Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Салафу ссвалихlиназул нух кквезе бокьаразе сайгъат. Какил хиралъи ва гьеб тарасе бугеб хlинкъи
04.10.2008
Какил хиралъиялъул ва гьеб таразе бугеб хlинкъи кьеялъул бицунеб баб.

Бисмиллагьи ррах1мани ррах1им. Кинабго рецц ва щукру Т1адег1анав Аллагьасе буго, мунагьал рахчиги квер бакъиги Гьесдасан т1алаб гьабулеб буго. Нилъер нафсазул квешал г1амалаздаса ц1униги гьев Аллагьасдасан гьарулеб буго. Т1адег1анав Аллагьас т1овит1арав чи къосизавулев щивго вук1уларо, Гьес къосизавурав т1овит1изе к1олевги вук1уларо. Дица нуг1лъи гьабулеб буго жиндие г1ибадат гьабизе бегьулеб цоги щибго жо гьеч1о абун цох1о Аллагь гурони, жив цогояв, жиндие г1ахьалчи гьеч1ев. Гьединго дица нуг1лъи гьабулеб буго х1акълъунго Мух1аммад, жинда Аллагьасул свалат салам лъеяв, Гьесул лагъ вуго абун ва Гьес халкъалда дин малъизе вит1арав расулги вуго абун.

Диналъул ваццазе насих1атлъун, гьез мунфаг1ат боси бокьун, дица данде гьабуна гьит1инабго т1ехь, жинда жаниб исламалъул бищунго к1вар ц1ик1араб рукну как баялъул хиралъи бицараб. Гьелда хадуб дица хъвана муъминчияс хьвадизабизе кколеб т1абиг1ат г1амал баян гьабун, нилъеца жидедаса мисал босизе кколел салафу ссвалих1иназул хьвади щиб бук1арабги.

Авалаб баб. Какил бицунеб бакl.

Шагьадат бегьизабун хадуб Исламалъул к1иабилеб рукну буго как бай. Гьеб жиндир к1вар ц1ик1араб амруялъул бицен гьабун машгьурав г1алимчи, Макка шагьаралъул, Шафиг1иял г1алимзабазул муфти, Ах1мад бину Зайнию Дих1ланияс абуна:

- «Нужеда лъай я диналъул вацал, нужедаги дидаги Аллагьас дин бич1изабеял, бит1араб нухги илгьам гьабун, шайт1ан нафсалъул квешлъиялдасан ц1унаял. Х1акълъунго как - диналъул аслу буго, гьеб как мух1кан гьабурав чи – жиндир дин мух1кан гьабурав чи вуго. Гьеб как г1одобег1ан гьабурав чи – жиндир дин ч1унтизабурав чи вуго. Бищунго к1удияб къварилъиги, къабих1лъиги, г1айибги буго какил к1вар гьабунгут1и, жамаг1атги, рузманги хвезаби. Гьеб как байги, жамаг1ат жумг1а байги буго Аллагьу Таг1алаяс жиндалъун даражаби рорхулеб, мунагьалги чурулеб, зоб-ракьалъул агьлуялъ Бет1ергьанасе жиндалъун г1ибадатги гьабулеб жо. Гьеб как бач1ого толаро ва дунялалъ как баялдаса машгъулги гьавуларо бахьи къосарав чи гурони. Гьев чиги ахираталда ц1акъ зах1матаб, халатаб г1азабалъулъ ва пашманлъи - къварилъиялъулъ ккола. Жинца как тарав чи Аллагьу Таг1алаясул жинда ццим бахъарав чи вуго ва гьесул рух1 бахъиги куфруялда ккола, гьесул вусунеб бак1ги жужах1 бук1уна, ва гьев чи Аллагьасул лаг1нат (наг1ана) шварав чи вуго, зоб ракьалдаса жиндий рах1мат къот1арав чиги вуго».

Жинда Аллагь разилъаяв Г1али асх1абасдасан х1адис бицана: - «Дида Аллагьасул свалат, салам лъеяв Авараг жинца абулев раг1ана: - Муъмин чияс как тараб мехалъ Аллагьас гьесул гьумералда хъвала «гьав чи вуго дир рах1маталдаса вахъарав чи ва дунги гьесдасан нахъег1ан къарав вуго», - абун. Лагъас цо фаризаяб как тараб мехалъ гьесул ц1ар жужах1алъул рагьуялда хъвала».

Жидеда Аллагь разилъаял Г1умар асх1абас ва Абу Гьурайратица бицараб х1адисалдаги буго: Хирияв Расулас абуна: - «Жибраилас дие аят ц1алана, гьелъул маг1на буго: «гьел цере арал умматазда хадуб цо къавм бач1ила жудеца как г1адада хвезабулел, шагьватазда (гьава- нафсалда) нахъ жалги рилъунел, гьел чаг1и жужах1алдеги ккола»- абураб. Цинги дица Жабраиласда гьикъана: - «Дир умматалъ как тезе бугищха, дун хун хадуб», - абун? Гьес «тезе буго», - ян абуна. - Ахир замана бач1изе буго дур умматалъ гьеб как хвезабулеб, г1уждасан гьеб нахъе бахъулеб, шагьватазда нахъ жалги рилъунеб, гьезие цо динар (гъуруш) лъик1аб лъун бук1изе буго как баялдаса»- абун.

Аллагьасул, - «къиямасеб къоялъ шафаг1ат щоларо Аллагьасулгун къот1и гьабурав чиясе гурони» -абураб каламалъе маг1на гьабун Аварагас абуна (жинда ссвалат салам лъеяв): - «къот1и гьаби буго къойил балеб щуябго как», - абун.

Цойгиги Аллагьасул свалат, салам лъеяв Аварагас абуна: - «Аллагь цо гьавун шагьадат бит1иялда хадуб, бишунго хирияб жо как бай буго», - абун.

Абу Дардаица абуна: -«Бищунго лъик1ал лагъзал руго жидеца Аллагь рехсезе г1оло бакъ-моц1алъул хал гьабулел», - абун. Ай какил г1ужал ц1ехолел абураб маг1на буго гьеб.

Цойги Аварагас абуна: - «Къиямасеб къоялъ т1оцебе х1исаб-суал гьабулеб жо как буго. Гьеб т1обан батани цогидалги г1амалал къабул гьарула, гьеб т1обан батич1они гьел г1амалалги нахъе ч1вала», - абун.

Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас, жинда Аллагь разилъаяв Абу Гьурйратида абуна: - «Я Абу Гьурайрат, дуца агьлу хъизаналда «как бай», - абун амру гьабе. Аллагьас дуе ризкъи кьезе буго дуда рак1алдаго кколареб рахъалдасан», - абун.

Г1алимзабаз абуна: - «Ракьалда инсанас сужда гьабун щинаб бак1алъ гьев чиясе ахираталда нуг1лъи гьабула ва гьев хвараб къоялъ гьесда хадуб маг1у гьабун г1одула», - абун.

Аллагьасул свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: - «Бокьун как тарав чиясдаса дун рик1к1адав вуго», - абун. (ай, дир гьев чиясе кумек гьеч1о). – «Гьеб шуябго как т1обит1ун барав чиясе дун нуг1лъун ва нурлъун ватила. Гьел какал г1адада хвезарурав чи фирг1авнгун вахъинавила».

Жабраилас абуна: - «Я Мух1аммад, как тарав чиясул к1алги, х1ажги закаг1ат сах1ги къабул гьабуларо. Гьеб как тарав чиясе инжил-тавраталда, забуралда лаг1нат кьун буго, гьесие зобалазги малаиказги лаг1нат кьола гьесие дур шафаг1атги х1авзги гьеч1о, гьев дур умматалдасанги гьеч1о. Жинца как тарав чигун цадахъ кваназе г1одор ч1еларо, гьев унтани ваккизеги инаро, хвараб мехалъ жаназагун цадахъги инаро. Гьесие саламги кьеларо, гьевгун гьалмагълъиги гьабиларо. Гьесул динги бук1уларо, гьесда божилъиги бук1уларо, гьесие Аллагьасул рах1маталдаса бут1аги бук1уларо ва гьев мунафикъзабигун жужах1алъул т1инда вук1уна. Жинца как тарав чи, горбода квералги рухьун, малаикзабаз кьабулаго вехъерхъун вачун жужахъалъуве рехула ва фирг1авнгун, гьамангун, къарунгун цадахъ г1азабалъулъ вук1уна. Как тарав чияс квен к1алалда аскобе босулеб мехалъ, гьеб квеналъ абула, «лаг1нат лъеги дуда я Аллагьасул тушман, дуца Аллагьасул ризкъиги кваналеб буго гьесул фарзги т1убалеб гьеч1о», - абун. Как тарав чияс рет1араб рет1елалъ абула: - «дир х1ал к1олебани дун гьесул черхалдаса лъутун инаан», - абун. Как тарав чи рокъоса къват1иве вахъараб мехалъ гьесда жиндирго рукъалъ абула: - «Дур сафаралъулъ Аллагьас дуй гьалмагълъи гьабугеги ва мун сах саламат т1адеги вусинавугеги», - абун.

Имам Шаг1ранияс абуна (гьав ц1акъ к1удияв г1алим ва вали вуго): - «Хирияв Аварагас нилъ киназдасанго (ай г1алимзабаздаса) г1аммаб х1алалъ къот1и босана нилъеца как тарав чиясе баян гьабе абун гьеб шуябго как баялъул хиралъиги, гьезул адаб гьабурасе бугеб хирилъи-т1ок1лъиги. Гьаб заманаялъул муридзабаги, мутаг1илзабиги ц1акъ гъафулал руго гьаб амруялъулъ ва жидеца щибго инкар гьабич1ого как тарал чаг1игун гьалмагълъи гьабулел, гьелгун цадахъ г1умру гьабулел, гьезулгун дарам базаралъулъ г1ахьаллъи гьабулел руго. Ва гьезие баян гьабулеб гьеч1о как тарал чаг1азе бугеб г1акъуба-г1азаб ва гьеб как баразе бугеб ажру-даражаги. Гьаб амру буго ц1акъ дин хвезабураб амру. Я дир вац, дуца ц1акъ х1аракат бахъун баян гьабе, как-диналъул к1вар гьеч1ел чаг1азул х1акъикъат ва гьезие бук1ине бугеб г1азаб. Гьедин дуца баян гьабич1они мунги гьелгун цадахъ г1азабалъулъ вук1ине вуго ва дудалъун жужах1 боркьизе буго. Ва мунги г1елмуялда г1амал гьабич1ездасан вук1ине вуго».

Нилъее гьел г1алимзабазул баракат шафаг1ат щвайги. Амин.

Нужеда лъай, нужедаги дидаги Аллагь гурх1аял, как баялдаги, жамаг1ат гьабиялдаги т1ад ч1ей буго киналниги лъик1лъабазе аслу, даража борхиялъеги, баракат г1емерлъиялъеги нух, мунагьал чуриялъеги, балагьал рорхиялъиги сабаб.

Аллагьасдаса х1инкъи (такъва) щола гьел каказда т1ад ч1ей гьабиялдалъун ва гьеб такъваги дин камиллъиялъе аслу буго. Дин камиллъиялъ гьев чи нахъе ч1вала къабих1ал пишабаздаса ва мунагьал гьариялдаса.

Т1адег1анав Аллагьас абуна:

«Гьал буссурбабазул агьлу иманги лъун, Аллагьасдасанги х1инкъун хьвадулел ани – дица гьезие зобал ракьазул баракатал рагьилаан»- абун.

Цойги бак1алда Аллагьас абуна:

«Гьел г1адамал бит1араб нухда хьвадулел ани – дица гьезда жинца г1орц1изарулеб лъим гьекъезабилаан»- абун.

Как балеб агьлу ругеб бак1алдаса балагьал нахъе ч1вала, гьеб как тарал чаг1азде балагьал рещт1улеб г1адин. Дуца абуге диналъул вац дица как балеб бугин, цогидазул дица к1вар гьабиларин абун. Нагагь балагь решт1ани гьеб лъик1асдаги квешасдаги г1амлъула. Гьелъие г1иллаги буго - лъик1ал г1адамаз амру-нагью гьабич1ого тей ва Аллагьасе г1оло квешлъи гьабулел г1адамал рик1к1ад гьарунгут1и.

Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас цо къоялъ асх1абзабазда абуна: - «Нужеца абе; - «Я нижер Аллагь! Дуца нижеда гьоркьов жив къосарав ва дур рах1маталдаса вачахъарав чи гьавуге»- ян абун. Асх1абзабаз гьикъидал щив кколев шакъияв ва мах1румияв чи абун, Аварагас абуна: - «Гьев вуго как тарав чи», - абун.

Т1адег1анав Аллагьас абуна:

«Вайлун буго жудеца как г1уждаса нахъе бахъун гьелъул к1вар гьабич1ого тарал г1адамазе».

Гьеб вайлги жужах1алъул к1к1ал буго гьаб дунялалъул муг1рул жинда жанир лъуни, гьел риун унеб жиндир боркьиялъ. Гьеб бак1 какил к1вар гьабич1ого тарав чи кколеб бак1 буго, жинца тавбу гьабун Аллагьу Таг1ала т1аса лъугьарав ва хут1арал какалги рец1арал хут1ун. Гьеб как буго муъминчинги, кафурчиги жиндалъун бат1а гьаризе лъалеб г1аламат.

Нужеда лъай, нужеда Аллагь гурх1аял! Как баялда т1ад ч1арав чи Аллагьу Таг1алаяс щуго жоялдалъун хира гьавула:

- гьесдасан факъирлъи борхула;
- хабалъ г1азабги борхула;
- г1амал хъвараб кагъат квараниса кьола;
- сират1алдаса пири г1адин хехго уна;
- х1исаб суал гьеч1ого алжаналъуве лъугьинавула.

Гьеб как г1одог1ан гьабурав чиясе Аллагьас анц1ила щуго г1азаб гьабула: анлъго г1азаб дунялалдого гьабула:

- г1умруялдаса баракат босула;
- гьумералдаса лъик1ал чаг1азе бук1унеб нур инзе гьабула;
- кинаб г1амал гьабуниги гьелъул ажру хъваларо;
- гьесул дуг1а зодоб борхуларо;
- гьесие лъик1ал чаг1азул дуг1аялъул баракат щоларо;
- гьесул рух1 иманалда бахъуларо.

Гьев холеб мехалъ лъабго къварилъи щола:

- гьев г1одовег1анлъун холла;
- гьев къечон холла гьесие, дуниялалъул ралъадал гьекъезе кьуниги гьесул къеч буссунаро;
- гьев вакъун холла.

Гьев хабалъе лъедалго лъабго къварилъи щола:

- гьесул хоб къварид гьабула, гьесул хьабалухъа г1уч1ал цуцалъе рахъизег1ан;
- гьесул хабалъ ц1а бакула ва релъедаги, къадги ц1адул сунтуразда вук1уна;
- гьесул хабалъе борохь биччала «ашшучаг1ул акъраг1» абулеб ва гьесда щибаб какил г1ужаз кьабун, гьесие г1азаб гьабула.

Аллагьасда данде ч1вадалги гьесда лъабго къварилъи щола:

- мах1шаралда рахъизе гьарураб мехалъ цо малаик вач1ула жинда кодоб лъабкъоялда анц1го нат1 халалъи бугеб рахасгун. Гьеб рахас габуралда жемун к1алдиса жаниб биччан нахъаса къват1ибе бахъула ва гьев малаикас ах1ула, «гьаб буго Аллагьасул фарз тарав чиясе бугеб жазаъ», - абун;
- гьесда Аллагь валагьуларо;
- гьев мунагьаздасан вац1адги гьавуларо .

Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасдасан х1адис бицана: - «Аллагьас къиямасеб къоялъ тlоцере гьумер ч1ег1ерлъун рахъинарула как тарал г1адамал».

Къатадат асх1абас абуна: - «Нужеца какалда т1ад ч1ей гьабе, гьеб буго муъминзабазул т1абиг1ат-г1амал».

Цойги хирияв, жинда Аллагьасул ссвалат салам лъеяв Аварагас абуна: «Дир уммат жинда Аллагь гурх1араб уммат буго. Гьеб умматалдасан къварилъи баллагь борхула гьезул дуг1аялда лъун, гьезул ихласалдалъун (гьабулеб г1амал бац1адго Аллагьасе г1оло гьаби) ва заг1ифал г1адамазда гурх1ун».

Бокьун как тарав чи кафурлъулин абурал г1емерал х1адисал руго. Гьеб раг1и Г1умарицаги, Г1абдурах1ман бину Г1авфицаги, Муг1аз бину Жабалицаги абуна. Абу Гьурайратицаги, ибну Масг1удицаги, ибну Г1аббасидасанги абуна. Жабир бину Г1абдуллагьицаги, Абу Дардаицаги абуна, - жал киназдасаго Аллагь разилъаял. Гьал киналго машгьурал асх1абзаби руго. Гьезда нахърилълъарал табиг1иназги абуна. Гьездасан вуго имам Ах1мад ва г1емерал г1алимзаби, жидеда Аллагь гурх1аял. Гьал хириял асх1абзабазги к1удиял имамзабазги г1алимзабазги как тарав чи кафурлъулин абураб раг1иги г1езе ккела хириял вацал, инсан кант1изе ва тавбу гьабизе.

Ц1акъ г1ажаибаб жо гьеч1ишха ваццал; жив вижарав ва жив хьихьулев, кинабго дунялалъулги ахираталъулги амру жинда кодоб бугев Бет1ергьанасдаги г1асилъун, заг1ифав, мискинав шибго гьунар гьеч1ев, г1азабалдаса хвасарлъизе х1илла гьеч1ев лагъ щайт1аналда нахъ вилълъун, гьелъул нухалда хьвади. Гьеб щайт1ан Аллагьасулги, жиндир умумул Адамил ва Х1авал тушман бук1инги лъалеб бук1аго.

Нужеца гьеб шайт1аналда хилифлъи гьабе диналъул ваццал ва как ах1улеб гьаракь раг1арабго какда хехлъи гьабе ва к1вах1алъи г1узруги нахъе реххе. Жеги нужеда лъай, я диналъул ваццал, нуж Аллагьу Таг1алаяс х1акъаб нухалда т1орит1аял, нужеда т1аддаб буго нужеца руччабазда ва нужер лъималазда лъазабизе - «как бай ва гьелда т1ад ч1а», - абун. Х1акълъунго нужер хъизамал нужехъе Аллагьас кьураб аманат буго, ва нужеца гьеб аманат т1обит1изе ккола хиянат гьабич1ого.

Хирияв аварагас абуна: - «Дица Аллагьасул ц1ар гьоркьоб ккун нужеда руччабазул амру т1ад къалеб буго» - абун.

Жиндир ручабазда как дин малъич1ев чи, аманат т1убач1ев чи вуго ва Аллагьу Таг1алаясул амруялда нахъ вилъинч1ев чиги вуго. Т1адег1анав Аллагьас абулеб буго:

«Дуца дур хъизаналда как бай абун амру гьабе ва гьеб какалда т1ад ч1ун сабруги гьабе».

Бахьи къосарал г1адамазда гьоркьов рик1к1ун вуго ч1ужуялда как базе гьабуларев чи. Щиб лъик1лъи ва баракат бук1улеб дин гьеч1ей ч1ужуялъул. Гьей Аллагьасул амруялда мут1иг1лъич1еб мехалъ гьей йиччан тезе ккела. Аллагьасул тушмангун цадахъ г1умру гьабизе бегьуларо. Гьей ч1ужуялъул валиясги (эмен, вац) кумек гьабе росасе гьей диналде ах1изе. Гьедин гьабич1они гьесдаги Аллагьасул ццим бахъила ва жужах1алда ккезавила.

Гьединго цояз цоязе диналъулъ кумек гьабизе т1аддаб буго, гьебги ц1акъ к1вар бугеб амру буго ва гьеб амруялъул к1вар гьабич1ого толаро жиндир дин гьеч1ев ва жиндилъ лъик1лъи гьеч1ев чияс гурони.


Г1абдуллагь бину Г1алави абулев г1алимчияс абуна: - «Дуца какалда т1ад ч1ч1ей гьабулеб г1адин, дурго агьлу хъизамал, лагъзал, гьелда т1ад ч1ч1езаризе ккела ва гьезие х1инкъиги кьезе ккела г1азабги гьабизе ккела как тараб мехалъ».

Как тараб мехалъ хъизаналда дур ццим бахъе, дур боц1и хвезабураб мехалъ бахъулеб г1адин. Гьедин гьабич1они мун дин махсараде гьабулев чи вуго. Гьедин дуда мут1иг1лъич1ел чаг1иги дуца дудаса рик1к1ад гьаре – гьел шайт1аби руго жиделъ лъик1лъи гьеч1ел.

Т1адег1анав Аллагьас абуна:

«Нужеца нужер гьалмагълъун тоге Аллагьасдаги, Аварагасдаги къацандулел г1адамал, гьел нужер г1агарал г1адамал ругониги, умумул ва лъимал ругониги. Гьедин гьалмагълъун толел чаг1и жидер иман гьеч1ел г1адамал руго»- абун.

Нужеца какалда т1ад ч1ч1ей гьабе. Гьеб буго бищун к1удияб хазинаги, бахьи бугел г1адамазул нухги, лъик1ал чаг1азе рах1матги, вализабазе бечелъиги.

Дуца ниж лъик1аб нухде т1орит1е Бет1ергьан ва нижер лъик1лъабиги ц1ик1изаре ва нижер мунагьалги чуре ва дунял ахираталъул бахьи буголъи ниже кье Аллагь.

Гьанже жамаг1атгун как баялъул хиралъи бицина

Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварас абуна: - «Жамаг1аталда бараб как хирияб буго, живго цох1о ч1ч1ун баралдаса къоло анкьго нухалъ»- абун.

Цогиги Аварагас абуна: - «Шагьаралда яги росулъ лъабго чи вугони ва гьез жамаг1ат гьабун как бач1они гьел шайт1аналъ махсароде ккурал г1адамал руго», - абун.

Цойгиги Аварагас абуна: - «Бац1ица г1иялъан бат1а т1ураб чахъу кванала, куфруги нифакъги буго какде ах1араб мехалъ гьелъие жаваб гьабич1ого тей (ай жамаг1аталда как базе инч1ого ч1ей)», - абун.

Цойгиги Аварагас абуна: - «Сах-саламатги, рег1унги вук1ун жамаг1аталда инч1ого ч1арас бараб как как гьеч1о, (ай гьеб къабул гьабуларо)», - абун.

Абу Саг1идил Худрийи асх1абас абуна: - «Нужеда цо чи т1ад ч1ун масжидалда хьвадулев вихьараб мехалъ нужеца гьесие нуг1лъи гьабе « лъик1ав муъминчи вуго», - абун».

Т1адеганав Аллагьас къуръаналда жаниб абуна:

- «Х1акълъунго жидеца масжидал къач1алел г1адамал руго Аллагьасдаги ахираталдаги иман лъурал, г1ужда х1укъукъалги ц1унун какги балел, закатги бахъулел, цох1о Аллагьасдаса гурони жалги х1инкъуларел г1адамал».

Хирияв Аварагас абуна: - «Масжид буго Аллагьасдасан х1инкъарав чиясул рукъ».

Цойгиги абуна: - «Масжид рукълъун ккурав чиясе Аллагьу Таг1алаяс г1ей гьабула рах1мат ц1обалдалъун ва гьев сират1алдасан ворч1изавула ва алжаналда жанив, Аллагь разилъун паракъат гьавула».

Жинда Аллагь разилъаяв Абугьурайратица абуна: - «Инсанасе биинабураб т1ухьи т1ун, г1ундул раци лъик1аб буго, как ах1улеб раг1араб мехалъ жаваб гьабич1ого ч1еялдаса».

Аварагас абуна: - «Жиндирго рокъоб г1ат1ид гьабун какиеги чурун, щибаб какда хьвадулев чи Аллагьасда зиярат гьабулев чи вуго, ва гьев Аллагьу Таг1алаяс к1одо гьавула».

Ва цойги абуна: - «Масжидалъул мадугьалас масжидалъуб гурони как баз бегьуларо»,- абун.

Гьеб жамаг1аталда бараб какил т1убараб кири бук1иналъе сабаб буго мухъал рит1изари ва гьел рит1изареян амру гьаби. Аварагас абуна: - «Нужеца мухъал рит1изаре ва гъажазул бут1рул ращад гьаре ва квералги цоцада цузарун гьоркьоб бак1 теч1ого ч1а. Х1акълъунго щайт1ан нужеда гьоркьобе лъугьуна нуж цоцада цун гьеч1они».

Бараъ бин Г1азиб асх1абас абуна: - «Аллагьасул свалат салам лъеяв Авараг как балезул мухъалда аск1ов вач1унев вук1ана ва гьес г1адамазул курмулги, гъуждулги рит1изарулаан. Жинцаги абулаан; - « нужеца мухъал рит1изарич1они нужер рак1алги рит1уларо», - абун».

Цойгиги Аварагас абулеб бук1ана: - «Аллагьу Таг1алаяс ва малаикзабаз свалат бит1ула цересел мухъазда ругел г1адамазда», - абун.

Цойгиги Аварагас абулеб бук1ана: - «Нужеца мухъал рит1изаре, гьел мухъал рит1изари буго как т1убаялъе ва мух1канлъиялъе сабаб».

Цойгиги абуна: - «Мухъ цоцада хурхизабуразда Аллагьги хурхула, мухъ къот1изабураздасан Аллагьги къот1ула», - абун. Ай ц1об-рах1мат гьабула ва ц1об-рахмат къот1изабула абураб маг1на буго гьалъул.

Жамаг1ат гьабун как баялда т1ад ч1ч1ей гьабизе рекъараб буго боголил ва рогьалил как. Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас абуна: - «Боголил как жамаг1аталда барав чи бащдаб сордо кьижич1ого т1аг1ат гьабурав г1адин вуго ва рогьалил как жамаг1аталда барав чи т1убараб сордоялъ т1аг1ат гьабурав чи г1адин вуго», - абун.

Цойгиги Аварагас абуна: - «Мунафикъзабазе бищун бак1аб как буго боголил ва рогьалил как. Гьезда лъалебани гьеб к1иябго какалъул хиралъи жал гьелде рач1инаан накабазда хъурщунги. Дир къасд ккун буго как базе цо чиги тун дун асх1абзабигун цадахъ ц1улал магьалги росун ине ва какда рач1инч1ел чаг1азул рукъзал рух1изе»- абун.

Жинда Аллагь разилъаяв Ибну Г1уммарица абуна: - «Боголил какда яги рогьалил какда цо гьалмагъ вач1инч1ого ч1араб мехалъ ниж гьесда щакдарулаан гьев мунафикъ ватизе гурин абун».

Аварагас абуна: «Нуж хъурщун рач1унги боголилги рогьалилги какде рач1а! К1икъого къоялъ жамаг1аталда как бухьигун цадахъ боголги, рогьалилги какде щварав чи – жив жужах1алдаса тархъарав чи вуго»- абун.

Аллагьасул свалат салам лъеяв Аварагас абуна: - «Рогьалида вахъун, какиеги чурун, цинги масжидалдеги ун к1иго ракаг1ат бан г1одов ч1арав чи, цинги имамгун цадахъ какги барав – гьев чи Аллагьу таг1алаяс жив разияв чаг1азда гьоркьов хъвала ва гьеб какги лъик1ал ч1аг1азул каказда гьоркьоб хъвала», - абун.

Цойгиги абуна: - «Рогьалилъ вахъун, рогьалил какде унев чи – иманалъул байрахъ босун унев чи вуго. Радакь вахъун базаралде унев чи – щайт1аналъул байрахъ босун унев чи вуго».

Авзаг1и абулев г1алимчияс абуна: - «Жаг1аталда унгеян эбел-инсуца амру гьабуни – гьезие мут1иг1лъизе бегьуларо», - абун.

Саг1ид бину Мусаябица абуна: - «Къого сон ана дун как ах1илелде цеве масжидалдаса камич1ого», - абун.

Салафу-с-Салих1иназул цояз бицана: - «Къиямасеб къоялъ цо къавм т1аде рахъула ц1ваби г1адин гвангъарал гьурмалгун ва гьезда малаиказ гьикъидал, «щиб г1амал нужеца гьабулеб бук1араб»? - абун, гьез абула:- «Как ах1улеб раг1арабго нижеца какиеги чурун, какие х1адурлъи гьабулаан», - абун. Цо къавм т1аде рахъула бакъ г1адин гвангъарал гьурмазул ва гьезда гьикъидал малаикзабаз, «щиб г1амал нужеца гьабулеб бук1араб»? - абун, гьез абула: «Ниж как ах1илалде масжидалда рук1унаан», - абун».

Абу Мадян шейхас абуна: - «Лагъасе какидасан, гьесул рак1 х1узуралда бук1ун гурони кири хъваларо ва амма жамаг1аталда как барасул гъафуллъи ва гъалат1лъи жамаг1аталда ругел камилал чаг1азул баракаталъ лъик1лъилъун сверула», - абун.

Цогиги г1алимас абуна: - «Жамаг1ат как базе вахъун ч1араб мехалъ Аллагь имамасул рак1алде валагьула. Гьеб рак1 х1узуралда батани, гьеб жамаг1аталъул как къабул гьабула ва гьезда Аллагь разилъула. Ва амма гьесул рак1 х1узуралда батич1они Аллагьу Таг1ала жамаг1аталда валагьула ва гьезда гьоркьов лъик1ав чи ватани гьесул баракаталъ киназулго как къабул гьабула. Гьеб жамаг1аталда гьоркьов лъик1ав чи ватич1они Бет1ергьанас абула: - «Гьаб жамаг1ат дие как базе рач1ун ругин, ва дида ццере ч1ч1ун ругин, ва гьезул х1урмат гьабун гьезул мунагьал чурула ва как къабул гьабула», - абун.

Жинда Аллагь разилъаяв Г1абдуллагь бин Г1алавияс абуна: - «Жинда жамаг1аталъул кири бицунеб раг1ун бук1аго, жив сах-саламатги вук1адго, рег1унги вук1аго жамаг1аталда вач1инч1ого ч1оларо мунафикъав, жив диналъулъ щакдарулев чи гурони. Гьев чи вуго жив мекъи ккарав, жиндир рек1елъаса Аллагь лъаялъул нур бахъарав ва жив Аллагьасул лагъ вук1ин к1очарав чи».

Х1акъикъияб лагълъи гьабун гурони дунял-ахираталъул бахьи буголъи гьеч1о ва гьеб лагълъи гьабиялъул бищунго к1вар ц1ик1к1араб жоги как бай буго. Нилъехъе щвараб хабаралъул цониги раг1и гьеч1о Аварагас живго цох1о вук1ун, фаризаяб как бана абураб. Камилав муъминчиясда рекъараб гьеч1о жамаг1аталда как бач1ого тезе ва гьаб т1ехьалда бицараб ва бицинч1ого хут1араб х1инкъи кьейги г1азаб бициги жиндир нафсалде ккезабизе.

Дуца тавфикъ гьабе Бет1ергьан жамаг1аталда как базе ва цогидал лъик1лъаби гьаризе. Амин!

Аль-Ашбал

ИА GURABA

 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин