Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Аслияб гьумер
Саг1ид ибн Г1амр аль-Джумах1и Версия для печати Отправить на e-mail
07.08.2008
Г1амирил вас Саг1ид - гьев вуго жинца дунялалги тун ахират т1аса бищарав ва Аллагьги Аварагги (жинда ссвалат салам лъеяв) гьел тун бат1ияздаса цере ккурав чи "-ян абуна тарихчаг1аз.

Саг1ид ибн Г1амир аль-Джумах1и вук1ана къурайшиязул ч1ах1иял г1адамазул ах1иялъе жавабги гьабун, Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1аб Х1убайб ибну Г1адий ч1валеб, Танг1им абураб бак1алде рахъарал азаргоязул цояв.

Гьесул г1олохъанлъиялъ ва лебаллъиялъ гьесие рес кьуна г1адамалги рикьизарун, цересел мохъазда, абу Суфян ибн Х1арб ва Сафван ибн Умая г1адинал къурайшиязул церехъабазда аск1ов вук1ине.

Цеве вач1иналдалъун гьесие рес щвана къурайшиязул асир рахсазда ван, руччабазулги, лъимазулги, г1олохъабазулги квераз, Аварагасдасан жидерго Бадруялда ч1варазухъ гьевги ч1ван рец1ел босизе, хвалил майданалде гьунцулев вихьизе. Жиндиего ч1вазе х1адурараб бак1алде Х1убайб щведал, жиндир халалъиялъ Саг1идие рес кьуна г1адамаз сверун ккурав гьев вихьизе. Руччабазулги, лъималазулги ах1и-х1уралда гьоркьосан Саг1идида раг1ана Х1убайбил къвак1араб, г1одобе биччараб гьаракьалъ абулеб:

- «Нужее бокьани те дие к1иго ракаг1ат базе дун ч1валелда цебе».

Саг1ид валагьун ч1ун вук1ана гьес къиблаялдехунги вуссун как балеб куцалъухъ. «Вай гьеб к1иго ракаг1аталъул берцинлъи ва камиллъи!» - ян пикру гьабулеб бук1ана Саг1идица. Цинги Саг1идида раг1ана къурайшиязул церехъабаздехунги вуссун Х1убайбица абулеб:

- Валлагьи, нужеда рак1алде кколеб бук1инчебани дица как халат гьабулеб бугин хвалдасаги х1инкъун абун, дица гьеб жеги халат гьабизе бук1ана.

Цинги гьелдаса хадуб Саг1идида бихьана жиндирго къавмалъ гьесие кьолеб г1акъуба. Берал рахъун, г1ундул къот1ун, лага-лагаккун къот1-къот1ун валев вук1ана, гьесдаги абулаго:

- Дуе бакьинаанищ дурго бак1алда Аварагги вук1ун, мун хвасарлъизе?

Гьесги жаваб кьолеб бук1ана, бидуда вец1ц1улаго:

- Валлагьи, дие бакьинароан, дун дирго агьлу-хъизаналда аск1овги вук1ун Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) зазица х1унчизецин.

Эхеде квералги рит1ун, гьаракьги борхун ах1изе байбихьана г1адамаз:

- Ч1вай гьев! Ч1вай гьев!

Цинги Саг1идида бихьана Х1убайб эхедехун валагьулев ва раг1ана гьес абулеб:
- Я Бет1ергьан! Дуца гьезул рик1к1ен дагь гьабе, цо-цоккун ч1ван лъуг1изаре, дуца гьезул щивниги чи нахъе тоге. Цинги гьес жиндирго ахирисеб х1ухьел биччана. Гьесда рук1ана жидер г1емерлъиялъ рик1к1ун бажаруларел ругънал.

* * *
Къурайшиял Маккаялде т1ад руссана, гьездаги жидерго ишазде машгъуллъун рук1ун к1очон тана Х1убайб. Кинниги г1олохъанав Саг1идида гьеб цо лах1заталъцин рак1алдаса унеб бук1инч1о. Гьесда гьев кьижараб мехалъ макьилъ вихьулаан. Ворч1ун вугеб мехалъги гьесда цеве т1амулаан, г1одове виччан, рак1 х1алхьун, жиндир г1умруялда ахирисеб к1иго ракаг1ат балев Х1убайб. Г1инда жаниса унеб бук1инч1о гьесул къурайшиязе гьабураб дуг1а ва гьев х1инкъулев вук1ана зобалаздасан жинде пири реч1изе яги гамач1 бортун бач1уне гурин абун.

Х1убайбица малъана Саг1идида жинда лъалеб бук1инч1еб жо. Гьесда малъана х1акъикъияб г1умру – гьеб г1адамасул г1акъида (идеология, дин) бук1ин ва хвел т1аде щвезег1ан гьеб г1акъидаги ц1унун гьабулеб джигьадги бук1ин. Гьесда малъана х1акъикъияб иманалъ г1ажаибал, лъугьине рес гьеч1елин ккарал пишаби гьаризе т1амулеблъи.

Жеги Х1убайбица гьесие рагьана, гьедиг1ан гьалмагъзабазе жив хирияв ва зобалаздасан жиндие кумек бугев чи Аллагьасул Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) вук1ин. Гьелдаса хадуб Аллагьас Саг1идил керен Исламалъе рагьана, цинги гьев вач1ана г1адамазул цо къокъа бугеб бак1алде ва лъазабуна живго вац1ад вук1ин къурайшиязул мунагьалдасаги, гьезул хъублъиялдасаги ва жинца Аллагьасул диналдеги вуссун, гьезул хъанчалги, Аллагьзабиги тараблъи загьир гьабуна.

* * *
Саг1идица Мадинаялде гьиджра гьабуна. Гьев кидаго Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) аск1осаги ват1алъич1о. Гьесда цадахъ г1ахьаллъана Хайбар абулеб гъазаваталда ва гьелда хадур рач1арал киналго гъазаватаздаги.
Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Аллагьасухъе, Саг1идидасаги разиго вук1ун къокъараб мехалъ, гьев лъугьана Абубакрилги Г1умарилги (жидедаса Аллагь разилъаял) бахъараб хвалченлъун. Саг1идица маг1ишат гьабулеб бук1ана х1акъикъияв, жинца дунял ахираталъухъ бичарав муъминчияс г1адин ва жинца Аллагьги, Аварагги (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндирго нафсалъул хьулаздасаги, гьелъул шагьватаздасаги цебе ккезабуравлъун вугеб х1алалъ.

* * *
Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) к1иялго халифабазда лъалаан Саг1идил рит1ухълъиги, гьесул Аллагьасукьа х1инкъиги, гьесул насих1аталги къабул гьарулаан гьез. Гьел г1енеккун ч1олаан Саг1ид к1алъалеб мехалъ.

Г1умар асх1аб халифалъун тараб мехалъ гьев Г1умарихъе вач1ана ва гьесги абуна:

- Ле Г1умар, дица дуе насих1ат гьабулеб буго. Мун г1адамазулгун гьабулеб гьоркьоблъиялъулъ Аллагьасукьа х1инкъа ва мун х1инкъуге г1адамазукьа Аллагьасулгун гьабулеб гьоркьоблъиялъулъ. Дуца гьабулеб жо дур раг1иялъ хвезабулевлъун вук1унге, х1акълъунго лъик1аб раг1и буго г1амалалъ жиб рит1ухъ гьабураб раг1и.

- Ле Г1умар, дуца Аллагьасе мун к1удиявлъун вищараб жоялъулъ, киг1ан рик1к1ад вугониги, аск1ов вугониги буссурманав чиясе х1акъги кье. Дуе дурго нафсалъеги, дурго агьлуялъулъеги бокьулеб жо гьезиеги бокьа, ва гьединго дуего рихунеб жо гьезиеги риха, мун х1акъаб жоялда вук1а, мунги х1инкъуге Аллагьасул нухда вук1аго г1айиб ч1валесул г1айибалдаса.

Г1умарица абуна:

- Гьеб лъида к1олеб жо, ле Саг1ид»!?

Гьес абуна:

- Гьеб к1ола мун г1адинав, жив Аллагьас т1аса вищун Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) умматалъул умуразда т1ад тарав чиясда. Гьесдаги Аллагьасдаги гьоркьов щивго чиги вук1унаро.

Гьеб бак1алдаго Г1умарица гьарана Саг1идида жиндие кумекалъе вазирлъун вук1а абун ва гьес абуна:

- Ле Саг1ид, дица мун толев вуго Х1умсалъул агьлуялда т1ад амирлъун.

Саг1итица абуна:

- Ле Г1умар, дица дуда Аллагьасул ц1аралдалъун гьарула, ккезавуге дун фитнаялде!

Г1умарил ццин бахъана цинги абуна:

Балагь буго нужее! Дир горбода гьаб амруги лъуна, нужго дорег1ан к1анц1унги ч1ана! Валлагьи дица мун гьедин теларо. Цинги гьев Х1умсалъул агьлуялда т1ад амирлъунги тана ва гьесдаги абуна:

- Байтул малалдасан бут1а бихьизабун лъик1 гурищ дуе?

Гьес абуна:

- Дица щиб гьелда гьабилеб? Байтул малалдасан кьолеб г1арац дир х1ажаталдаса ц1ик1к1ун буго. Цинги ана гьев Х1умсалде.

* * *
Г1емер заман г1еч1ого Г1умарихъе рач1ана Х1умсалъул агьлуялдаса божараб цо къукъа. Г1умарица гьезда абуна:

- Бахъе дие нужерго ват1аналдаса мискинзабазул ц1аразул сиях1 дица гьезул х1ажат т1убазе.

Амирас кагъат ц1алараб мехалъ гьесда батана мискинзабазда гьоркьоб хъван Саг1ид ибн Г1амрил ц1арги. Г1умарица гьикъана:

- Щив гьав Саг1ид ибн Г1амр?

- Гьев нижер амир вуго.

Г1умарица абуна:

Нужер амир факъирав чийищ вугев?

- У валлагьи, чанго къо ана гьесул рокъоб печалда жанисан к1к1уй баккич1ого.

Гьеб раг1идал, Г1умарил бадиса бач1араб маг1ица гьесул мегеж биччизабуна. Цинги гьес азарго динар босана, гьебги таргьиниб лъун абуна:

- Гьесда дидасан салам бице, ва гьесдаги абе; -«Гьаб буго амирул муъмининас дуе бит1араб сайгъат дурго рокъоб х1алт1изабизе», - абун.

* * *
Т1ад руссун, Х1умсалде щваралго гьел таргьаги босун Саг1идихъе ана. Саг1ид валагьана таргьаялда жаниве ва гьесда гьениб г1арац бихьана. Саг1идица г1арац рик1к1аде гьабулаго абуна :- «Инна лиллагьи ва инна илайгьи раджиг1ун» (нилъ Аллагьас рижана ва Аллагьасде руссинеги руго – къварилъи бач1индал абулел раг1аби). Гьесда т1аде, яги рукъалде к1удияб балагь бач1араб г1адин г1адин лъугьана гьев. Гьеб гьаракь раг1игун йихха-хочун, щиб ккарабали бич1ич1ого яч1ана гьесул лъади ва гьелъ абуна:

- Щиб дуе ккараб Саг1ид?! Амирул муъмининищ хварав?!

Гьес абуна :

- Гьелдасаги к1удияб лъугьун буго.

- Буссурбабазул бойищ къвараб?!

- Гьелдасаги к1удияб лъугьун буго.

- Гьелдаса к1удияб жо щиб бук1унеб?!

Гьес абуна:

- Дир ахират хвезабизе дида т1аде лъугьана дунял ва дир рокъобе лъугьана фитна.

Гьелъ абуна:

- Къват1ибе ккезабеха гьеб рокъобе бач1араб фитна.

Гьелда лъалеб бук1инч1о рокъобе бач1араб жо г1арац бук1ин.

Гьес абуна:

- Дуца дие квер бакъилищ гьеб къват1ибе ккезабизе?

- Квер бакъила, - ян абуна гьелъ.

Цинги динаралги цере рахъун гьез гьел бат1и-бат1иял таргьабахъе рикьана ва мискинзабазе ралагьизабунана.

* * *
Г1емераб замана инч1ого Г1умар Шамалде вач1ана гьениб бугеб ах1вал-х1алалъул хал гьабизе. Гьес жиндирго ч1ей гьабуна Х1умсалда. Куфаялъулалго г1адин гьелъул г1адамалги амирзабаздасан г1емерал г1арзахулел рук1иналъ Гьелде «гьит1инаб Куфа», - янги абулаан. Данде ч1вай гьабизе рач1аразда Г1умарица гьикъана:

- Кинав чи вугев нужер амир?

Гьел амирасдасан г1арзахине лъугьана ва гьез рехсана гьесул ункъго пиша цояб-цоялдаса к1удияб.

Г1умарица (жиндаса Аллагь разилъаяв) бицана:

- Дица гьел данде гьаруна, ва «дир гьесдехун бук1араб лъик1аб пикру хисизабуге, дун вуго гьесда ц1акъ боржулев чи» - ян дуг1аги гьабуна Аллагьасда.

Киналго данде рак1арун хадуб дица гьезда абуна:

- Бице, сундулъ бугеб нужер амирасдехун бугеб разилъунгут1и?

Гьез абуна:

- Гьев къват1иве ваккуларо бакъ эхеде борхизег1ан.

Дица абуна:

- Дуца щибилан абилеб гьелда Саг1ид?

Цо дагьалъ вуц1ц1унги ч1ун гьес абуна :

- Валлагьи диениги гьеб бицине ц1акъ рихараб жо буго, кин бугониги жакъа дие гьеб бицинч1ого рес гьеч1о. Дир агьлуялъе цониги лагъ гьеч1о, гьединлъидал дун вахъуна щибаб радал ва гьезие г1ат1 буцула, цинги гьеб боргьун бач1инег1ан ч1ола, хадуб чедги бежун дун г1адамухъеги вахъуна.

Дица абуна:

- Нужер хадусеб разилъунгут1и сундулъ бугеб?

Гьез абуна:

- Гьес лъиениги къаси мехалъ жаваб гьабуларо.

Дица абуна:

- Дуца щибилан абилеб гьаб цоялда Саг1ид?

Гьес абуна:

- Ва Ллагьи дие гьабги добго г1адин бицине рихараб буго… -Дица къо гьезие биччан буго, сордо Аллагьасе г1ибадаталъе биччан буго.

- Дица абуна:

- Нужер хадусеб разилъунгут1и щиб бугеб?

Гьез абуна:

- Гьев нижехъе моц1ида жаниб цо къоялъ вач1унаро.

Дица абуна:

-Гьалде щибин дуца абилеб Саг1ид?

Гьес абуна:

- Ва амирул муъминин, дир цониги лагъ гьеч1о, дир рет1елги цо гурони гьеч1о. Гьебги дица т1ад рет1ун буго. Дица моц1ида жаниб цо нухалъ гьеб чурула, цинги гьеб бакъвазег1анги ч1ч1ун, къойил ахиралде гурони дун къват1иве вахъунаро.

Дица абуна:

- Нужер хадусеб разилъунгут1и щиб бугеб?

Гьез абуна:

- Гьев мажлисалда вук1аго цо-цо мехалъ г1акълуялдаса уна, мажлисалда ругездаса гьевги гъафуллъула.

Дица абуна:

- Гьеб щай Саг1ид?

Гьес абуна:

- Дида бихьана дун мушриклъун вугеб мехалъ Х1убайб ибн Г1адийил хвел, ва къурайшияз гьесул лугби т1у-т1ун ралеб, гьезги абулаго: - «Дуе бакьинаанищ дурго бак1алда Аварагги вук1ун мунго хвасарлъизе»?

Гьесги жаваб кьолеб бук1ана:

- Валлагьи, дие бакьинароан, дун дирго агьлу-хъизаналда аск1овги вук1ун Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) зазица х1унчизецин.

Гьеб къо рак1алде щведал ва дицаго Х1убайбие кумек гьабич1еблъиялъул пикру гьабидал, дун х1инкъула Аллагь дида гьелъухъ т1аса лъугьинарин ва лъавудаса ун к1ортун ккола дун.

Г1умарица ах1ана:

- Рец буго Аллагьасе, Гьес дир Саг1идил х1акъалъулъ бук1араб пикру хисизабич1о.

Гьелдаса хадуб Г1умарица азарго динар балагьизабуна Саг1идие жиндирго х1ажатазе х1алт1изабизе. Гьеб бихьидал ч1ужуялъ Саг1идида абуна:

- Рецц Аллагьасе буго гьаб нилъее балагьизабун бач1арав. Босе гьалъухъ квание х1ажатабщинаб ва ккве нилъего рокъов кумекалъе чи.

Саг1идица гьелъие жаваб гьабуна:

- Дуе бакьинарищ гьаб г1арац дуца абуралъубеялдасаги х1ажатаб бак1алде х1алт1изабизе?

- Щиб г1аги гьеб, дица абуралдасаги х1ажатаб бак1?!

Саг1идица абуна:

- Нилъеца гьаб кьела киналго нилъер къвариг1елал т1уралев чиясухъе. Гьеблъидал нилъее бищун къвариг1ун бугеб жо.

- Кин гьеб?

- «Нилъеца гьаб Аллагьасухъе къарзалъе кьела, гьес нилъер киналго къвариг1елалги т1урала», - ян абунила Саг1идица.

-«Лъик1 бугоха», -ян абунила гьелъ. – «Алагьас дуе лъик1аб жазаъ гьабеги».

Гьеб бак1алдаса т1аде рахъинч1ого бикьана гьез кинабго г1арац ва аск1ов вук1арав чиясда абуна. Мун а гьадинасул къоролалъухъе, гьадинал бесдалазухъе, гьадинал мискинзабазухъе, ва гьеб х1алалъ бикьун лъуг1изабуна кинабго г1арац.

Аллагь разилъаги Саг1идидаса. Гьев вук1ана, живго х1ажат вугониги цойгиясул къвариг1ел жиндиралдасаго цебе ккезабулездаса цояв.

ИA GURABA
 
< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Амир Расулица халкъалдехун гьабураб кlалъай
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Батlи-батlияб
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал