|
16.10.2008 |
 Имаму Загьабияс бицана Музаниясдасан: «Цо нухалъ дир рек1елъе Аллагьасда (ай тавх1идалда) хурхун цо масъалаялъулъ щаклъи бач1ана. Цинги дицаго дидаго абуна; «нагагьлъун гьаб щаклъи инабизе г1адамасда к1олеб бугони – гьев чи Имам аш-Шафиг1и вуго, т1ок1ав чиясда гьелъие х1ал к1оларо», - абун. Цинги дун гьесухъе анна, гьевги Мисриялъул(ай Египеталъул) масжидалда вук1ана.
|
|
|
12.10.2008 |
 «Нужеца Бараъ буссурбабазул аскаралда т1ад амирлъун тоге. Х1акълъунго гьес г1емер т1аде к1анц1изабун, нахъе къазе теч1ого аскар гьалаг гьабизе бегьула». (Г1умар ибн аль-Хат1аб, жиндаса Аллагь разилъаяв) Бараъ вук1ана къечхарал расазул, лъухъаб лагаялъул, х1алакъав, жиндихъе балагьарав чияс хеккого жиндаса бер нахъе босулев чи. Кинниги гьес цо-цоял данде рагъизе риччан рагъулаго нусго мушрик ч1вана, рагъ боркьараб, х1алуцараб маг1ракаталда ч1варал малъич1ого.
|
|
|
08.10.2008 |
Цо къоялъ, къалъул г1ужалда Каг1ба сверун т1аваф гьабун, гьенир ругел хъанчаздаса баракат босизе арав Г1умайрида гьенив ватана Сафван ибн Умаййя, Х1ижру Исмаг1илалда аск1ов г1одов ч1ун. Цинги гьевгун г1одов ч1ун Бадралда ккараб ч1вай-хъваялъул, буссурбабаз жидерго ккун арал асирзабазул бицунел рук1аго, угьун х1ухьелги биччан Сафваница абуна: «Валлагьи, гьел хун хадуб г1умру гьабиялъулъ нилъее щибго лъик1лъиго гьеч1о», - абун. Гьеб мехалъ Г1умайрица абуна: «Валлагьи дуца бит1араб бицана», - абун.
|
|
|
06.10.2008 |
 Ц|акъ ракI унтизе ккараб жо буго, жидер гIелму-лъай гьечIел буссурбаби, гIибадат абураб жоялъул хIакъикъияб магIна лъаларел рукIин. Жидер лъай гьечолъиялъ гьез ТIадегIанав Аллагь гуреб жоялъеги гIибадат гьабулеб буго ва жалги кIудияб ширкалъул мунагьалде кколел руго. КIудияб ширк буго Аллагьасе гьабизе кколеб гIибадат, гьесие гьабулеб гIадин, цойги щибниги жоялъе(ги) гьаби. Гьеб мунагьги инсан исламияб диналдаса ватIа гьабулеб мунагь буго. Гьеб ширк гьаби буго гIадамаз жал хIинкъун ва хIелун хварал Аварагзабазде дугIа гьаби, ай гьездасан щиб бугониги жо т1алаб гьаби.
|
|
|
04.10.2008 |
Какил хиралъиялъул ва гьеб таразе бугеб хlинкъи кьеялъул бицунеб баб Бисмиллагьи ррах1мани ррах1им. Кинабго рецц ва щукру Т1адег1анав Аллагьасе буго, мунагьал рахчиги квер бакъиги Гьесдасан т1алаб гьабулеб буго. Нилъер нафсазул квешал г1амалаздаса ц1униги гьев Аллагьасдасан гьарулеб буго. Т1адег1анав Аллагьас т1овит1арав чи къосизавулев щивго вук1уларо, Гьес къосизавурав т1овит1изе к1олевги вук1уларо. Дица нуг1лъи гьабулеб буго жиндие г1ибадат гьабизе бегьулеб цоги щибго жо гьеч1о абун цох1о Аллагь гурони, жив цогояв, жиндие г1ахьалчи гьеч1ев.
|
|
|
28.09.2008 |
 Жамаг1аталда как баялъулъ жакъасеб къоялъ г1адамаз кутакалда к1арччанлъи гьабун буго. Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) заманаялъ Асх1абзаби как ах1араб мехалъ кинабниги дунялалда хурхараб жоги жибго тун как базе масжидалде рач1унел рук1ана, амма нилъер заманаялъин абуни, ах1улеб какги тун рокъорехун ралагьун уна г1адамал, х1атта масжидалда аск1ор г1одор ч1ч1унги рук1уна какдеги рач1инч1ого.Валлагьи диналъул вацал, х1инкъизе ккела нилъ Аллагьасукьа.
|
|
|
23.09.2008 |
 Гьанже диналъул вац, дие бокьана ц1акъ дир рак1 унтинабураб, гьаб заманалъул бищун къабих1аб фитналъун жиб бугеб ва цересел г1алимзабаз ва свалих1иназ жиндир бицен дагь гьабун бугеб, руччаби бихьиналго г1адин киналго ишазулъ г1ахьаллъун рук1ин исламалда жаниб зах1матаб амру бук1ин бицун, дагьаб калам гьабизе. Гьел свалих1иназ гьелъул х1акъалъулъ дагьаб бицун теялъе г1илла буго, гьезул заманаялъ руччаби шариг1ат ц1унун рук1ин, гьел руччабазул бет1ергьаби (ай, эмен, рос, вац, вас) унго-унгоял, ислам ц1унарал бах1арзал рук1ин. Ва гьаб заманалъ бугеб х1ал бук1инин абун гьезда рак1алда хъат1унгут1и.
|
|
|
23.09.2008 |
 Гьаб нилъеца бицине бугеб къиссаялъул бах1арчи ккола Г1абдуллагь ибн Х1узафагь абурав Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) асх1аб. Исламалъул тарихалда к1олаан миллионалго г1арабазулго г1адин к1вар кьей гьеч1ого ва цебе бахъун нилъехъе щвезабич1ого Г1абдуллагьил къисса тезе, кинго Исламалъ Г1абдулагьие изну кьуна жиндирго заманаялда рук1арал дунялалъул к1иго хангун данч1ван, гьезул щивасулгун к1очонареб, г1асрабазул г1акълуялъ (память) ц1унараб, тарихалъул мац1алъ бицунеб къиса ккезе.
|
|
|
20.09.2008 |
.jpg) Исламалда мацl гьаби ккола к1удияб хиянатлъун ва гьединго к1удияб мунагьлъунги. Буссурманав чияс диналъул вацасда нахъасан мац1 гьабуни кафурав чиясдехун рокьа-хинлъи гьабилъунги рик1к1уна гьеб, амма кафурзаби бергьине бокьун ва гьезул къуват ц1ик1к1ине бокьун гьабуни – гьеб гьабурав чи Исламалдаса къват1иве арав кафурав чилъун ккола. Амма гьеб мац1 гьабун батани цо щив вугониги чиясул мурадалъе г1оло яги дунялалъе г1оло яги щиб бугониги къадру-къиматалъе г1оло гьев мац1 гьабурав чи фасикълъун ккола ва гьесул пишаги жинца бусурманав чи Исламалдаса вахъун ккезе гьабулареб ч1ах1иял мунагьаздаса ккола.
|
|
|
18.09.2008 |
 Х1акълъунго Исламияб диналъ изну кьола бусурманав чияс бусурманав гурев чиясухъа жиндиего мунфаг1ат бугеб жо босизе, мисалалъе: Химия, Физика, Медицина, промышленность ва гьеб гуреб цогидабги. Гьеб бегьулеб заманги буго Аллагьасукьа х1инкъарав бусурманав чиясухъасан гьел г1елмаби нилъехъе щолеб гьеч1еб мехалъ. Гьединго гьездасан файда босизе бегьула нух малъиялъулъ ва гьезул ярагъгун рет1ел х1алт1изе гьабун ва гьеб тун бат1иябги инсан жинде х1ажатлъулеб жоялъулъ.
|
|
|
17.09.2008 |
 Х1акълъунго ахираб заманалда халкъалда гьоркьоб т1обит1ун ун буго жодода балъголъи лъалел, ц1вабзазул г1елму жодохъ бугин ч1арал, сих1ру гьабулел чаг1и х1акъикъаталдаги ругин абураб хабар. Гьезухъе ун хъизан ячиналъул, бук1иниселъул ва гьединго щиб бугониги къвариг1араб жо гьезда гьикъун, гьеб т1алаб гьабулебги буго. Т1адег1анав Аллагьас ва Гьесул Расулас (жинда свалат салам лъеяв) баян гьабуна сих1ру чаг1азул, нужумчаг1азул, балъголъи лъалин ч1арал чаг1азул къосел, гьезие бук1ине бугеб квешаб г1акъуба ва гьезда щибго балъголъи лъангут1иги.
|
|
|