.jpg)
Хириял диналъул вацал. Бицинин къокъабго хабар, г1адамалги хвезабулеб, хъизаналги риххизарулеб, жамаг1аталги фасалъизарулеб, Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндие хъолъабазул эбелин ц1ар кьураб жоялъул х1акъалъулъ. Гьебги ккола, киналниги мехтизабулел, г1акълу х1абургъинабулел гьекъолел жал. Жакъа гьел бат1и-бат1иял, г1адамазул хьул лъезабулел ц1аралда гъоркь къват1ире риччалел руго кафурзабаз. Пиво, водка, шампанское, портвейн, ликёр, чагъир – чан ва чан бат1иял ц1аразда гъоркь гьел риччаниги, гьезул х1акъикъат цо буго. Г1акъилав г1адан х1айваналъул даражаялде, яги жеги г1одовег1ан ккезавула гьез.
Аллагьас г1адамасе ва гьесул г1умроялъе ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго. Гьес г1адан вижун вуго берцинаб сифаталда ва кьун буго гьесие бищун къимат т1адег1анал бечелъаби – гьезул бищун къимат к1удияздаса буго г1акълу.
Аллагьас абулеб буго:
«Х1акълъунго дица инсан вижана бищунго берцинаб сифаталда» ( Сурату-т-Тин : 4)
Жеги абулеб буго:
Дица Адамил лъимал хира гьаруна ва гьел тIад рекIун хьвадизеги гьаруна ракъдада ругониги, ралъдада ругониги. Дица гьезие гьуинал, лазатал пихъал ва тIагIамалги кьуна. Дица бижараб цогидаб махлукъалдаса гьев инсан гIемерго хира гьавуна ва тIокIги гьавуна. (Сурату-ль-Исраъ : 70)
Аллагьас инсанасда гьабурал к1вар бугел т1ад къаязул цояб ккола гьес жиндирго сахлъи ва г1умру ц1уни. Гьелъухъ инсанас Аллагьасда цебе жавабги кьезе ккола къиямасеб къоялъ. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) х1адисалда абулеб буго:
«Жиндир г1умро ц1унулаго щив чи хваниги – гьев вуго шагьидлъун хварав чи». (ат-Тирмизи).
Гьединлъидал, сахлъиялъе зарал гьабулеб жо щиб жо бугониги, гьеб г1адамасе х1арамаб буго. Жакъа г1адамазе ва хасго г1олохъабазе к1иго жоялдалъун кутакаб х1инкъи буго. Гьелги ккола хъалиян ва г1аракъи. Лъица абуниги дие гьеб х1арам гьеч1ин, гьесда гьеб баянго бич1ч1изабун хадуб – гьединав чи исламалдаса къват1иве вахъула. Гьелъие г1иллаги буго, гьес Аллагьасул калам гьереси гьабулеб бук1ин:
Я гьал иман лъурал г1адамал! Х1акълъунго хамро (жинца мехтизе гьарулеб жо) майсирги (гьоркьоб жо лъун х1ай: кагъат х1ай бугониги, нардал, шахматал х1ай бугониги, лото, лоторея бугониги), жидее лагълъи гьабулел занал ругониги, жидедалъун пал т1амулел ч1орал ругониги, гьеб кинабго жо жиндилъ мунагь бугеб, Аллагьас х1арам гьабураб, чорокаб жо буго, щайт1аналъ нужеда берцин бихьизе гьабулеб жоги буго. Нуж гьел рехсарал жалаздаса ц1акъ рик1к1алъе ва гьезда аск1ореги къаге! Гьал х1арамал жалаздаса рик1к1алъун, х1алалаб, бац1ц1адаб жоялде г1агарлъун нуж хьвадани, Аллагьасул киналго лъик1лъабазда нужер квершел батила ва дунял-ахираталда бахьи бугездасаги рук1ина. (Сурату-ль-Маидагь : 90)
Цо жоялъул пикру гьабе нужеца. Аллагьас нилъеда гъекъоге, гьабугеян абулеб гьеч1о. Гьес нилъеда
«…Нуж гьел рехсарал жалаздаса ц1акъ рик1к1алъе ва гьезда аск1ореги къаге…», - ян абулеб буго. Буссурманавлъун живго рик1к1унев чиясе Аллагьасул гьеб амру г1езе ккела рик1к1алъун ч1езе.
Аллагьас жиндир амруялъе мут1иг1лъиялъул х1акъалъулъ абулеб буго:
Дуца гьабураб х1укмуялда разилъич1ого жагьилияб заманалъул х1укмуйищха гьезие бокьун бугеб? Жидеца Аллагьасда иман лъун, гьев рит1ухъ гьавулел г1адамазе Аллагьас гьабураб г1адаб берцинаб х1укму лъицаго гьабиларо. (Сурату-ль-Маидагь : 50)
Нужеда гьаб х1арамаб, чорокаб г1амал (г1аракъи гьекъей ва майсир - азартные игры) берцин бихьизе гьабун, нуж гьеб г1амал гьабизе т1амун щайт1аналъе бокьараб жо буго нужеда гьоркьоб тущманлъи ккезе гьаби. Гьедин бугелъул щайт1аналъ нужеда т1убанго Аллагь к1очене гьавула ва Аллагьасе г1ибадат гьабиялдасаги, фаризаяб как баялдасаги нуж руссине гьарула. Нужеца гьанжег1аги гьеб къабих1аб пиша теларищ, я муъминзаби! (Сурату-ль-Маидагь : 91)
Х1акъикъаталдаги нилъеда г1емер бихьулеб жо буго гьаб аяталда жаниб бицун. Г1емерал г1адамал ккола больницабазде ва туснахъалъуре г1аракъи гьекъон, даг1ба-раг1и гьоркьоб лъугьун. Ч1вай-хъваялги г1емер ккола гьелъул х1асилалда. Гьекъолдухъасул хъизаналда жанибги бук1унаро т1алих1. Гьениб лъуг1ула цоцадехун рокьи ва гьудуллъи. Г1арацги хут1уларо х1ажатаб жо босизецин. Г1емерал унтабиги рижула гьелда т1ад? Г1аракъиялъ лъугьинарула нерваби. Рак1, почкаби, кванирукъ ва цойги г1емерал унтаби лъугьинарула гьелъ.
Гьединлъидал, г1аракъи буго загьру, гьелъ г1акълу х1абургъинабула, сахлъи хвезабула, кодоб бугеб жо лъуг1изабула, къадру-къимат г1одобег1ан гьабула, жамаг1ат биххизабула. Гьеб буго хъубал жалазул эбел, гьелда т1ад бижараб жоги бук1уна жибго г1адаб чорокаб ва хъубаб.
Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) х1адисалъги баян гьабулеб буго:
Г1емер гьекъон мехтизабулеб жоялъул дагьаб къадарги х1арамаб буго. (Тирмизи)
Гьединлъидал, мехтизег1ан гьекъеч1они дагьаб жо бегьулин аби - гьебги буго шайт1аналъ г1адамасе гьабулеб вах1ю. Цойги х1адисалда Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абулеб буго:
«Г1акълу х1абургъинабулеб щинаб жо – гьеб ккола хамро ва кинабго хамроги гьекъезе х1арамаб буго. Гьекъарав чиясул 40 къоялъ как къабул гьабуларо, мехтун щив чи хваниги гьев рик1к1уна Аллагьасде кафурго хваравлъун».
Цох1о гьекъезе гуро гьеб х1арамаб бугеб. Гьединго х1арамаб буго гьеб бахъизе, бичизе, бичун босизе, лъиениги босун ине, гьелъухъ щвараб г1арац х1алт1изабизе, ва гьединго гьеб кинабго гьабулеб бак1алда аск1ов ч1езеги х1арамаб буго. Нилъер Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) наг1ана кьолеб буго гьеб кинабго гьабулев чиясе. Х1арамлъиялъул рахъалъ киналго наркотикалги рук1уна гьекъолеб жоялъул даражаялда. Гьезда гьоркьоб щибниги бат1алъиги гьеч1о.
Хириял диналъул вацал. Нилъеца кинабго г1умру т1амизе ккола Аллагь нилъедаса разилъулеб х1алалъ. Гьес х1арам гьабуралдасаги рик1к1алъун, х1алал гьабуралдасан мунфаг1атги босун гьеб т1амани – гьеб мехалъ разилъила нилъеда нилъер Бет1ергьан. Х1арамаб жо гьабизе нухал ралагьизе бегьуларо нилъеца. Гьелда абула «Аллагьасул г1орхъабазда разилъунгут1и», - абун.
Г1аракъи-мехтел гьеч1ого бертаби, яги цойги рохалилаб лъугьа-бахъин т1обит1изе бегьуларин абулел г1адамал – гьел ккола Аллагьасул диналъул г1орхъабаздаса къват1ирехун рахъарал г1адамал. Гьединаб бак1алда г1ахьаллъизеги бегьуларо. Гьекъезе х1арамаб бугеб г1адин, гьекъолеб бак1алда г1ахьаллъизеги х1арамаб буго.
Аллагьасги абулеб буго:
Аллагьас жиндир Къуръаналда жаниб нужеда бицун буго; - жидеда Къуръаналъул аятал раг1араб мехалъ гьел аятазда инкар кколел ва гьел яатал махсародеги гьарулел г1адамалгун нуж г1одор ч1оге. Жидеца гьеб къабих1аб г1амалги тун, х1алалаб хабар бицунеб бугони бегьила гьелгун г1одор ч1езе. Аллагьасул калам махсароде гьабулел г1адамазда аск1ов г1одов ч1арав чи гьезда релълъун вук1уна жиндир куфруялъулъ. Т1адег1анав Аллагьас кафурзабиги, мунафикъзабиги киналго данде рак1аризе руго жужах1алда жанир. ( Сурату-н-Нисаъ : 140).
Гьезул х1акъалъулъги Аллагьас абулеб буго:
«…Гьал г1адамал руго х1айваназул мисалалда ругел. Жегиги къосарал руго гьал…». (Сурату-ль-Аг1раф : 179)
Лъик1 пикру гьабе гьаб аяталъул. Рехъаде арал х1айванал рокъоре т1ад руссун рач1уна. Амма мехтарав чиясухъе балагьани – гьев дове-гьанивехун хьваг1улев вук1уна ва кив живго вугевалицин бич1ч1улеб бук1унаро гьесда.
Хириял вацал! Г1аракъи тукада бичич1они хайир бук1унарин абураб пикру кисан бач1араб бугеб? Г1аракъиги бичун щвараб г1арац нужеца нужгоги, нужерго лъималги, хъизаналги рух1иялъе сабаблъун бук1ине буго. Нужеца гьеб жиндие бичулеб бугев чиясул щай гьабулареб пикру? Гьев буссурманав чи ватани, бегьулищ дуца гьесие зарал гьабизе? Гьедун абизе бегьула, дуца гьев ч1вай гьесие лъик1 бугин г1аракъиги бичун гьесие гьабулеб заралалдасаян. Гьев чи ч1вани, дуца гьев гьаб дуниялалъул г1умруялдаса ват1а гьавула, амма г1аракъиялъ гьев к1иябго г1умруялда бахьи къосаравлъун гьавула. Гьесул хъизан биххизабула, г1агарлъиялъулгун гьоркьоблъи хвезабула, лъималазе г1акъуба гьабула ва ахираталда гьесул талих1 къвиналъе сабаблъунги бук1уна.
Пикру гьабе нужецаго гьабулеб бугеб г1амалалъул. Т1убараб къоялъ х1арамаб жоги гьабун, как балеб мехалъ гьарулеб буго Аллагьасда дун бит1араб нухде т1овит1еян. Гьедин махсаро гьабизе бегьилищ Аллагьасулгун? Кин бич1ч1илеб х1арамаб жоги гьабулаго, бит1араб нухде т1овит1еян Аллагьасда гьари?
Хириял вацал! Аллагьас г1адамасе к1иго рак1 бижун гьеч1о ва цо рак1алда жаниб к1иго жо бокьиги бук1унаро. Яги г1адан Аллагь ва гьесул нух бокьулевлъун вук1уна, яги шайт1аналъул нух бокьулевлъун вук1уна. Щибав чияс жиндиего суал кьезе ккела; —Аллагьищ яги щайт1анищ дуца т1аса бищулеб бугеб?
Г1акъилав чияс гьаб дагьаб г1умруялъул нух Алжан т1алаб гьабулаго бахине ккела.
Абу Ах1мадИА GURABA