|
03.06.2008 |
Цебераг1и Бисмиллагьи Ррах1мани Ррах1им
Х1акълъунго, кинабниги рецц Аллагьасе буго, нилъеца Аллагьасе рецц гьабула гьесдаса кумекги, мунагьал чуриги т1алаб гьабула. Свалат салам лъеги Аварагасда нилъехъе рисалатгун вач1арав, Аллагьасул нухда джигьад гьабурав, жинцаги абурав, - «дун вит1арав вуго къиямасеб къоялда цеве хвалченги босун». Ух1уд гъазаваталда жиндир хирияб гьумер лъукъарав, ункъабилеб цаги бекарав. Гьесул агьлуялдаги асх1абзабадаги лъеги свалат салам, Абу бакр, Г1умар, Г1усман, Г1али жододаса Аллагь разилъаял, хвезег1ан жодоца джигьад гьабурал, гьелда хадуб...
|
|
|
29.05.2008 |
|
1. Г1амарил эбел Сумая, т1оцебей шагьидлъарай г1адан. Гьей йик1ана Аллагьасдаги Аварагасдаги иман лъурай , сабру ц1ц1ик1к1арай, Аллагьасул кириялде хьул ц1акъай г1адан. Кафурзабаз гьелъиеги, гьелъул рос Ясириеги ва гьелъул вас Г1амариеги г1азаб гьабуна, кутакаб г1азаб гьабиялъ. Бух1араб бакъукь салул авлахъалдеги рачун гьабулаан г1азаб. Гьезие г1азаб кьолеб мехалъ гьезда аск1осан Авараг (свалла Ллагьу г1алайгьи ва саллам) ана, ва гьес абуна: - «нужеца сабру гьабе ле Ясирил агьлу! Аллагьас нужее къот1и гьабураб бак1 алжан буго»...
|
|
|
27.05.2008 |
|
Х1акълъунго, кинабниги рецц Аллагьасе буго, нилъеца Аллагьасе рецц гьабула гьесдаса кумекги, мунагьал чуриги т1алаб гьабула.
Свалат салам лъеги Аварагасда нилъехъе рисалатгун вач1арав, Аллагьасул нухда джигьад гьабурав, гьесул агьлуялдаги асх1абзабадаги лъеги свалат салам, Абу бакр, Г1умар, Г1усман, Г1али жододаса Аллагь разилъаял, хвезег1ан жодоца джигьад гьабурал, гьелда хадуб… Хириял диналъул вацал, буссурбабазда гьоркьоб г1емераб даг1ба раг1и буго джигьадалда хурхун, шагьидзабазда, гъазизабазда хурхун.
|
|
|
25.05.2008 |
|
Бихьинчиясул г1емераб заманa уна рокъов гьеч1ого, сапаразде къойил х1алт1уде яги ц1ализе хьвадулаго. Г1емерисеб мехалъ свакан вук1уна рокъове вач1унаго. - Гьев жаниве лъугьиндал дурго рохел загьир гьабила ва х1еренго жаваб гьабила гьесул саламалъе - Т1ад рет1ина бац1ц1адаб ва берцинаб рет1ел, берцинаб мах1 гьабуни жеги лъик1 бук1ина. - Ц1иял харбал ругони байбихьи гьабила лъик1алдалъун, квешаб хабар бугони гьес х1алхьи гьабизег1ан нахъ бахъун тела. - Мунго гьесухъ ч1алг1ун йик1ин ва ялагьун ч1ун йик1арайлъи загьир гьабила. - Х1аракат бахъила гьев вач1иналде бац1алъи ч1езабизе ва х1адурараб т1аг1амаб квен бук1инабизе. Бихьинчиясул рек1еде нух кванирокъосан бугилан абула.
|
|
|
25.05.2008 |
|
Рецц Аллагьасе буго, рокъор ч1арал г1адамаздаса муджагьидзаби хира гьарурав, метер къиямасеб къоялъ к1удияб кириги кьун, жинда аск1ор. Цинги свалат салам лъейги Аварагасда гьесул агьлуялда, асх1абзабазда, гьезда нахъ рилъаразда, жодаца джигьад гьабуразда, г1елму т1алаб гьабуразда ва гьеб г1адамазда малъараздаги.
Гьаб нахъа заманаялъ Дагъистаналъул буссурбабазда жаниб, г1иц1го жал «буссурбабиян» абураб ц1ар гурони, т1ок1абги буссурбабазул сифатал хут1ун рук1инч1о. Даг1ват гьабулелги, жодада гьоркьоб ккараб даг1баялъул исламияб х1укмоялде ах1улелги, мункар хисизабулелги г1алимзаби лъуг1унго ун рук1ана.
|
|
|
25.05.2008 |
|
Хъизан – гьеб ккола шибав чи талих1авлъун вук1ине ккани жинде х1ажатаб мугъ ч1валеб бак1. Амма, хъизаналда жаниб хинлъиги, гьуинлъиги, талих1ги бук1ине ккани нилъер щивасда т1алъула гьелъие х1аракат бахъизе. Шейх Мух1аммад Г1абдул-Х1алим Х1амидица жиндир хит1абалда рехсон руго, хъизан талих1аблъун бук1ине ккани къвариг1унел сабабал.
Ч1ужуг1адан талих1ай гьайизе бокьани
1. - Х1алт1удаса, ц1алудаса яги сапаралдаса т1ад вуссиндал, рохел загьир гьабила: - Байбихьила саламалдалъун, ва гьимила гьелъие. Салам кьей ккола Аварагасул (жинда ссвалат салам лъеяв) суннат ва гьелдаго цадахъ дуг1аги. - Квер босила, байбихьи гьабила лъик1ал харбаздалъун, квешаб хабар бугони нахъе бахъун тела. 2. -Х1еренал раг1аби абила ва комплиментал гьарила. -Хехал, рокьуларел раг1аби абиларо, тамахал рек1ее асар кьолел раг1абаздалъун к1алъазе х1аракат бахъила…
|
|
|