Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Аслияб гьумер
Т1уфайл ибн Г1амр ад-Давсий Версия для печати Отправить на e-mail
27.07.2008

- Я дир Аллагь, гьесие бокьанщинаб лъик1лъиялъе квер бакъулеб аят гьабе гьесие.
(Т1уфайлие Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьабураб дуг1а.)

Г1амрил вас Т1уфайл вук1ана жагьилаб заманаялъ "Давс" абураб къабилаялъул цевехъанлъун. Г1арабазул т1адег1анал къадру-къимат бугел г1адамаздаса ва гьединго рик1к1ун бажарулел ях1-намусалъул г1адамаздаса цоявлъунги вук1ана гьев.

Гьесул рокъоб ц1едаса хьаг рещт1унароан, к1ут1арасда цебе гьесул рукъалъул нуц1аги рагьич1ого хут1улароан.

Гьес вакъун хут1арав кваназавулаан, х1инкъарав ц1унулаан, кумек т1алаб гьабурасе кумекалъе ватулаан.

Гьеб гуребги, адабият лъалев, пасих1ав, кутакаб т1еренаб бич1ч1иялъул раг1абаздалъун шиг1ро хъвалев шаг1ирлъунги вук1ана гьев.

                                                               * * *

Жиндирго мина-рукъги тун, Тагьамаялдаса Маккаялде ана Т1уфайл, ва гьеб замана бук1ана Маккаялда Аварагасдаги (жинда ссвалат салам лъеяв), къурайшияздаги гьоркьоб ц1акъ кутакаб даг1ба-къец бугеб замана. Къурайшиязе къвариг1ун бук1ана Мух1аммадиде (жинда ссвалат салам лъеяв) руссинеги теч1ого г1адамал жидедехунго ц1азе, амма Аллагьасул чапарасул ярагълъун бук1ана гьесул Аллагьасда бугеб мугъч1вай ва Аллагьасда божи.

Къурайшиязул кафурзабаз Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) даг1ваталъе данде ч1ч1ей гьабулеб бук1ана кинабго яргъидалъун ва гьесдаса г1адамал нахъе къот1улел рук1ана кинабго каг1идаялъ.

Циндаго Т1уфайлидаги батана жиндирго нафсалъги г1ахьаллъи гьабулеб гьаб унеб бугеб даг1ба-къецалъулъ щибго ният-къвариг1елги гьеч1ого. Щайгурелъул, гьев Маккаялде гьелъие г1оло вач1ун вук1инч1о, Аварагасулги (жинда ссвалат салам лъеяв) Къурайшиязулги унеб бугеб даг1баялъулги гьесда рак1алдего ккунги бик1инч1о.

Цинги, гьаб бак1алдассан байбихьана Т1уфайлил г1умруялда жаниб ккараб бищунго г1ажаибаб къисса.

Т1уфайлица бицана:

- Дун Маккаялде щвана, цинги, т1оцеве дун вихьаралго къурайшиязул церехъаби рач1ун лъик1аб данде ч1вайги гьабун, жидедаго гьорьоб т1адег1анаб бак1алда г1одовги ч1ч1езавун гьез дида абуна:

- «Я Т1уфайл, х1акълъунго мун нижер ракьалде вач1ун вуго ва гьав жив Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) абун ч1ун вугев чияс нижер ишал фасат гьаруна ва нижер цолъи бикьизабуна. Ниж х1инкъун руго дуеги, дуца т1ад кверщел гьабун бугеб халхъалъеги нижеего ккараб г1адаб ккезе гурин абун. Мун Мух1аммадида к1алъаге ва гьесухъ цодагьалъгицин г1енеккуге, х1акълъунго гьесул сих1ро чиясул г1адаб, эмен васасдаса, рос ч1ужуялдаса ва т1улил вацал цоцадаса рат1а гьабулеб мац1 буго».

Т1уфайлица бицана:

- «Валлагьи гьел дида т1аса рат1алъич1о, Мух1аммадил х1акъалъулъ г1ажаибал харбал рицун, дидагоги агьлу-хъизаналдаги х1инкъун, гьесда аск1овего къаларин дида рак1алде ккезег1ан.

Гьедин вук1аго, цо нухалъ Каг1баялде т1аваф гьабун, хъанчазе г1ибадат гьабизе унев мехалъ, дица к1иябго г1иналда жаниб пампа къазабуна Мух1аммадил хабар раг1ич1ого бук1ине. Цинги дун масжидалде лъугьиндал дида гьев вихьана нижеца балареб куцалъ как бан, нижералдаса бат1ияб къагидаялъ г1ибадат гьабулев. Циндаго гьев вихьидал сири бан сорозе лъугьана дир лугби ва дагь-дагьккун, диего бокьич1ого дир нафсалъ дун гьесда аск1ове вачана. Дида гьесул каламалъул берцинлъиги, гьуинлъиги раг1идал дица дидаго абуна:

- «Мун хун дур эбел г1одаяв Т1уфайл, х1акълъунго мун вуго фасих1ав шаг1ир, лъик1аб квешалдаса бат1а бахъун бажарулев г1акъилав чи, сундуца мун нахъ ч1валев гьесухъ г1енеккиялдаса? Лъик1аб раг1ани босизе, квешаб раг1ани жибго тезе щай г1енеккуларев»?

Цинги Мух1аммад масжидалъуса рокъове инег1анги ч1ун, дун гьесухъе рокъове хадув ана ва дица гьесда абуна:

- «Я Мух1аммад, х1акълъунго дур къавмалъ дур х1акъалъулъ гьабги, гьабги, гьабги бицун х1инкъизавуна дун, х1атта дур калам раг1иларедухъ г1ундузда жанир пампаги къазабун бук1ана дица, амма дида дур калам раг1индал дида гьеб батана лъик1аб, гьуинаб, берцинаб каламлъун. Бице дида дурго диналъул х1акъалъулъ. Цинги аварагас дида бицана Исламалъул х1акъалъулъ ва ц1алана дие сурату "ал-Ихлас" ва "ал-Фалакъ". Ва Ллагьи дида гьелдаса берцинаб ва рит1ухъаб щибго раг1ун бук1инч1о. Цинги Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) цебе к1иябго кверги бит1ун, гьесие къот1иги гьабун, дун Исламалде вач1ана.

                                                                 * * *

Т1уфайлица бицана:

Гьелдаса хадуб, Маккаялдаги вук1ун, Исламалъул чара гьеч1ого лъазе т1адал жалги лъазарун, дагьабго жо Къуръаналдасаги лъазабун, дирго къавмалде т1аде вуссине рак1алде ккедал, дица абуна Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв):

- «Я Бичасул Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв), х1акълъуно дун вуго къавмалда жаниб раг1и билълъарав цевехъан, дунги унев вуго дирго къавм Исламалде ах1изе. Дуца Аллагьасда гьаре дие г1аламат гьабеян дие квер бакъулеб. Цинги Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьарана:

- «Я дир Аллагь, гьесие бокьараб щинаб лъик1лъиялъе квер бакъулеб г1аламат гьабе гьесие».

Маккаялдаса къват1ивеги вахъун дирго къавмлъухъе унев мехалъ дун щвана цо борхатаб, гьенисан г1адамазул азбар-къоно бихьулеб щобил раг1алде. Цинги бач1ун, чирахъул канлъиялда релъараб нур ч1ана дир к1иябго бералда гьоркьоб. Дица гьарана:

- «Я дир Бет1ергьан, дир гьумер тун бат1ияб бак1алда гьабе гьеб нур, х1акълъунго дир къавмалда рак1алда ккезе бегьула, дица гьезул дин тедал лъугьараб г1акъубаялъул г1аламат бугин гьаб г1аламат абун»..

Цинги дир гьурмадасаги ун гьеб нур, дир кодоб бугеб ч1орбут1алъул раг1алда ч1ана ва дун къавмалъухъе гох1дасан г1одове вач1унаго гьел киналго дихъе ралагьун ч1ун рук1ана. Гьезда гьеб нурги бихьулеб бук1ана дализабураб ч1орто г1адин. Дун гьезда т1аде г1унт1идал, дихъе г1едег1ун вач1ана эмен. Дица гьесда абуна:

- «Довег1ан къай дир эмен, дун дудасаги гуро мун дидасаги гуро»

- «Щай гьеб дир вас»?

- «Дун Ислам босун Мух1аммадида хадув вилъана».

- «Ва дир вас, дур дин гьеб дирги дин буго».

Цинги дица гьесда абуна:

- «Гьедин батани дир эмен, мун чвердезеги ун, бац1ц1адаб рет1елги рет1ун, дудаго дин малъизе дихъе вач1а. Гьев дица абураб куцалъ кинабгоги т1убан вач1индал дица малъун Исламалде вач1ана.

Цинги дир лъади яч1ана дихъе. Дица гьелда абуна: - «Мун дидаса доег1ан йик1а».

- «Щай гьеб дир рос»?

- «Дун Ислам босун Мух1аммадида хадув вилъана».

- «Ва дир рос, дур дин гьеб дирги дин буго».

Цинги дица гьелда абуна: - «Гьедин батани мун "Зи Щара" – абураб лъеца чвердон яч1а». (Зи Щара ккола Давсил г1адамаз жиндие лагълъи гьабулеб бук1араб хъанчалда ц1ар, гьелда сверухъ чвахулеб лъедеги гьебго ц1ар абулаан).

Цинги гьелъ дида абуна: - «Дир эбел-эмен хун, мун нахъе хут1аяв, мун х1инкъуларищ нилъер лъималазе "Зи Щара" -ялъ зарал-зиян гьабиялдаса»?

Дица абуна: - «Дурги, "Зи Щара" - ялъулги талих1 къосаяй, дица абич1ищ дуда г1адамал гьеч1еб бак1алдеги ун чвердон яч1аян. Дица дуе къот1и гьабула, г1инкъаб гьеб ганч1ил хъанчида щибго зарал-зиян гьабун бажаруларо. Цинги лъади чвердон яч1индал, Исламалъул буцун, гьейги буссурманлъана».

Гьедин кинабго дирго къавм Исламалде ах1улев вук1ана дун, амма гьел Исламалде рач1ине, цого-цо Абу-Гьурайратида хут1изег1ан г1емераб жо бицине ккана гьезда. Гьев абуни бищун хехго Исламалде рач1аразул цоявлъун ккана.

                                                           * * *

Т1уфайлица бицана:

Дун Бичасул Аварагасухъе (жинда ссвалат салам лъеяв) Маккаялде вилъана цадахъ Абу-Гьурайратги вачун. Цинги ниж т1аде г1унт1идал Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) абуна: - «Щиб ц1ияб хабар бугеб, я Т1уфайл»?
Дица абуна: - «Х1акъаб жоялдаги, жидер рак1аздаги цебе пардав лъурарал, кутакаб кафурлъи жиделъ ц1ик1к1арал, Аллагьасе г1ассилъигун фасикълъи ц1ик1к1арал буго Давсил къавм, я Бичасул Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв)».

Цинги Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) т1адеги вахъун, какиги чурун, к1иябго кверги зодобе бит1ун дуг1а гьабизе лъугьана. Абу Гьурайрат, Аварагас гьесул къавм гьалаглъизе дуг1а гьабулеб бугиланги ккун х1инкъун лъугьана ва гьес ах1ана: - «Я Аллагь, дир к1авм хвасар гьабе»!

Кинго Бичасул рах1мулъун вит1арав аварагас абуна: - «Я дир Бет1ергьан, Дуца Давсил къавм бит1араб нухде т1орит1е … Я дир Бет1ергьан, Дуца Давсил къавм бит1араб нухде т1орит1е … Я дир Бет1ергьан, Дуца Давсил къавм бит1араб нухде т1орит1е!

Цинги авараг Т1уфайлидехун вуссун гьес абуна: - «Мун дурго къавмалъухъе т1аде вусса ва гьезулъ х1еренго вук1ун дуца гьел Исламалде ах1е».

                                                             * * *

Т1уфайлица бицана:

- «Дун Давсил къавмалда гьоркьов хут1ана гьел Исламалде ах1улев Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьижраги гьабун, Бадр, Ух1уд ва Хандакъ гъазаватал лъуг1изег1ан. Цинги дун Мадинаялде Аварагасухъе (жинда ссвалат салам лъеяв) ана. Дида цадахъ рук1ана Давсил къавмалъул, жидеца Ислам босун, лъик1 жидеда Ислам бич1ч1араб ункъого хъизан. Ниж рихьидал ц1акъ воххана Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) ва Хайбар гъазаваталдаса щвараб давлаялул бут1а нижееги щвезабуна гьес. Цинги нижеца абуна: - «Я Бичасул Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв), дуца ниж дурго бодул квараб рахъ ц1унулеллъун гьаре».

Т1уфайлица бицана: - «Цинги дун, Аллагьасул кумекалдалъун Макка рагьизег1ан Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) цадахъ хут1ана, ва дица абуна: - «Я Бичасул Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв), дуца дун "Зи ал-каффайни" абураб Г1амру ибн Х1амаматил хъанч бух1изе валагьизаве».

Цинги Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) изнуги кьун, цадахъ кумекалъе г1адамалги рачун гьеб бух1изе гьелда цеве Т1уфайл эхетидал, гьев сверун ккуна г1иссинал лъималаз, руччабаз ва бихьиназ, гьелги ралагьун ч1ун рук1ана хъанчидасан гьесде бач1ине бугеб г1азабалъухъ.

Цинги Т1уфайл хъанчида аск1ове ана, гьелда сверун лъугьун, гьелъие лагълъи гьабулел г1адамалги ралагьун тун, кутакаб ц1а хъанчидаги бакун гьес абуна:

Ва За ал-Кафайни, дун дур лагълъун гьеч1о. Дун гьавураб къо дуралдаса цебе буго. Дица дур рек1еда ц1а гъуна

Ц1адуца хъанч бух1араб г1адин, гьелдаго цадахъ къавмалда бук1араб ширкги бух1ун Давсил къавм Исламалде рач1ана.

                                                             * * *

Цинги гьелдаса хадуб Т1уфайл, Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) рух1 босун, гьев Аллагьасухъе инег1ан гьесул кумекчилъун вук1ана.

Цинги бусурбабазул Халифалъун Абу-Бакр вач1индал Т1уфайлица живго, жиндирго вас ва жиндирго хвалчен Абу-Бакрие мут1иг1лъун х1алт1изабуна.

Цинги, диналдаса нахъе руссарал г1адамазда ва жив Аварагин ч1арав Мусайламат ал-Каззабида данде рагъ базе унеб бодул бет1ералда вук1ана Т1уфайл цадахъ жиндирго вас Г1амрги вачун.

Ямамаялъул ракьалде щолеб бак1алда гьесда макьу бихьана ва гьес гьалмагъзабазда абуна: - «Х1акълъунго дида макьу бихьана, дие гьеб къот1е нужоца». Цинги гьез гьикъана: - «Щиб дуда бихьараб»? Т1уфайлица абуна: - «Дида бихьана дир бет1ер к1к1ван ва дир к1алдисан х1инч1 къват1ибе бач1унеб ва цо ч1ужуялъ дун жиндирго чохьониве лъугьинавулев ва дир вас Г1амрица дида нахъасан вач1ун дун т1алаб гьавулаго дидаги гьесдаги гьоркьоб пардав ч1олеб». Цинги гьалмагъзабаз, - «рохалие батила», -ян абуна. Т1уфайлица абуна: - «Дица абуни гьеб гьадин къот1ана; - бет1ер к1к1вай гьеб буго дир бет1ер къот1и, к1алдисан боржун араб х1инч1 гьеб буго дир рух1, дун чохьониве лъугьинавурай г1адан гьеб дун вукъизе вугеб ракь буго ва амма дида хадув вач1ун дир вас Г1амрица дун т1алаб гьаби - гьеб буго гьесиеги бокьун бук1ин дие г1адин шагьидлъи щвезе, кинго гьесие гьеб Аллагьас изну кьуни щвела цо заманаялдасан ва дица Аллагьасда гьарула дие шагьидлъи кьеян».

                                                             * * *

Ямамаялъул маг1ракаталда ц1акъ гучаб къаг1идаялъ, нахъехун къай гьеч1ого вагъана Т1уфайл ибн Г1амр, жив шагьидлъун г1одов ккезег1ан.

Ва амма гьесул вас Г1амр абуни ц1акъ заг1иф гьавуна гьесда лъурал ругъназул г1емерлъиялъ ва гьев Мадинаялде т1ад вуссана , Ямамаялъул ракьалда эменги, жиндирго къот1араб кваранаб кверги нахъе тун.

                                                             * * *

Г1умар ибн Хат1аб Хилафалъун вугеб заманаялъ гьесухъе вач1ана Г1амр ибн Т1уфайл, ай Т1уфайлил вас Г1амр, цинги цебе т1аг1ам лъедал аск1ор ругелги кваназе ах1ун Г1амр нахъег1ан къан ч1ана. Цинги Халифаяс абуна: - «Дуе щиб я Г1амр, нечонцин гурищ мун къот1араб квералдаса»? Гьес абуна: - «У, ва буссурбабазул амир». Цинги Г1умарица (жиндаса Аллагь разилъаяв) абуна: - «Валлагьи, дица гьаб кванил т1аг1ам бихьизе гьеч1о дур къот1араб квералъ багъаризабун хадуб гурони. Валлагьи, гьаб къавмалъул цонигиясул лага гьеч1о дур г1адин алжаналда жаниб».

                                                             * * *

Цинги эмен хваралдаса бук1араб шагьидлъиялъухъ г1ищкъу Г1амрил нахъе инч1о маг1ракатул Ярмукалде ун гьенив шагьидлъизег1ан.

                                                              * * *

Т1адег1анав Аллагь гурх1аги Т1уфайл ибн Г1амр ад-Давсиясда. Х1акълъунго гьев вук1ана шагьидлъун ва шагьидасул эменлъун, иншааЛлагь.

ИА GURABA

 

 
< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Амир Расулица халкъалдехун гьабураб кlалъай
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Батlи-батlияб
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал