|
23.07.2008 |
|
Я гьал иман лъурал г1адамал! Аллагьасул Расулас джигьад гьабизе рахъа абун ах1араб мехалъ нуж щай ракьалда седарал г1адин бак1лъун ч1олел? Нуж ахиратги к1очон тун дунялалъул ч1аголъи т1асса бищун гьелда рак1 гъунищ ругел? Ахираталда бугеб алжаланалда данде ккун гьаб дунялалъул ч1аголъи ц1акъго файда гьеч1еб, къабих1аб жо буго.
Нуж Аллагьасул Расулгун цадахъ жигьад гьабизе рахъич1они Аллагьас нужее ц1акъ унтизабулеб г1азаб гьабила. Цинги нужги гьалаг гьарун Аллагьас нужер бак1алда цойги къавм гьабила, жидеца жигьадги гьабулел, Аллагьасеги, Гьесул Расуласеги жал мут1иг1лъулел. Нужеца Аллагьасе щибго зарал гьабуларо нуж джигьадалъе рахъич1огоян абун. Х1акълъунго Аллагь вуго жиндир кинабго жоялда х1ал к1олев. (Ат-тавба : 38-39)
|
|
|
20.07.2008 |
|
Дуниялалда нилъер къадар хал гьабуни, жив-живас цо-цо ч1имих рехани к1удияб мег1ер лъугьина. Киг1ан нилъги, нилъер церехъабиги г1емерал ругониги, дуниялалъул кинабго бечелъиги, к1одолъиги Аллагьасде кафурал (божуларел) г1адамазда кодоб буго. Нилъги руго гьезул кодор ва гьезие бокьахъе хенезарулел руго гьез нилъ. Цох1о Аллагьасда цебе гурони къулизе бегьулареб бет1ер, нилъеца, нилъго г1адал г1адамазда цебе къулулеб буго. Нилъер къадруги, цебе лъиданиги г1одобег1ан гьабизе к1олареб бук1араб, жакъа х1арщулъ къараб, къват1ибе бахъине к1оларого буго. Нилъер квералги, цебе киналдаго т1ад рук1арал, жакъа тушбабазда цере рагьун, г1исинал лъималазул г1адин руго. Лъавукълъиялъги, чияда раялъги, мискинлъиялъги, факъирлъиялъги нилъ дуниялалда риххун къабих1лъиялда руго.
|
|
|
18.07.2008 |
|
Биссмилагьи ррах1мани ррах1им
Х1акълъунго кафурзабазде джигьад гьаби, жидерго шагьаралда гьел ругеб мехалъ фарзул кифаят бук1ин киналго г1алимзаби т1ад рекъараб раг1и буго. Фарзул кифаяталъул маг1на: «Фарз т1убазе г1урал г1адамал рахъани, хут1араздаса мунагь т1аса ккола, киназго гьеб фарз тани гьел киналго мунагьалъукьеги ккола. Аллагьас жидее г1узро кьурал г1адамал - гьел мунагьалде кколаро.
|
|
|
15.07.2008 |
|
Унго-унгояб, х1акъикъияб Аллагьасукьа х1инкъи – гьеб ккола бищун къимат ч1ах1иял ва рак1ал рац1ц1ад гьарулел асаразул цояб. Гьеб асарги лъугьунаро муъмичиясул рек1елъе гурони.
БисмиЛлагьи Ррах1мани Ррах1ими
Аллагьасда гьаризе ккола нилъеца рак1азе тамахлъиги х1алимлъиги. Гьес нилъ рижун руго ракьалда т1ад ва гьаниб ихтиярги нилъехъе кьун буго. Гьес нилъеда амруги гьабун буго цоцадехун х1алимлъиялдалъун ва нилъее исламги кьун буго цоцазе зарал лъугьинаредухъ яшав гьабизе нухлъун. Дица нуг1лъи гьабула Гьев Аллагь тун бат1ияв цойги Аллагь гьеч1олъиялъе ва г1ибадаталъе мустах1икъавги, Гьев тун бат1ияв, щивниги ва щибниги гьеч1ин абун. Аллагьас рижана зобалги ракъалги ва Аллагь вуго кинабго рижи жиндие мут1иг1авги.
|
|
|
14.07.2008 |
|
Бергьенлъиялдаса буссурбабазул хьул къот1иялъе т1оцебесеб г1илла. Джиддаялъул Г1абду-ль-Г1азизиль ц1аралда бугеб университеталда, шариг1аталъул дарсазул муг1алим, Насих1 Г1ульванил т1ехьалдаса къокъ гьабун босараб.
Цебераг1и
Гьаб ахирияб заманаялда исламияб дин цебе т1езе къеркьеялде данде ч1олеб бищунго кlудияб данде чlеялдаса ккола, хьул къотlиялъул данде чlей. Батlалъи гьечlо, исламалъе гlоло жиб гьабулеб ва тlадегlанлъиялдеги, бергьенлъиялдеги жинца рачунеб щиб хlалтlулъ гьеб бугониги. Буссурбаби бергьине, гьезул рагlи тlадегlан букlине, шаргlалдалъун хlукму къотlизе, исламияб хlукумат базе бокьани, нилъер цоцадехун вацлъи цlикlкlине ккола ва цадахъ рекъон, жамагlаталда исламияб хlалтlи гьабизе ккола.
|
|
|
09.07.2008 |
|
Жеги лъеберго сон бач1ев чиясе гьабуна дие т1оцебесеб лъимер. Дида гьеб сордо киданиги рак1алдаса унаро. Гьеб сордо рогьана бицине рекъеч1еб хеч1-хабаралда, гъибат-бугьтанги гьабулаго. Г1емерисеб мехалъ бицунев чилъун дун вук1ана, гьалмагъзабазги цо-цо раг1и рехун шавкъ бахинабулеб бук1ана. Дир «махщел» бук1ана г1адамазда т1ад велъанхъизе вав гьездасан кеп босизе. Г1адамазул къаг1идаби гьаризеги дикьа вахъунев чи вук1инч1о, гьаракь релъинабиялде г1унт1ун. Дие бат1алъи бук1унароан лъил къаг1ида гьабуниги. Цересел гьалмагъзабигицин ц1унарал рук1инч1о дица гьезул къаг1ида гьабиялдаса.
|
|
|
03.07.2008 |
|
Т1ехь «Машариг1уль ашвакъ ила масариг1ил гъушакъ». Абу Закария ибну Нах1ас, 814 гь. соналъ Мисриялъул (Египет) Димят1 абулеб бак1алда шагьидлъана
БИСМИЛЛАГЬИ РРАХ1МАНИ РРАХ1ИМ
Т1адег1анав Аллагьас абулеб буго:
«Нужеда т1ад парзлъун гьабун буго кафуразда ва мушриказда рагъ бай, киг1анго нужее гьеб бокьулареб жо бугониги. Ва амма цо жо нужее риханиги гьелъул ахир нужеего лъик1аб бук1ине бегьула. Ва нужее цойги жо бокьула, гьелъул ахир нужее квешаб бук1инеги бегьула. Х1акълъунго Аллагьасда лъала, нужеда лъаларо» (аль бакъара:216)
|
|
|
01.07.2008 |
|
БисмиЛлагьи Ррах1мани Ррах1ими. Щибаб рецц буго реццалъе мустах1икъав Жив гурони гьеч1ев т1адег1анав Аллагьасе. Ссвалат салам лъеги нилъехъе дин босун вач1арав Аллагьасул чапар Мух1аммадида, гьесул агьлуялда, асх1абзабазда ва гьесул нухдасан хьвадарал киналго муъминзабаздаги, гьелда хадуб…
Аллагьас жиндир хирияб каламалда абулеб буго: …Х1акълъунго Аллагьас халкъалда бугеб лъик1абниги квешабниги х1ал хисизе гьабуларо гьеб халкъалъ жидецаго жидер х1ал хисизе гьабун гурони. (Сурату ар-Раг1д : 11)
Кинха бугеб жакъа нилъер х1ал? Бит1ахъего абуни Аллагьас нилъ г1одорег1ан гьарун руго ва нилъеда т1ад т1амун буго кафурзабазда гьоркьобги бищунго чорокабин абизе бегьулеб г1урусазул къавм.
|
|
|
30.06.2008 |
|
БисмиЛлагьи Ррах1мани Ррах1ими. Щибаб рецц буго рецалъе мустах1икъав Жив гурони гьеч1ев т1адег1анав Аллагьасе. Ссвалат салам лъеги нилъехъе дин босун вач1арав Аллагьасул чапар Мух1аммадида, гьесул агьлуялда, асх1абзабазда ва гьесул нухдасан хьвадарал киналго муъминзабаздаги, гьелда хадуб…
Редакциялъул рахъалдасан: Джигьадалъул х1укмабазулги, гьелъул хиралъиялъулги, камилаб бич1ч1и г1адамазул гьеч1еблъиги х1исабалде босун, нижер пикру ккана машгьурав г1алимчи ибну Нах1асил «Машариг1ул ашвакъ ила масариг1ил гъушакъ» - абураб, т1ехь маг1арул мац1алде буссинабизе. Байбихьуда къокъго бицина иншааЛлагь гьесул г1умроялъул нухалъул. Хадуб дагь-дагьккун буссинабун, ц1ализе бигьаяб х1алалъ хъвазе буго иншааЛлагь.
|
|
|
28.06.2008 |
|
Нижер мухбирас редакциялде бач1араб хабаралда рекъон, «Буйнакский РОВД» бандаялъул бет1ер, полковник Г1арип Г1алиев жанив вук1араб «Mercedes SLK» машина бикъараб бук1ун раг1ула. Гьединго машинаялда жаний Г1арипида цадахъ гьесул йокьулейги йик1ун йиго. Гьейги щварал ругъназдасан хванин бицана. К1иго ц1ураб магазин Калашниковасул автоматалъул биччан буго гьел жанир рук1арал машинаялде. Гьесул гьумер бат1а бахъизе лъалареб х1алалъ бук1ун раг1ула.
Ч1ик1аса, т1арикъаталъул устар Саг1ид Ацаевасул гьариялда рекъон Г1арип вукъун вуго тlасияб Гъазанущив, Сайфуллагь Къадил зияраталъув. Г1арипица цебего ц1ик1к1араб г1арац кьун бук1ун раг1улинги абулеб буго гьенив вукъизе живго теялъухъ. Сайфуллагь Къадил мадугьалихъ вукъиялъ жужах1алдаса хвасарлъизе хьул бук1ун батила факъирасул.
|
|
|
26.06.2008 |
|
Г1алхул г1арабияв вач1ана Аварагасухъе (салла ллагьу г1алайгьи ва салам), гьес Аварагасда (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) иман лъуна, гьесда хадувги вилъана, цинги, «дун дуда цадахъ гъазаваталде вахъина»,-ян абуна. Аварагас гьесул милат гьабизе асх1абзабазда т1ад къана.
Гъазаваталда щвараб давла бикьун Аварагас (салла Ллагьу г1алайгьи ва саллам) гьесухъе бут1а балагьизабуна. Гьесухъе жиндир бут1а щведал, гьес гьикъана: - Гьаб щиб жо кколеб?
Асх1абаз абуна: -Гьеб буго Аварагас (салла ллагьу г1алайгьи ва салам) дуе кьураб бут1а.
|
|
|