|
|
|
27.05.2009 |
Суфий – гьев ккола т1арикъат чи. "Суфий" абуниги "т1арикъатчи" абуниги маг1на цого бук1уна, гьединлъидал дица т1ехьалда бат1алъи гьабич1ого цин-цинаб х1алт1изабун буго к1иябго раг1и.Суфизабаз абула: "Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьов чара гьеч1ого цо устар яги шайх вук1ине ккола. Гьев устарас гьавула г1адан Аллагьасде г1агар, ва гьес гьавула гьев Аллагьасде швезе", - ян. Гьеб буго т1аракъит жинда т1ад бараб, гьелъул кьуч1лъун бугеб суфизабазул г1акъида, гьелда гьезул рак1ги ч1ч1ола. Ва гьеб жо рак1алдагун уна устарасухъан вирд босизеги – иналъе г1иллаго гьеб буго.
|
|
|
25.01.2009 |
Исламияб диналъул бищунго кIудияб гIаламат ва жиндир кIвар бугеб амро буго гIелму лъазаби, цIализе ва хъвазе лъазаби. Исламияб динго гIелмуялда т1ад бараб буго, Къуръанги, хIадисги гьелъул аслуги буго. Аллагьас жиндирго хирияб каламалда, къуръан решт1ине жиндалъун байбихьараб сураталъул, т1оцебесеб аяталда жаниб абулеб буго: «Дуца (гьаб хирияб Къуръан) цIале МухIаммад, дур БетIергьан Аллагьасул цIаралдалъун байбихьун, Жинца кинабго махлукъ бижарав».
|
|
|
30.11.2008 |
 Т1адег1анав Аллагьас гьел мунафикъзабазул пардавалги т1ун г1одоре рехана ва гьезул балъголъабиги т1атинаруна къуръаналда жаниб. Ва жиндирго лагъзадерие жидер диналъул амрабиги баян гьаруна, гьел рук1ине къуъаналъул агьлулъун ва даимго жал гьелдалъун ц1унараллъунги. Ва Аллагьас рехсана суаратул Бакъараталъул байбихьуда, «г1адамал лъабабго тайпа рук1уна», - абун
|
|
|
28.11.2008 |
Щибаб нафс жиб бижараб фит1раялда тани – гьелъ т1аса бищула Аллагь вук1ин, Аллагь вокьи, ва Гьесие г1ибадат гьаби ва сундалъунго гьесие ширк гьабич1ого бук1инги. Гьедин гьеб нафс бугониги, гьеб фасад гьабула ва бит1араб нухалдаса хъушт1изабула – гьелда берцин бихьизабула г1адамазулги жундузулги щайт1абаз, цояз цоязда вах1ю гьабун абулел берцинал, амма гьересиял раг1аби.
|
|
|
13.11.2008 |
 Т1адег1анав Аллагьас х1арам гьабуна алжан мушрикасе – х1акълъунго гьел мушрикал даимго рук1уна жужах1алъул ц1адар. Аллагьас абуна: «Гьев Аллагьасдехун жинца ширк гьабурав чи ва цойги щиб бугониги Аллагьасул бак1алда ч1езабураб, гьев чиясе Аллагьас алжан х1арам гьабун буго. Аллагьасдехун ширк гьабун, цойги жоялъе лагълъи гьабурав чиясул, ахираталда вуссунеб бак1 жужах1 буго. Аллагьасул амруялде г1ассилъун жидеца зулму гьабурал г1адамазе – ахираталда гьезие квербакъулев щивго чи вук1инаро».
|
|
|
10.11.2008 |
Ва гьав фуланав чи! Гьудул-гьалмагъасе г1оло джигьадалдаса рокъов ч1езе бегьуларо. Дудаго лъач1ого нуж цоцадаса рат1алъизе бегьула, жакъа къойил бакъ т1ерхьиналде цебегоцин. Гьеб мехалъ дур кириги борч1ана, дуе вокьулев гьалмагъасдасаги мун ват1алъана. Мун пашманлъизе вуго ва гьеб пашманлъиялъ, борч1ун араб жо нахъе буссинабиялъе дуе щибго кумекги гьабуларо.
|
|
|
05.11.2008 |
|
Гьав асх1абасда ц1ар буго Халид ибн Зайд ибн Кулайб, ва гьав ккола Бану Наджар абураб къабилаялдаса. Гьесул т1ок1ц1ар буго Абу Аюб. Вугищ буссурбабазда гьоркьов щивниги, жинда Абу Аюб лъаларев чи?! Т1адег1анав Аллагьас Магърибгун, Машрикъалда гьесул ц1ар т1обит1изабуна ва халкъалда гьоркьоб гьесул къадру-къимат т1адег1ан гьабуна. Гьеб гуребги, Аллагьас гьесул рукъ т1аса бищана, гьижра гьабун вач1унев Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) рещт1унеб бак1лъунги.
|
|
|
03.11.2008 |
Дунял т1аса бищарал г1адамазе берцин бихьизабун буго чорхое бокьулеб, гьава-нафсалъ т1алаб гьабулеб жо. Щиб гьеб абуни – руччаби руго гьел ва васалги руго ва г1емераб месед-г1арацалъул ва цойгидаб жоялъул хазинабиги руго, ч1ух1арал, тайпа ц1акъал чуялги руго. Х1айваналги руго ва хур-ахалги руго. Гьаб кинабго жо буго дунялалъул рукъалъул бечелъи, берцинлъи ва маг1ишат. ( Жиб хехго т1асан унеб, жинда щибго божи гьеч1еб, жиб сабаблъун г1емераб рек1ел къварилъи т1аде бач1унеб, жакъа бугониги метер т1асан унеб жо буго гьеб кинабго). Ва амма, Аллагь вуго муъминзабазе жинда аск1об ц1акъ берцинаб руссин бугев ва лъик1аб ажро-кириги бугев.
|
|
|
01.11.2008 |
 Гьижрияб анлъабилеб соналъ Бичасул аварагасда (жинда ссвалат салам лъеяв) рак1алде ккана даг1ват г1ат1ид гьабун, рик1к1а-рик1к1ад ругел г1адамал Исламалде ах1изе. Цинги микьго кагъат хъван, г1арабазулгун-г1ажамиязул ханзабазухъе гьебги босун чапарзаби рит1ана. Жиндихъе кагъат балагьизабурал микьгоязул цоявлъун вук1ана Сумамат ибн Усал. Сумамат вук1ана г1арабазул жагьилияб заманаялъ рук1арал ханзабазул цояв. Гьев вук1ана Бану Х1анифа тухумалъул цевехъанги, Еменалъул бут1рузул цоявги ва г1адамазда гъорлъ жиндир раг1и билъарав чиги.
|
|
|
30.10.2008 |
|
Абу Х1анифал мазгьабалда рекъон закат кьезе ккола кинабго ракьулъан баккараб ниг1матаздасан, жибго баккараб хер ва гъвет1 хут1изег1ан. Жинда ссвалат салам лъеяв Аварагасул х1адисалъ нилъее мух1канлъи гьабун бицунеб буго, нилъецаго бекьун лъалъан раккарал ниг1матаздасан 20 бут1а гьабун цо бут1а кьезе кколин, амма, ц1адаца лъалъан раккарал ниг1матаздасан 10 бут1а гьабун цо бут1а кьезе кколин абун. Гьеб бут1аги кьезе ккола ниг1матал рак1арун лъуг1арабго.
|
|
|