.jpg)
Жив к1иясдаго Аллагь разилъаял Г1умар асх1абасул вас Г1абдуллагьидаса х1адис бицана:
Дида Аллагьасул Расул, Аллагьасул свалат салам лъеяв, жинца абулев раг1ана:
«Исламалда ццересел умматазул лъабго г1олохъанчи сапаралда рук1адго сордо базе абун цо нохъоде лъугьана. Цинги маг1ардаса к1удияб гамач1 бортун бач1ун нохъоялъул к1алт1у бацун, къват1ире рач1ине нух гьеч1ого жанир хут1ана.
Цинги гьел г1олохъабаз цоцаде абуна:
«Гьанже нилъее щибго сабаб гьеч1о гьаб гамач1алъул къварилъи т1асса ине нилъеца гьабураб лъик1аб г1амал бицун гьелдалъун Аллагьасда гьари гуреб» -абун.
Цинги цояс абуна:
«Я дир Бет1ергьан Аллагь! Дир херал эбел-эмен рук1ана. Дица г1ака беч1ч1арабго гьезие хинаб рахь гьекъезе кьолаан, цогидал лъимал-боц1иги жибго тун. Цо нухулъ ц1ул бак1аризе арав дун рокъов т1ад вуссине кват1ана ва гьел кьижун хадув гурони дун гьезухъе щвеч1о. Дица гьезие хинаб рахь беч1ана ва дун рахь босун вач1илелда дида эбел-эмен кьижун ратана. Дун рахьдал хъабаги кодобе ккун гьезда ццеве г1одов ч1ч1ана, ва дида аск1ор ракъун г1одулел лъимал рук1адго. Хъах1лъи биччан макьидаса гьел рорч1изег1ан дун гьезухъе валагьун ч1ч1ана. Эбел-инсудаса ццебе лъималазе я х1айваназе рахь кьезе дие бокьич1о, гьел макьидаса рорч1изаризеги бокьич1о. Цинги гьел макьидаса рорч1ана ва гьез жидер рахь гьекъана. Я дир Бет1ергьан Аллагь! Гьаб г1амал дица мун разилъи т1алаб гьабун гьабураблъун батани гьелъул х1урмат гьабун дуца нижедаса гьаб къварилъи борхе!»-абун. Гьеб гамач1 дагьабго борхун бач1ана, ва амма г1олохъабазе къват1ире рач1ине нух лъугьинч1о. Цинги к1иабилев г1олохъанчиясги абуна:
«Я дир Бет1ергьан Аллагь! Дир цо яцг1ал йик1ана дие жий ц1акъ йокьарай. Киг1ан дица гьараниги, х1илла гьабуниги жиндаго аск1ове лъугьине гьелъ дун виччач1о. Цо мехалъ хур хун ракъул сонал рач1ана ва чара хун гьей дихъе кумек гьарун яч1ана. Дица гьелъие нусиялда къого (120) динар месед кьуна ва дун аск1ове виччай т1алаб гьабуна. Гьей мут1иг1лъун, гьелъул бохдузда гьоркьове дун лъугьараб мехалъ гьелъ абуна: «Мун Аллагьасдаса х1инкъа ва х1арамаб нухалда гьаб мугьру т1езабуге!» – абун.
Цинги дун гьелда аск1оса нахъе къана, гьелъие кьураб меседги гьелъухъго тун. Я дир Бет1ергьан Аллагь! Гьедиг1анго дие йокьарай г1адамалда аск1ове шведалги дудаса х1инкъун дица гьей тун ятани, гьелъул х1урмат гьабун дуца нижедаса гьаб къварилъи борхе!»- абун. Гьеб гамач1 дагьабги борхун ана, амма къват1ире рач1ине нух лъугьинч1о.
Цинги лъабабилесги абуна:
«Я дир Бет1ергьан Аллагь! Дица мухьдахъе х1алт1изе г1адамал рачун рук1ана. Х1алт1и т1убараб мехалъ гьезие мухьги кьуна. Цо чи мухь босич1ого ун вук1ана ва дица гьесие кколеб мухь чанго соналъ гьесие хайиралъе х1алт1изабуна.
Г1емераб маг1ишат лъугьараб мехалъ вач1ана гьев чи жиндие кколеб мухь босизе ва гьес абуна: Я Аллагьасул лагъ! Дуца дир мухь дехъе кье! – абун. Дица гьесда г1иялги, г1ачиги, варанабиги, лагъзалги рихьизе гьаридалго (гьаб буго дур мухь – абун), гьес абуна: Дун махсароде кквеч1ого дие кколеб мухь кье! - абун. Дица гьесда мун махсароде кколев гьеч1о абидал, гьев жиндирго боц1и-малги бачун ана ва щибго жо нахъеги теч1о. Я дир Бет1ергьан Аллагь! Гьаб г1амал дица мун разилъи т1алаб гьабун гьабураблъун батани, гьелъул х1урмат гьабун Дуца нижедаса гьаб къварилъи т1аса босе!» - абун.
Гьеб гамач1 жегиги борхун ана ва гьел г1олохъаби нохъодаса къват1ире рач1ана.
Бухарияс ва муслимица бицана.
Пикру гьабурав чиясе гьаб х1адисалда жаниб г1емераб мунфаг1ат буго ва кинт1изавиги буго. Эбел-инсуе лъик1лъи гьабиялъул баракат, х1арамаб жо теялъул баракат, хасго дур х1ал к1олебги бук1ун х1арамаб жо тей ва ч1ужу г1аданалъ жиндихъе ах1араб мехалъ х1арамаб жо тейги.
Дуца гьабураб лъик1лъи Бет1ергьан Аллагьас г1ададе хвезе толареб бук1ин, лъик1лъи сабаблъун балагь-къварилъиялдаса мун ворч1улев вук1инги ва дур дуг1аялъе жаваб гьабулеб бук1инги. Къот1и т1убай, аманат т1убай, г1адамаздехун лъик1аб хурхен гьаби Аллагь разилъулеб г1амал бук1инги бицунеб буго гьаб х1адисалъ.
Гьаб бабалда жанир рицарал х1адисазул къокъаб х1асил буго: нилъеца гьабулеб г1амал Аллагьасда иман лъун, рак1 бац1ц1адго, Аллагь разилъи т1алаб гьабун, Гьес малъараб нухалъ хьвадулевлъун гьабизе кколеб бук1ин ва кидаго ният лъик1 гьабизе кколеб бук1инги.
Риязу Ссвалих1инСасикьа Г1абдурах1им
Комментарии