.jpg)
Гьанже диналъул вац, дие бокьана ц1акъ дир рак1 унтинабураб, гьаб заманалъул бищун къабих1аб фитналъун жиб бугеб ва цересел г1алимзабаз ва свалих1иназ жиндир бицен дагь гьабун бугеб, руччаби бихьиналго г1адин киналго ишазулъ г1ахьаллъун рук1ин исламалда жаниб зах1матаб амру бук1ин бицун, дагьаб калам гьабизе.
Гьел свалих1иназ гьелъул х1акъалъулъ дагьаб бицун теялъе г1илла буго, гьезул заманаялъ руччаби шариг1ат ц1унун рук1ин, гьел руччабазул бет1ергьаби (ай, эмен, рос, вац, вас) унго-унгоял, ислам ц1унарал бах1арзал рук1ин. Ва гьаб заманалъ бугеб х1ал бук1инин абун гьезда рак1алда хъат1унгут1и.
Валлагьи, гьел бах1арзаз хвалчен лъалиниб лъелароан жакъа дунялалда бугеб х1ал гьезда бихьун бук1арабани ва гьал г1адамазда рекъон гьезда гьоркьор ч1еялдасан жалго хвей т1асса бищилаан гьез.
Гьаб х1алалда нилъ ккеялъе сабаб:
Аллагьасул тушбаби Маркс, Ленин ва цогидалги ургъун, бат1улаб г1елму бахъун, Аллагьасул нухалдасан халкъ къосизабун хьвадарал г1адамазул «г1адлу-низам» т1аде бач1ин. Мут1иг1лъич1ел муъминзаби, свалих1инал гьоркьосан ч1аран, халкъ жидер к1алдиб балагьун ч1езаруна ва кинабго амруги гьез диналде данде, гьелъул г1аксалда бахъана.
Гьеб х1алалъ куцараб, ц1улъараб халкъ хадуб щайт1анги хьвадун унго-унгояб жужах1алъул нухалда лъуна. Гьаб кинабго амруялдаса Аллагь гъафуллъун ккеч1о ва гьеб, Аллагьу Таг1алаясда лъалеб, нилъ жинда нахъ рег1улареб х1икмат жаниб бугеб бук1ана.
Гьел диналъул тушбабаз абуна исламияб диналъ ч1ужуг1адан г1одоег1ан гьаюн йигин х1акъир гьаюн йигин, гьелъухъ кинабг1аги ихтияр гьеч1ин ва жидеца гьей ч1ужуг1адан эркен гьаюлей йигин абун. Х1алт1изеги, ц1ализеги, бокьухъе хьвадизеги ихтияр кьунин дуеян абуна.
Гьединго щайт1ан лъороб кьинлъараб агьлуялъ ихтияр кьун гьел руччаби рукъзабахъан къват1ире рахъана. Аллагьасул къураналда ва хирияв Аварагасул х1адисалда – «х1урул г1инзабадаса хириял руго нуж» - абун жидее сифат гьабурал, исламалъул бах1арзаз жавгьар-якъутлъун ц1унун рук1арал гьел, чорокаб агьлуялъ жидер х1ажат т1убазе алатлъун гьаруна.
Г1акълу дагьал ясал кин бокьаниги лазат-кепги босун, жидер шагьватги т1убан, инжит гьарун къват1ире рехулеллъун гьаруна. Гьеб инжитаб х1алалъ хурхараб лъимерги, бахъун х1ажатханалъубе рехана.
Ц1акъаб ихтияр, ц1акъаб х1урият, ц1акъаб ращалъи гьеч1ищха! Хириял диналъул ваццалги, яцалги. Нилъер исламияб диналъ ч1ужуг1адан бихьинчиясдасаги т1ок1 гьайун йиго ва хира гьаюнги йиго. Гьеб раг1и рит1ухъ гьабизе цодагьалго мисалал рачила.
Аллагьас хирияб Къураналда жаниб чанго аяталда амру гьабун буго бихьинчиясда жиндир хъизаналъе лъик1лъи гьабе, гьездахун х1еренго вук1а, гьезие нафакъа (квен, рет1ел) нукъсан гьабуге абун. Ц1акъго т1ад ч1ей гьабун буго эбелалъул х1урмат ц1униялда. Рос-лъадиялда гьоркьоб кьерхен ккараб мехалъги росасдасан т1алаб гьабулеб буго ч1ужу берцинго, адаб малъун хьвадизаеян. Росас гьелъие зулму гьабулеб бугони гьев рос шарг1алде вачун, тамих1 гьабун, нахъе ч1вала зулму гьабиялдаса.
Ислам бач1инег1ан г1арабиязул ч1ух1арал г1адамазул г1адат бук1ана, нагагь яс гьаюни ч1агого ракьулъ юкъулеб, жидее нич гьабила, яги жидер къадруялда рахич1еб бак1алда ригьин гьабизе ккела абун. Къуръаналъ гьеб иш нахъе ч1вана ва гьел ясалги, нужги рижулев ва хьихьулев жив вугин абун, Аллагьас х1арам гьабуна гьедин ясал хвезари.
Хирияб Къуръаналъ ч1ужуг1аданалда т1ад къалеб жо буго Аллагьасул амру нагью т1убай, Гьес т1аде лъураб фарз т1убай. Шарг1алда балагьараб мехалъги гьей ч1ужуг1адан ц1акъ бигьаяб амруги т1ад къан тун йиго: Жиндир Бет1ергьан Аллагьасе г1ибадат гьабиги, рос вугей ч1ужуг1адан шарг1алада рекъараб амруялъулъ гьев росасе мут1иг1лъиги. Цогидаб кинабго амру, гьел ручабазе рет1ел-квен кьейги, мина-рукъ кьейги, унтани дару гьабиги, хведал гьел т1орит1иги бихьинчиясда т1ад буго..
Бихьинчиясе алжаналдалъун рохел бицун буго Аллагьас т1ад лъураб фарз т1убан хадуб цогидаб замана, хъизан- лъималазе, эбел- инсуе нафакъа кьеялда т1обит1ани, гьеб х1алалаб нухалда т1алаб гьабун инабуни. Ч1ужуг1адамалъе алжаналдалъун рохел бицун буго жиндир миллат гьабулев чияс (ай, рос вук1а, эмен, вац, вас вук1а) кьураб нафакъаги кванан, Аллагьас т1ад къараб г1ибадатги гьабун хьвадани. Гьалъул пикру гьабурав чиясе цойги щибго жо х1ажат гьеч1о шарг1алда ч1ужуг1адан жиндир х1урмат ц1унарай йик1ин лъазе.
Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) г1емерал х1адисал руго жиндир эбел, яц, яс берцинго хьихьарав чиясе алжан бугин абун нуг1лъи гьабулел. Хирияв Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) цо асх1абас гьикъидал, -
дие алжан щолеб г1амал щиб? - абун, Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) -
эбел рази гьае, - ян абуна. Хадубги гьев асх1абас к1иц1ул т1адвуссун, -
алжан щолеб г1амал щиб, - абун гьикъидал, -
эбел рази гьае, - ян жаваб кьуна Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв). Гьай эбелги
ч1ужуг1адан йиго.
Цоги х1адис буго, -
«исламияб тарбия кьун лъабго яс россасе кьурав чиясе алжан буго», - абун, -
«ясал жиделъ баракат бугел руго», - абун. Гьал ясалги ч1ужуг1адан йиго.
Масала: россас ч1ужуялъе бежун чед кьезе ккола ва цогидаб гьей х1ажалъулеб жо гьелда аск1об ч1езабизе ккола. Лъимер гьабураб мехалъ лъабго къоялъ гьеб лъимерги хахизе гьабун, дие мухь кьун гурони гьеб лъимер хахизе гьабиларин ч1ужу ч1ч1ани, гьелъие мухь кьезе т1адаб буго. Гьанжеги пикру гьабе диналъул вац, исламияб диналъ к1иг1ан ч1ужуг1адан к1одо гьаюн йигеб?
Гьел руччабазе эркенлъи, ихтияр кьуна абулел Аллагьасул тушбабаз, гьел руччаби завод-фабрикалда, х1атта шахтазда жаниб зах1матал х1алт1аби гьаризе т1амун, гьезул чорхол узданлъи, х1еренлъи, гьезул т1абиг1аталъул недегьлъи, тамахлъи хвезабуна.
Россасе ч1ужулъиги, лъималазе эбеллъиги гьабун тезе кколеб бак1алда, россасе ва лъималазе гьабизе кколеб хъулухъ гьабун хадубги къват1ие яхъун щибаб къойилго гьабулеб х1алт1иги ч1алг1ун, гьей ч1ужуг1адан ццидал ц1урай, росс вокьуларей, лъималаздасан рак1 бикьарай (т1урай) лъугьана.
Жидеца талих1аб г1умру кьуна руччабазе абулел тушбабаз, рек1ел бакъваялъ рукъ тун, росс тун, росо тун къват1ире унел, къват1ахъ ч1ун, тамахьо ц1ан, мехтулеб жо гьекъон, наркотикал х1алт1изарун, зина, ц1огь гьабун хьвадулеллъун гьаруна гьел.
Гьаб кинабго жо бихьулеб ва лъалеб бугониги кафурзабазул зулмуялдаса х1инкъун къват1иве вахъун к1алъазе к1олев г1алимчиги вук1ич1о. Нагагь к1алъаниги, гьесда г1енеккулев чиги вук1ич1о. Ц1акъ кутакаб г1инкълъи, беццлъи, рак1 биццалъи ва ч1ег1ерлъи лъугьизабуна заг1ифав инсанасулъ, рихьулел щайт1аби атеисталги ва рихьуларел, унго-унгоял щайт1абиги хадур лъугьун.
Бет1ергьанасул х1укму-къадаралдалъун гьел тушбабазул зулму т1асса босана, ва амма ц1акъ зах1матаб бит1изабизе к1олареб, бицун жо бич1ч1улареб г1адамал хут1ана г1алимзабазги, свалих1иназги жэидее тарбия кьезе ва х1акъаб жоялде ах1изе. Иншааллагь, живго Бет1ергьанасда хьул буго жив разияб динул исламалда рач1ине гьел кант1изарила абун.
Кинавго жинца жиндир къадру гьабулев, жиндир бах1арчилъиги, г1аданлъиги бугев бихьинчиясда т1аддаб буго бищунго ццебе гьел гьалаглъарал, фасалъарал, инжитлъарал нилъерго буссурбаби-руччаби, гьеб квешаб мах1цараб чорокаб гвандинисан къват1ире рачизе, ва гьел унго-унго эркенал узденал, жидер адаб гьабулел, х1урмат ц1унараллъун гьаризе.
Рач1а диналъул ваццал, нилъеца т1аде босизе бихьиназул налъи! Нилъерго хъизан нилъеца хьихьизе, куцазе ва ц1унизе. Рач1а диналъул вацал, къват1ахъ свердулел жалги рук1ун, - кисан щваниги шиб маг1ишат? - абун руччаби-лъималги х1алт1изе т1амун, х1арамлъи, х1алаллъи хал гьабич1ого хьвадулел, х1алихьатал къадарал г1адамазул г1амал-хасият г1одобе реххизин!
Нилъеда бихьулеб буго жидер хъизан ц1униялъул рахъалъ маг1арулал ц1акъго къадарал лъугьун рук1ин. Исламияб дин хал гьабич1ого, Къавкъазалъул халкъазул г1адатазда балагьаниги нилъеда бихьулеб буго ч1ужуг1адан ц1унулеблъиги, гьей сафаразда, дарамазда бихьиналгун жураялдасан гьукъулеблъиги. Масала: Гуржиял, армениял, азербайджанал - бихьинал рук1уна кирго квен-т1ех гьабулеб, гьеб бичулеб бак1алде х1алт1улел ва бихьиназе гьеб кьолел. Дагъистаниял къавкъазалдаго сурун руго нилъер руччаби даран-базаралъе къват1иреги хьвадун, гьениб гьез гьабулеб чорокаб г1амалги халкъалда загьирлъун буго. Кагъаталда хъвазеги, к1алалъ бицизеги к1олареб, инжитаб, сурараб хабар буго гьел дармихъабаздасан.
Кинабго гьеб хабар бит1араб гьеч1ониги, киналго руччабиги инжитал гьеч1ониги, лъидаго лъала ч1ужуг1адан къват1ие ккараб мехалъ заг1ифаб жо бук1ин, ва цояз бокьун гьабулеб батаниги, цойгидаз бокьич1ониги инжитаб г1амал гьабизе кколеблъи. Нилъ киналго сафаралде унел, вокзал-базар, поездал, гумул рихьулел, гьениб хьвадизабулеб жоги лъалел г1адамал руго.
Дагьавниги живго жинцаго г1аданлъун рик1к1унев чи (динияб рахъ хал гьабич1ониги) гьаб х1алги лъалеб бук1ун, жиндир яс, яги яц сафаралде йит1ун рокъов ч1оларо. Кинабго г1айиб гьеч1о гьел къват1ире хьвадулел руччабазда. Гьезул нусгоялда гьоркьой цо йик1уней ятила эмен, вац, рос гьеч1ей ва гьединго жидер г1оркь ккурав бихьинчияс малъараб гьабуларей г1адан.
Кинабго г1айиб буго гьел руччабиги къват1ире рит1ун, гьез черх бичунги бач1араб хинк1ги кванан, беццавлъун, г1инкъавлъун жив хьвадулев х1алихьатав бихьинчиясда.
Исламияб рахъ хал гьабуни, ч1ужуг1адан ц1акъго чара хвараб жоялъе гурони къват1ие яхъизе бегьуларо. Гьедин яхъараб мехалъги, жий ч1ужулъун ячине бегьуларев г1агарав чи яги рос вук1ине ккола гьейгун цадахъ. Гьев чи гьеч1ого къват1ие яхъулей йигони жинда цадахъ божарал узденал руччаби рук1ине ккола ва гьел руччабазул цоялъениги рос, вац яги васлъун вугев, шарг1алда хиянат бихьич1ев чи вук1ине ккола.
Гьеб къват1ире рахъинги шарг1ияб рет1елги рет1ун, бихьиналгун журайги гьеч1ого, хиянат-зулму гьабиялдаса божилъи бугеб бук1ине ккола. Гьаб жакъасеб къоялда балагьараб мехалъ ч1ужуг1адан сафаралда ине бегьулеб нух балагьи ц1акъ зах1матаб амру буго. Россас живги рокъов ч1ун, ч1ужу дарамалда йит1улей йик1ин - гьеб ц1акъ х1арамаб, живги, жиндир ч1ужуги жужах1алда рехулеб амру буго.
Масала: «Росс рази гьеч1ого ч1ужу рокъоса къват1ие араб мехалъ гьей аск1осан араб щинаб жоялъ ва гьей йихьараб щинаб жоялъ гьелъие наг1ана кьолин» - абун Аварагасул х1адис буго. Росги разилъун ч1ужуг1адан х1арамаб сафаралде араб мехалъ, гьеб наг1ана ч1ужуялъеги, росасеги к1иязего буго.
Хириял маг1арулал, дир диналъул вацал: - Нуж Аллагь цо гьавулеллъун ратани, Авараг рит1ухъ гьарун хьвадулелги ратани, исламияб дин кквезе бокьаралги ратани, нужеца Аллагьасул алжаналда хьулги лъун, жужах1алдасанги х1инкъун, шарг1иял ах1камал лъазаре ва нужерго г1умроялъулъ хьвадизаре.
Ва нужерго хъизанал, хасго яцал, ч1ужабим, ясал исламияб нухалда куцай, гьезие вехьлъи гьабе ва дудаги лъай, мун дунял-ахираталда талих1ав вук1иналъе гьеб аслулъун бук1ин.
Жиндир иман заг1ифав, диналъул к1вар гьеч1ев маг1аруласдаги гьарула дица: - Дурго ях1-намус, инсул ва росдал ц1ар, маг1арул миллат ц1унун, гьелъул х1урмат гьабун, дуцаги дурго хъизаналъе вехьлъи гьабе ва гьел къват1ахъ тоге.
Ле маг1арулав! Бичизе г1аркъил шишаги, тамхьил кисаги кодоб кквезабун, къват1ул гьаби сунт1инаризе къот1ной ч1ужуги, ясги, яцги лъоге! Гьеб ц1акъ инжитаб жо буго бах1арчиясул бералдалъун балагьараб мехалъ.
Гьаб кинабго ваг1за-насих1ат диеги, нужееги буго. Бет1ергьан Аллагьас нилъ х1акъаб нухалда т1орит1аги ва гьеб х1акъаб нух кквезе тавфикъги кьеги. Дидаги, нужедаги, нилъер хвараздаги Аллагьги гурх1аги. Хирияв Х1абиб Мух1аммадгун, гьесул асх1абзабигун алжаналда дандеги гьареги, Амин !!!
Гьаб т1ехь хъвана 1993 абилеб соналъ. Аль-АшбалИА GURABA