|
28.06.2008 |
|
Нижер мухбирас редакциялде бач1араб хабаралда рекъон, «Буйнакский РОВД» бандаялъул бет1ер, полковник Г1арип Г1алиев жанив вук1араб «Mercedes SLK» машина бикъараб бук1ун раг1ула. Гьединго машинаялда жаний Г1арипида цадахъ гьесул йокьулейги йик1ун йиго. Гьейги щварал ругъназдасан хванин бицана. К1иго ц1ураб магазин Калашниковасул автоматалъул биччан буго гьел жанир рук1арал машинаялде. Гьесул гьумер бат1а бахъизе лъалареб х1алалъ бук1ун раг1ула.
Ч1ик1аса, т1арикъаталъул устар Саг1ид Ацаевасул гьариялда рекъон Г1арип вукъун вуго тlасияб Гъазанущив, Сайфуллагь Къадил зияраталъув. Г1арипица цебего ц1ик1к1араб г1арац кьун бук1ун раг1улинги абулеб буго гьенив вукъизе живго теялъухъ. Сайфуллагь Къадил мадугьалихъ вукъиялъ жужах1алдаса хвасарлъизе хьул бук1ун батила факъирасул.
|
|
Продолжение...
|
|
|
17.06.2008 |
|
Дагъистан вилаяталда чанго къуркьи гьеч1еб тунка-х1унси муджагьидазулгун ккаралдаса хадуб, муртадаз жидерго аскарал х1адурлъиялда ч1езарун руго. Гьел х1инкъун руго бокьараб бак1алда муджагьидаз кьаби щвезибизе бегьиялдаса. Гьелъие жеги нуг1лъи гьабула, щибго загьиралда лъугьунеб гьеч1ониги кафурзабигун цадахъ? гьез Гендерил к1к1алахъ азаргоялдасаги ц1ик1к1ун чи вак1арун вук1иналъги. |
|
Продолжение...
|
|
|
14.06.2008 |
|
Кавказалъул Имараталъул бакъбаккул (Амир Арсланбек) фронталдасан Кавказцентралде бач1араб харбида рекъон, джумада ссаниялъул микьабилеб къоялъул бакъанида (12 июнь 3 т1убараб заман), Ножай-юрт районалъул Беной росулъе жанире лъугьана муджагьидазул к1удияб къокъа. |
|
Продолжение...
|
|
|
14.06.2008 |
|
Кафурзабазул раг1абазда рекъон, Хасавюрт районалъул Байрамаулалда сверун ккун бук1ун буго жанив мужагьидги г1олохъанай ясги ругел рукъзал. Кверде рач1аян гьаридал гьес данде кьвагьун буго ва шагьидлъи т1аса бищун буго, кверде ун муртадаз г1одорег1ан гьариялдаса. |
|
Продолжение...
|
|
|