|
25.08.2008 |
 Жагьилаб заманаялъул шаг1ирас абулеб буго; «нижеца цо-цо, вац гурони зулмо гьабизе бат1ияв чи ватич1ев мехалъ зулму гьабулаан нижерго вацасда т1ад», - абун. Жамаг1ат бук1ана ц1акъ г1одобег1анаб х1алалда ва сверухълъиги бук1ана гьелдасаги квешаб. Ч1вай-хъвай, жагьиллъи, зулму, зина, риба т1обит1араб ва заг1ифазда кверщел гьабулеб замана бук1ана гьеб. Гьеб кинабго к1вана Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) къуръаналдалъунги ва жиндирго суннаталдалъунги хисизабизе. Гьелъул бак1алда ц1ияб, цоцадехун рокьи, вацлъи ва рац1алъи жинда жаниб бугеб жамаг1ат г1уц1ана гьес. Гьез (асх1абзабаз) х1алт1изабулеб къуватги бук1ана жидерго т1адег1анал ахлакъал.
|
|
|
11.08.2008 |
 Хириял диналъул вацал. Бицинин къокъабго хабар, г1адамалги хвезабулеб, хъизаналги риххизарулеб, жамаг1аталги фасалъизарулеб, Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндие хъолъабазул эбелин ц1ар кьураб жоялъул х1акъалъулъ. Гьебги ккола, киналниги мехтизабулел, г1акълу х1абургъинабулел гьекъолел жал. Жакъа гьел бат1и-бат1иял, г1адамазул хьул лъезабулел ц1аралда гъоркь къват1ире риччалел руго кафурзабаз. Пиво, водка, шампанское, портвейн, ликёр, чагъир – чан ва чан бат1иял ц1аразда гъоркь гьел риччаниги, гьезул х1акъикъат цо буго. Г1акъилав г1адан х1айваналъул даражаялде, яги жеги г1одовег1ан ккезавула гьез.
|
|
|
18.06.2008 |
|
БисмиЛлагьи Ррах1мани Ррах1ими. Щибаб рецц буго рецалъе мустах1икъав Жив гурони гьеч1ев т1адег1анав Аллагьасе. Ссвалат салам лъеги нилъехъе дин босун вач1арав Аллагьасул чапар Мух1аммадида, гьесул агьлуялда, асх1абзабазда ва гьесул нухдасан хьвадарал киналго муъминзабаздаги, гьелда хадуб… Аллагьас къуръаналда абулеб буго: Я гьав Бичасул авараг! Дуца муъминзабазул рак1 гьесизабе кафурзабазда рагъ гьабизе. Нужер Аллагьасда иман лъун рагъда сабру гьабулев къого чи вугони, гьел бергьине руго к1инусго тущманасда т1ад. Нужер нусгояв вугони азарго кафурчиясдасаги бергьине руго. Гьеб къавм бугелъул, жидеда щибго жо бич1ч1улареб, ах1макъаб къавм. (Сурату аль-Анфал 65)
|
|
|