|
08.09.2008 |
 Жив к1иясдаго Аллагь разилъаял Г1умар асх1абасул вас Г1абдуллагьидаса х1адис бицана: Дида Аллагьасул Расул, Аллагьасул свалат салам лъеяв, жинца абулев раг1ана: «Исламалда ццересел умматазул лъабго г1олохъанчи сапаралда рук1адго сордо базе абун цо нохъоде лъугьана. Цинги маг1ардаса к1удияб гамач1 бортун бач1ун нохъоялъул к1алт1у бацун, къват1ире рач1ине нух гьеч1ого жанир хут1ана. Цинги гьел г1олохъабаз цоцаде абуна: «Гьанже нилъее щибго сабаб гьеч1о гьаб гамач1алъул къварилъи т1асса ине нилъеца гьабураб лъик1аб г1амал бицун гьелдалъун Аллагьасда гьари гуреб» -абун.
|
|
|
01.09.2008 |
|
- Балагье буссурбаби, сверун арал дир вацал, Рак1ал сог1ал кант1изе, лъараб бицун к1алъазин. - Г1ин т1аме дир дин цоял, дагьаб ваг1за гьабизин, Динуль Ислам ц1унарал имамзабазул бицун.
- Имамзаби т1аг1индал т1олабго дир Дагъистан, Т1аг1аял кафурзабаз, квегъун басра гьабуна. - Квер борхун, хвалчен бахъун, к1алъалев чи лъуг1идал, Нахъег1анаб агьлуялъ, Ислам х1ат1икь мерхьана.
|
|
|
28.08.2008 |
 Хвалдалъун гучал гIадамал Жинца гIодорегIан гьарурав. Хвалдалъун Къайсар ханасул анищал Жинца тIагIине гьарурав. Хвелги тIаде щвезе гьабун кIалгIабазда жаниса хабалалъе гьел Жинца рачарав. Гвангъараб рахIатаб киниялдаса бецIаб вахIшияб лахIдуялде гьел Жинца рачарав. ЧIужу-лъималгун расандиялдаса къваридаб хабалалъе хIапароялъ кваназе гьел Жинца рачарав. Кепалда, бокьа-бокьараб квен кванаялдасаги, бокьа-бокьараб жо гьекъеялдасаги, чороклъиялъулъе ва ракьул чахьал цIеялде Жинца гьел рачарав Аллагьасе. Мун вацIадав вугоха БетIергьан Аллагь!
|
|
|
10.07.2008 |
|
Здравствуйте.
Мне понравилась публикация "Обращение к Дагестанской молодёжи". Не пора ли вам написать "Обращение к русской молодёжи". Наверное вам есть что сказать обычным русским из некавказских регионов России.Если будет такая публикация, вышлите ее, пожалуйста, мне на ящик. AVN
Ассаламу Алейкум братья! Опубликуйте БисмиЛлях, продолжение из зборника рассказов про сподвижников пророка Мухаммада С.А.В. Заранее джазакаЛлах! Ваш брат Мухаммад. Muhammad
|
|
|
25.08.2008 |
 Жагьилаб заманаялъул шаг1ирас абулеб буго; «нижеца цо-цо, вац гурони зулмо гьабизе бат1ияв чи ватич1ев мехалъ зулму гьабулаан нижерго вацасда т1ад», - абун. Жамаг1ат бук1ана ц1акъ г1одобег1анаб х1алалда ва сверухълъиги бук1ана гьелдасаги квешаб. Ч1вай-хъвай, жагьиллъи, зулму, зина, риба т1обит1араб ва заг1ифазда кверщел гьабулеб замана бук1ана гьеб. Гьеб кинабго к1вана Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) къуръаналдалъунги ва жиндирго суннаталдалъунги хисизабизе. Гьелъул бак1алда ц1ияб, цоцадехун рокьи, вацлъи ва рац1алъи жинда жаниб бугеб жамаг1ат г1уц1ана гьес. Гьез (асх1абзабаз) х1алт1изабулеб къуватги бук1ана жидерго т1адег1анал ахлакъал.
|
|
|
22.08.2008 |
 - Дица нуг1лъи гьабула жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго жо гьеч1ин вати т1адав цо Аллагь гурони, ва гьесие г1ахьалчиги гьеч1о. Ва Мух1аммад (жинда ссвалат салам лъеяв) Аллагьасул лагъги, нилъеде дин малъизе вит1арав чапарги вугин абун. - Ва дица иман лъола, Алагьасда, Малаикзабазда, т1ухьдузда ва бат1алъи гьабуларо Аварагзабазда (жидеда Аллагьасул ссвалат салам лъеял) гьоркъоб. - Х1акълъунго дир какги, х1елиги, ч1аголъиги, хвелги г1аламалъулго бет1ергьан Аллагьасе буго, жиндие г1ахьалчи гьеч1ев, гьелдалъун дида амруги гьабурав.
|
|
|
16.08.2008 |
 Киналго буссурбаби даг1ватчаг1и ккола, гьезул щивасда т1аддаб буго г1адамал бит1араб диналде ах1изе. Гьединлъидал, г1аммаб куцалъ киналниги бусурбабазеги, хасаб куцалъ даг1ватчаг1азеги чара гьеч1о гьанир рехсезе ругел, г1алимзабаз рихьизарурал шарт1ал ц1унич1ого. Гьединго гьал шарт1ал буссурбаби цолъиялъе сабабаллъунги рук1уна, т1адег1анав Аллагьасул изнуялдалъун. Даг1ват гьабун Аллагьасде г1адамал ах1и ккола дунялалдаги ахираталдаги хвасарлъи, Аварагас Г1али асх1абасда абуна: «Дуца даг1ватги гьабун, Аллагьас цо чи исламалде т1овит1и лъик1аб буго дуе баг1арал варанаби (г1арабазул бищун хирияблъун рик1унеб бук1араб бечелъи) щвеялдасаги». Даг1ваталъухъ кириги щола гьеб бихьизабураб куцалъ гьабуни. Шарт1 гьеч1о гъов чияс ислам босун, бит1араб нухде вач1ин, амма даг1ватчияс жиндаго к1вараб жигар бахъизе ккола.
|
|
|
13.08.2008 |
 Вохуца холаго дуца квер бегьулеб буго нуц1а рагьизе. Гьеб лах1заталъ дуда рак1алде щолеб буго телевизоралдасан клипал риччан рук1ин. Хехлъи гьабун векерула мун гьеб ссвинабизе, лъач1ого цогидаб кнопкаялдаги цун, ц1ик1к1уна клипалъул гьаракь. Кинниги свинабун телевизоргун, нахъеги векерана мун нуц1а рагьизе. Вай, рукъ ц1ун къадада ран ругел коч1охъабазул суратал! Нахъеги хех гьабун векерана мун гьел суратал къададаса рахъизе. Цойги нухалъ кьабулеб буго ц1умур. Г1едег1ун гьел суратал къададаса рахъулаго цо сурат столалде бортун ана. Гьеб босизеян квер бегьарабго гьенир ратулел руго дуда музыка-клипазул дискал ва кассетаби. Киналго гьел куч1дузул дискал ва кассетаби руго, цоял г1енеккун тарал, цойгидал рек1ехъе лъазарун рахъарал, къуръан-х1адис добег1ан рехунги тун. Щибго пикруги гьабич1ого дуца гьел рак1а-рахарун цо ящик1алъуре ккезарулел руго къан к1алт1угун, Аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) рихьич1ого рук1ине. Нахъеги кьабулеб буго ц1умур. Аллагьасул чапар гьабсаг1ат нахъе инеги бегьула…
|
|
|
11.08.2008 |
 Хириял диналъул вацал. Бицинин къокъабго хабар, г1адамалги хвезабулеб, хъизаналги риххизарулеб, жамаг1аталги фасалъизарулеб, Аварагас (жинда ссвалат салам лъеяв) жиндие хъолъабазул эбелин ц1ар кьураб жоялъул х1акъалъулъ. Гьебги ккола, киналниги мехтизабулел, г1акълу х1абургъинабулел гьекъолел жал. Жакъа гьел бат1и-бат1иял, г1адамазул хьул лъезабулел ц1аралда гъоркь къват1ире риччалел руго кафурзабаз. Пиво, водка, шампанское, портвейн, ликёр, чагъир – чан ва чан бат1иял ц1аразда гъоркь гьел риччаниги, гьезул х1акъикъат цо буго. Г1акъилав г1адан х1айваналъул даражаялде, яги жеги г1одовег1ан ккезавула гьез.
|
|
|
07.08.2008 |
 Г1амирил вас Саг1ид - гьев вуго жинца дунялалги тун ахират т1аса бищарав ва Аллагьги Аварагги (жинда ссвалат салам лъеяв) гьел тун бат1ияздаса цере ккурав чи "-ян абуна тарихчаг1аз. Саг1ид ибн Г1амир аль-Джумах1и вук1ана къурайшиязул ч1ах1иял г1адамазул ах1иялъе жавабги гьабун, Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1аб Х1убайб ибну Г1адий ч1валеб, Танг1им абураб бак1алде рахъарал азаргоязул цояв. Гьесул г1олохъанлъиялъ ва лебаллъиялъ гьесие рес кьуна г1адамалги рикьизарун, цересел мохъазда, абу Суфян ибн Х1арб ва Сафван ибн Умая г1адинал къурайшиязул церехъабазда аск1ов вук1ине.
|
|
|
06.08.2008 |
 Цо жамаг1аталъул мурад нафсал куцай, рак1ал къач1ай буго, джигьадалъе щибго к1варги кьеч1ого. Гьеб джигьад бугеб г1адин Аллагьас къураналдаги, Аварагас (свалла Ллагьу г1алайгьи ва саллам) х1адисалдаги рехсеч1еб, цо фуланав чияс жидирго маслах1аталъе яги политикаялъе ургъараб жо. Цоги жамаг1аталъул мурад г1елму т1алаб гьаби, гьеб г1адамазда малъи буго, бусурбабазул къварилъабазул щибго милатги гьабич1ого, гьел ч1ваниги, хваниги туснахъалъур т1амуниги. Къвак1ун жидеца х1акъаб раг1иги абич1они, лъик1алдалъун амро гьабиги, квешаялдаса нахъе ч1вайги жиделъ гьеч1они, ц1алараб г1елмуялде г1амалги гьабич1они гьеб г1адада хвараб жо буго. Метер къиямасеб къоялъ нилъедаго данде х1ужалъун батула, к1ал гьикъула «гьас ц1алана амма г1амал гьабич1о», - абун.
|
|
|