Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Щай нилъеде г1одорег1анлъи биччан бугеб?
20.07.2008

Хириял диналъул вацал! Нилъеца нилъедего буссурбабиян абула ва нилъги божула Аллагь нилъеда гурх1арав вук1иналда. Амма, рагьеха бералги ва балагье, ругищ нилъ Аллагьасул рах1муялда гъоркь? Ахираталда нилъер бук1инисеб х1ал нилъеда хвеч1ого лъаларо. Амма гьаб ракьалда г1умру гьабун рук1аго нилъеда бугеб зах1матаб х1ал – гьеб бихьизе зах1матаб жо гьеч1о.

Дуниялалда нилъер къадар хал гьабуни, жив-живас цо-цо ч1имих рехани к1удияб мег1ер лъугьина. Киг1ан нилъги, нилъер церехъабиги г1емерал ругониги, дуниялалъул кинабго бечелъиги, к1одолъиги Аллагьасде кафурал (божуларел) г1адамазда кодоб буго. Нилъги руго гьезул кодор ва гьезие бокьахъе хенезарулел руго гьез нилъ. Цох1о Аллагьасда цебе гурони къулизе бегьулареб бет1ер, нилъеца, нилъго г1адал г1адамазда цебе къулулеб буго. Нилъер къадруги, цебе лъиданиги г1одобег1ан гьабизе к1олареб бук1араб, жакъа х1арщулъ къараб, къват1ибе бахъине к1оларого буго. Нилъер квералги, цебе киналдаго т1ад рук1арал, жакъа тушбабазда цере рагьун, г1исинал лъималазул г1адин руго. Лъавукълъиялъги, чияда раялъги, мискинлъиялъги, факъирлъиялъги нилъ дуниялалда риххун къабих1лъиялда руго.

Гьелдайищха абулеб Аллагьасул гурх1ел-рах1муйилан? Гьеб рах1му батич1они кибха гьеб рах1му бугеб? Г1ажаибаб жо гьеч1ищ, буссурбабазда гурх1улев Аллагьасул рах1му, нилъеде щолеб гьеч1еблъи. Г1ажаибаб жо гьеч1ищ нилъ, буссурбаби, Аллагьасул ццин бахъиналда гъоркь рук1ин. Нилъ буссурбаби руго къабих1лъиялъулъ т1ерхьун! Нилъ буссурбаби тушбабазул лагълъиялда гъоркь руго! Гьедин нилъ рук1ин буго, хъах1аб жо ч1ег1ераблъун бук1ин г1адаб г1ажаибаб х1ал.

Кьелинха нилъеего суал: - «Нилъ бусурбаби Аллагьасе рокьулеллъун ратании, кин Гьес биччараб нилъер гьадинаб къабих1аб х1ал бук1ине»? Яги нилъер Бет1ергьан гьедиг1ан рит1ухълъи ц1унуларевищ вугев? Нилъеца Гьес малъараб гьабулеб буго, амма, Гьес нилъеда т1ад кафурзаби т1амун руго ва гьездалъун нилъее г1акъубаги кьолеб буго, нилъ гьесие мут1иг1ал рук1иналъухъ. Гьедин гурищ лъугьунеб бугеб пикру гьабураб мехалъ?

Амма, нилъ Аллагьасул рит1ухълъиялда божулел ратании ва Гьесие мут1иг1лъиялъ киданиги къабих1лъиялде рачунареллъиялдаги божулел ратании, нилъер буссурманлъиялъул цо кинаб бугониги г1унгут1и бук1иналъе мук1урлъизе ккела. Кант1изе ккела, цо кинаб бугониги г1илла бук1ин, нилъ кафурзабаздаса г1одорег1ан гьарун рук1иналъе. Нилъ буссурбабилъун рижун рук1ине бегьула, маг1арулавин паспорталдаги хъван бук1ине бегьула, амма Аллагь гьеб киналъухъго балагьуларо. Аллагьасул жиндирго буго сиях1 жиндие мут1иг1азулги, жинде г1ассилъаразулги ц1арал т1ад хъвараб. Гьеб сиях1алда, киназда гъорлъ нилъерго ц1ар бук1ине мустах1икъаблъун бихьулебали балагьизе ккола нилъ.

Аллагьас нилъехъе жиндирго т1ехь кьун буго нилъеца гьеб ц1ализе ва гьелда рекъон нилъерго хьвада-ч1вадиги бачине. Нужеца киданиги хал гьабурищ щиб Аллагьас гьелда жаниб абулеб бугебали? Гьединго Аллагьас нилъехъе Аварагги вит1ана нилъеда буссурбабилъун рук1ине малъизе. Нужеца киданиги лъазе т1алаб гьабурищ щиб буссурбабазда Аварагас малъун тарабали? Аллагьас мух1канго ва ч1ван къот1ун бицун буго г1адамас дуниялалда гьабизе кколеб хьвада-ч1вади ва гьелъухъ ахираталда гьесие бугеб жазаъ. Нужеца гьединаб хьвада-ч1вади гьабиялда инкарищ кколеб? Щиб жаваб нужер бугеб гьал суалазе?

Нужеца Аллагьас къуръаналда хъван бугелъул хал гьабич1ин ва гьединго Аварагасул г1умруги лъазабич1ин абуни, гьеб к1иялдасанго г1умруялъе мисалги босулеб гьеч1ин абуни кин нужеца нужедего буссурбабиян абулеб ва кин нужер Аллагьасул рах1матазде хьул лъолеб? Жакъа нужее щолел ругел рах1матал руго, нужер г1амалазда рекъарал ва ахираталдаги хьул лъоге нужее гьел ц1ик1к1иналде. Ахираталдаги гьел кьола Аллагьас жакъаго г1адин, нужер г1амалазухъ балагьун. Ругищ нуж гьелъие мустах1икъал ахираталда абун лъазе бокьани, ругищ нуж гьелъие мустах1икъал жакъа, -ян балагьизе бегьула.

Кафурзабаздаги буссурбабаздаги гьоркьоб бат1алъи бук1уна гьезул лъаялдалъун ва гьез гьабулеб г1амалалдалъун. Жидедаго буссурбабиянги абун, кафурзабазул г1амал гьабулезда гьерсихъабиян абизе ккола.

Кафурзабаз къуръан ц1алуларо ва гьезда гьениб хъван бугебги лъаларо. Гьездаго г1анасеб гурони къуръаналдаса лъаларев чиясда кин абилеб буссурманавилан?

Кафурзабазда лъаларо Аварагасул х1адисал ва гьединго Аллагьас гьесда бихьизабураб бит1араб нух. Гьездаго г1анасеб гурони Аварагасул х1адисал ва гьесул г1умроялъул нух лъаларев чиясда кин абилеб буссурманав чийилан?

Кафурчи Аллагьас г1орхъабиги ц1унич1ого, жиндирго нафсалъул шагьваталда нахъ вилъуна. Гьединго, жиндирго шагьваталда нахъ вилъарав ва жиндирго пикраби гурони къабул гьабуларев чияс абизе бит1ун бук1инищ жиндего буссурманав чийилан?

Кафурзабаз Аллагьас х1алалаблъун гьабуралдаги, х1арамаблъун гьабуралдаги гьоркьоб бат1алъи гьабуларо, гьес жиндиего рек1ее бокьараб къабул гьабула, бокьич1елде инкар ккола. Гьедиго нилъецаги гьабуни, щиб бат1алъи бук1инеб нилъедаги гьездаги гьоркьоб?

Жеги бич1ч1иледухъ абилин. Нилъеда кафурзабазда лъалеб гурони Исламалъул х1акъалъулъ лъалебги гьеч1они, гьез гьабураб кинабго нилъеца гьабулебги бугони, щиб бугеб бат1алъи нилъедаги гьездаги гьоркьоб? Гьелда т1ад ц1акъ ургъизе ккела нилъ киналго.

Хириял вацал ва яцал! Нужеда рак1алда ккоге дица гьаниб буссурбабазда кафурзабиян абулеб бугин. Дица гьелъул гуро гьаниб бицунеб бугеб. Дица дидаго гьикъулеб буго ва нужедаги гьарулеб буго, кье нужеего суал:

- Щай нилъ Аллагьасул рах1матаздаса рик1к1ад ругел?

- Щай нилъеда сверун лъугьун ругел киналго къварилъаби?

- Щай нилъ рикь-рикьун ругел ва щай нилъеца цоцазул биял г1одоре т1олел ругел?

- Щай киса-кибего нилъеда т1ад кафурзабазул ихтияр бугеб?

- Щай Аллагьасе мут1иг1аллъун нилъго рик1к1унел нилъ, кафурзабазе мут1иг1лъиялда гъоркь ругел кирехун ралагьаниги»?

Гьаб х1акъикъаталда т1ад дун ц1ик1к1ун ургъанаг1ан дир пикру бач1ана нилъедаги кафурзабаздаги гьоркьоб ц1аралъулъ гурони бат1алъи гьеч1еб г1адин бук1иналде. Щай гурони, нилъеца к1вар кьолеб гьеч1о Аллагьасул амруялде ва х1инкъулелги гьеч1о Гьесде г1асилъизе.

Дица бат1алъи гьеч1ин абич1ого, бат1алъи гьеч1еб г1адин бугин абиялъе г1илла буго, нилъ, Къуръан Аллагьасул калам бук1иналда божулел рук1ин, кафур чи гьелда божуларо. Амма нилъер гьелдехун бугеб бербалагьи ва к1вар кьунгут1и кафурзабазулалда релъун буго. Гьединлъидал нилъ кафурзабаздасаги ц1ик1к1ун тамих1алъе мустах1икъал ругин абизе бегьула.

Нилъ божула Авараг Аллагьасул Чапар вук1иналда, амма нилъее кафурзабазего г1адин, гьесул нухдасан хьвадизе къабуллъулеб гьеч1о.

Нилъеда лъала Аллагьас гьерсихъабазе наг1ана кьолеб бук1ин, ришват кьолесеги босулесеги жужах1алдалъун х1инкъи кьолеб бук1ин, т1аде ц1ик1к1инабизелъун г1арац кьейги босиги (рибаъ) гьукъун бук1ин ва рибачаг1и какун рук1ин, гъибат гьаби хварав чиясул гьан кванаялда релъинабун бук1ин, зина ва г1аракъи гьекъеялъухъ кутакаб г1азаб гьабизе бук1ин. Киг1ан лъик1 гьеб лъалеб бугониги сундулго ургъелги гьабич1ого гьел мунагьаздасан кеп босулел руго нилъ ва Аллагьасул г1азабалдаса х1инкъулелги гьеч1о.

Гьеле гьел г1иллабазе г1оло Аллагьас нилъги жиндирго рах1матаздаса рик1к1ад гьарун руго. Нилъ буссурбабилъун цох1о ц1аралъулъ руго. Аллагьасда божулареб къавмалъ нилъеда т1ад кверщел гьабун бук1иналъ ва гьез нилъеда т1ад х1укму къот1улебги, нилъер къадру г1одобег1ан гьабулебги бук1иналъ бицунеб буго нилъее Аллагьас Ислам – Аллагьазул рах1матазул бищун к1удияб рехун теялъухъ тамих1 гьабулеб бук1ин.

Хириял вацал! Дица гьаниб абураб кинабго, нуж какизелъун абураб гуро. Дун нуж какиялъе ниятгун вач1арав гьеч1о. Кинниги, дие бокьун буго, нужеца рехун тарал бечелъабазде каву рагьизе нужер хьул лъезабизе. Гьединаб анищ г1адамасул бач1уна жиндир щиб бугониги т1аг1индал ва гьеб т1аг1араб жоялъул къимат ц1акъго т1адег1анаб бук1араблъи гьесда бич1ч1араб мехалъ. Дица гьанир абурал хехал ва рек1елъ къалел раг1аби абиялъе г1илла ккола нуж кант1изари ва пикру гьабизе т1ами.

Абу Г1алаъ аль-Маудудил «Рач1а буссурбабилъун рук1ине» абураб т1ехьалдаса босараб. Буссинабуна Абу Ах1мадица

ИА GURABA

 

Добавить комментарий


< Пред.   След. >
Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Чечентаймс
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
Блог Нурдин
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -3
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин