|
16.10.2008 |
 Имаму Загьабияс бицана Музаниясдасан: «Цо нухалъ дир рек1елъе Аллагьасда (ай тавх1идалда) хурхун цо масъалаялъулъ щаклъи бач1ана. Цинги дицаго дидаго абуна; «нагагьлъун гьаб щаклъи инабизе г1адамасда к1олеб бугони – гьев чи Имам аш-Шафиг1и вуго, т1ок1ав чиясда гьелъие х1ал к1оларо», - абун. Цинги дун гьесухъе анна, гьевги Мисриялъул(ай Египеталъул) масжидалда вук1ана.
|
|
|
13.08.2008 |
 Вохуца холаго дуца квер бегьулеб буго нуц1а рагьизе. Гьеб лах1заталъ дуда рак1алде щолеб буго телевизоралдасан клипал риччан рук1ин. Хехлъи гьабун векерула мун гьеб ссвинабизе, лъач1ого цогидаб кнопкаялдаги цун, ц1ик1к1уна клипалъул гьаракь. Кинниги свинабун телевизоргун, нахъеги векерана мун нуц1а рагьизе. Вай, рукъ ц1ун къадада ран ругел коч1охъабазул суратал! Нахъеги хех гьабун векерана мун гьел суратал къададаса рахъизе. Цойги нухалъ кьабулеб буго ц1умур. Г1едег1ун гьел суратал къададаса рахъулаго цо сурат столалде бортун ана. Гьеб босизеян квер бегьарабго гьенир ратулел руго дуда музыка-клипазул дискал ва кассетаби. Киналго гьел куч1дузул дискал ва кассетаби руго, цоял г1енеккун тарал, цойгидал рек1ехъе лъазарун рахъарал, къуръан-х1адис добег1ан рехунги тун. Щибго пикруги гьабич1ого дуца гьел рак1а-рахарун цо ящик1алъуре ккезарулел руго къан к1алт1угун, Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) рихьич1ого рук1ине. Нахъеги кьабулеб буго ц1умур. Аллагьасул чапар гьабсаг1ат нахъе инеги бегьула…
|
|
|
09.07.2008 |
|
Жеги лъеберго сон бач1ев чиясе гьабуна дие т1оцебесеб лъимер. Дида гьеб сордо киданиги рак1алдаса унаро. Гьеб сордо рогьана бицине рекъеч1еб хеч1-хабаралда, гъибат-бугьтанги гьабулаго. Г1емерисеб мехалъ бицунев чилъун дун вук1ана, гьалмагъзабазги цо-цо раг1и рехун шавкъ бахинабулеб бук1ана. Дир «махщел» бук1ана г1адамазда т1ад велъанхъизе вав гьездасан кеп босизе. Г1адамазул къаг1идаби гьаризеги дикьа вахъунев чи вук1инч1о, гьаракь релъинабиялде г1унт1ун. Дие бат1алъи бук1унароан лъил къаг1ида гьабуниги. Цересел гьалмагъзабигицин ц1унарал рук1инч1о дица гьезул къаг1ида гьабиялдаса.
|
|
|
10.06.2008 |
|
60. Дуца бице МухIаммад, Муса аварагас жиндир гьалмагъасда абураб гIуж: дун нухда ине вуго ва дун тIад вуссине гьечIо кIиго ралъад данделъулеб бакIалда щун гурони. КигIан гIемер заман аниги дун гьенив щвезегIан ине вуго абун. Гьав гьалмагъ вуго ЮшагI бину Нун, жинца Муса аварагасе хъулухъ гьабулев вукIарав ва гьесдаса гIелму тIалаб гьабулев вукIарав. Гьаб кIиго ралъад данделъулеб бакIги буго Пурсазулги Румазулги ралъадал данделъулеб бакI, бакъ баккул рахъалда жиб бугеб.
|
|
|
08.06.2008 |
|
Цо чи вач1анила парикмахерасухъе расал рекъезаризе. Гара-ч1варулаго Аллагьасул бициналде бач1анила хабар. Парикмахерас абунила: -Дун божулароха Аллагь вук1иналда. -Щай мун божулареван гьикъанила гьас? -Гьеб бич1ч1изе зах1матаб жо гьеч1о. Къот1нор ругел г1адамазухъе балагьани бич1ч1ула дудаги Аллагь гьеч1еблъи.
|
|
|
|