасан жо гьарулел, гьезда ццере гIодорегIанлъун, жал хвасар гьари тIалаб гьабулел гIадамаз гьабулеб бугеб жоялда.
Хобазда аскIор гьарулел ишазги, гьезие гьабулеб садакъа-назруялъги, гьел гIадамаз хварал чагIи Аллагьасда данде рахине гьарулел руго. Ниж щибго шаклъи гьечIого, гьеб иш гьабизе гIадамал гьукъулел руго ва гьеб жо ширк букIин г1адамазда лъазабулелги руго. Ниж лъидасанго хIинкъуларо нижеда лъараб хIакъаб жо бицине. Рагьун нижеца гьебги бицуна, гьелда данде кIалъалезулгун къецги гьабула. Нижее щибго кIвар гьечIо гьеб гIадамазе бокьаниги риханиги. ГIадамал разилъи киданиги букIинчIо хIакъаб жо жинда борцулеб роценлъун, гьединго гIадамазул ццим бахъинги букIунаро гьереси жиндалъун лъалеблъун.
Дуе хIужа, далил бокьун батани мун дица бицунеб жоялда лъикI гIенеккизе ккелаха, цох1о Аллагь разилъиялде къасдги гьабун. Дуца абулеб бугоха, гьел, хобазе лагълъи гьабулел гIадамаз, хваразда гьари, гьезие садакъа гьаби, назро гьаби, гьел дур рахъ ккун дуе кумек гьабизе гьоркьор лъугьин мурадалда – гьеб жо ширк гьечIин ва куфро гьечIин, гьел гIадамал, «Аллагь цо вукIиналда божун, рижулев, хвезарулев, ризкъи кьолев Гьев гурев цоги гьечIо», - абун божун ругебгIан мехалъ. Гьединго гьезул рекIел чIейги бугони, «Аллагьасул изно гьечIого гьел гьоркьохъабазда щибго жо гьабизе кIоларо», - абун. Амма хIакъикъаталъ бихьизабулеб буго гьеб пикро гъалатIаб букIин ва гьеб хобазе лагълъи гьабиги, гьоркьохъаби кквейги, нахъе чIвазе кколеб жо ва исламалда данде кколареб жо букIин.
Хадуб бицунеб жоялъ дуе гьеб баян гьабила Аллагьасе бокьани.
Аварагзабада ва мушриказда гьоркьоб букIараб рагъазул хIакъикъат. Жинца Аварагзабада ва мушриказда гьоркьоб букIараб рагъазул цех-рех гьабулев чиясда, хасго нилъер Авараг МухIаммадида (жинда ссвалат салам лъеяв) ва гьесул заманаллъул мушриказдаги гьоркьоб букIараб рагъ лъазабулезда бихьула, гьел мушрикал жидеца Аллагь вукIиналда инкар гьабулел рукIинчIеблъи ва ТIадегIанав Аллагьасда божуларелги рукIинчеблъи. Гьезда гьоркьоб рагъ букIинчIо мушриказ Аллагь ТIадегIанав вукIин жиндир ханлъи ва гуч бергьарав вукIин, кинабго жоялъул БетIергьанав вукIиналда инкар кквеялдалъун. Гьединго мушриказ абулароан Аллагьасул изну гьечIого гьел гьоркьохъабазда жидеего бокьухъе лъикIлъиниги квешлъиниги гьабизе кIола абун. Гьел мушриказул бетIералда жаниб гьединаб пикро бачIулароан ва гьеб мекъаб пикро ритIухъ гьабун гьел кIалъалароан.
Мушрикал Аллагьасда кин бижулел? ХIакъикъаталда гьел мушрикал Аллагь вукIиналда божулаан ва гьев цохIогояв Халикъ (жинца жо бижулев) вукIиналдаги божулаан. Гьел божарал рукIана тIадегIанав Аллагь жидер хан вугев гIадин, гьев жидецца ахIи балев гьоркьохъабазул (Аварагзаби, вализаби) ханги вукIиналда. Гьев Аллагьасда гурони жидее лъикIлъи яги квешлъи гьабизе кIун гутIиялдаги божарал рукIана, гьоркьохъабазул щибго гьунар-къуват гьечолъиялдаги божарал рукIана, Аллагьас изно кьун гурони. Хвелги, чаголъиги, лъикIлъиги, квешлъиги цохIо тIадегIанав Аллагьасул иш букIиналдаги божарал рукIана. Щибниги Аллагьас бижараб жоялъулъ гьесул гIахьалчи я кумекчи гьечIолъиялдаги божарал рукIана.
Гьадинаб букIана гьел цере арал мушриказул Аллагьасда божи ва гьев хIакъикъияв жинца кинабго жо бижулевлъун вукIин чIезе гьабиги. Гьаб хIалалъ хал гьабуни жакъа ругел мушрикал гьездасан гIодобегIанаб макъамалда руго. Гьез хун хабалъ лъурал гIадамазда ва вализабада гьарун, хIелун, кумек гьаби ва хвасарлъи тIалаб гьаби гьарулеб буго жидер чара хвараб рес къотIараб мехалъ. Дол цересел мушрикал жидер Аллагьзаби хъанчазда цере чIун гьардолаан жидер кинабго хIалалъ. Ва амма къварилъи, балагь гучлъараб мехалъ гьез ахIи балаан цохIо Аллагьасде, жив ТIадегIанав, жинда ващадав цойги щивго гьечIев.
Дир гьудул ццим бахъун гIадин лъугьана ва гьев дир хабаралда данде чIана:
«Тамашаяб жо буго! Гьединаб жо кин букIунеб», -абун?
Абужагьалица ва Абулагьабица Аллагь цо гьавулеб бук1ин. Абужагьал ва Абулагьаб, гьезулгун дин цоял мушрикал Аллагьасда божулаан ва гьев цо гьавулаан гьев Аллагь цохIогояв халикъ (жинца бижулев) ва разикъ (жинца ризкъи кьолев) вукIин х1исабалда. Чаго гьарулев хвезе гьарулев, лъикIлъи гьабулев квешлъи гьабулев вукIин х1исабалдаги. Гьел сипатазулъ жидеца щибниги жо Аллагьасда данде лъолороан.
Дир гьудулас абуна: «Тамашаяб ва гIажаибаб жо буго Абужагьалги Абулагьабги Аллагь цо гьавиялъул рахъалъан лъикIал ругин ва гьеб нух ккурал ругин жал гьоркьохъабазда гьарулел бусурбабаздасан жудее шафагIат гьабе ва жал хвасар гьаре абун. Абужагьалги Абулагьабги лъикIал рукIун ругоха Аллагь цо гьавиялъулъ
«Лаилагьа илла Ллагьу МухIаммадун расулуллагь»: абулел бусурбабадасан! Я дир гьудул, кин дуда кIолеб ва гьединаб къосиналда хIинкъараб хабар бицинегIаги! Гьеб ва гьелда релъарал цойгидалги гIорхъи хварал харбал рициналъ гьечищ нуж миллионал буссурбабазе тушбаби лъун лъугьун»?!
Дица гьесие жаваб гьабуна: «Гьениб щибго гIажаибаб ва тамашаяб жо гьечIо. Гьеб буго хIакъикъат дуда жиб лъазе бугеб ва гьелда мун ахирги разилъизе вугеб. Аллагьас хъван батани дуда цойгиги хIужабиги лъала дуда цере мухIканал далилалги лъезе руго, цинги дур бетIералдасан ине буго жакъа мун жинда данде чIун вугеб ва мун шакдарулев вугеб пикро. Гьеб мехалъ мун хвасарлъизе вуго дур ботIролъ бугеб, мун гуккулеб, ва нужеца гIадамалги гуккулеб, ва нужеца хIакъаб хIужа-далиллъун рикIунеб гъалатIалдаса».
Мушриказ, кинабго жинцца бижулев, ризкъи кьолев, хвезарулев, чIаго гьарулев Аллагь цо гьавулев вукIараблъи ва гьел Аллагьасда божулел рукIараблъи чIезаби. Дир гьудулас абуна: «Я дир гьудул! Кибеха хIужа ва далил нуж ритIарал рукIин чIезе гьабулеб? Дуца бицунеб жоги битIараб батани, щибха бугеб гьезул ширк Аллагьас бицараб ва гьезие абадияб жужахIги къотIи гьабураб. Гьезул боцIи ва би цогидазе хIалалги гьабураб ва жиндир хирияв Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) амроги гьабураб «жив гьезда вагъе» - абун, - хвалчабаздалъун ва хечаздалъун?
Дица гьесие жаваб кьуна: «Гьелъие цойги гIилла-хIужа къвариг1унищ Къуръан гуреб? Гьеб даимго дуца цIалулеб Аллагьасул каламалда жаниб буго гьелъие хIужа. Мунго гIадал миллионал буссурбабазги цIалула гьеб Къуръан, ва амма нужеца гьелъул магIна хал гьабуларо ва гьелда нужеца пикроги гьабуларо.
Ццересел умматазул мушрикал Аллагьасда божулел рукIин, ТIадегIанав Аллагь жидер БетIергьанлъун, жал хьихьулев, рижулев, хвезарулев, лъикIлъи ва квешлъи гьабулев бицун ТIадегIанав Аллагьас жиндир хирияв авараг МухIаммадида абуна:
«Дуца гьезда гьикъани МухIаммад: - «зобал ракьал лъица рижарал абун, бакъ моцI лъица квегъараб», - абун, хIакълъунго гьез абила: - «Аллагьас бижана», - абун. Кинха гьел чухIун рукIунел?: (ГIанкабут, 61 аят)
ТIадегIанав Аллагьас цойги абуна:
«Дуца гьезда гьикъани МухIаммад: «Лъицаха зобалаздасан лъим чвахизе гьабураб ва гьелдалъун хун букIараб ракь чIаго гьабураб», - абун, хIакълъунго гьез абила: «Аллагьас», - абун. Дуца абе: «Рецц Аллагьасе буго абун. Кинниги гьезул гIемерисел жидеда жо бичIчIуларел руго» (ГIанкабут, 63 аят).
Гьединго ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Дуца абе МухIаммад: «Лъил бугеб гьаб ракьги, гьаниб тIад бугеб щинаб жоги, нужеда лъалеб батани? Гьез абила: «Аллагьасе буго», - абун. Дуца абе: «Цингиги нуж рекIеда ратуларишха (ширк толарищ нужеца)»? Дуца абе: «Щив вугев анкьалго зобалазулги, тIадегIанаб гIаршалъулги бетIергьан», - абун? Гьез абила: «Аллагь вуго», - абун. Дуца абе: «Нуж Аллагьасдасан хIинкъуларишха», - абун. Дуца абе: «Щив вугев жинда кодоб бугев кинабго жоялъул хан, жинца кинабго цIунулев ва жиндие щибго лъицаго цIунуларев, нужеда жо бичIулеб батани»? Гьез абила: «Аллагь вуго», - абун. Дуца абе: «Нуж щиб жоялъха гуккун ругел», - абун? (Муъминун, 84-89 аятал)
ТIадегIанав Аллагьас цоги абуна:
«Дуца абе МуIхаммад: «Нужее зобалаздасанги ракьалдасанги ризкъи рештIунев щив вугев? Яги рагIизе ва бихьизе гьабизе кIолев щив вугев? Хвараб жоялдасан чIагояб жо гьабулев, чIагояб жоялдасан хвараб жо гьабулевги щив вугев? Жинца амро хьвадизабулевги щив вугев?! Цинги гьез абила: «Аллагь вуго», - абун. Дуцаги абе: «Нуж Аллагьасдасан хIинкъуларищ», - абун. (Юнус, 31 аят).
Гьале гьал баянал аятал руго дир гьудул нижер далил ва щибго дагIба гьечIеб хIужа ццере рукIарал мушриказ Аллагь вукIиналда инкар кколеб букIинчIеблъи бицунел ва гьевгун цадахъ гьаб гIаламалъул гIадло низам гьабулев, гьеб хьвадизабулев щивго чи гьез рикIкIунев вукIинч1еблъиги бицунел. Кинабго жо бижунев ва хьвадизе гьабулев – Жив цогояв хан, Аллагь вукIин чIезе гьабулаан гьел мушриказ.
Цойги баяннаб хIужа буго гьелъие ццересел мушриказ жудер гьудулзабазда ва кумекчагIазда гьарулеб букIинчIо «жидее гIумру кье, хвел нахъе бахъе, яги жал хвасар гьаре», - абун. Гьединго мушриказ жидер аллагьзаби хъанчазда гьарулеб букIинчIо «жал талихI бугел лъун гьаре, яги жидер цIар талихI къваразул кагътидасан хвезабе», - абун. Гьезда якъинго лъалаан ва гьел божулаан, гьаб цебе бицараб жо цохIо БетIергьанас гурони гьабулареблъиялда ва гьев жидер хан вукIиналдаги. Гьаб магIна нилъеда бичIула мисалалъе т1адехун рачарал аятаздасанги.
Гьаб жинда къец гьабун бергьунареб хIужаялдасан нужеда лъазе ккола нуж мекъи рукIин, нужеца мушрикаллъун гьарунгутIиялъулъ жидер «кумекчагIазда ва вализабада» гьарулел гIадамал, гьезда «Аллагьас гьабулеб хIалалъ хайирниги, заралниги гьабизе кIола», - абун жидеца абичIебгIан мехалъ. Гьаб шартI битIараб букIарабани ва нужеца бицунеб жо исламалда борцун рекъон кколебги букIарабани, ТIадегIанав Аллагьас хIукмо гьабилароан «Абужагьал, Абулагьаб ва гьезда релъаралги мушрикал руго», - абун. Нужеца бицунеб шартI букIинаан сабаблъун, гьел мушрикал хвасарлъиялъе. Щай абуни, гьез иман лъун букIинчIеблъидал, жидер гьудулзаби хъанчаз, «Аллагьас гьабулеб хIалалъ заралги хайирги гьабула», - абун. Гьез ракI чIезабун букIана, «гьеб жо цохIо Аллагьасда гурони кIоларо», - абун ва гьеб нилъеца рицарал аятазда жанибги буго.
Цересел мущрикал цикIк1ун иман бугел рукIана жакъа ругел мушриказдаса. Гьел цере рукIарал мушрикал Аллагь цо гьавиялъулъ лъикIал рукIиналъе ва гьезул иман жакъа ругел мушриказдасан цикIараб букIиналъе далил буго хирияб Къуръаналда, жиндир къадро кIудияб хазина ва кидаго ссун унареб чирахъ.
Ццересел мушриказул хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Жал гамида рекIараб мехалъ гьез ах1и бала цох1о Аллагьасде, гьесие гIибадат бацIад гьабун. Цинги Аллагьас гьел ракьалде рештIинарун хвасар гьаридалго, гьез Аллагьасде ширк гьабула». (ГIанкабут 65 аят).
ТIадегIанав Аллагьас жеги абуна:
«Нужеда ралъдаде тIад рукIаго къварилъи щвараб мехалъ, Аллагь тун батIиял жидеда ахIи балел жал цересан тIагIуна. Цинги нуж ракъдаде рачун Аллагьас хвасар гьаридал нуж Аллагьасдасан руссулел руго. ХIакълъунго инсан Дир нигIматазда инкар кколев вуго». (Исраъ 67 аят)
ТIадегIанав Аллагьас жеги абуна:
«Дуца абе МухIаммад: - Нуж лъица хвасар гьарулел ракъдалги ралъдалги бецлъиялдаса, Аллагьасда нуж хIелун ва балъго гьарулеллъун ругеб мехалъ «гьаб къварилъиялдаса ниж рорчIани ниж цакъ шукро гьабулел рукIина», - абун. Дуца абе: - Аллагьас хвасар гьарила нуж гьаб къварилъиялдасан ва цойгидабги кинабго квешлъиялдасан. Цингиги нужеца Аллагьасдехун ширк гьабула». (АнгIам, 63-64 аятал)
Гьал аятаз бихьизабула буго мушрикал ралъдаде рекIараб мехалъ, жидее хIинкъиги ккараб мехалъги, цо къварилъи тIаде бачIиналда балагьараб мехалъги, гьезда жидер Аллагьзаби кIочIонел рукIана ва жал гьел кумекчагIазда божулелги рукIичIо, жалги тIобанго Аллагьасда иман лъун, Гьесда руссунел рукIана ва хьулги Гьесда лъолеб букIана, ахIиги Гьесда балеб букIана. Гьезда якъинго лъалеб букIана гьединаб захIматаб бакIалда караб мехалъ жидер Аллагьзаби ва кумекчагIи хIакъирал, щибго жо бажаруларел рукIин. Жеги гьезда лъалаан Аллагь тун батIиял жалазда жудер ахIицин рагIулареблъи, кумек гьабизени кинха кIолеб.
Гьедин буголъидал, жидеца бицунеб букIараб гьересияб хабаралъул рахас тIун кколаан, гьадинаб, рес къотIараб бакIалде ккараб мехалъ, ва хIакъикъатги мухIканго цебе бачIунаан. Гьеб хIакъикъатги буго: «Чара хвараб гIужалъ цохIо Аллагьасде гурони ахIизе бегьуларо, «къварилъи тIаса босе», - абун, - гьеб босизе кIолев щивго чи гьечIелъул.
Цересел мушриказ къварилъи ккараб мехалъ цохIо Аллагьасде кин ахIи балеб бук1араб, жидер алагьзабиги кIочон тун? Гьел мушриказ жидее хвасарлъи ва кIанцулеб бакI цохIо Аллагьасда букIин лъан, гьесда божун, гьесие мутIигIлъун гьесда ахIи балаан гучал балагьал тIаде рачIине бегьулеб бакIалда, гьезул иман ва божи букIиналъ хIакъикъаталда жидее зарал ва хайир гьабизе кIолев чи цохIо Аллагь гурони гьечIо абун.
Къуръаналъ абухъе: гьел мушрикал ракI-ракIалъ божуна Аллагьасда жидее хIинкъи цIикIараб бакIалда, амма гьеб балагьалдасан хвасарлъарабго жал цIидасан тIаде руссуна жидерго умумузул гIадаталде ва гьез цIидасан кумекчагIазда ва гьудалзабада гьари бала, гьезие назро гьабула, садакъа гьабула. Гьаб гIамалалъе гIоло Аллагьас гьезда гIайиб чIвана ва мушрикалинги абуна.
Гьадинал рукIана цересел мушрикал гьезул иман лъеялъул рахъалъ ва Аллагьасда кIанцIиялъулъул рахъалъги жал гьалаглъулеб мехалъ ва жидее къварилъи караб мехалъ.
Гьанжесел мушриказда кинха Аллагь кIочонев къварилъи ккараб мехалъ ва кин гьел кумекчагIазухъе кIанцулел? Гьанжесел, жидеца хобазе лагълъи гьабулел мушрикал абуни, гьел цересел мушриказдасан батIиял руго. Гьез Аллагьасда гьарула сах-саламат ругеб мехалъ. Амма гьезде тIаде къварилъи бачIани, яги гьел цо захIматаб хIалалда ккани, жидер мурад тIубалеб гьечIони, гьел ТIадегIанав Аллагьги кIочон тун жидерго кумекчагIазухъе кIанцIула, ва гьел аллагьзабилъун гьарула ва мукIурлъун мутIигIлъун, гьезухъе рачIуна жидер гьаригун, садакъа назругун ва божи хIинкъигун. Ва амма я Бадавиясда, я Геланиясда, я РафигIиясда, я Тижаниласда, я Ибну ГIисада ва цогидал кумекчагIада кIоларо гьезие кумек гьабизе ва гьезул цонигиясда рагIуларо гьезул бухIараб ахIи ва хIели гьел къварилъи балагьалда ккараб мехалъ. Гьел, хабазе лагълъи гьабулел г1адамал ралъдалъе лъугьараб мехалъ ва жидее хIинкъи ккараб мехалъ, гьезда ТIадегIанав Аллагь кIочон тола ва гьез ахIи базе байбихьула жидер «кумекчагIазде» жал хвасар гьаре абун ва гьез хIелун мутIигIлъун абула: «Кумек гьабе я Бадави, я Гелани, я РафигIи», - абун. Гьез жидер гьудулзабаде ахIи бала гьел жалгун цадахъ ругел гIадин. Дуда бихьулебани, кин гьел мушрикал цояздасан цоял бергьун къотIи гьабулел рукIунел жидеца садакъа гьабизе хваразул хобазда аскIоб жал гьеб къварилъиялдасан хвасарлъани, ва гьел «кумекчагIаз» жал хвасар гьаруни ралъдал карачелалъ хвеялдасан; гьеб мехалъ дуда бичIч1изе букIана, «кигIан хIакъираб жо бугеб ширк ва кигIан гIодобегIанаб жо бугеб куфро», - абун. Гьеб куфро-ширкалъ чороклъиялда жанив къазавун сахав чиясул къадро хвезабула ва гIакъилав инсанасул хIайваналдасаги гIодобегIанаб жо гьабула. Цойги гIодобегIанаб ва хIакъираб жо щиб букIинеб инсан жиндир рак1алдалъун жиндир бетIергьанасдасан ва жив хьихьулесдасан вуссиналдаса. Жиндир ханасдаса, кидаго жив вихьулев, жив рагIулев, кидаго живгун цадахъ вугев, цинги жив вуссулев хварал, турарал рукьбузде, жалго цIунизецин къуват гьечIел, ракьул хIапараялъ гьел рукьбузда бугеб гьан кваналеб букIунел. Гьел рукьбузда жидеца гьарула ва хIелула «жидее кумек гьабе», - абун, «жал хехго рачIа», - абун ралъдалъ гъанкъулел ругел гIадамал хвасар гьаризе.
ТIадегIанав Аллагьас хIакъаб жо абуна гьезул бицунаго:
«Цогиги къосарав чи щив вукIинев жив Аллагь гуресда ахIулесдасан, жиндие къиямасеб къо щвезегIан жаваб кьоларел. Гьез гьесул ахIиялъул кIвар гьабуларелъул» (Аль-Ахкъаф, 5 аят).
Дун гIемер вукIана нугIлъун гьединал гIантал ишазда ва дие захIмат букIана гьел ахIмакъал мушриказул хIалалда балагьизе, дир ракIалда жинца ц1а лъолеб.
Хобазе хъулухъ гьабулезулгун гьаб техь хъварасул лъугьараб хабар, гьел гъанкъизе гIагарлъараб мехалъ. Дида гIемер рихьана гIадамал жал ралъдада рекIун унаго жудеца бухIараб ахIи балел жудер кумекчагIазде. Гьаб иш ккана къоло щуго соналъ цебе, «БагIараб ралъдалда» сапаралда дун вугеб мехалъ.
Дунги, дида цадахъ ункъого гIанав чиги рекIун рукIана гьитIинабго парусаз бачунеб гамида. ЦинтIаго ралъад багъарана ва сверухлъиго бецIлъун лъугьана. Карачелал рукIана цIакъ чахIиял: нижер гама кIиго карачелалда гьоркьоб ккедал ракIалда кколаан, «гьанже гьаб гама ралъдал тIиналде ина», - абун. Карачелалда тIаде гама бахиндалго ракIалда кколаан «боржун инехъин бугин гама», - абун. Гьеб хIалалда ругеб мехалъ гамида тIад ругел мушриказ кIудияб хъуй гьабуна, ахIи-хIелиги гьабуна. Амма гьез ахIулеб букIинчIо даим чIагояв, жиндир гуч бергьарав Аллагьасде. Гьез ах1улеб букIана хварал чагIазде, щибго жо гьабизе кIоларел. Жидер хIинкъиялъ гIадал гьарун, хIелулел рукIана, ва гьез жидер гьариги, хIелиги буссинабун букIана Ибну ГIисаде, жинда Аллагь гурхIаяв – анлънусго соналъ цевего жив хварав. Гьез гьарулеб букIана хIинкъун ва хIелун: «Я Ибну ГIиса, дуца гьаб ралъад гIодобе буссинабе, гьури чIезабе, я диналъул хIуби», - абун! Цинги гьез гIемерал къотIабиги гьаруна гьесул хобалда аск1об тIубазе, нагагь жал хвасарлъани. Гьез кинабго жо Ибну ГIисада бараб бугеб гIадин, гьес хвасар гьарулеб гIадин рикIкIунеб букIана. ТIадегIанав Аллагьасда бараб жого гьечIеб хIалалъ рук1ана гьел.
Хобазе хъулухъ гьабулез автор ралъдалъе рехизехъин вукIана. Цинги дица, дун гIолохъанго вугониги, гьел мукIур гьаризе хIал бихьидал; - «буссурман чиясе гьадинаб захIматаб хIалалъулъ Аллагьасда гурони ахIизе бегьуларо», - абун, ва гьезда гурхIун дица абидал, «нужеца нужерго бетIергьан Аллагьасда ахIе, гьесда божун ва гьесие хIелун, Ибну ГIисада ахIичIого жинда щибго жо гьабизе кIоларев, ва жинда нужер ахIиги рагIуларев», - абун – гьел цакъ рихха-хочун лъугьана ва цо гьаракьалдалъун гьез ахIана: «Вагьабияв, вагьабияв», - абун! Дагьабго жо хутIана гьез дун гьалаглъун бугеб ралъдалъе рехизе. Гьедин рехизеги бегьилаан дун Аллагьас цIуничIевани, гьебго гамида рукIарал битIараб дин бичIарал чагIазул квераздалъун. Цинги ралъад гIодобе биччайдал ва нижги хIинкъи гьечIеб бакIалда Аллагьас швезаридал, (цохIо Аллагьас, Ибну ГIисаги кумекалъе гьечIого), гьел мушрикал цояз-цоязе баркизе лъугьана жидер хвасарлъи ва дида гIайибал чIвазеги лъугьана, «дица Аллагьасул вализабада квешаб бербалагьи гьабулеб буго», - абун. Гьез дида абуна: «Гьев кIудияв КъутIбу Ибну ГIисал кумек букIинчIебани, нилъ киналго ралъдал тIиналда рукIинаан гьанже ва ччугIбузе квенлъунги рукIинаан», - абун.
«Балагь ккараб мехалда кумек гьабулел чагIи рукIуна», - ян абулеб хабар. Дица гьезда абуна: «Дие захIмат букIана хIакъаб куфроялда нугIлъи гьабулел рагIаби рагIизе. Нуж руго нужеего квешлъи гьабулел ва Ибну ГIисал хIакъалъулъ гьересиги бицунел (жинда Аллагь гурхIаяв). Гьев хварав шейхасда нужер гьаркьал рагIуларо гурищ, гьал гучал карачелазулъе вачIун нужее кумек гьабизени кин гьесда кIолеб! Нуж ургъе, гIадамал: ТIадегIанав Аллагьги кIочон тун нуж жинда ахIулев чиясда нужер ах1и рагIуларо, гьев хун вугелъул ва гьесул хIакъалъулъ Къуръаналдаги абун бугелъул:
«ХIакълъунго дуда кIоларо хваразда рагIизабизе, гьединго гIинкъазда рагIизабизеги, гьел лъутун унеб мехалъ». (Ан-Намль, 82 аят).
ТIадегIанав Аллагьас жеги абуна:
«Хваралги чагоялги гIадамал цоцада данде кколаро. Аллагьас жиндие бокьарасда рагIизабула, дуда кIоларо хобалда жаниб ругезда рагIизабизе» (Аль-Малаикати, 21 аят).
Киназдаго лъалеб, жиб хисулареб хIакъикъат буго хваразда жо рагIулареблъи, Аллагьас ватIа вахъарав чиясда гурони, яги цо хасаб бакIалда гурони. Гьеб буго хасаб, батIа бахъараб жо. ГIаммаб жо кидаго гIаммаб хIукмуялда букIуна. Щиб хIужаха бугеб хваразе хъулухъ гьабулел гIадамазе, гьел хварал чагIи жидее кумекчагIилъун кколезеги, гьезда ахIи рагIулеб букIиналъе. Къуръаналда хъван бугищ, «пуланав шейх, яги пуланав чи, БетIергьан Аллагьас ватIа вахъарав вугин ва гьесда ахIиги рагIизе бугин абун, кив гьев вугониги ва лъица гьесде ахIаниги», - ян?
Нагагь нилъеца «гьев хварасда рагIизе бегьила», - ян абуниги, Аллагьас гIадамазе изно къун бугищ хваразда ахIи базеги, гьездасан хвасарлъи тIалаб гьабизеги, живго бетIергьан Аллагьги довегIан гьавун? Аллагьас гьел гIадамазда лъазабунищ бугеб, «нужеца хваразде ахIе, гьез нужее кумек гьабизе буго», - абун. Гьаб суалалъе жаваб кьезе кIоларелъул, гьел хобазе лагълъи гьабулезул яхI намусалда тIад хутIула гьаб суал ахир къиямасеб къо щвезегIан.
Нужеда Аллагьасул хIукмоги лъалеб гьеч1елъул ва нужеца Аллагьасул Къуръанги цIалун, гьелъул магIна бич1чIиги тIалаб гьабун гьечIелъул руго нужеца гьединал ахIмакъал пишаби гьарулел. Нужер ракIал рикIкIалъулел руго нужерго БетIергьанасдасан. Кинабго жоялъул ихтияр жинда кодоб бугев, нужгун цадахъ вугев, жинда кинабго бихьулев ва рагIулев Аллагьги живго тун, нужеца щибго жидер гьунар гьечIел хварал гIадамазда гьарулеб буго, ва жидеда нуж рихьуларел, рагIуларел, лъаларел г1адамазе хIелулел руго.
Нилъ гьаб гьалаглъараб ралъдалъан хвасарлъиялда жаниб кинабгIаги гьунар гьечо я Ибну ГIисал я цойгидазул. Нилъ жиндир цIоб рахIмоялдалъун хвасар гьаруна
Сахаватав Аллагьас, Жиндир Гуч Бергьарав, Жив ТIадегIанав. Нужеца, жидеда свалат салам лъеял Аварагзабада ва жидеда Аллагь гурхIаял шайихзабада бараб ахIиялъ гьаниб шибго асар гьабичIо, щай абуни, гьезул цонигиял нилъгун цадахъ гьаб гамида рукIинчIо. Нилъгун вукIана нилъер БетIергьан Аллагь, ралъдадаги, ракъдадаги нилъ жинца хьвадизарулев».
Цинги дир гьалмагьзабазул цояс пикро гьабизе байбихьана, гьес абуна: «Нижеца инкар кколеб гьечо гурищ Аллагь кинабго жоялдаса ТIадегIанав вукIиналда ва Гьесул ихтияр-ханлъи кинабго жоялда гIаммаб букIиналдаги», - абун.
Дица гьесие жаваб гьабуна: «Гьеб буго цересел мушриказги бицунеб бук1араб, жалго гуккунеб гьереси. Дуца бицунеб жо дуца гьабулеб ишалда данде кколеб гьечIо. Дуца бицунеб жо битIараб букIарабани ва дур рекIелъ хIакъикъияб иман букIарабани, мун бищунго заIматаб гIужалъ мун, жив ТIадегIанав Халикъасдасан вуссине вукIинчо, ва дуца ахIизеги вукIинчIо загIифал, жидер щибго гьунар гьеч1ел, Аллагьасул лагъзадериде. Гьелъ нугIлъи гьабулеб буго мун дагьав божулев вуго Аллагьасда ва гьесда мугъ чIвайги дагь гьабулеб буго цересел мушриказ гьабулеб букIаралдасаги. Гьел мушрикал жидее къварилъи, захIмалъи цIик1кIараб мехалъ цохIо Аллагьасде руссун, Гьесда божун, Гьесде ахIи балел рукIана».
ШайтIан цебе чIола хобазе лагълъи гьабулезда, жидер кумекчиясул сураталда. Цойги чияс дун мукIур гьавизе гIадин, дида абуна: «Дуца Аллагьасул вализабазда къецц гьабулеб буго, гьел нахъе чIвалел руго, ва гьез кумек гьабуларин абулеб буго. Гьедин бугеблъидал, Аллагьас дуда бихьизе биччалеб гьечIеб гьеб балагь ц1акълъараб мехалъ нижеда бихьараб жо».
Дица гьесие жаваб гьабуна: «Лъица дуда абураб, «дица Аллагьасул вализабазде инкар гьабулеб буго», - абун, яги «гьезул карамалъиялда инкар кколеб бугин», - абун. Дуда рагIанищ дица гьезул цонигиясда гIайиб чIвалеб яги рогьо балеб? Дуда рагIанищ дица инкар гьабулеб Аллагьасул валияс гьабураб, кьуч1аб караматалда инкар кун? ТIадегIанав Аллагьасул Къуръаналъги, хирияв Авараг МухIаммадил суннаталъги жиндие нугIлъи гьабулеб, хIакъаб жо буго, жиндие вокъарав чиясе Аллагьас бокьараб гьунар гьабизе къуват кьолеб бук1ин. Дица инкар кколеб гьечIо гурищ нохъода жанир хутIарал гIолохъабазул караматалда, Аллагьас гьел хвасар гьариялда, цебе бортун бачIараб кьуроги нахъе инабун. Яги дуда рагIанищ дица инкар кколеб хириял асхIабзаби; Абубакар, ГIумар, ГIусман, ГIали ва цойгидалги, жидеда Аллагь разилъаял, Аллагьасул вализаби рукIиналда, жидер хIакъалъулъ жинда ссвалат салам лъеяв Аварагасул хIадисалда абурал, «гьел Аллагьасул вализаби руго», - абун ва жидее алжаналдалъун рохелги бицарал. Гьел дур рагIаби ратизе руго нужер гIантал ишазда рекъоларел, гьезда тIад рекъон руц1цIун чIоларезда кидаго нужеца гIайиб гIунтIизабун абизе нуж ругьунлъарал рагIаби. Дуца дида бицеха щиб жо бугеб гьеб Аллагьас дида бихьизе течIеб, доб захIматаб гIужалъ нужеда бихьараб жо»?
Дос жаваб гьабуна: «Нижеда кIудияв къутбу Ибну ГIиса вихьана, жив нижеда цеве чIарав, кIудияб цIадул гвангъиялда релъун. Гьес гамаялъул гIер ккуна ва ралъадалдехун валагьун абуна: «Мун гIодобе бусса», - абун. ХIакъикъаталдаги гьеб мехалъ ралъад гIодобе буссана, гьев кIудияв къутбуясул баракат сабаблъун нилъги хвасарлъана», - абун.
Дица гьесда махсаро гьабун гьикъана: «Дуда цеве гьев шайих, Ибну ГIиса лъалев вукIанищ? Гьев хун анлънусго сонги ун букIадго», - абун.
«Лъалев вукIинчо», - ян абуна дов чияс.
Цинги дица гьесда гьикъана: «Цинги, кинха дуда лъараб гьеб гамаялъул гIерги ккун, ралъадалде валагьун гьелда, «гIодобе бусса», - ян абурав чи Ибну ГIиса вукIин, дуда гьев цевекун вихьунги вукIинчIелъул? Яги духъе зодисан илгьамищ бачIараб Аллагьасул рахъалъан, «гьев дуда вихьарав чи Ибну ГIиса вуго», - абун? Гьаб суалалъе жаваб кьезе гьесул гьунар гIечелъул гьев вуцIцIун чIана.
Гьев чи пашманлъана ва гьесда цебе чIана жиндихъе Ибну ГIиса вачIана абураб пикру. Дица гьесда абуна: «ХIакъикъаталда дуда щивниги чи вихьичо гамаялъул гIер ккун. Мун ц1акъ хIинкъана ва пашманлъана, ва гьеб хIалалда мун ккедал, шайтIаналъул кумекалдалъун дуда цебе тIамуна гьеб сурат, Ибну ГIиса абун дуда ракIалде ккараб. Гьелъ дур къoсинги жагьиллъиги жеги цикIк1инабуна».
Нижер бахIс гьоркоб къотIизабизе гьесие щвараб сабаб букIана гьев, ццим бахъун ахIдезе лъугьин: «Мун вагьабияв вуго, иман гьечIев, Аллагь гьечIев», - абун. Гьаб (а1дей) буго ахираб сабаб, гьединал, ширк гьабулел гIадамал жидее хIакъаб хIужа-далил бачIараб мехалъ гьез жиндасан даг1ба лъуг1изе теялъе мунфагIат босулеб.
Гьаб халатаб къиса бицIун хадуб дица дир гьудуласда абуна: «Гьалда щибха дуца абулеб! Гьаб дица бицараб хабар гIеларащ дуе далиллъун дун витIарав вукIиналъе, дица абулеб рагIиялъулъ; цере рукIарал мушриказул иман цIик1кIараб букIана жидер Аллагьасда божиялъулъ, жидеда къварилъи балагь гIагарлъараб мехалъ, гьанже ругел мушриказулалдасаян», - абураб?
Хобазул къадро гьабулезул гьереси. Дир гьудулас абуна: «Дуца гьел гIадамаздехун цIикIараб къвакIи хIалтIизабулеб буго гьезда мушрикал абун, ва гьезул Аллагьасда божи ва Аллагь цо гьави цересел мушриказулалдасан загIифаб буго», - абун. «Дуда лъаларищ гьел дуца хобазе лагълъи гьабулел абун цIар тарал гIадамал жидеца балагь тIаде щвараб мехалъ Ибну ГIисада ахIи балел рукIаниги, гьелъул магIна кколаро гурищ гьез Аллагьасда божи гьабулеб гьечIолъи, ва «жал ралъдадаги, ракъдадаги хьвадизарулев цохIо Аллагь гурев цоги чи вуго», - абун абулеб букIин. Яги, «гьел кумекчагIи жалгун цадахъ рукIуна ва жидеца ахIи бараб мехалъ гьез кумек гьабула», - абун, ТIадегIанав Аллагьас гьабулеб гIадин.
Гьел гIадамаз вализабазда ва кумекчагIазда ахIи балеб мехалъ, «гьез жидее кумек гьабизе буго ва Аллагьасул хвасарлъи жидее щвезе буго, гьел лъикIал чагIазул баракаталдалъун», - абураб рекIел чIеялда рукIуна. Гьез лъикIал чагIазде ахIулеб буго, гьезул Аллагьасда аскIоб бугеб къадро-даражаялда божун; гьезул хIакъалъулъ Аллагьас абун бугелъул: «
Жидее хIинкъи гьеч1ел, ва жал пашманлъизеги гьечел», - абун (Юнус, 62 аят).
Дица гьесда абуна: «Гьеб буго кIидаго бицунеб, гIемер такрар гьабураб гьереси ва гIакълоги бугев, живго жинца сахавлъун рик1кIунев чияс къабул гьабулареб раг1и, гIемерал сабабазе гIоло.Гьел сабабаздасан буго: гьел хобазул къадро гьабулел гIадамал божун рукIич1елани церего хварал жидер «кумекчагIи» жалгун цадахъ рукIуна, жидеца бицараб жо гьезда рагIула, ва гьезда кIола жидее кумек гьабизе абун – кидаго гьел гIадамаз хваразда ахIи балароан ва гьезда хIелун, гьезие назро ва къотIи гьабун хьвадилароан жидеда балагь гIагарлъидал. ЗагIифав чи къуватав, гучав чиясда хIелулев гIадин гьезие хIелилароан ва жал хвасарлъани гьезул хобазда аскIоб садакъа гьабизе тIадги босилароан. Я бокьун жидецаго гьабилароан гьаб иш, яги цойгидаз амро гьабуниги гьабилароан, унгоголъун гIакъло бугев чияс ахIилищ, гьарилищ ва хIелун цеве чIелищ, жиндие кумек гьабизе гьечIеблъи ва жинца ахIараб жо рагIулеб гьечIеблъи лъалев чиясда?
Хварал вализабада гьари – яги Аллагьасда божунгутIи буго, яги ахIмакълъи буго. ХIакълъунго хварал чагIазда ахIулел чагIазул хIакъалъулъ абизе бегьула кIиго жоялъул цояб. Яги гьел жидеца ахIи балел божарал руго, «жидер ахIи гьел хваразда рагIила, кигIан рикIад гьел ругониги гьез жидер ахIиялъе жаваб кьела ва жал хвасар гьаризе гьез цо щиб бугониги гIамал гьабила», - абун, яги гьел хвараз жидее кумек гьабиялда божуларел рукIина. Нагагь гьел гIадамал ратани хвараз кумек гьабиялда божарал – гьеб жо кIудияб ширк буго, Аллагь тIаса лъугьулареб.
Амма гьезул ракI чIун бугони, «хваразда жудер ахIиги рагIуларо, гьез жудее кумекги гьабуларо», - абун, цинги жидеца хваразда ахIулеб бугони – гьеб буго жал ахIмакъал рукIиналъе гIаламат. Гьел ахIмакъал чагIазда Аллагьас динияб таклиф (амро-нагью) тIад къарабги гьеч1о.
Гьаб хабаралъул хIасил: «Гьел хобазе хъулухъ гьабулел гIадамал я мушрикал руго я ахIмакъал гIадамал руго. Кинаб къукъа гьеб бугебали дуцаго къимат кье. ХIакъикъаталда гьел ахIмакъал чагIи гьечIо. Гьел руго шайтIаналъ гуккарал, жидее ширк берцин бихьизабурал ва жидер ракIазе гьебги бокьизабурал г1адамал.
Гьезул иман лъейги, божиги, «жидер кумекчагIи гучал руго абун ва жал хвасар гьарулел руго», - абун цик1кIараб букIинчебани, ТIадегIанав Аллагьасда бугеб божиялдаса, гьез хваразда ахIи балароан ва гьезие хIелун, гьардолелги рукIинароан. Гьалдасанги кIудияб куфро-ширк щиб букIунеб? Щиб къуват, гьунар гьез толеб бугеб, жал рижарав ва жал хьихьулев БетIергьан Аллагьасе?
Цинги дир гьудул бицине жо тIагIун, живго жиндаго гаргадизе лъугьана ва цо жоялъул пикро гьабулев вугев гIадин сих1 къот1ун чIана.
Дица абуна: «РачIа бахIс къокъ гьабизе? Гьал мухIканал хIужабазе данде лъолеб далил дур батиларо. Унгоголъун инкар гьабун, гIантаб жо бицун къацанди гуреб, цониги хIужа гьечо мушриказе жидер ахIмакълъи ритIухъ гьабизе ва Аллагьго лъаларел гIадамаз рицунел гьересиял харбаз, хIилабаз, жалги ч1агого рукIун, жидерго исламияб дин ракьулъ букъулеб буго. Дида ракIалда ккола, «гьаб кинабго хабар бицун хадуб, дица тIаде жубазе жо хутIичIо», - абун, дуда х1акъикъат бич1чIизабизе:
Аллагьас жидеда гIайиб чIварал цересел мушриказул ширк букIинчо, «жидеца ахIи балел хъанчал – «аллагьал» (Наср, Лат, ГIузза, Манат ва цогидалги) руго жидеца Аллагьас гIадин жо бижизе ва хвезабизе кIолел, жидеца лъикIлъи гьабулел яги зарал гьабулел руго», - абун. Гьез инкар кколеб букIинчIо ТIадегIанав Аллагь цо вукIиналдаги ва гьев кинабго жоялда тIад хан вукIиналдаги. Гьедин бугониги гьел мушрикал рукIана.
Исламалда цебесеб коммунизм. Цинги дир гьудул цо хIужа щвараб гIадин кIалъана: «Гьедин гьечIо гурищ! Къуръаналда абун бугеблъидал, «гьел мушриказ Аллагь вукIиналда инкар кколеб буго», - абун. Гьев мушрикасул хIакъалъулъ Аллагьас абун бугеблъидал:
«Гьел мушриказ абуна: «Нилъер гьаб дунялалда бугеб чIаголъи гурони гьечIо. Нилъ хола ва чIаго рукIуна. Нилъ хвезарула заманаялъ» – гьел мушриказул щибго жо бич1чIи гьечIо, гьез жидеда ракIалда ккараб жо бицуна» (Аль-Жасият, 24 аят).
Дица гьесда абуна: - «ХIакълъунго гьел мушрикал гьечIо нилъер хабар жидер х1акъалъулъ бугел. Гьел руго цере рукIарал, Аллагь гьечIел гIадамал (атеисты). Гьел рукIана гIарабазул цо къукъа, жидер нухдасан жакъасел коммунистал хьвадулел ругел. Гьел, я Аллагьасда божулароан, яги Аллагьасда гIагар гьарулеб жоялдаги божулароан (мушрикал божулел гIадин). Гьез Аллагь вукIинго бегьизабулароан, гьелда релъун киналгIаги «хъанчIал-аллагьзабаздаги», Аллагьасул вализабаздаги божулароан.
Нилъеца хабар бицунел мушриказул ширкалъул хIасил букIана: «Гьел Аллагьасда божулаан, гьесда гьарулаан ва цогидал кумекчагIаздаги, «алагьзабаздаги» божулаан ва гьездаги гьарулаан. Гьезул хакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Гьезул гIемерисел Аллагьасда божуларо жидеца гьев Аллагьасдехун цойги жо гIахьал гьабун гурони» (Юсуф, 106 аят)
Дол мушрикал Аллагьасда божулел рукIинчIелали, гьез жидер «алагьзаби» сабаблъун кквезе рукIинчо, жал Аллагьасда гIагар гьариялъе. ТIадегIанав Аллагьас гьезул хIакъалъулъ абуна:
«Жидеца Аллагь тун цойги вализаби ккурал гIадамал, жидеца абун: нижеца гьел вализабазе лагълъи гьабуларо, гьез ниж Аллагьасда гIагар гьаризе гIоло гурони абун». (Аз-Зумар, 3 аят).
Гьал рагIабаз щибго шаклъи толаро, дуца дие цIалараб аят аль-Жасият сураталдасан, дир рагIи хвезабизе абун – гьеб аяталда ругел гIадамал гьечIо нилъеца жидер х1акъалъулъ бицунел бугел мушрикал. Гьел руго цереселго атеистал, коммунистал – гьединаб цIар гьезда лъезе бегьилин ккани. Кинго рес рекъоларо жидер ширк цIунун, гьелъие баян кьун кIалъалаго, жидеца:
«Нижеца гьезие лагълъи гьабулеб буго гьез ниж Аллагьасда гIагар гьаризе гIоло», - абун: цойги аяталда: «
Гьал нижее шафагIат гьабулел руго Аллагьасда ццере» , -ян (Юнус, 18 аят). абулел гIадамаз, «Аллагьасда инкар кколеб букIана», - ян абизе. Гьез кумекчагIи, вализаби кколел рукIана «жидее Аллагьасда аскIоб гьез шафагIат гьабизе», - абун. Цойги гIемерал аятал руго гьел мушриказ ТIадегIанав Аллагь вукIиналда иман лъолеб букIин бицарал ва гьев жидер Халикъ ва Разикъ вукIиналда жал мукIурлъулел.
Ццересел мушриказул ширкалъул хакъикъат. Гьаб халатаб бахIсалъ сваказе гьавурав дир гьудулас абуна: «Гьедин батани гьал буссурманал мушрикалги рик1кIине кколел ругоха Аллагьас жидеда Къуръаналда гIайиб чIварал мушриказдасан, жал чIвазеги бегьизабурал, жидер боцIиги бахъизе бегьизабурал ва жиндир Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) Аллагьас амро гьабурал, «гьезда рагъ бай», - абун, гьез ТIадегIанав Аллагьасда иман лъезегIан ва цохIо Аллагьасе лагълъи гьабизегIан?
Дица гьесда абуна: «Дур суал битуIeн кrана ва гIужда щвана. Амма гьеб гIуж цакъ унтулеб, кIвар бугеб буго. ГIемерисел гIадамазда мекъи бичIула гьелъул магIна, гьелда тIаде рачIунел масъалаби ва гьез кIудиял гъалатIал гьарула. Гьел гIадамал гьаб масъалаялда тIад лъикI ургъулелани, жидер гIакълоги битIун хIалтIизабулебани, букIине кколеб хIалалъ цех-рех гьабун, къуръан хIадисалда боцун – чара гьечIого гьел рачIунаан къoкъаб хIасилалда: щибго исламияб диналда хурхараб жо гьечо жидее кумек ва хвасарлъи Аллагь гурев цойги чиясда тIалаб гьаби. Назро гьаби, къотIи гьаби ва цогидабги Аллагьасе гурони гьабизе бегьулареб жо лъие гьабуниги батIалъи гьечIо – гьеб жо ширк буго. Аварагзаби рукIа гьел, Аллагьасул вализаби рукIа ва цойги щал ругониги.
Гьаб хIакъикъат гIадамазда лъангутIиялъ ва гьезда ширкалъул магIна ва хIакъикъат бичIунгутIиялъ, гьел гIадамал рачана ширк гьабиялде, жидеца гьеб ширклъунги рикIунарого букIун. Амма жиб унго-унгояб ширклъун бугеб. Гьебго гIиллаялдалъун гьез куфролъун рикIкIунеб гьечо унго-унгояб куфролъун жиб бугеб жо: хваразда ахIи бай, гьезие къурбанал хъвей, назро гьаби, ва цойгидабги, ТIадегIанав Аллагьас жиб гьабугеян абураб жо.
ГIумар ибну ХатIаб хIинкъулев вукIана ширкалдаса. Гьанжеялдасан анцIила ункъго гIасруялъ цебего жинда Аллагь разилъаяв ХатIабил вас ГIумар хIинкъулев вук1ана гьанже гIадамал жинда жанир ругеб ширкалдаса. Цо нухалъ ГIумар асхIабас абуна: «ХIакълъунго исламалъул рохьенал цоялдасан цоял тIутIун ине руго».
Жинда Аллагь разилъаяв ГIумарасхIабасда гьикъидал: «Кида гьеб букIунеб», - абун.
ГIумар асхIабас жаваб кьуна: «Исламалда жанире жагьиллъи щиб жояли жидеда лъаларел гIадамал лъугьараб мехалъ», - абун.
Жакъасел, «жидеца хобазе лагълъи гьабулел, гьезда сверун тIаваф гьабулел, хваразда дугIа ва хIели гьабулел, ва хварал кIодо гьарун, гьезул къадро борхизабун хьвадулел, гьезда цере гIодорегIанлъун, мутIигIлъун чIун, гьелдалъун Аллагьасда гIагарлъи бокьун буго жидее», - абулел мушриказда лъалебани, цересел гIарабал, жидеда Аллагьас мушрикалин ва кафуралин абурал: гьезги гьаз гьабураб гIадаб гIамал гьабулеб букIараблъи, гьал мушриказ гьеб ширк тезе букIана ва гьезул цимги бахъизе букIинчIо, гIамал кодолъиги гьабизе букIинчIо жидеда «гьеб иш те», - абун насихIат гьабулел гIадамаздехун. Жагьилиял гIарабазул ширк, нилъер хабар жиндасан бугеб, ва дуе жиб лъазе бокьун бугеб гьеб ширк букIана; дол гIарабиязда ракIчIун лъалеб букIана Аллагь вукIин, гьев кинабго жоялда хIал кIолев вукIин, жинда релъараб жо гьечIев вукIин. Гьаб дунялалъул ихтияр кодосев, жинда данде цоги чи вахъунарев вукIинги. Гьедин гьеб лъалеб букIаниги гьез жидецаго гьарурал хъанчал «аллагьзабилъун» ва «кумекчагIилъун» ккуна ва шайтIаналъ гьезул ракIазе гьеб берцин бихьизеги гьабуна. Жидер Аллагьасда божиялда тIад гьеб бидгIа ургъи, ва жидеца шафагIат гьабулел чагIи кквей букIана гьезул ширк. Масала Лат, ГIузза, Манат, Наср ва цогидалги аллагьзабилъун жидеца ккурал хъанчазда гьез, «жидер дунялалъул хIажалъаби тIурай, къварилъи, пашманлъи тIаса инаби, жидер мурад тIубай», - гьарулаан. ТIадегIанав Аллагьас изно кьураб ва гьев разияб гIамал букIинчIо гьеб. Гьедин буголъидал Аллагьас гьезда гIайиб чIван Къуръаналда абулеб буго:
«Гьел мушриказ Аллагь тун батIияб жоялъе лагълъи гьабулеб буго, щибго жидее зарал я мунфагIат гьабулареб.Гьез абулебги буго «гьал нижее Аллагьасда аскIор шафагIат гьабулел руго», - абун. Дуца гьезда абе МухIаммад: «Нужеца Аллагьасда гьесда лъалареб жойищ бицунеб бугеб жиндир зобал ракьазда жаниб. Аллагь ВацIадав ва ТIадегIанав вуго гьез жиндахун ширк гьабулеб бугеб жоялдаса» (Юнус 18 аят).
Гьаниб, «лагълъи гьабулеб буго», - абураб рагIиялъул магIна буго, «гьел «шафагIатчагIаздаса» жо тIалаб гьабулеб буго», - абураб.
Цоги аяталда буго:
«Нужее Аллагь гурев цоги кумек чи гьечIо ва шафагIат гьабулевги гьечIо. Гьеб жо ножода ракIалде шоларогойщ бугеб»? (Саждат, 4 аят).
Аллагьасде щвеялъе гьоркьoхъабилъун кумекчагIи, кквей буго хIакъикъияб ширк. «Гьал, «кумекчагIи ва шафагIатчагIи» жидер гьоркьохъаби руго Аллагьасдаги жидедаги гьоркьор ругел», - абураб магIнаги босун, гьезие лагълъи гьаби, гьезие хъулухъ гьаби, гьезда гьари, хIели, гьезда ццере гIодорегIанлъи, гьезие къотIи гьаби къурбанал хъвей ва цогидабги гIамал гьабулеб буго мушриказ. Жидецаго гьарурал «алагьзаби» гьез жидер божи ва хьул буссунеб бакIлъун гьарун руго ва жал Аллагьасухъе унел рагьолъунги гьарун руго. Гьаб иш сабаблъун гурищ гьезда Аллагьас гIайиб ч1вараб ва «мушрикал, куфарал», - абураб цIарги гьезие кьураб. Гьезул би ва боцIи Аллагьас буссурбабазе хIалал гьабуна. Гьезда данде вагъулев вукIана хирияв Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Бадроялда, УхIудалда, ХIунайналда ва цогидалги бакIазда. Гьел мушриказулгун рукIарал киналниги гIагарлъиялъул гьоркьолъабиги къотIизаруна Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв). ТIадегIанав Аллагьас, гьел мушриказ гьарулел гIамалал рикIкIана жив тун цоги жоялъе лагълъи гьабилъун, жиндахун ширк гьабилъун ва гьезда ццим бахъун Аллагьас гьел жиндир ц1об рахIматалдаса рик1кIад гьаруна. Гьел гьоркьохъаби кквей ва гьел Аллагьасде жал унел рагьолъун гьари букIана Аллагьас гьезие изно кьечеб ва Аллагь жинда рази гьеч1еб гIамал. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго:
«Щив вугев Аллагьасда цебе шафагIат гьабулев чи жиндие Аллагьас изну кьун гурони», - абун (аль-Бакъара, 256 аят).
Цинги дир гьудулас абуна: «Гьеб дур хабаралъе хIужа далил къваригIуна ниж дуда божизе ккани. Щибха бугеб дур далил», - абун.
Дица абуна: «Гьел далилал Аллагьасул Къуръаналда руго». ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Ле гIадамал! Нужее цо мисал бачунеб буго, нуж гьелда гIенекке: Гьел нужеца Аллагьги тун жидеда ахIи балел гIадамазда цо тIутI бижизе кIоларо киналго цадахъ лъугьаниги, «гьеб тIутI бижизе», - абун. Гьебго тIутIалъ гьезул цо жо босун ани, гьеб жо тIутIалъухъа бахъизеги кIоларо гьезда. Цакъ загIифав вуго жинца ахIи балев чи ва жинда ахIи балев чиги. Гьел гIадамаз Аллагьасул букIине кколеб къадро-къимат гьабулеб гьечIо. ХIакълъунго ТIадегIанав Аллагь жиндир гуч бергьарав жив къуватав вуго» (ХIаж, 73-74 аят).
Нилъеца цебекун бачараб (юнус 18 аят) аяталда Аллагьас мушриказда гIайиб чIвана гьез Аллагь тун цойгидаб жоялъе лагълъи гьаби, гьезда дугIа гьари сабаблъун:
«Гьез лагълъи гьабулеб буго Аллагь тун, цойги жоялъе, жидее заралги гьабуларел, кумекги гьабуларел, цинги жидеца абулеб буго «гьал нижер шафагIат чагIи руго Аллагьасда аскIор»,- абун».
Цинги ТIадегIанав Аллагьас гьезда гIайиб чвана ва гьезул ахIи бай ва божи гIададесеб жолъун букIин бицана:
«Дуца гьезда абе МухIаммад: «Нужеца Аллагьасдайищ бицунеб зоб ракьалда жаниб бугеб, гьесда лъалареб жо? Аллагь ВацIадав вуго ва Аллагь ТIадегIанав вуго мушриказ жиндахун г1ахьал гьабулеб жоялдаса», - абун».
Гьаб хабаралъул хIасил буго: ТIадегIанав Аллагь хIажатав гьечIо гьоркьохIаби ва шафагIатчагIи жиндихъе рачIиналде. Щибго жо Гьесдаса балъго гьечIо ва киналго жиндир лагъзадерил хIал гьесда лъала. Гьел гьоркьохъабаз Аллагьасда бицине ккараб жо щибха букIинеб? ХIакълъунго Аллагь гьездаса цIакъ ТIадегIанав вуго.
Жеги ТIадегIанав Аллагьас гьезда гIайиб чIвана гьоркьохъабилъун, жидеца цакъ лъикIал чагIилъун рикIунел гIадамал кквей сабаблъун. Аллагьас гьезда бицана гьел лъикIал чагIиги нужго гIадал жиндир лагъзал ругин ва жидеегоцин лъикIлъи гьабизе, я жидедаса квешлъи нахъе чIвазе гьезда кIолареблъи. Гьел гIадамалги жидеде балагь, къварилъи бач1араб мехалъ Аллагьасде гьардолел руго, кIигIанго жал лъикIал ратаниги ва Аллагьасде гIагарал ратаниги.
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Дуца абе МухIаммад: Нужеца ахIи бай Аллагь тун нужеца (ахIи базе) тIаса рищаразде. Гьезда кIоларо нужедаса къварилъи тIаса босизе яги цоги рахъалде сверизабизе. Гьел нужеца жидеде ахIи балел «алагьзаби», жалго руго Аллагьасда гIагарлъулел нух цIехолеллъун, «кинаб нухдай гIагараб буго», - абун. Жал Аллагьасул цIоб рахIматалда хьул лъолелги руго ва Алагьасул гIазабалдаса хIинкъулелги руго. ХIакълъунго Аллагьасул гIазаб буго жиндаса хIинкъизе тIадаб». (Исраъ, 56-57 аят).
Жив гуресда ахIи бай ширк букIин бицун Аллагьас абуна:
«Аллагь тун нужеца жидеде ахIи балел «алагьзаби» щибго жо гьабизе кIоларел руго. Нужеца гьезда ахIани, гьезда нужер ахIи рагIуларо. Нагагь рагIаниги, гьез нужее жавабги кьоларо. Къиямасеб къоялъ гьез инкар квезе буго нужеца жидеда ширк гьабиялдаги. Жинда кинабго лъалев Аллагьас гIадин дуда хIакъаб жо лъицаго бицунаро». (ФатIир 13-14 аят)
ТIадегIанав Аллагьас цойги абуна:
«ХIакъаб ахIи Аллагьасде буссараб букIуна. Аллагь тун цойги жоялде ахIулел гIадамал жидее щибго жаваб щоларел руго. Жидеца кверал лъималде щвакаразда релъун руго гьел, гьеб лъим кIалдиб щвезе бокьун, амма лъим кIалдибе щоларо. Кафурзабазул ах1и (гьари) къосараб, мекъаб нухалда бугеб буго». (Ар-РагIд, 14 аят).
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Нужеда лъай: хIакъаб, бац1цIадаб дин цохIо Аллагьасе буго. Жидеца Аллагьги тун цойги вализаби ккурал гIадамал, (жидецаги абулел): «нижеца гьазие лагълъи гьабулеб гьечIо, гьаз ниж цIакъ Аллагьасда гIагар гьаризе гIоло гурони», - абун. Аллагьас гьезда гьоркьоб хIукмо гьабизе буго гьел цоцаде хилифлъараб жоялъулъ. ХIакълъунго Аллагьас гьереси гIемер бицунев, инкар гIемерав чи битIараб нухалде тIовитIуларо». (Аз-Зумар, 3 аят)
Гьал руго цо-цо хIужаби, жидеца чIезабулел, дица дуда бицунеб жо мушриказул хIакъалъулъ, битIараб букIин, ва щал чагIи кrолел мушрикал абун бицунел. Гьаб буго жидедаго лъач1ого жакъа гIемерал гIадамал жаниб кколел ругеб ширк.
Хобазе лагълъи гьабулезул бищун кIудияб шаклъи хвезе гьаби. Дир гьудулас абуна: «ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда рицарал аятал киналго руго гIарабиязул жагьилал мушриказул хIакъалъ ругел. Жакъа ругел шафагIат гьарулел, гьоркьохъаби кколел гIадамаздахун щибго бухьен гьечIогури гьел аятазулъ».
Дица абуна: «Гьеб дур рагIи буго щибго аслу гьечIеб ва кидагосеб гьереси. Унгого гьел аятал руго доб заманалъ рукIарал мушриказул хIакъалъулъ ругел ва гьезул бицунел. Амма кинабго Къаръанги гьеб мехалъ рештIараб Аллагьасул калам гурищ бугеб? Гьеб Къуръан кинабго заманаялъ жинда гIамал гьабулеб, киналго Аллагьасул лагъзадериде хитIаб гьабураб, ва кинабго бакIалда жиб хIалтIулеб буго. Аллагьасул амро, нагью абадияб буго ва гьеб нилъеца тIубазе гьабизе тIаддаб буго. Ахир къиямасеб къо щвезегIан, Къуръаналъул магIна ва гьелъ бицунеб жо киназего гIаммаб букIуна. Гьадин бугелъул, Къуръаналъул аятаз цо пуланаб жоялъулъ рештIаниги, цогидаб жоялдеги щвей гьабула. Киналго буссурбаби жинда рекъараб гIаммаб къагIида (правило) буго: Къуръаналда жаниб бугеб щибаб хIукмо цо кинаб бугониги щаргIалдаса хисараб жоялда тIаде бачIун букIуна. Щибаб хIукмо бакI бихьун, замана бихьун, хIал бихьун гьелда ракъараб магIнаялда х1алт1изабула. Цересел мушриказ гьабулеб ширкалъул шаргIалдасан хисараб (гьетIараб) жо букIана, гьез Аллагь вукIинги лъалеб букIаго цойги, жидецаго гьарурал, ургъарал «алагьзаби» цадахъ хIалтIизари, гьезда гьари ва гьел кумекчагIилъун кквей, гIицIго Аллагьасда гьаричIого. Жакъа ругел, хобазе лагълъи гьабулез гьабулеб жоги гьебго ширк буго: гьез жидер кумекчагIазда гьарулеб буго «жидее кумек гьабе, шафагIат гьабе», - абун. Гьезул божи буго, «гьел чагIи жал Аллагьасде рачунел гьоркьохъаби руго», - абун. Пикро гьабураб мехалъ гьал кIиязго гьабулеб жо цо буго: Аллагьасдаги жидедаги гьоркьохъаби кквей, гьезие хIели, гьезие назро гьаби, къурбан хъвей ва цогидабги. Гьал кIиязулго мурадги цо буго гьел гьоркьохъаби жидее кумекалъе рахъин ва гьез шафагIат гьаби.
Дир гьудулас абуна: «Дуца гьабураб данде кквейги ва гьелдаса босун дуца гьабураб хIукмоги буго, гьал кIияздаго гьоркьоб бугеб батIалъи хал гьабичIого гьабураб. Гьедин бугелъул дун дуда тIобан рекъон гьечIо».
Дица гьесие жаваб гьабуна: «Дица дуе баян гьабуна цересел мушриказул ширк букIин гьез Аллагьасдаги жидедаги гьоркьор гьоркьохъаби кквей. Гьанже ругел, хобазе хъулухъ гьабулезги гьебго жо гьабулеб буго ва гьел дол мушриказда хадур унел руго щибаб гьез хIетIе лъуралъуб хIетIеги лъун. Дуда кIолищ дие баян гьабизе гьал кIиязулго цояз гьабулеб пиша ширклъун букIине ккани, жал абадияб цIадаре рехулеб, цогидаз гьабулеб жо бегьулеб букIине ккани ва гьезие Аллагьас гIазабги гьабичIого букIизе ккани – щиб батIалъи бугеб гьезда гьоркьоб? Гьезул пишаги релъараб буго ва гьезул мурадги цо буго: Аллагьасде унеб нух бачин ва гьелъие гьоркьохъаби кквей?
Гьес абуна: Гьезда гьоркьоб чIанго батIалъи буго: гьезул цояб буго дол мушриказ Аллагьасе лагълъи гьабулеб букIинчо, гьеб гьез жудецаго мукIурлъун бицулеб буго. гьелъул хIакъалъ Аллагьас абуна:
«Нижеца хъанчазе лагълъи гьабулеб буго гьез ниж Аллагьасде гIагар гьаризе гIоло абун». (Зумар, 3 аят).
Гьанже ругел, гьоркьохъаби кколел ва шафагIат тIалаб гьабулел гIадамаз Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьаби нахъе чIвала. Гьез абула: «Нижеца кумекчагIазда ахIи бала ва вализабадаса хвасарлъи тIалаб гьабула, ва амма нижеца гьезие лагълъи гьабуларо. Гьезул шафагIат баракат тIалаб гьабун гьел сабаблъун ккола нижеца Аллагьасда щвеялъе», - абун.
РагIаби хисана абун магIна хисуларо. Дица гьесда абуна: ГIадамазул гIамалалъе хIукмо гьабизе ккола гьез гьабулеб пишаялда балагьун ва гьезул мурадалдаги балагьун. Жидер пиша битIараблъун бихьизе гьабизе гIоло гьез рицунел рагIаби, ва жидеда чIвалеб гIайибалдаса рорчIизе гIоло бачулеб мекъаб далилги щибго къимат гьечеб жо буго. Цо чияс хъанчие лагълъи гьабулеб бугони, ва жинца кIалалъ «Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьабизе бегьуларин, дицаги кидаго Аллагь гуресе лагълъи гьабичIо ва гьабизеги гьечIо», - абун абулебги бугони – гьесул гьал рагIабаз квалкал гьабулищ «гьев мушрик вуго», - ян абизе гьес хъанчие лагълъи гьабулеб бихьарал гIадамазе?
Дир гьудулас абуна: «Гьев чи мушрик вуго, гьедин букIаго гьесда цойги цIар кин абилеб»?
Дица хадубги абуна: Гьедин батани гьаб мисал тIобанго данде кколеб буго гьанже ругел мушриказда, хобазе лагълъи гьабулел ва хваразда ахIи балел. Гьезул пишаялъ бихьизе гьабулеб буго гьел мушрикал рукIин, жидеца гьелда инкар ккуниги ва жал мукIурлъичIониги. Гьаздаги дол цересел мушриказдаги гьоркьоб бугеб батIалъи буго: доз рагьунго абулеб букIана жидеца Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьабулин. Гьанже ругел мушриказ гьереси ва гIукки хIалтIизабулеб буго. Гьаз Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьабулеб буго, цинги гьеб жоялда инкар кколеб ва гьелда цойгидаб цIар лъолеб буго.
Цойги гIилла батизе бокьун дир гьудулас абуна: «Дица дуда цебеги абуна, гьанжеги абулеб буго: дол мушриказ Аллагьасе лагълъи гьабулеб букIинчIо – цойги жоялъе гьабулеб букIана. Гьединлъидал гьел капурзаби ва мушрикал руго. Гьаже ругел гIадамаз вализабада, лъикIал гIадамазда жидее шафагIат (кумек) гьарулеб буго, гьебжо куфро-ширклъун рикIине бегьуларо», - абун.
Дица абуна: «Дида чIалгIана дуе хIакъаб хIужа-далил бачараб мехалъ, гьелда данде чIандаги бицун, мун хIакъаб жоялда мукIурлъунгутIи. Мун гIадав гIакъло бугев чияс гьеб жо гьабилин дида ракIалдего кколароан. Дица дуда гIезегIанго лъикI бичIизабуна цересел мушриказ Аллагь цо вукIин мукIурлъун, иман лъун бицунеб букIин. Гьезул ширк букIинги, гьедин Аллагь вукIин лъайгун цадахъ цойги «алагьзаби» кквей, гьездахун гьари ва гьезда хьул лъей.
Гьединго дица дуда бичIизабуна гьанже ругел, хобазе лагълъи гьабулезул ширк. Гьез гьабулеб пиша данде ккуна дол цересел мушриказул пишаялада. МухIканго гьаб кIиябго къукъаялъ гьабулеб гIамалги, гьезул мурадги боцун, нилъеца хIужа-далил бачун баян гьабуна гьал кIиязулго пиша цоцада релъараб букIин ва гьазул мурадги цо букIин. Гьедин бугеблъидал нилъее рес гьечIо цояз гьабулеб гIамал ширк бугин абизе, цойгидаз гьабулеб гIамал шафагIат, баракат тIалаб гьаби бугин абизе.
Амма мун кинго мукIурлъулев гьечIо ва дуца цIидасан абулеб буго «гьел кIиязего батIи-батIияб хIукмо гьабизе ккола», - абун. Гьанже дица дуе цо суал кьела ва дуца дие мухIканаб жаваб кьезе ккела, мун жеги дие мукIурлъулев гьечIелъул: Дуца дида бице, щиб жоха букIараб дол мушриказ Аллагь гуресе гьабулеб лагълъи, гьелдалъун БетIергьанас гьезда мушрикалин абураб ва кафуралинги абураб? ХIакълъунго дие бокьун буго дуца дие жаваб кьезе ва нилъеда бичIчIизе буго кинаб батIалъи бугеб гьел кIияздаго гьркьоб абун. Цинги нилъ мукIурлъила дуца бицунеб жо битIараб букIиналъе: «цересел мушриказ гьабулеб ширк Аллагь гуресе лагълъи гьаби бугин, амма гьанже ругезул лагълъи Аллагь гуресе гьечIо», - абун.
Гьари, къурбанал кьей, къотIи гьаби, назро гьаби, Аллагь гуреб жоялъе гьабураб мехалъ – кIудияб ширк буго. Дир гьудул санагIат гьечIеб, гьабизе жо лъалареб хIалалде ккана. Гьеб суал гьесие мугъалда кьабураб цIал гIадин букIана ва гьев гьобоялъул кIиго ганчида гьоркьов ккарав гIадин лъугьана. Кинниги гьев тIубан мукIурлъичIо, ва гьадинаб жаваб кьуна: «ХIисаб гьабураб мехалъ цересел мушриказ гьабулеб букIараб гIамал: жудер «алагьзабада» гьари, гьезие назро гьаби, къурбан кьей, гьезда сверун тIаваф гьаби ва цогидабги, рик1кIине бегьуларо гьадингояб жолъун. Гьеб кинабго гIамал гьез гьабулеб букIана жудер хъанчIал щибго зарал я хайир гьабизе хIал кIоларел рукIинги лъалаго. Гьезул мурад букIана, гьел хъанчаз жудер мурад бицун, гьел Аллагьасда цере чIей. Гьаб гIамал букIана гьез Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьаби, ва гьезда Аллагьас «мушрикал, кафурал», - абун цIар лъеялъе гIиллаги. БитIун бицани гьаб дургун бахIс гьабизегIан гьадин лъикI дида ширкалъул хIасил лъалеб букIинчIо ва магIнаги бичIулеб букIинчIо».
Дица абуна: «Гьеб лъикI буго. Гьаб халатаб бахIсалдасан нилъ кинниги цо хIасилалде щвана. Щиб жо букIараб цересел мушриказ гьабулеб гIамал, гьезда гьеб цIар лъураб? Гьанже мунги мукIурлъанаха «ахIи бай, къотIи гьаби назро гьаби, тIаваф гьаби, мутIигIлъи, ва цогидалги пишаби лагълъи гьаби буго», - абураб жоялда гьоркьоре кколел рукIиналъе.
Щибго батIалъи гьечо гьанжесел хобазе хъулухъ гьабулездаги цересел мушриказдаги гьоркьоб. Цинги дица абуна: «Дуда кIведал дир суалалъе жаваб кьезе, дие бокьун буго дуе цойги суал кьезе ва дир божиги буго дуца гьеб суалалъеги доб цебеселъегIадинго ракI ракIалъ жаваб кьела абун. Дуца дида бице: гьанже ругел хобазе хъулухъ гьабулел гIадамал, хварал чагIаздаги гьардолел, гьезие назроги гьабулел, къурбаналги кьолел, гьезие мукIурлъун, хIелун рукIунел – гьаз гьабулеб гIамал гьечIищ гьел хвараз шафагIат гьаби ва гьел Аллагьасда цере жидер рахъ ккун чIезе мурадалда гьабулеб»?
Дос жаваб кьуна: «Гьеб гьедин бугоха, гьелда инкар кин кколеб»?
Цинги дица абуна: «Гьанже нилъ кIиявго рекъанаха гьаб гIамал гьабиялъулъ ва гьелдасан бугеб мурадалъулъ дол цереселги гьанже ругелги мушрикал цоцада релъун рукIиналда. Гьедин гьебги букIаго, гьезда гьоркьоб батIалъи кин гьабилеб? Гьазги дозги Аллагь гуреб жоялъе гIибадат гьаби нилъеда бихьана ва гьебжоги буго унго-унгояб ширк, Аллагьас нилъедаса жиндаса рик1кIалъи тIалаб гьабураб.
Гьаб кинабго жо бичIун хадубги дуе бугеб квалквал щибха бугеб «гьал хобазе хъулухъ гьабулел гIадамалги ширк гьабулел руго», - абун абизе»?
Хъанчазда ва жидецаго гьарурал «алагьзабазде» ахIиялдаги, Аллагьасул вализаби ва лъикIал чагIазде ахIиялдаги гьоркьоб батIалъиго бугищ? Дир гьудулас жаваб кьуна: «Дун мукIурлъизе квалквал гьабулеб жо буго гьаб хадуб бицунеб жо: дол цересел мушриказ лагълъи гьабулеб букIана жидецаго гьарурал «аллагьазеги», хъанчазеги. Гьел жал руго щибго жидер гьунар гьечIел, ва Аллагьасда асгор къадро-кIиматги гьечел жал. Аллагьасул вализабаздаги, лъикIал чагIадаги гьарулел, гьезие хIелулел гIадамал руго, гьел Аллагьасда аскIор къадро-къимат бугел рукIин лъан, «гьез кумек гьабила ва Аллагьас гьезул кумек къабул гьабила», - абун ругел гIадамал. ТIадегIанав Аллагьасги абун бугелъул:
«Аллагьасул вализабазе хIинкъи гьечIо ва гьел пашманлъизеги гьечIо» (Юнус, 63 аят).
ХIакълъунго ганчIаздаги, цIулал хъанчаздаги цересел мушриказ жидее лагълъи гьабурал ва Аллагьасул вализабаздаги, лъикIал чагIаздаги гьоркьоб батIалъи буго. Гьезие лагълъиги гьабун гьечелъул ва гьезда «Аллагьзаби», - абун цIарги лъун гьечIелъул.
Дица гьелъие жаваб кьун абуна: «Дун воххун вукIана мун битIараб нухалдехун вачIулев вихьараб мехалъ, дуе хIакъаб жо лъаялда хьул лъун. ЦIидасан мун добго гьересиялъулъе ва гуккиналъулъе унев вуго ва нилъер хабарги ахир гьечIеб бакIалде кколеб буго. Дуца гьал кIиялго: жидее лагълъи гьабурал ва жидеда божун, жидее хIелун, жидеда ахIи барал, Аллагьасдехун жалги ширк гьабурал жалазда гьоркьоб батIалъи гьабулеб буго ва гьебги буго дур лъай гьечIолъи ва дур хIужа-далилги загIифаб бук1ин бихьизабулеб бак1. Гьеб дуца бачараб «далил» бахIс гьабизецин рекьараб гьечIо, гьелда разилъини кин букIунеб?
Буссурбабазда гьоркьоб лъалеб жо буго: кинаб букIаниги Аллагь гуреб жоялъе лагъли гьаби ширк букIин ва гьев чи диналдаса вахъулеб, кафурлъулеб хIужа букIин. Гьедин буголъидал, щибго батIалъи гьечIо цо чияс лагълъи Аварагасе гьабуниги, Малаикасе гьабуниги, валиясе гьабуниги, гьединго ганч1ие гьабуниги, шайтIаналъе гьабуниги. Мун цодагьав цеве мукIурлъун вукIана «гьари, хIели, къурбан кьей, тIаваф гьаби ва цогидалги пишаби лагълъи гьабиялъул батIи-батIиял къаг1идаби руго», - абун.
Цересел мушриказ хъанчие гьабураб лагълъиялда ширк буго абуни, ва гьанже ругел мушриказ хобазеги, хваразеги гьабулеб гьебго гIамал ширк гьечIо абуни, гьеб ккола цIакь битIараб гуреб хIукмо ва хIакъаб нухдасан гьетIи. ХIалихьатаб ишлъунги кола гьеб, бакъги, моцIги гIадин загьираб жоялда инкар кколеб букIиналъ. Гьеб дур рагIи битIараблъун гьабизе дида кIоларо Аллагьасул калам, Къуръаналдасан цониги аят бачине, ва Аварагасул мухIканаб хIадис бачинеги, гьединго цониги гIакълияб далилги гьечIо гьеб ритIухъ гьабулеб. Дуца бицулеб жо буго гIададесеб хабар ва мурад гьечIеб гIамал кIодолъи.
Дос абуна: «Дица гIамал кIодолъи гьабулеб гьечIо. Дирги буго дурго гIадаб ихтияр дирго пикру бицине ва дирго гIакъло загьир гьабизе. Нилъер къотIи букIана ццим бахъинчIого, ахIдечIого, щивас жиндир пикро бицизе. Дуца хъачIал рагIаби абулел ругони нилъер бахIсалъул хIасил лъугьунаро».
Дица абуна: «ЛъикI бугоха. Дица яхI бахъила гIодове виччан мун кантIизавизе, дида мун мекъавлъун вихьулеб жоялъулъ.
Цересел мушрикал ширкалде рачана гьез Аллагьасул вализабазе ва лъикIал чагIазе лагълъи гьабиялъ. Дуца жегиги тIад чIей гьабулеб бугелъул дол цересел ва гьанже ругел мушриказда гьоркьоб батIалъи букIиналда ва гьелъие мекъаб, гъалатIаб далил бачун мун кьацандулев вугелъул, дида кIола дур гьел загIифал далилал хвезаризе ва дол мушриказдаги гьаздаги гьоркьоб щибго батIалъи гьечIеблъи чIезабизе. Гьел кIиязго Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьабулеб бугелъул, гьезие назро гьабун, гьезде ахIи бан ва цогидалги гIамалаздалъун. Гьел жидее лагълъи гьабулел жал Аллагьасул вализаби, гьудулзаби руго, - абураб пикроги бугелъул гьезул.
Унгого хIисаб гьабураб мехалъ дол жагьилаб заманалъул мушриказ хъанчазе букIинчIо лагълъи гьабулеб. Гьез лагълъи гьабулеб букIана гьел хъанчазда цIар лъурал ва жал хварал Аллагьасул гьудулзабазе: Латие, Сувае, ГIуззае ва цогидазе. Гьаб амро гьадин букIиналъе Къуръаналда далилги буго. амма дида лъала гьелдаги нужеца гIамал гьабизе гьечIеблъи.
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«ХIакълъунго гьел чагIи нужеца Аллагь тун жидеда ахIи балел – гьел нужго гIадал лагъзал руго. АхIеха гьезда ва гьез нужее жаваб кье абе, нуж ритIарал ратани». (АгIраф, 194 аят).
Жеги Аллагьас абуна:
«Гьел гIадамал, жидеца Аллагьги тун цойги кумекчагIи ккурал, нусиречалда релъун руго жинца рукъ гьабураб. Амма бищунго загIифаб рукъ нусиречалъул рукъ бугоха, гьел гIадамазда гьеб жо лъалебани.» (ГIанкабут, 41 аят)
Цинги ТIадегIанав Аллагьас киналго лагъзадерица жиндие лагълъи гьабулеб къагIида ва гьабизе кколеблъи бицана кинабго заманаялъ ва бакIалъулъ.
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Аллагьасе буго гурищ бацIадаб дин. Гьел гIадамал, жидеца кумекчагIи ккурал Аллагь тун бат1иял, гьез абулеб буго: «Нижеца гьезие лагълъи гьабулеб буго гьез ниж Аллагьасда гIагар гьаризе гIоло», - абун.» (Зумар, 4 аят).
Жегиги Аллагьас абуна:
«Дуца гьезда абе МухIаммад: Унго нужеца ккун ругоха нужее кумекчагIи Аллагьги живго тун, жидеего щибго лъикIлъи яги зарал гьабизе кIоларел» (РагIд, 16 аят)
Гьединго Аллагьас абуна:
«Гьел кафурзабаз къасдищ гьабураб дунги тун, дир лагъзал жидер гьудулзабилъун кквезе. Дица гьел кафурал гIадамазе жагьаннама хIадурун буго, гьел жанир рук1ине». (Кагьф, 102 аят).
Цойги аят буго:
«Гьез жидее авлияалищ ккурал Аллагьги живго тун? Аллагь вуго гурищ жив валилъун вугев». (Шура, 9 аят).
Жеги Аллагьас абуна:
«Дуца абе МухIаммад: Дица Аллагь тун цоги жойщ кколеб дир валилъун? Жинца зобал ракьал рижарав вуго гьев Аллагь.» (АнгIам, 14 аят).
Гьал хириял аятаз кинабгIаги шаклъи толеб гьечIо цересел мушриказ гьанже ругел хобазе ва хваразе хъулухъ гьабулезда релъун ахIи балеб букIиналда Аллагьасул вализабада ва лъикIал гIадамазда, гьезда гьоркьосаги цо-цоял батIа рахъун, Аллагьлъун ккун, лагълъи гьабулеб букIиналда. ХIинкъунги, хьул лъунги, хIелунги, гьездасан тIалаб гьабулеб букIана Аллагьасда цебе жидее кумек гьаби.
Мушриказ хъанчазе букIинчIо лагълъи гьабулеб. ХIакъикъаталда гьез гьарурал хъанчал ва суратал Лат, ГIузза, Манат абун цIарги лъун – гьел хъанчал рукIана Аллагьасул вализабазул суратал. Гьел мушриказ гьабулеб лагълъи гьел вализабазе букIана, гьез кумек гьабиялда божун, гьезул баракат букIиналда божун. Гьебго жо буго жакъа хобазе хъулухъ гьабулез гьабулебги.
Гьаб кинабго жо бицун хадубгIаги дуда лъазе ккола: гьаб кIиябго къокъа щибго цоцадаса батIияб гьечIо, жидеца Аллагьасул вализабазе лагълъи гьабиялъулъ. ЦохIо батIалъи буго гьениб, жиндилъ щибго далилги гьечIеб: дол мушриказ хъанчазда сверун лъугьун шафагIат тIалаб гьабулеб букIана, гьаз хобазда сверун лъугьун тIалаб гьабулеб буго.
Амма хIакъикъияб мурад дол мушриказул хъанчие лагълъи гьаби букIинч1о, гьеб хъанчалда цIар лъурав валиясе гьаби букIана. Гьанже ругезул мурадги хобалъе хъулухъ гьаби гьечIо, гьеб хобалда жанир ругел хварал гIадамазе хъулухъ гьаби буго. Масала: Дуца жакъа гьикъани цо чиясда, жив Бадавиясул хабада ун вукIарав, «мун киве вукIарав, яги кисан вачIарав», - абун, гьес щибго шаклъи гьечIого абизе буго, «дун Бадавиясухъе ун вукIана», - абун. Унгого абуни гьесда Бадавиги лъаларо, гьесда гьев кидаго вихьичIо, гьев гьесул хабалде аскIове щварав чи вуго. Гьединабго хIал бук1ана цересел мушриказулги: гьел я Лат, я ГIузза, я Насрихъе щоларо, гьел уна гьезул цIар лъурал, жидецаго гьарурал цIулал яги ганчил сураталда аскIоре.
Дир гьалмагъас абуна: «Дур далилалъе хIужа щиб бугеб, «дол цересел мушрикал ганчил, цIулал, яги меседил гьабураб хъанчалъе (сурат, статуя) лагълъи гьабулел рукIинчIин, гьезда цIар лъурал Аллагьасул гьудулзабазе лагълъи гьабулел рукIана», - ян абураб рагIиялъе»?
Дица жаваб гьабуна: «Дур талихI букIарабани дуда гьеб далил бичIизе букIана, дица дуе мисалалъе рачарал гIемерал аятаздасан, жидеца нугIлъи гьабулел, гьел мушриказ Аллагьасул гьудулзабазе лагълъи гьабулеб букIиналъе. Кинниги дагьабги цIикIк1ун дуе далилал рачизелъун, Аллагьас хъван батани, дица цойги жо бицина, дир рагIи ритIухъ гьабулеб, гьеб дур ахирабги шаклъи тIаса ине бокьун, дуе цо малъ базе бакI щваниги, мун дурго пикро бицун, гьелдаса вуссинчIого чIун вугелъул.
ЯгIус, ЯгIукъ, Наср рукIана Нух1ил заманаялъул лъикIал гIадамаллъун. Хъанчие лагълъи гьабизе щиб заманаялъ бай бихьараб? Бухарияс бицана. Ибну ГIаббасица абуна жинда Аллагь разилъаяв:
«НухIил заманаялъ рукIарал хъанчал щвана гIарабазда кодоре. Масала; Вад абулеб хъанч Кальб абулеб къавмалъухъе ккана, Сува абулеб – Гьузайлиязухъе ккана, ЯгIус абулеб – Мурадиязухъе ккана. Цинги гьезухъан гьел Бану ГIатIифил къавмалъухъе щвана. ЯгIукъ ккана ХIамданазул къавмалъухъе, Наср – ХIумайриязухъе ккана. Гьал киналго хъанчазда ругел цIарал руго цере НухIил заманаялъ рукIарал лъикIал чагIазул цIарал. Гьел лъикIал чагIи хвараб мехалъ шайтIаналъ малъана дол гIадамал рукIараб бакIалда суратал (статуял) гьаризе ва гьезда дозул цIаралги лъезе. Гьеб къавмалъ гьедин гьабуна, амма гьез гьеб заманаялъ хъанчазе хъулухъ ва лагълъи гьабулеб букIинчIо. Цинги гьел гIадамалги хвана ва дол хъанчал кин раккарал жал ругел лъалел чагIиги тIагIана. Цинги шайтIаналъ гьеб къавмалда берцин бихьизабуна гьел хъанчазе лагълъи гьаби: ай гьезда сверун тIаваф гьабизе, гьезие назро гьабизе, къотIи гьабизе ва гьездасан лъикIлъи тIалаб гьабизе». Гьав жинда Аллагь разилъаяв Ибну ГIаббасица бицаралда релъараб хабар бицунеб буго аль-Кальби абулев гIалимчияс, жиндир хъанчазул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалдаги (25 аб гьумер). Гьес хъвалеб буго:
«Хадуб дунялалда бачIана гьездаги хадусеб лъабабилеб рижи (поколение), ва гьез абизе байбихьана: «Нижер умумуз гьал хъачазе лагълъи гьабулеб букIана гьел Аллагьасда цере шафагIат гьабизе рачIине бокьун», - абун».
МухIаммад бину КагIб абулев гIалимас абулеб буго:
«Вад, Сува, ЯгIус, ЯгIукъ ва Наср абурал цIарал руго Адам Аварагасда хадур, НухIил заманалде щвезегIан рукIарал лъикIал гIадамазул цIарал. Гьел гIадамал хун хадуб хутIараз гьездасан мисал босун, гьезул лъакIдасан унел рукIана. Цинги гьезухъе иблис бачIана ва гьелъ абуна: «Нужеца гьел гIадамазул суратал гьаруни нужер цакъго ракI гьесизе буго гьел лъикIал гIадамазда нахъ рилълъине», - абун. Гьеб къавмалъ гьезул цIаразда хъанчал гьаруна, амма лагълъи гьезие гьабичIо. Гьезда хадусеб рижиялда иблисалъ абуна: «Нужер умууз гьал хъанчазе лагълъи гьабулеб букIана», - абун. Гьелдаса хадуб байбихьана гьел хъанчазе лагълъи гьабизе. Гьеб заманаялдаса бай бихьана хъанчие лагълъи гьабизе, гьел хъанчалги Аллагьасе тIагIат-гIибадат гьабулел рукIарал, лъикIал чагIазул цIарал лъурал суратал рукIана.
Ибну Джаририца бицана. МухIаммад бину Къайсица абуна: «Гьел хъанчазда цIар лъурал гIадамал рукIана Адамида ва НухIида гьоркьоб заманалъ рукIарал лъикIал гIадамал, жидеда хадур гIадамал унел ва жидедасан мисал босулел. Цинги хадусеб рижиялъ абуна: «Нилъеца гьал лъикIал чагIазул суратал гьаруни гьез нилъеда гьел ракIалда щвезаризе руго ва нилъ жеги ц1ик1к1ун гьезда нахъ рилъине руго», - абун. Гьел гIадамаз хъанчал гьаруна ва хадуб гьезие лагълъиги гьабуна».
Гьадинабго хабар бицунеб буго Икрамица, Аддакъакъица, Къатадатица ва ибну ИсхIакъица. (Гьал руго цебесебго тарих бицунел ва Аварагасул тарих бицунел гIалимзаби).
Лат вукIана хIажизабазе тIех (барсараб ролъалъул, пурчIинадул гьабураб ханжу, сапаралда хехго квен хIадур гьабизе санагIат бугеб)
буцунев чи. Ва Бухарияс Ибну ГIаббасидасанги (жудеда Аллагь разилъаял), Лат абулеб хъанчалъул хIакъалъулъ бицунеб буго:
«Гьев Лат абулев чи вукIана жинца хIажизабазе тIех буцунев чи». Ибну Кальбиясги абулеб буго жиндир хъанчазул хIакъалъ хъвараб тIехьалда жаниб,16 аб гьумералда: «Латие гьабураб хъанч букIана ТIаифалда аскIоб ва гьеб Манат гIадин, гIемер цебе заманалъул хъанч букIинчIо. Хъанч букIана ункьбокIонаб кьурул кесеклъун. Жив чIаго вугеб мехалъ Лат абулев чи ягьудав вукIана гьеб къурул ракьанда чIарав ва жинца хIажизабазе тIех буцунев». Ибну ГIаббасица (жинда Аллагь разилъаяв) ва АлКальбияс бицунеб жо цоцада данде кколеб буго.
«Динал ва гьезул тайпаби», - абураб техьалда жаниб, гьелъул автор Шахрастанияс хъвалеб буго:
«Хъанчал лъун рукIана киналго санагIат бугел бакIазда, хваразе лагълъи гьабизе гIоло. Гьел хъанчал хварав чиясда релъун гьарулаан, гьел хваразул бакIалда жиб букIин хIисабалда. Нилъеда мухIканго лъазе ккеларишха цониги чи лъугьунаревлъи ганч1ил яги цIулал кесекги босун, гьелъул хъанч гьабизе ва цинги жинцаго гьелъие лагълъи гьабизе ва гьеб алагьлъун кквезе. (ай, гьез хъанчие гуро лагълъи гьабулеб бук1араб, жиндир ц1аралда гьеб хъанч бугев лъик1ав чиясе гьабулеб бук1ана). (Шахристани. «Диназул ва гьезул тайпабазул» техь 3, 251-252 гьумер. Ибну ХIамзал бицунеб бетIер).
Гьедин букIингун цадахъ, щибго Аллагьасул рахъалъан изноги гьечIого, хIужа-гIиллаги гьечIого, гьел гIадамал хьвадизе лъугьана хъанчазда аскIоре ва гьездасан жидер мурадал гьаризе, гьезда божизе ва гьезда жидерго хьулал хурхизаризе. Гьедин г1емераб замана индал, рижиялги (поколение) хисидал, гьел хъанчазда аскIоре ин, гьезие лагълъи гьабиялде сверана ва гьезие Аллагьасул гIадал гьунарал рукIин чIезабизеги лъугьана. Гьелдалъун жидеца абулаан:
«Нижеца гьезие лагълъи гьабулеб буго гьез ниж Аллагьасда гIагар гьаризе бокьун», - абун.
Гьанжеги бугищха дур шаклъи гьел хъанчал, жидеда лъик1ал гIадамазул цIаралги лъурал ва гьел гIадамазе лагълъи гьаби мурадалда хIалтIизарулел жаллъун ва гьеб мурадалда жал гьарураллъунги рукIиналда?
Хобазда хурхараб захIматаб бакI бичIизе гьабулеб буго тIехьалъул авторас. Гьаб хабаралдасан хадуб дир гьудуласул гьумералдасан дида бичIана гьев битIараб жоялда вачIинехъин вукIин. Гьес абуна: «Гьедин бугониги жеги гIемерал захIматал масъалаби хутIулел руго», - абун.
Дица абуна: «Дуца бицеха кинал захIматлъаби гьел ругел? Аллагьас хъван батани дица хIал бихьила гьеб дуда захIматаблъун бихьараб жо бичIч1изабизе».
Гьудулас абуна: «Дуца бицараб хабаралъулги, рачарал аятазулги, хIадисазулги ва цогидал хIужабазулги хIасил бугоха дуца чIезабулеб букIин цересел мушриказ хъанчазе гьабулеб лагълъи Аллагьасул гьудулзабазе гьабулеб букIанин ва лъикIал чагIазеги гьабулеб букIанин. Гьелдаго релъун ва гьелда борцун гьанже ругел хобазе хъулухъ гьабулел гIадамалги гьел хваразе лагълъи гьабулел ругин, - абун.
Кинниги дол аятазда жаниб бицунеб жоялде балагьараб мехалъ нилъеда бич1чIулеб буго, гьез хъанчазе лагълъи гьабулеб букIараблъи хIакъикъаталдаги, гурони доз хъанчазда цIарал лъурал вализабазе ва лъикIал чагIазе лагъли гьабулеб букIарабани, Аллагьас Къуръаналда жаниб гьеб бицинчIого телароан. Къуръаналъ гIайибги чIвалаан вализабазе ва лъикIал чагIазе лагълъи гьабиялда. Къуръаналда жанир ругел гIемерисел аятаз гIайиб чIвалеб буго ва хIинкъи кьолеб буго гьел хъанчазе ва статуязе лагълъи гьабиялъе гIоло».
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Нуж хъубал, чорокал жалаздасан рикIалъе (хъанчаздасан) ва нуж гьересияб рагIиялдасаги рикIалъе.» (аль-ХIаж, 30 аят).
Жегиги Аллагьас абуна:
«Нужеца Аллагьги тун хъанчазе лагълъи гьабулеб буго ва нужеца гьереси бижизабулеб буго» (ал –Гiанкабут, 17 аят).
Гьединго Аллагьас абуна:
«ЛутIица абуна; - Нужецца Аллагь тун хъанчал ккун раго гьаб дунялалда нужеда гьоркьоб бугеб рокьа хинлъиялъе гIоло». (аль-ГIанкабут, 25 аят)
Цойги аяталда буго:
«Гьел рачIана цо къавмалда тIаде, жидеца жидер хъачазе лагълъи гьабулел» (аль-АгIраф, 138 аят).
Жегиги Аллагьас абуна:
«Ибрагьимица абуна: Дир бетIергьан Аллагь! Дуца гьаб шагьар гьабе жиндие хIинкъи гьечIеблъун ва дуца дунги дир лъималги рикIад гьаре хъанчие лагълъи гьабулел гIадамаздаса» (иаль-Ибрагьим, 35 аят).
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Ибрагьимица жиндир эмен Азарида абуна: Унгого дуцца хъанчал Аллагьзабилъунищ гьарулел ругел абун» (ангIам 74 аят)
Жегиги Аллагьас абуна:
«Гьез абуна: Нижецаа хъанчазе лагълъи гьабулеб буго ва гьезда цере гьезул хIурмат гьабун чIолелги руго абун» (аш-ШугIараъ, 71 аят ).
Гьединго Аллагьас бицана Ибрагьимица жиндирго къавмалда абураб раг1и:
«Дун Аллагьасдалъун гьедулев вуго: Дица нужер хъанчазда данде цо макро гьабила, нужеца гьездаса мугъ барабго» (аль-Анбияъ, 57 аят).
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Дица цебего Ибрагьимие битIараб нух кьуна ва гьев дида лъалев вукIана. Гьале Ибрагьимица жиндир инсуда ва жиндир къавмалда абулеб буго: «Гьал суратал-хъанчал щал ругел нужеца гьезие лагълъи гьабулел», - абун (аль-Анбияъ, 51-52 аят).
Гьал киналго аятаз бихьизабулеб буго, дол цересел мушриказ унгого гьел хъанчазе ва статуязе лагълъи гьабулеб букIин. Гьедин бугелъул баянго гьеб лагълъи гьукьун букIана. Аллагьасул гьудалзабазе лагълъи гьабиялда гьал аятазул магIна хурхулеб букIинги битIараб жо буго.
Аллагьасул вализабазе лагълъи гьаби – хъанчазе лагълъи гьаби буго. Дица гьесие жаваб гьабуна: «БитIараб буго, Аллагь тун батIияб жоялъе лагълъи гьаби хIарамаб буго ва ширк буго: хъанчазе бугониги, вализабазе, лъикIал чагIазе бугониги. Къуръаналда жаниб загьиралда хIарамлъи бицун буго Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьаби, гьениб хъанчазул биценги гьабун буго.
Амма, хобазе ва хваразе лагълъи гьабиги, вализабазе лагълъи гьабиги Къуръаналда загьиралда бицун гьечIониги – нилъеда якъинго лъала хобазе ва хваразе лагълъи гьаби – Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьаби букIин. Ва гьаз гьабулеб лагълъиги щибго батIалъи гьечIого релъараб буго дол мушриказ хъанчазе гьабулеб букIараб лагълъиялда: дугIа гьари, назро гьаби, къурбанал кьей, гьезда хьул лъей, ва гьезул ццим бахъиялдаса хIинкъи.
ГIемерал хIужабаздалъун нилъеца чIезабуна дол мушриказги хъанчазе букIинчIеблъи лагълъи гьабулеб, гьел хъачазда цIар лъурал вализабазе букIин.
Гьанже ругезги хобазе ва мавзолеязе гьечIо лагълъи гьабулел, гьенир хун, хабалъ лъурал лъикIал чагIазе буго.
ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда мушриказул бицунаго цин абула, «хъанчазе лагълъи гьабулел», - абун, цинги абула, «Аллагьасул гьудулзабазе лагълъи гьабулел», - абун. Гьеб гьедин абиялъе гIилла буго, гьез гьабулеб гIамал загьиралда хъанчазда сверун лъугьун гьабулеб бугелъул, гьезул мурад гьел хъанчазда цIарал лъурал вализаби, лъикIал чагIи рукIингун цIадахъ. Гьезул гьари, божи, хьул лъей, хIинкъи гьел гIадамазда хурхараб буго ва гьел Аллагьасда цере шафагIат гьабизе рачIиналда божун буго, ТIадегIанав Аллагьас гьеб жо гьабугеян абун бугониги.
Жакъа ругел, хобазе хъулухъ гьабулез гьебго гIамал гьабула. Гьез хобазда кверал рахъула, тIад рехарал тастаразда убачал гьарула, хобазда сверун тIаваф гьабула. Жеги цIакъ гьел хобал къачIала, чIухIарал тIохал лъун, гIемерал харжал гьарун. Загьиралда гьазул гIамал хобазе лагълъи гьаби буго, гьезул мурад хобалда жанив вугев шайих яги вали вукIаниги. Хобазе хъулахъ гьабигун цадахъ гьез ахIи балелъул хварав чаг1азде ва гьездасан шафагIат тIалаб гьабулеб бугелъул.
Гьанже дуца гьел чагIазда цIар лъуни «хобазе лагълъи гьабулел», - абун, мун витIарав вукIуна, ва гьединго витIарав вукIуна гьезда «Аллагьасул гьудулзабазе лагълъи гьабулел», - абун цIар лъуниги. ХIисаб гьабураб мехалъ гьаз кIудияб ширк гьабулеб буго кIиго нухалъ. Жеги дуца гьезда цIар лъезе бегьула «жидер гьаваялъул ва шайтIаналъул лагъзал», - абунги. Гьезие жидер нафсалъ ва шайтIаналъ берцин бихьизабун бугелъул гьел хобал къачайги, гьезие лагълъи гьабиги, щибго шаргIияб хIужа-далил гьечIониги.
(Профессор ГIабдурахIман алвакил (хIакъаб ахIи, стр 62)
Жеги гьев профессор ГIабдурахIманица абулеб буго: «Аллагьас Къуръаналда жаниб «щив» абураб ва «щиб» абураб цIарубакI хIалтIизабулеб буго кIиябго магIнаялда: масала ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго:
«Щив вугев гIемер къосарав гьев чиясдаса, жинца Аллагь тун цойгидазде (гIадамазде) ахIи балесдаса, жиндие къиямасаб къо щвезегIан жавабги кьоларел»? (аль-АхIкъаф, 4 аят).
Гьебго сураталда жаниб цебесеб аяталда Аллагьас абуна:
«Дуца абе МуIхаммад: Нужеда гьеб жо бихьанищ, Аллагь тун жинда ахIи балеб. Дида бихьизабе гьез ракьалдасан бижараб жо?» (аль-АхIкъаф, 3 аят)
Гьаб мисалалдасан бихьулеб хIалалъ, ТIадегIанав Аллагьас цого магIнаялда бугеб кIиго аяталда жаниб, цо бакIалда рухI бугезе хIалтIизабулеб (щал, щив) абураб цIарубакI бачана ва цогидаб аяталда (щиб жо) рухI гьечеб жоялъул цIарубакI бачана. Гьалдасан нилъеда бичIч1ине ккола гьел цIарубакIал (жив-жиб) (щив шиб) (щив чи) (щиб жо) БетIергьан Аллагьас хIалтIизарула руго цоялъ цояб хисулеблъун. Гьелъулги хIикмат букIине ккола нилъ кантIизари – хваразе лагълъи гьабиги, хъанчида цIар лъурасе лагълъи гьабиги цого жо букIиналда. Мун гуккизе бегьуларо хобазе хъулухъ гьабулез абулеб рагIиялъ:
«Дол мушриказ хъанчазе лагълъи гьабулеб букIана, гьединлъидал Аллагьас гьезул бицунаго (щиб жо, жиб, гьеб) абураб цIарубакI хIалтIизабуна. Нижер гьари, хIели буго Аллагьасул гьудулзабаде»,- абураб.
Цойги мисал бачина, ТIадегIанав Аллагьасул рагIиялдалъун:
«Дуца къавмалъе бице МухIаммад Ибрагьим аварагасул хабар. Гьев Ибрагьимица жиндир имсуда ва къавмалда абураб гIуж бице: «Нужеца щиб жоялъе бугеб лагълъи гьабулеб», - абун. Гьесул къавмалъ абуна: «Нижеца лагълъи гьабулеб буго хъанчазе. Нижеца кидаго гьезие лагълъи гьабизеги буго», -абун. Ибрагьимица абуна: «Гьезда нужер гьаракьгIаги рагIулищ нужеца гьезде ахIараб мехалъ», - абун? Гьез нужее кинабгIаги мунфагIат яги заралг1аги гьабулищ», - абун? Къавмалъ абуна: «Нижеца хъанчазе лагълъи гьабулеб буго нижер умумул гьезие лагълъи гьабулел ратиялдалъун», - абун. Ибрагьимица абуна: «Гьал хъанчал щал жал ругеб бич1чIулищ нужеда? Нужецаги, нужер цересел умумузги жидее лагълъи гьабулел. Гьел хъанчал дир тушбаби руго. Кинабго гIаламалъул БетIергьанлъун вугев Аллагьасе гьабила дица лагълъи». (аш-ШугIараъ, 69-77 аят).
Гьал аятазда жанибги БетIергьан Аллагьас, цин абулеб буго «щиб жо», - абун рухI гьечIеб жоялъул цIарубакIалдалъун, цойги бакIалда абулеб буго «жидеда, жидеца», - абун, рухI бугеб жоялъул цIарубакIалдалъун. Гьалдасанги нилъеда бичIулеб буго, гьел мушриказ хъанчазе лагълъи гьабулеб букIин ва гьелдаго цадахъ хъанчазда цIар лъурал вализабазе ва лъикIал чагIазеги лагълъи гьабулеб букIин.
Ахирабги хIасил гьабулаго дица абила: «Хъанчие, статуялъе, хобалъе, ва цойги щиб жоялъе лагълъи гьабулеб бугониги – гьеб лагълъиялъул хIасил ва мурад буссунеб буго Аллагьасе гьудул, гIахьалчи ва кумекчи кквеялде. Гьел, жидеца ккурал гьоркьохъабазе назро гьаби, гьезда гьари, хIели, гьезул ццим бахъиялдасан хIинкъи, гьел разилъи тIалаб гьаби - гьаб кинабго жо буго цохIо Аллагьасе гьабизе кколеб ва ТIадегIанав Аллагьасул ихтияралда бугеб. Гьев Аллагьасдасан тIалаб гьабулеб жо ва гьесда лъолеб хьул, гьесдасан хIинкъи, цойги щиб жоялд буссинабуниги – гьеб жо ширк букIуна ва гьел гIадамазда цIарги мушрикал рукIуна.
Гьеб, жиндие лагълъи гьабулеб жоялда цIар батIи-батIияб букIуна, ва амма хIасил цо букIуна. «ШафагIатчи, кумекчи, гьоркьохъан», - абураб мехалъ – гьезие хъулухъ гьабун, гьезда хIелун, гьезие мукIурлъун рукIуна. «Аллагьасул гьудул, гIахьалчи», - абураб мехалъ – гIадамаз «алагьлъун» гьев чиги ккун, Аллагьасе гIадаб хъулухъ ва лагълъи гьесие гьабула. Гьесдасан хIинкъула ва гьесда божун рукIуна. ХIакъикъияб цIар гьел хъанчазе ва «алагьзабазе» бугеб тIагъут буго – гьелъ гIадан гуккун, мекъаб нухалде ва къосиналде вачун вугелъул. Цойги гьелда цIар шайтIан буго, шай гурелъул гьел хъанчаз ва «алагьзабаз» гIадамасда рекIелъе шакдари, вас-вас рехула ва гьев Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьабизе тIамула.
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Гьез Аллагьги тун цIуял жалазде (г1узза, манат) ахIи балеб буго, гьез ахIи балеб буго шайтIаналде жиб Аллагьасда гIасилъараб» (нисаъ 117 аят).
Цого аяталда жаниб жиндие лагълъи гьабураб жоялда Аллагьас цин
«цIуял жал» абулеб буго, цин
«шайтIан» абулеб буго.
Ибрагьим Аварагас жиндирго инсуда абуна:
«Дир эмен дуца шайтIаналъе лагълъи гьабуге» (Маръям, 44 аят).
Жеги, жиндие лагълъи гьабулеб жоялда цIар лъезе бегьула «ракIалда ккей, хIисаб гьаби», - абун. Щай гурелъул, гьел гIадамазда ракIалде кола, гьеб жиндие лагълъи гьабулеб жоялъ кумек яги зарал гьабизе бегьула абун.
Цойги, гьелда цIар лъезе бегьула «гьава» (бокьи) абун. Гьел гIадамал жидее бокьараб жоялда нахъ рилъиналдалъун ругелъул ширкалде кколел.
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Аллагьги тун гьесул гьалмагъзабада ахIи балел гIадамал гьел жидер алагьзабада нахъ рилъунаро. Гьел жидер пикруялда нахъ рилъун руго ва гьел гьересияб пикруялда руго» (Юнус 66 аят).
Аллагьас жеги абуна:
«Гьел нахъ рилъулел гьечIо жидер пикрабазда гурони ва жидее бокьараб жоялда гурони. ХIакълъунго гьезухъе БетIергьанасул тIоритIелги бачIун буго» (ан-Нажм, 23 аят).
ТIадегIанав Аллагьас цойги абуна:
«Дуда гьев чи вихьичищ, жиндир шагьват (бокьи) Аллагьлъун ккурав ва жив Аллагьас кьосинеги гьавурав жинда лъайги букIадго» (аль-Жасияти 22 аят).
Жеги гьел мушриказ жидее лагълъи гьабулел жал, цIараллъун рукIинеги бегьула, хIакъикъаталда гьел цIарал гьечIониги. Гьез «цIунулев чи», - абун цIар лъуна, цIунулев чи цохIо Аллагь гурев гьечIониги. Гьединго гьез цIар лъуна «рахъ кколев чи», - абун, гьеб рахъ кквейги цохIо Аллагьасул амруялда гъоркь букIадго.
ТIадегIанав Аллагьас абуна:
«Нужеца Аллагьги тун, жиндие лагълъи гьабулеб жо гьечIо цIарал гурони, нужецаги нужер умумузги лъурал гьел цIарал ги, Аллагьас гьелъие щибго хIужаги рештIичIеб». (Юсуф, 40 аят).
Мун гуккизе чIоге гьел мушриказ жидер «алагьзабазе» кьолел гIемерал къиматал цIаразги. Гьел киналго цIаразда гъокь буго Аллагь тун жиндие лагълъи гьабулеб жо. Гьединго гуккизе чIоге гьез рицунел батIи-батIиял харбазги. Гьел киназулго хIасил буго жидеца гьабулеб ширк бахчи.
Жакъа ширк гьабулел гIадамал ритIухъ гьаруларо гьез бицунеб маргьоялъ: «Цересел, жагьилияб заманаялъул мушриказ хъанчазе лагълъи гьабулеб букIана, гьанже ругез Аллагьасул гьудулзабазде ахIи балел, гьел гьоркохъабилъун гьарулел ругин, - абураб раг1иялъ. Аллагьасул калам – Къуръаналъ кинабго хIакъаб жо загьир гьабуна ва кинабго мекъаб, гьересиялда жиб бижараб жоги хвезабуна.
(Профессор ГIабдурахIман алвакил (хIакъаб ахIи, стр 62)Перевод: Аль-АшбалИА GURABA