|
Унго-унгояб, х1акъикъияб Аллагьасукьа х1инкъи – гьеб ккола бищун къимат ч1ах1иял ва рак1ал рац1ц1ад гьарулел асаразул цояб. Гьеб асарги лъугьунаро муъмичиясул рек1елъе гурони.
БисмиЛлагьи Ррах1мани Ррах1ими
Аллагьасда гьаризе ккола нилъеца рак1азе тамахлъиги х1алимлъиги. Гьес нилъ рижун руго ракьалда т1ад ва гьаниб ихтиярги нилъехъе кьун буго. Гьес нилъеда амруги гьабун буго цоцадехун х1алимлъиялдалъун ва нилъее исламги кьун буго цоцазе зарал лъугьинаредухъ яшав гьабизе нухлъун. Дица нуг1лъи гьабула Гьев Аллагь тун бат1ияв цойги Аллагь гьеч1олъиялъе ва г1ибадаталъе мустах1икъавги, Гьев тун бат1ияв, щивниги ва щибниги гьеч1ин абун. Аллагьас рижана зобалги ракъалги ва Аллагь вуго кинабго рижи жиндие мут1иг1авги.
Жеги дица нуг1лъи гьабула Мух1аммад (жинда ссвалат салам лъеяв) Гьесул лагъ ва Аварагзабазул ахирисевги вук1иналъе. Гьединго Мух1аммад (жинда ссвалат салам лъеяв) ккола Аллагьасе кинабго г1аламалда гьоркьоса бищун хириявги ва цевесевги. Мух1аммад (жинда ссвалат салам лъеяв) Тадег1анав Аллагьас валагьизавуна нилъеда гьоркьоб х1алимлъи т1обит1изабизе ва цоцадехун нилъер рак1алги тамах гьаризе. Гьес лъиениги, киданиги тамих1 гьабулеб бук1инч1о, г1адамасул г1айиб мух1канлъун хадуб гурони. Гьес щибго жо г1уц1улебги бук1инч1о гьелъие кьуч1 лъун гурони. Гьев киналго х1алимазда гьоркьов бищун х1алимавлъун вук1ана ва г1акъилзабазе мисаллъунги вук1ана. Гьес нилъ рачана бец1лъиялдаса жиб гвангъараб, роц1ц1араб, исламалъул нуралде. Гьеб бит1араб, Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) нухалдаса гьет1арав чи – гьев ккола биххизабиялъул нухде лъугьарав чи. Цойгидаз г1уц1ц1арабги гьес, жиндаго лъач1ого биххизабула. Гьелда хадуб…
Унго-унгояб, х1акъикъияб Аллагьасукьа х1инкъи – гьеб ккола бищун къимат ч1ах1иял ва рак1ал рац1ц1ад гьарулел асаразул цояб. Гьеб асарги лъугьунаро муъминчиясул рек1елъе гурони. Такъва (Аллагьасукьа х1инкъи) ккола, лъик1лъиялъе чара гьеч1ого къвариг1унеб асар. Аллагьас къуръаналда абулеб буго:
«Х1акълъунго дица васият гьабун бук1ана, нужедаса цебе жудехъе т1ехь кьурал китабиязда, ва гьанже нужедаги васият гьабулеб буго: нуж Аллагьасдаса х1инкъа абун…» (сурату-ан-Нисаъ : 131)
Ле буссурбаби, нужеда лъай - берцинаб т1абиг1ат ва хьвада-ч1вади, жинда т1ад щибго бараб х1убилъун бук1ана кинабго заманаялъул, цере т1урал халкъазда гьоркьоб. Кидаго бук1ана ва бук1инеги буго г1адамазда гьоркьоб гьелъул к1вар. Гьеб буго исламалъул т1абиг1ат ва лъиданиги гьелде даг1ба базеги к1оларо. Исламалъ кидаго к1вар кьола бац1алъиялде, г1амал-хасият куциялде, ва г1адамазда гьоркьоб хьвада-ч1вади берцин гьабиялде. Исламалъул бищун к1вар бугеб хасиятазул цояб ккола - буссурбабазда гурх1и ва гьездехун х1алималлъун рук1ин. Щаклъи гьеч1ого гьеб ккола бит1араб нух ва г1адамазул рак1ал асир гьариялъе сабабги. Г1адамазда гьоркьоб гурх1ел-рах1му лъуг1ани, гьелдаго цадахъ лъуг1ула рекъелги. Жагьилаб заманаялъул (ислам бач1иналда цебе замана) байбихьуде рачуна гьелъ г1адамал.
Жагьилаб заманаялъ г1адамазул рах1му т1аг1ин Тарихалъ нилъее тун руго, г1ассилъиялъулги, гурх1ел гьеч1олъиялъулги г1емерал мисалал. Гьединаб т1абиг1ат билълъун араблъун бук1ана цере рук1арал г1емерал халкъазда гьоркьоб. Гьеб нилъеда бихьула хандакъазда жанире рарал г1адамазул къиса ц1алулаго. Гьениб Аллагьасе мут1иг1ал г1адамазе кафурзабаз, ц1а боркьараб хандакъалде жанире раялдалъун гьабула г1азаб. Ц1адаре ран рух1иялдалъун х1инкъи кьуниги гьел муъминзаби жидерго диналдаса руссунаро. Диналдаги, г1умроялдаги гьоркьоса бищизе ихтияр кьола гьел кафурзабаз гьит1инаб лъимерги кодоб ккун йигей эбелалъеги. Лъимадухъги балагьун гьей рак1 гурх1ун щакдаризе лъугьиндал, Аллагьас лъимер к1алъазабула гьелда. «Я дир эбел! Дуца сабру гьабе, мун х1акъаб диналда йиго»! (Муслим)
Аллагьас нилъее къуръаналда, гьеб къоялъул бицун абулеб буго: Гьел хандакъазул бет1ергьабазе балагь щвайги ва гьезие Аллагьасул лаг1нат буго. Гьел руго жидеца кутакаб ц1а бакун рук1арал. Гьеб ц1а бакарал хандакъазда сверун, жал г1одор ч1унги рук1арал. Жал рохунги рук1арал муъминзабазе гьабулеб г1азабалдаса. Жидеда гьел муъминзабаздасан бихьараб щибго квешлъиги бук1инч1о гьез иман лъун бук1ин гуреб къуват-гуч бергьарав, жив веццарав, кинабго реццалъе мустах1икъав Аллагьасда. (сурату-ль-Бурудж : 4-8)
Гьаб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ Муслимица бицараб халатаб х1адис буго. Къокъго абуни, гьеб бук1ана насранияб (христианство) дин ракьалда бугеб замана. Гьеб мехалъ вук1арав кафурав ханас, Аллагьасда иманги лъурал г1адамал цо-цоккун ралел рук1ана ц1а бакараб гвендинире. Гьеб къоялъ 12 000 чи вух1анин бицунеб буго Фахру Рази абурав г1алимас. 70 000 чи вух1анин бицараб хабарги буго. Гьалдасан нилъеца босизе рекъараб дарс буго: Х1акъикъияб иман жинца лъурав, Аллагьги жинда лъарав чияс, киг1ан к1удияб г1азаб жиндие гьабуниги х1акъаб дин рехун толаро. Аллагьас нилъги гьареги щулаго иман лъураздаса.
Гьединго Аллагьас нилъее бицунеб буго фирг1авнил къисаги. Балагье, кин гьес г1адамазе г1азаб кьолеб бук1арабали: ХIакълъунго фиргIавн цIакъ чIухIун ва гIамал кIодолъун хьвадана Мисриялъул ракьалда. Гьес гIадамал къукъаби гьарун рикьана жиндие лагълъи гьабиялъе. Бану Исраилазул гIадамал жал гIодорегIанал, жидеца квешаб ва захIматаб хIалтIи гьабулел лагъзаллъун гьаруна. Гьезул киналго бихьинал лъимал жинца хъолел рукIана ва ясал нахъе толел рукIана жиндиеги, жиндир къавм къибтIиязеги хъулухъ гьабизе. Гьев пиргIавн вукIана ракьалда тIад зулму ва пасалъи гьабулел гIадамазул бищунго залимав. (сурату-ль-Къасаси : 4)
Жеги Аллагьас абулеб буго фирг1авнил бицун: Жинца рорхатал сиял ран рук1арав фирг1авнилги, гьесул къавмалъулги хабарги раг1ич1ищ дуда?! Гьал г1адамал рук1ана жидеца ракьалда т1ад зулму ва фасалъи гьабулел. Гьез ракьалда т1ад г1емераб фасалъи гьабуна. Цинги Аллагьас гьезда т1аде г1азабги биччан тана. Х1акълъунго дур Бет1ергьан Аллагь жиндир лагъзадерил г1амалазе хъаравуллъи ккурав вуго. (сурату-ль-Фажри : 10-14)
…ХIакълъунго фиргIавнги, гьесул вазир гьаманги, гьезул киналго боялги жал Аллагьасда гIасилъарал жидеца ширк ва фасалъи гьабулел гIадамал рукIана. (сурату-ль-Къасаси : 8)
Жеги абулеб буго: Дица гьел гьаруна жидеца жужахIалда гIадамал ахIулел имамзабилъун. Къиямасеб къоялъ гьел кафурал гIадамазе кинабгIаги квер бакъи букIунаро. Дица гьезие гьаб дунялалдаго гьабуна лагIнат: Дир рахIматалдаса рик1кIад гьаруна. Къиямасеб къоялъги гьел рукIине руго, жал дир алжаналдаса рик1кIад гьарурал, жал къабих1 гьарурал гIадамаздаса. (сурату-ль-Къасаси : 41-42).
Аллагьас нилъее г1емераб бак1алда къуръаналда рачунел руго бану Исраилазул мисалалги. Гьадин бицунеб буго Аллагьас гьезул х1ал: «Гьел мугIжизатал рихьизарун, Аварагзаби ритIун хадубги, нужер ракIал ц1акъ къосана, иманалдаса руссана, Аллагьасдаса хIинкъуларел лъугьана. Гьел ракIал ганчIазда релълъун руго жидер къвакIиялъул рахъалъ, жидеда жанибе хIакъаб жо лъугьине толарел ругелъул, ганчIаздасаги къвакIарал руго гьел». (сурату-ль-Бакъарагь : 74)
Аллагьас къват1ибе ч1вазабулеб буго гьезул рак1азулъ бахчун бугеб жо: «Нужеца цо чиги чIван, лъица гьев чIварав абун нуж цоцалъ къацандараб гIуж ракIалда щвезабе нужеца. ТIадегIанав Аллагь жинца загьир гьабулев вуго нужеца жаниб бахчун букIараб амру». (сурату-ль-Бакъарагь : 72)
Аллагьас нилъеда бицунеб буго сундухъ гьезие Жинца лаг1нат гьабураб ва щай гьел жиндир рах1маталдаса рик1к1адги гьарурал абун: «Гьал ягьудияз жидеца гьабураб къот1и биххизе гьабиялъе г1оло ва Муса Аварагасда мут1иг1лъи теялъе г1ологи дица гьезие «лаг1нат» гьабуна (дица гьел дир рах1маталдаса рик1к1ад гьаруна) ва дица гьезул рак1алги къвак1арал ганч1ал г1адин гьаруна (жидеда жаниб иман лъугьунарел ва х1акъаб жо къабул гьабуларел гьаруна). Жидеца Аллагьасул калам сверизе гьабулел руго гьел ягьудиял (жидее бокьараб маг1на гьабун, бокьараб жоялда г1амал гьабун, бокьич1еб - г1амал гьабич1ого тун. Гьаб Аллагьасул калам махсароде кквеялдаса к1удияб мунагь щибха бук1инеб)? Ва жидеда амру гьабураб г1емераб жиб жо к1очараб г1адин, жидеда лъалареб жо г1адин жинда г1амал гьабич1ого рехун тана. Мун гьезул хиянатазда ваккулевлъун вук1ине вуго Мух1аммад, щибаб заманаялъ. Цо дагьалго иман лъурал г1адамал руго жидеца хиянат гьабуларел ва дуда нахърилълъунел. Мун гьезда (ягьудиязда) т1аса лъугьа ва гьезие къварилъиги гьабуге. Х1акълъунго Аллагь, жидеца г1адамазда гурх1ел гьабулел, гьезие лъик1лъи гьабулел г1адамал рокьулев вуго». (сурату-ль-Маидат : 13) Гьаб ахираб раг1и жиндир маг1на насхо гьабураб (хисараб) буго рагъул аятаздалъун.
Нилъехъе Авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) вит1ана Аллагьас нилъер г1амал-хасият къачазе, ахлакъал берцин гьаризе ва гьединго х1акъаб нухалде киналго г1адамал т1ад руссинаризе. Бищун к1вар бугел, т1адег1анал хасиятазул цояб – г1адамасул берцинаб хьвада-ч1вади буго. Аллагьас Мух1аммадие (жинда ссвалат салам лъеяв) сифат гьабун абулеб буго: «Х1акълъунго мун - ц1акъ берцинаб, т1адег1анаб т1абиг1аталъул г1аданги вуго». (сурату-ль-Къалами : 4)
Аварагасе (жинда ссвалат салам лъеяв) насих1ат гьабун Аллагьас абулеб буго: «Аллагьас дур чорхолъе лъураб гурх1ел-рах1муяб т1абиг1аталдалъун мун дурго асх1абзабадехун тамахлъана Мух1аммад. Мун вук1аравани рак1 сог1ав, ццин хехав чилъун, дуда аск1осан асх1абзаби лъутун инаан ва мун цох1ого хут1илаан. Мун асх1абзабадаса т1аса лъугьа Мух1аммад, дуца гьезул мунагьал рахче абун Аллагьасдаги гьаре, дур умуразулъ гьезулгун мушавараги гьабе…» (сурату-ль-Г1имран : 159)
Аллагьас Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) х1акъикъат бицун абулеб буго:
Нужехъе нужедаго гьоркьоса Аллагьасул Расул вач1ун вуго, я гьал г1арабиял! Нужее зах1малъи, къварилъи бук1унеб жо жинда ц1акъ рихунев, гьеб жиндие бокьуларев. Нуж х1акъаб нухалда т1орит1изе жиндие ц1акъ бокьун бугев ва гьелъие жинца ях1ги бахъулев. Аллагьасда иман лъурал, жинда нахъ рилълъарал муъминзабада жив ц1акъ гурх1улев, гьезие лъик1лъи лъугьизе бокьулев. (сурату-т-Тавба : 128)
Г1емерисел г1адамазда исламалъул х1акъикъат бич1ч1унгут1и ва щиб гьелъ жиндаса т1алаб гьабулеб бугебали лъангут1и, рек1ее зах1малъулеб х1акъикъат буго. Цо г1адамал руго муъминзабазул рак1азул х1алимлъиялдасан жидеца мунфаг1ат босулел. Гьединазул х1акъалъулъ абула: «Гьел руго бац1ал, чахъдал т1омги т1ад рет1ун ругел. Нуж гьездехун къвак1араллъун ва сог1аллъун гьеч1они, гьез нуж г1умруялдаса рат1а гьарула. Нужеца гьел радал кванач1ого тани, гьес къасиялде нуж кванала».
Гьезул пикру, дуниялалъул т1адег1анлъиялъеги, бечелъиялъеги, хъулухъалъеги г1оло х1алт1улеб бук1уна. Гьез жидедего буссинабула мискинзабаз г1ет1ги т1ун балагьараб боц1и. Салафу Свалих1иназул мисал бачани, гьезул заманалъги рук1ана гурх1ел-рах1му т1аг1арал г1адамал. Муъминзабазул х1еренлъиги, тамахлъиги ц1ик1к1анаг1ан, гьезул хъант1иги, ццинги, рах1му т1аг1инги жеги ц1ик1к1унеб бук1ана.
Буссурманав чияс жиндиргоялдаса цебе диналъул вацасул ихтиярал ц1унулел рук1аралани, нилъ рук1инаан х1инкъи гьеч1еб, парахатаб г1умро гьабулел. Гьелде ах1улел руго нилъ гьаб Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) х1адисалъги:
Муъминзаби цоцадехун бугеб рокьиялъулъ ва цоцазул гьабулеб агъазалъул рахъалъ релъун руго цо къаркъалаялъул лугбузда. Гьелъул цо лага унтани, т1убараб къаркъалаго унтиялъ х1алхьи гьеч1ого лъугьуна. (Муслим)
Бечедасда мискинасул х1алги бич1ч1ани, сахасда унтарасда бугеб къоги лъани, лъай бугес жагьилчиясул милатги гьабуни – гьеб буго унго-унгояб рит1ухълъи ва г1адамасул т1абиг1ат лъик1аб бук1ин. Гьедин пикру гьабулел г1адамаз къо ккарасе кумекги гьабула, х1ажаталъубе садакъаги кьола. Амма буссурбабазда гьоркьоб киналдасаго к1вар бугеблъун бечелъиги, г1арацги лъугьани – гьеб мехалъ киса-кибего т1обит1ула нифакъги, хъант1иги, къарумлъиги.
Рач1а нилъеца рехун телин гьеб къабих1аб нух. Рач1а нилъ киналго лъугьинин цере рук1арал, муъминал умумузул нухде. Балагьилин, кинал рук1арал гьел, нилъеца жидедаса мисал босизе бищунго мустах1икъал г1адамал.
Абу Бакр (жиндаса Аллагь разилъаяв), Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) цадахъ гьижра гьабурав асх1аб ва буссурбабазул т1оцебесев Халиф машгьурав вук1ана, лагъзал тархъулев ва гьезул къадру ц1унулев вук1иналдалъун. Гьелъие харж гьабуна гьес жиндирго буголъиялъул г1емерисеб бут1а. Гьес гьеб гьабулеб бук1ана, мискинзабаздехун ва лагълъиялда ругел буссурбабаздехун бугеб гурх1елалъ.
Гьединго Г1умар (жиндаса Аллагь разилъаяв), ислам босилалде цебе жиндир сог1лъиялъ ва рах1му т1аг1иналъ машгьуравлъун вук1арав. Абу Бакрида хадув халифалъун т1амидал гьес г1адамаздехун абулеб буго: «Нужеда лъай дир сог1лъи чучана. Дун сог1авлъун вук1ине вуго буссурбабазде данде рахъарал, гьезие къварилъи гьабулел г1адамаздехун. Нилъергун ракълида ругел г1адамаздехунги ва буссурбабаздехунги дун х1алимавлъун ва рак1 рагьаравлъун вук1ине вуго. Дица лъиениги рес кьезе гьеч1о цойгидасул ихтиярал хвезаризе. Гьедин гьабурав дица ракьалда вегизавизе вуго ва дир х1ет1е гьесул к1аркьеналда т1ад бук1ине буго х1акъаб нухалде гьев т1ад вуссинег1ан. Гьединаб сог1лъиялда хадуб, дирго к1аркьенги дица лъезе буго ракьалда т1ад г1адамазул къвариг1елал т1убалаго».
Рач1аха буссурбаби нилъги х1инкъилин гьел г1адин Аллагьасдаса. Босилин нилъецаги мисал гьев к1иявго мустах1икъав чиясдасан. Рач1аха рук1инин сабру бугеллъун, гурх1араллъун ва цоцадехун х1алималлъун. Байбихьуда рук1инин гурх1араллъун нилъерго хъизамалда, хадуб мадугьалихъ, гьудул-гьалмагъзабигун ва киналго нилъгун к1алъалел ва данде ч1валел буссурбабигун. Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) гьадинал раг1абаздалъун насих1ат гьабулеб буго нилъее:
«Аллагьасул къадру гьабулевлъун вук1ине ккани чияс гьабизе ккола лъабгочиясул адаб: Расал хъах1лъарав херав чиясулги; къуръан лъазабурав, гьелдаса щибго жо мукъсан гьабич1ев ва жиндирго рахъалъан цониги раг1и т1адеги ц1ик1к1ине гьабич1ев чиясулги; г1адилав цевехъанасулги». (абу Давуд)
Дицаги гьарула Аллагьасда нуж киналго къуръан бич1ч1иялъул баракат щвараллъун гьарегиян.
Маккаялда, масжидуль-Х1арамалда, имам Саг1уд аш-Шураймица гьабураб хут1ба Маг1арул мац1алде буссинабуна абу Ах1мадица
ИА GURABA
|