.jpg)
Жинда свалат салам лъеяв Авараг г1уна жагьилаб, жидеда Аллагь лъалареб, хъанчал гьарун гьезие лагълъи гьарулеб, ч1аго ясал ракьулъ рукъулеб, зулму гьабун руччаби ирсалъе кколеб, ва жидеего боц1и-мал щвезе бокьун, жидерго ясал зина гьабизе т1амун гьезда зулму гьабулеб, г1ассияб, бикъи-хъамиялда т1ад ч1араб, жидерго къуват загьир гьабизе бокьулеб халкъалда гьоркьов.
Жагьилаб заманаялъул шаг1ирас абулеб буго; «нижеца цо-цо, вац гурони зулмо гьабизе бат1ияв чи ватич1ев мехалъ зулму гьабулаан нижерго вацасда т1ад», - абун. Жамаг1ат бук1ана ц1акъ г1одобег1анаб х1алалда ва сверухълъиги бук1ана гьелдасаги квешаб. Ч1вай-хъвай, жагьиллъи, зулму, зина, риба т1обит1араб ва заг1ифазда кверщел гьабулеб замана бук1ана гьеб. Гьеб кинабго к1вана Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) къуръаналдалъунги ва жиндирго суннаталдалъунги хисизабизе. Гьелъул бак1алда ц1ияб, цоцадехун рокьи, вацлъи ва рац1алъи жинда жаниб бугеб жамаг1ат г1уц1ана гьес. Гьез (асх1абзабаз) х1алт1изабулеб къуватги бук1ана жидерго т1адег1анал ахлакъал. Аллагьасул ссвалат салам лъеяв нилъер Аварагас лъуг1изабич1о тарбия малъулеб, тохтурзаби рахъунеб инстит-универститетал, ва гьес г1уц1ич1о г1олохъабазе спорталъул, исскуствоялъул, культураялъул министерстваби. Амма гьес, т1адег1анав Аллагьасул т1ехь, къуръаналдаса босана инсанасул рижи-т1абиг1аталъе ва рук1а-рахъиналъе къвариг1унеб щинаб жо. Гьесда лъана бищунго к1вар бугеб васила-кумек иманалъул рахъалъан бук1ин ва иманалъ инсанасул г1амал-хасият куцулеблъи ва гьелъ кинавниги ракьалда вугев инсан талих1 щвеялде вачунеб къуватги, лъик1лъиги данде гьабулеб бук1инги. Гьедин байбихьана Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндирго нух ва ракьалда т1ад лъик1лъи бук1инабизе. Жиндирго вацал, цойгидал Аварагзабаз гьабураб г1адин, гьесги байбихьана т1оцебе г1адамазул рак1ал ширкалъул хъублъиялдаса рац1ад гьаризе, ва гьел рак1ал, жив вижарав, жиндие ризкъи кьолев, жинца киналдаго кверщел гьабулев, жинца амру-нагьюги гьабулев, жинде кинабниги жоги буссунев, жив цогояв Аллагьасда рухьинаризе. Т1адег1анав Аллагьас абулеб буго къуръаналда:
Дуца абе (Мух1аммад); Я Аллагь, я ханлъиялда бет1ерлъи гьабулев! Дуца ханлъи кьола дуе кьезе бокьарасе, ва дуца ханлъиги бахъула дуе бахъизе бокьарасухъа. Дуе бокьарав т1адег1ан гьавулев вуго мун ва Дуе бокьарав г1одовег1ан гьавулевги вуго. Дур хъатикь буго кинабниги лъик1лъиялъул хазинаби,ва унго-унголъунги мун щибаб жоялде х1алк1олев вуго. Дуца сордо къоялда жанибе лъугьинабула ва дуца къоги сордоялда жанибе лъугьинабул. Дуца къват1иве вахъинабула ч1агояв инсан ва х1айван хвараб лъел къат1раялдасан, ва дуцаги хвараб лъим къват1ибе бахъинабула ч1агояв инсанасдасан ва х1айваналдасан. Ва дуца ризкъиги кьола дуе кьезе бокьарасе х1исаб-къадар ч1езабич1ого». (Ал-г1имран 26-27).
Щив чи вугониги ханлъи бокьарав – т1алаб гьабе гьеб г1иц1го ханлъиялъул бет1ергьанасдасан, ва щив чи вугониги бечелъи бокьарав – гьесги рикъзиги бечелъиги т1алаб гьабе х1исаб-суал гьеч1ого ризкъи бикьулев Аллагьасдасан. Т1адег1анав Аллагь вуго жиндица къадар ч1езабулев, ва сордо-къоялдаги, г1умро-хвелалдаги кверщел гьабулев. Жиндие щиб бугониги жо къвариг1ани х1акълъунго жинцаги абулев - «бук1а», - абун, цинги жибги бук1уна. (Ясин : 82).
Аллагь цо вук1иналде ва гьесул къудрат бук1иналде далил (х1ужа) къвариг1арав чи балагье жиндирго нафсалде, сундасан жиб бижараб бугеб, щив вугев жиндие бокьухъе гьесие сурат гьабурав эбелалъул чохьонив жив вук1аго, лъица кьураб гьесие рух1, лъица рекъезабурал гьесие ракьалда т1ад г1умро гьабизе сабабал? Т1адег1анав Аллагьас абулеб буго къуръаналда:
Дица гьабич1ищ гьесие к1иябго бер, ва мац1ги ва к1иябго к1вет1ги? (Аль-Балад 8-9).
Цинги ракьалда жив вач1ун хадуб лъица рещт1инабураб нак1к1укьан бац1адаб лъим, гьекъезе ва хур-хералъе бук1ине, лъиданиги бажарулищ г1умро гьабун гьеб лъим гьеч1ого? Т1адег1анав Аллагьас абулеб буго:
Дица гьабуна лъим рух1 бугеб щинаб жоялъе аслулъун, ва ч1аголъиялъе сабаблъун, ва г1умроги гьабуларо гьеб лъим гьеч1ого инсанас ва х1айваназ ва гъвет1-хералъги. Гьел божуларищ ва гьез иман лъоларищ Аллагьасул къудраталда? (Ал-анбияъ 30).
Лъица баккизабураб ракьулъан гъвет1-хер? Ва щив вугев гьелда гуребги киналдаго жиндир х1ал к1олъев? Аллагьас абулеб буго къуръаналда:
Ва ракьалда т1адги руго бат1и-бат1иял къот1елал жал цоцада аск1ор цун ругел, цоязда т1ад ах-хур бижулел, цогиялда т1ад щибго жо бижуларел. Бечедал, гванзал ахалги руго ц1олбол гъабуялъул ва цогидал пихъазул хурзалги руго, чамастакил ахалги руго. Цох1ого кьибилалда т1ад к1иго-лъабго гъвет1ги бижула, цох1о гъвет1 бижунги бук1уна. Гьаб кинабго ах-хур цох1о ракьалда бижула ва цох1о лъималдалъун лъалъала, амма щибаб пихъ жиндир т1аг1амалдалъун цояб цоялдаса бат1ияб бук1уна. Гьеб кинабниги рехсараб щинаб жоялъулъ буго г1акъло бугезе ва пикру гьабуразе г1урал ч1ах1иял г1аламатал. (Ар-раг1д : 4)
Цинги, лъил кверщалида бугеб гьал пихъаздасан файда боси? Инсанасул х1алк1олищ жиндирго ургьи-месалда, кванирукъалда, биялда, нервабазда, бихьиялда, раг1иялда ва гьеб гуреб цойгидаздаги кверщел гьабизе? Лъица гьел рекъезарун х1алт1изарулел инсанасул чорхолъ, кафурав-зулмучиясул бук1а буссурман чиясул бук1а? Лъида к1олеб хвеч1ого вук1ине ва лъида к1олеб жиндиего бищунго хирияв инсан рух1 бахъулев малаикасдаса хвасар гьавизе.
Аллагьас абулеб буго къуръаналда:
Гьеб рух1 мукъулукъалде щвараб мехалъ ва нужги гьеб лах1заталъ холесухъ ралагьун ругеб мехалъ, ва нужедасаги дун гьесда г1агарда вугеб мехалъ, ва киннигин нужеда вихьуларо Дун ва гьесухъе рух1 бахъизе рач1арал дир малаикзабиги. (Ал-вакъиг1а 83-87).
Гьале гьаб къуръан буго жинца инсанасул чорхолъ бугебщинаб балъголъаби баян гьабун бихьизабулеб, ва гьаб зоб-ракьалъул (кавналъул) г1аламатазул пикру гьабун инсан цо Аллагьасе щукру гьабиялде ва гьесукьа х1инкъиялде вачунеб т1ехь. Аллагьасул нух ккун гьесде г1агарлъизе, дунялалъул рокъовги ахираталдаги талих1авлъун вук1ине. Гьеб къуръаналъ рек1елъа бахъула Аллагь гуресе мут1иг1лъи. Иманалъ къот1ула киналниги Аллагьзабазе мут1иг1лъи; инсан вук1а, гамач1 бук1а, хъулухъ бук1а, месед бук1а, цо Аллагьасе г1ибадат гьабиниги хут1ун. Муъминчиясе иман щула гьабизе бокьани, гьес чара гьеч1ого кинабго квешлъабаздаса жиндирго рак1 бац1ад гьабизе ккола. Аллагьасда иман лъеялда цебе чара гьеч1ого кафурлъизе ккола т1агъуталде. Гьеб т1агъут абулеб жоги буго доб жагьилаб жамаг1ат гьадаб г1одобег1анлъиялде бачараб жо. Аллагьас абулеб буго къуръаналда:
Щив чи вугониги кпурлъун Аллагь гуреб, жиндие г1ибадат гьабулеб щинаб жоялде; щайт1ан бук1а, хъанчал рук1а, ва цинги иман лъун Аллагьасда - гьев чияс ккуна дин щулияб жиндие т1ей ва т1аса ин гьеч1еб рухьен. Аллагьги вуго кинабго жо жинда раг1улев ва лъалев вуго. (Ал-бакъара : 256)
Гьеб иманалдалъун хисана Аллагьас г1арабияз гьересиялдалъун нафсалъе гьабулеб бук1араб х1урмат ва т1адег1анлъи. Ва гьеб иманалдалъун хисизе буго Аллагьас жакъа нилъер бугеб х1ал. Аллагьас абулеб буго къуръаналда:
Х1акълъунго Аллагьас халкъалда бугеб лъик1абниги квешабниги х1ал хисизабуларо гьеб халкъалъ жидецаго жидер х1ал хисизабун гурони. (Ар-Раг1д : 11)
Х1акъикъияб ислах1 бук1унаро гьаб умматалъ, гьаб къуръан жидерго г1умруялъул нухлъун ккун гурони ва гьесул г1умроялъул калимаги (девиз) бук1инег1ан т1адег1анав Аллагьасул раг1и:
Ва муъминзабаца абула: «нижеда дур амро рагIана, нижеца гьеб къабул гьабуна ва ниж дуеги мутIигIлъана. Нижеца дудаса мунагьал рахчи гьарула БетIергьан Аллагь, ва ниж киналго ахир дуда руссунелги руго» (Аль-Бакъара : 285).
Гьебги Аллагьас жиндирго каламалда нилъее мух1кан гьабулеб буго:
Жидеца Аллагьасул диналъул умурал Алласул т1ахьелда нахърилълъун т1уралел г1адамал, жидеца х1укъукъал т1уран какалги ралел; дица лъик1аб г1амал гьабурал г1адамазул ажру кидаго г1адада хвезе гьабуларо ва гьезие жидер г1амалалдаса г1емерго лъик1аб жазаъ гьабула. (Ал-аг1раф : 170)
Х1акълъунго гьеб буго бит1араб нух ва гьеб буго г1арабиязеги, буссурбабазеги ваг1за ва киназго жавабги кьезе буго гьелъухъ къиямасеб къоялъ. Аллагьас къуръаналда абулеб буго:
Дуца щула гьабун ккве (Мухаммад) гьаб къуръан дица дуде рещт1араб, х1акълъунго мун вуго бит1араб, х1акъаб нухда. Ва х1акълъунго гьеб (къуръан) дуеги ва дур къавмалъеги ваг1за буго ва гьелдасан нужеда гьикъизеги буго. (Аз-зухруф : 43-44).
Киг1ан г1емераб фасалъи, хъублъи, ц1огь, цоцадехун тущманлъи, рикьалаби, Запад-Европалдаса рач1унеб малъа -хъваял ва гьез гьарулел зулмабиги бугониги, жакъа нилъер умматалъул х1ал жагьилаб г1асруялда бук1аралдаса квешаб гьеч1о. Ва гьаниб ислах1 гьабизеги, ислам бач1иналда цебе бук1араб г1адин зах1мат бук1ине гьеч1о. Жегиги нилъер умматалда лъик1лъиги, лъик1ал г1адамалги хут1ун руго. Аллагьасул ц1униялдалъун къуръанги нилъехъ хут1ун буго ва гьединго Аварагасул суннатги, сиратги Аллагьас ц1унун буго. Нилъ х1ажат руго къуръан-х1адис ва диналъул амру ц1и гьабулев, жиндир иман щулияв чиясде. ИншааЛлагь кват1изе гьеч1о гьединав чи. Аллагьасул суннат буго, ракьалда бец1лъи ц1ик1ак1арб мехалъ рогьел баккизе изну кьолеб. Цебе заманалъул г1акъилал г1адамаз абуна: гьаб умматалъул ахир лъик1лъуларо цересел лъик1лъун гурони. Цо гьит1инаб данде ккунгут1и гьаб умматалдаса т1аса ани, х1акълъизе буго нилъее Аллагьас кьураб къот1и. Гьеб данде ккунгут1иги буго нилъер умматалъул мазгьабазулъ таг1асуб кквей ва нилъ гьит1инаб, фарг1ияб жоялда сверун хилифлъи. Гьениса къват1ире рорч1изе нилъедаги к1оларо къуръан-х1адисалда сверухъ рак1арун гурони.
Мух1аммад Мухтар Ал-магьди Г1арабалдаса маг1арулалде таржама гьабуна Абу ЮусуфицаИА GURABA