Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Аварагасул хвел-1

wmv     flv
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Г1абдуллагь ибн Х1узафагь ас-Сагьмий
23.09.2008
"Кинавниги бусурманав чиясда т1ад буго Г1абдуллагьил бот1рода убач гьабизе ва дица дидасанго байбихьулеб буго". (Г1умар ибн аль Хат1аб, жиндаса Аллагь разилъаяв).

Гьаб нилъеца бицине бугеб къиссаялъул бах1арчи ккола Г1абдуллагь ибн Х1узафагь абурав Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1аб. Исламалъул тарихалда к1олаан миллионалго г1арабазулго г1адин к1вар кьей гьеч1ого ва цебе бахъун нилъехъе щвезабич1ого Г1абдуллагьил къисса тезе, кинго Исламалъ Г1абдулагьие изну кьуна жиндирго заманаялда рук1арал дунялалъул к1иго хангун данч1ван, гьезул щивасулгун к1очонареб, г1асрабазул г1акълуялъ (память) ц1унараб, тарихалъул мац1алъ бицунеб къиса ккезе.
* * *
Фурсазул хан Кисралгун ккараб гьесул къиса бук1ана гьижра гьабун анлъабилеб соналда, Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) г1ажамиязул ханзабазухъе жиндирго кагъталги росун чапарзаби рит1изе рак1алда ккун хадуб. Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) лъалеб бук1ана гьеб т1адкъазе бугеб ишалъулъ х1инкъи бук1ин, щайгурелъул гьесул кагъталгун чапарзаби ине кколаан жидеда мац1 бич1ч1уларел, къот1и кколарел г1адамазул улкабазде, гьезул ханзаби ц1ияб исламияб диналде ах1ун, гьез гьабулеб бугеб дин мекъи бук1ин бицун, султ1анлъи, ханлъи жибго тун, цо Аллагьасе г1ибадат гьабизе гьел ах1изе.

Х1акълъунго гьеб сапар ц1акъ х1инкъи бугеб, гьениве къват1ив вахъарав т1аг1аравлъун гьениса вуссарав к1иабизеги эбелалъ гьавуравлъун рик1к1унеб сапарлъун бук1ана. Гьединлъидал Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1абзабазда гьоркьовги вач1ун, Аллагьасе рецц гьабун абуна: «Х1акълъунго дие бокьун буго нужедаса цо-цоял г1ажамиязул ханзабазухъе рит1изе ва Г1исае мут1иг1лъич1ого бану исраилал ч1арал г1адин дие мут1иг1лъич1ого нужги ч1еч1ого рук1ине» – абун. Цинги Аллагь разилъаял асх1абзабаз абуна: «Дуе бокьараб амру гьабун, бокьаралъуре рит1е Бичасул чапар, нижеца гьеб т1убала», – абун.

* * *

Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1абзабадаса анлъгоял рищана жиндирго кагъталги росун г1арабазулгун-г1ажамазул ханзабазухъе рит1изе, гьезда гьоркьов Г1абдуллагь ибн Х1узафаги вук1ана, фурсазул хан Кисрахъе кагъатги босун ине.
* * *
Цинги Г1адуллагьица сафаралъ вахъине къайи-къоно х1адурун, хъизамгун лъимадул къо-лъик1ги гьабун, жиндаго т1ад къараб иш т1убазе Г1абдуллагь къват1ив вахъана. Борхатал муг1рул-щобал тун, гъваридал к1к1алал тун, живго, цо Аллагь гурев щивго цадахъ гьеч1ого Г1абдуллагь фурсазул ракьалде щвана. Цинги жиндирго къвариг1елги бицун, ханасул цере тараздаса изну т1алаб гьабуна Кисрахъе вилъине. Гьеб хабар раг1идал Кисраца жиндирго хъулухъ чаг1азда амру гьабун мина-вартан, азбар-къоно берцинлъаби гьарун къач1ан, фурсазул т1адег1анал къадру-къимат бугел г1адамал ах1ун изну кьуна Г1абдуллагь ибн Х1узафае жаниве лъугьине.

* * *

Цинги цебеса рагьун биччараб т1еренаб гужгатгун, биццатаб бот1рода жемараб чалмагун, г1арабазул т1адагьаб г1умруялъул Г1абдуллагь жаниве ваккана.

Кинниги, гьесул бет1ер эхеде борхун бук1ана, хьабалухъг1уч1азда гьоркьоб баг1арараб Исламалъул т1адег1анлъигун иманалъул ч1ух1и чорхолъ рек1араб ц1а г1адин бук1ана.

Гьедин гьев вач1унев вихьидал жиндирго цевехъанасдехун Кисраца бет1ер хьваг1изабун гьесухъа кагъат босеян бич1ч1изабуна. Цинги гьев аск1ове къараб мехалъ Г1абдуллагьица абуна: - «Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) дида амру гьабуна гьаб духъе кьеян, дицаги Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) амруялъе хилифлъи гьабуларо ва гьаб дур кодобе гурони кьоларо». Цинги Кисраца абуна гьев живго виччан теян, ва гьеб мехалъ аск1овеги вач1ун жинцаго Кисрал кодобе кьуна кагъат.

Кисраца "Х1ираялъул" агьлуялдаса г1араб мац1 лъалев чиги ах1ун, кагъат рагьун гьеб ц1алеян амру гьабуна. Цинги гьес ц1алана:

"Бисмиллагьи Ррах1мани Ррах1им, Аллагьасул чапар Мух1аммадихъан фурсазул к1удияв Кисрахъе, Аллагьасул салам лъейги бит1араб, х1акъаб т1орит1елалда нахъ рилъаразда..."

Цинги кагътил гьадаг1анасеб къадар раг1идал Кисрал каранда ццидал гучаб ц1а рек1ана, гьесул гьумер баг1арлъана ва бидурихьал пунц1ана, щайгурелъул Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндирго ц1ар Кисрал ц1аралдаса цебе ккезабун хъван бук1иналъ. Ц1алун бахъиналдего гьесул кодосаги бахъун, дир лагъас гьадинаб жо кин диде хъвалебан ах1долаго бихъана кагъат. Кисраца Г1абдуллагь жиндирго мажлисалдаса къват1иве ккезавеян амруги гьабун гьев къват1иве ккезавуна.

* * *

Аллагьас жиндиего хъвараб къадарги лъаларого Г1абдуллагь къват1ивехун лъугьун, жив ч1вазедай вугев ч1вач1ого виччандай телеван лъаларого ч1ун вук1ана. Цинги Г1абдуллагьица жиндирго нафсалда абуна: - «Валлагьи дие гьанже сундулго ургъел гьеч1о Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) амру т1убаралдаса хадуб». Жиндирго вараниялдаги рек1ун гьениса Г1абдуллагь къокъана. Кисрал ццим г1одобе буссиндал гьес амру гьабула Г1абдуллагь жаниве вачеян, амма гьезда гьев ватуларо. Гьесда хадур хъирщадараб мехалъ гьезда гьев ун ватана. Гьедин Аварагасухъе (жинда ссвалат салам лъеяв) щведал ккараб къиса кинабго бицана Г1абдуллагьица. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: - "Аллагьас гьесул ханлъи биххизабеги" – абун.

Гьеб мехалъ Кисраца Йаманалда т1ад тун вук1арав Базан абурав чиясухъе кагъат бит1ула, Х1ижазалда загьирлъун вугев гьев чиясухъе, (ай, жинда ссвалат салам лъеяв Аварагасухъе), дурго къуват бугел к1иго чи валагьизавун гьев дихъе щвезавеян. Цинги Базаница гъорлъа рищун к1иго бищун къуват бугев чи вит1ана Аварагасухъе ва кагъат хъвана, «нахъ бахъич1ого гьезда цадахъ Кисрахъе а», - ян. Гьел рит1илалде цебе Базаница гьев к1иясдаго амру гьабуна Аварагасул кинабниги жоялда хадуб хал ккун, гьесухъ бугебщинаб жоялъул жинда бицеян.

* * *

Цинги гьев к1иявго чи ч1еч1ого хехго гьенире щвеялъул хьулалда унаго Т1аифалде щведал Къурайшазул ричарухъабиги ратун, гьезда гьикъун, Ясрибалда вук1инги гьез бицун, гьенире ралагьун ана.

Къурайшиязул ричарухъаби Маккаялде щведал гьенир ругезда баркун рохел бицине журана, «Кисра Мух1аммадида данде ч1ун, гьес Мух1аммадил квешлъиялдаса нилъ ц1унизехъин руго» , - ян бицана.

Цинги гьев к1иявго Базанил чапар Мадинаялде щведал Аварагасухъе (жинда ссвалат салам) лъеяв ун, гьев к1иясго Аварагасухъе Базанил кагъат кьун абуна: - «Х1акълъунго ханзабазул хан Кисраца нижер хан Базанихъе кагъат бач1ана мунги вачун жиндихъе чапарзаби рит1еян. Дуца нижее жаваб гьабун мун нижгун вилъани, ниж Кисрада к1алъан, дуе лъик1лъи гьабун, кумек гьабила. Амма дуца ниж нахъе ч1вани, дудаго лъалаха Кисрал къуватги, гьесул хъач1лъиги, мунги ва дур къавмги гьес гьалаг гьарулеблъиги», – абун. Цинги рах1маталъул Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьимун гьезда абуна: - «Нуж х1ухьбахъизе ун метер рач1а», - ян рит1ана. Нахъисеб къоялъ Аварагасухъе ун гьез Кисрахъе вилъине мун х1адурав вугищан гьикъидал, Аварагас абуна: - «Жакъаялдаса хадуб т1ок1алъ нуж Кисрагун дандч1валаро... Гьев Аллагьас жиндирго вас Ширавайгьидалъун, гьадинаб моц1алъул гьадинаб сордоялъ ч1вана» - ян. Г1ажаибго гьаган Аварагасухъе ралагьун гьез абуна: «Дуда бицунеб бугеб жо лъалеб бугищ!? Гьеб хабар нижеца Базанихъе хъвалищ?! – абун. Аварагас (жинда ссвалат салам) абуна: «Хъвай ва гьесда абе; х1акълъунго гьаб дин Кисрал ханлъи бук1анщинаб бак1алде т1обит1ула. Мун Исламалде вач1ани дица дурго кверщаликь бугеб ханлъиялда тун, къавмалда т1ад к1удиявлъун тела» – абун.


* * *
Гьев к1иявго чапар Аварагасда (жинда ссвалат салам) аск1оса ун, Базанихъе щун, гьесда хабар бициндал гьес абуна: Мух1аммадица бицараб жо х1акъаб батани гьев Авараг вуго ва гьедин гьеч1они нилъ ургъила щиб гьесие гьабилебали.
Гьелдаса цо г1емераб заманго инч1ого Ширавайгьица хъвараб кагъат щвана Базанихъе ва гьелда бук1ана: «Дица Кисра ч1вана гьесдаса рец1елги босун. Гьес нилъер къавмазул ч1ах1иял ч1ван, руччабазе г1акъуба кьун гьезул боц1и бахъулеб бук1ана, дир гьаб кагъат духъе щведал дудаго гъоркь ругел щинал дие мут1иг1 гьаре», - ян.

Гьеб кагъат ц1алун бахъиндал гьебги г1одобе рехун Базаница Исламалде вач1ин загьир гьабуна ва гьединго Йаманалда рук1арал фурсалги рач1ана гьесдаго цадахъ Исламияб диналде.

* * *

Гьаниб нилъеца бицана Г1абдуллагь ибн Х1узафал Кисралгун ккараб къиса, амма Румазул пачаясулгун щиб гьесул ккараб?

Румазул пачаясулгун гьесул дандч1вай ккана Г1умар ибн Хат1аб (жиндаса Аллагь разилъаяв) халифалъун вугеб мехалъ, ва гьебги рик1к1уна гьесул бищунго г1ажаибаб, берцинаб къисалъун.

Гьижрияб 19 соналъ Г1умарица (жиндаса Аллагь разилъаяв) Румалгун рагъизе бит1араб аскаралда гьоркьов Г1абдуллагьги вук1ана. Бусурбабазул аскар т1аде щвелалде Румазул пачаясда бицун бук1ана бусурбабазул рек1елъ иман щулалъун бугеб куц ва Аллагьасул нухда хвезе гьел х1адурун ругел куцги.

Цинги Румазул пачаяс жиндирго аскаралда амру гьабун бук1ана, буссурбабазул кодове щварав асир ч1вач1ого, ч1аго жиндихъе вачеян. Т1адег1анав Аллагьасул къадар бук1ун буго Г1абдуллагь асирлъун ккезе. Гьевги вачун аскар пачаясухъе щведал гьез бицана гьев цевего Исламалде вач1арав Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1аб вук1ин.

* * *

Халатго Г1абдуллагьихъеги валагьун ч1ун, Румазул ханас Г1абдуллагьида абуна:

- Дица дуе цо жо баккизабулеб буго, дуца къабул гьабуни?

- Гьеб щиб? –ан гьикъана Г1абдуллагьица

- Мун христианияб диналде вач1а, - ян абуна ханас . – Дуца гьеб дин босани дица мун к1одоги гьасун виччан тела.

Цинги асирлъун вугев бусурманав чияс жиндирго диналдаса ч1ух1ун эхедеги ворхун абуна:

- Дуца дун гьелде ах1улеб бугеб жоялдаса дие азарго нухалъ хвезе бокьила.

-«Дида мун вихьула вуго щулаго ч1арав, абураб раг1иялдаса кьуруларев чилъун, - ян абуна пачаяс. – Дица абураб жо дуца гьабуни дица дирго ханлъиялда гъорлъ мунги г1ахьал гьавила».

Рахсаца вухьун вугев асирас гьимун абуна:

- «Валлагьи, дурги киналго г1арабазулги бугебщинаб боц1и дуца дие кьуниги дица къараб бер рагьулеб г1анасеб заманаялъгицин Мух1аммадил (жинда ссвалат салам лъеяв) дин толаро».

- «Гьедин батани дица мун ч1вала», - ян абуна пачачяс.

- Дуего бокьараб гьабе».

Цинги г1ородаги ван ч1орал реч1улеб бук1ана гьесул квераздаги гъуждуздаги аск1об ва христианазул диналде вач1аян шарт1 лъолеб бук1ана. Амма гьес гьеб нахъе ч1валеб бук1ана. Цинги амру гьабуна гьесул бохдузда аск1об реч1еян, гьебмехалъги гьес нахъе ч1вана. Гьединги гьев мук1урлъулареблъи бихьидал г1ородасаги вичун, к1удияб баг1арараб нахул ц1ураб хьагида цеве вачана. Цинт1аго буссурбабазул к1иго асир вачун вач1ана ва гьезул цояв хьагиниве рехидал гьесул гьан рукьбуздаса биун ана. Цинги Г1абдуллагьида абуна христианаб диналде вач1аян. Амма гьев абуни цеве вук1аралдасаги къвак1ун ч1ана. Гьединги гьев мук1урлъич1еб мехалъ ва гьев мук1ур гьабиялдаса гьезул хьул къот1идал, хьагида аск1ове вачун, гьесул гьалмагъзабиго г1адин жаниве рехилалда цебе гьесул бадисан маг1у бач1ана. Цинги ханасул цере тарал г1адамаз ханасда гьев г1одулев вегевлъи бициндал ханас гьев ах1ун нахъеги абуна христианаб диналде вач1аян. Гьаб нухалъги Г1абдуллагьица нахъе ч1вана. Цинги ханас абуна: - «Мун гьалаглъаяв, щайха мун г1одарав»?! - «Дун г1одана гьаб хьагинивеги рехун цо лах1заталде дунго холев вук1инал. Дие бокьилаан, халкъалъул бот1рода бугеб рас рик1к1ун дирго черхги бук1ун, гьеб кинабго Аллагьасул диналъе г1оло кьезе».

Цинги ханас абуна: - «Дуца дир бот1рода убач гьабуни дица мун виччан тела», - ян. Г1абдуллагьица гьикъана: - «Ва гьединго киналго асирзабиги риччалищ? Гьес, – «риччала», - ян абуна. Цинги Г1абдуллагьица жинцаго жиндаго жанисан абуна: - «Аллагьасул тущманаздаса тущман, дица гьасул бот1рода убач гьабун буссурбаби риччалел ругони гьелъулъ щибго зарал бук1инаро». Г1абдуллагь гьесда аск1овег1анги къан бот1рода убач гьабуна.

Гьебмехалъ ханас амруги гьабун киналго асирзаби къват1ире риччана.
* * *
Цинги гьелдаса хадуб Г1умарида аск1овеги вач1ун жиндирго ккараб хабар гьесда бициндал, асирлъун рук1аралщиназухъеги балагьун Г1умарица абуна:

Кинавниги бусурманав чиясда т1ад буго Г1абдуллагьил бот1рода убач гьабизе ва дицаги дидасанго байбихьулеб буго. Г1умарица гьесул бот1рода убач гьабуна.


ИA GURABA


 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Тавхид.ру
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
БФ Солидарность
ИА Исламиндекс
Аварагасул хвел 2-б бутlа

wmv    flv
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин

 

>