Главное меню
Аслияб гьумер
Русская страница
Поиск
Лъугьа-бахъинал
Видеочат
Уммат
КIвар бугеб
Батlи-батlияб
Тарих
Иман. Ислам. Гlакъида
Пикраби ва х1акъикъат
Суалал-жавабал. Фатваби
Аятал ва х1адисал
Видео
Гlибрат босизе
Нижер адрес
Редакциялъул рахъалъан
КъуръаналъулТаржама
Рос - лъадиялда гьоркьоб букlине кколеб отношение. Тlоцебесеб бутlа
Рос - лъадиялда гьоркьоб букlине кколеб отношение. Кlиабилеб бутlа
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -1
Лъикlаб гlамал гьабиялъулъ бугеб пайда -2
Къурбан гlидалда хурхун гьабураб хутlба
Кlвар бугеб
Тарих
Уммат
Суалал-жавабал. Фатваби
Авторизация





Забыли пароль?
Вы не зарегистрированы. Регистрация
Кто он-лайн
Аслияб гьумер
Щиб жо кколеб Къуръан?
27.05.2010
Къуръан ккола Т1адег1анав Аллагьасул калам, жиндилъ муг1жизат бугеб, ва жибги рещт1араб жиндир лагъ ва Аварагзабазул бищунго ахирисев Мух1аммад Аварагасда ( жинда Аллагьасул ц1об рах1мат лъеяв ). Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас ц1унараб буго хисизабиялдаса, т1адц1ик1изабиялдаса, ва камизабиялдаса. Аллагьас  абулеб буго хирияб Къуръаналда: Х1акълъунго  дица рещт1ана гьеб Къуръан! ва дун вуго гьеб рещт1улеб мехалъ ва рещт1ун хадубги гьеб ц1унулев, ( ай к1арччанлъиялдаса ва мукъсанлъиялдасаги ). Къуръан буго Аварагас жал рац1адал Асх1абзабазда жиб малъараб, жибги данд бак1арараб Абубакр асх1абас, Г1умар асх1абасул ишараялдалъун. Г1усман асх1абас жибги хъвараб, ва жинда т1ад т1убанго умматги рекъараб.
 
Лаилагьа иллаЛЛагь абулеб рагlиялъул шурутlал
26.05.2010
Жинда Аллагь разилъаяв Абу Гьурайратица Аварагасдаса бицана: Бищунго рохарал г1адамаздаса руго дир шафаг1алъи щун, жидеца рак1алъ яги нафсалъ рит1ухъ нуг1лъи гьабурав жиндие лагълъи гьабизе бегьулъеб жо гьеч1ин цох1о вати т1адав Аллагь гурони. Жинда Аллагь гурх1аяв Фудайл бину Г1иядица абуна: гьабулеб г1амал бук1ани Аллагьасе г1оло, амма суннаталда рекъон гьеч1они къабул гьабуларо, гьедингго гьабулеб г1амал бугони сунаталда рекъон амма Аллагьасе г1оло гьеч1они гьебги къабул гьабуларо, бук1ине ккола Аллагьасе г1оло ва сунаталда рекъон.
 
Альвалаъ - ва Альбараъ
26.05.2010
Жинда Аллагь гурх1аяв Шайхул Ислам Ибну Таймияца абуна: рак1азе рохел, ва лазат бук1унаро  камилаб куцалъ, цох1о Аллагь вокьиялдалъун  гурони, ва гьесие бокьулеб жоялдалъун гьесда г1агарлъун гурониги, гьев вокьи  бук1унаро гьевгун цадахъ дуе  бокьулеб щинаб жоялдаса рик1к1алъун  гурони. Гьаб буго калимату (Лаилагьа илла Ллагь) абураб раг1ул маг1на, гьебги ккола Ибрагьим аварагасул миллат ва киналго Аварагзабазул нух (жидеда Аллагьасул ц1об рах1мат лъеял).
 
Суфизмаялъул гьумер, 5-еб бутlа. Рикlкlадасан гьаракь рагlи
09.05.2010
Суфияз абула: «Шайихзабаде ах1и бан, гьездаса кумек гьарун муридзабaз ах1араб мехалъ, кир гьел рук1аниги, киг1ан г1емерал рук1аниги, ва кинаб мац1алда рук1аниги, шайихзабада гьезул ах1и раг1ула», - ян. «Х1атта азарго муридас, азарго цоцада релъараб гьеч1еб мац1алда, азарго километралъул манзилалдасан цого заманаялда ва цого лах1заталда ах1аницин, гьел киналго гьаркьал цоцазе квал-квал гьеч1ого шайхасда раг1улин, рич1ч1улин ва гьезие кумекалъе, цоцазе квалквал гьеч1ого киназухъе щолин, - абун. Гьеб жо к1оларев шайх вугони, гьединав шайх суфизабазда жанив муридасе къвариг1арав, гьес кквезе кколев шайх гуро. Гьединаб жо жиндир шайхасда к1олареблъи муридасда лъани, яги к1олеб бук1иналда мурид щаклъани, т1арикъаталъул законада рекъон, гьав шайхги тун мурид цойги шайх валагьун, гьесухъе ине ккола. Гьаб жол гьезул т1ахьаздаги хъвараб, муридзабазда жанибги бугеб гьезул г1акъида буго.
 
Жигьадалде рахъаян амру бугелъул
09.05.2010
Къват1ив вахъиналде маг1на ц1убазе
 Муг1алимасулгун шура гьабуна.
 Изну щвеч1ониги инкар гьабич1ин
 Т1ад вугев Бичасда иг1тимад лъуна.
 Шамалъул ракьалъе къомех лъик1 гьабун
 Диналъул вацазе насих1ат кьуна,
 Нужер дин, аманат, ахираб г1амал
 Аллагьасда танин къват1ив вахъана.
 
Шейх – доктор Муртазагlали Абуль Фидаъ чlваялда хурхараб къасидат
09.10.2009
Анц1ила щуабилеб шаввалалъул къо,
Марк1ач1ул какги бан хадусеб заман,
Беэнаб, гьуинаб Шамалъул гьава
Гьалдолеб ц1аялде хехго сверана
Г1инкъасул Мух1умал Муртазаг1али
Аварагасул ирc босарав варис
Т1олабго Дагъистан гвангъизабурав
Исламалъул хвалчен, накълулъи лъайдал.
Имаму Ннававий, Ибну Таймийя
Имам Ибну Касир, Имам Авзаг1и
Жидеца г1елмуде каву рагьараб
Шамалда баккараб Т1екьедерил ц1ц1ва.
 
Суфизмаялъул гьумер, 4-еб бутlа. Кир ругониги муридзабазул хlал лъай
25.09.2009
Суфияз абула: Жидер устарзабада жидерго муридазул х1ал лъалин, гьезда рак1алда рач1арал пикраби-хиялалги лъалин, гьезда хадуб ххалги гьез кколин, гьезул берзукьаги гьел рахчуларилан, гьебги, кир гьел рук1аниги, киг1ан г1емерал муридзаби рук1аниги, ва киг1анаб манзил к1ияздаго гьоркьоб бук1аниги. Гьеб жоялда гьезул рак1ги ч1ч1ола. Гьелъул бицарал къиссабаздаса цояб ккола, Г1абдулб-Г1азиз Аддаббагъица, жиндирго муридзабазде хит1аб гьабун абураб раг1и: «Нужеца, я диналъул, я дунялалъул нужеда т1аде рач1унел х1алаздасан, щибго жо дидаса бахчуге. Нужеца нужер кколел мунагьалцини дида рице, нужеца дида рицинч1они, дица рицина гьел нужода». (Аль-Ибриз: 238).
 
Суфизмаялъул гьумер, 3-еб бутlа. Тlарикъаталъул шайихзабазде ахlи бай ва гьездаса кумек гьари
20.07.2009
Кинаб къварилъи жидеда бач1аниги, щиб жо жиде х1ажалъаниги, суфизабаз ах1и Аллагьасде бач1ого (ред. - кидаго гуро) жидерго устарзабазде бала, ва гьесдасан гьарула жидее кумекги. Аллагьасда гьарулесги, гьезул (шайхасул) гьоркьохъанлъиялдалъун яги гьезие г1оло, - ян гьарула. Гьезда жаниб аби бугеб жо буго: гьоркьов шайх кквеч1ого бит1ахъе Аллагьасде гьабураб ах1и 40 къоялдасан (!) гурони Гьесухъе щоларин, амма шайх гьоркьов ккун гьабураб ах1и шайхас гьеб параялъ Аллагьасде швезабулин абун.
 
Суфизмаялъул гьумер 2-еб бутlа. Балъголъи лъай
19.07.2009
Суфизабазул рак1 ч1ч1ола жидер устарзабазда, гьединго вализабада (т1арикъат агьлуялъ «вализаби»-ян лъида абулеб лъазе гьаб т1ехьалдаса абулеб бет1ер ц1але) балъголъи лъалин абураб жоялда. Гьез абула гьезда лъалин, кида ва кив инсан холев, ва щиб ракьалда гьев вукъизе вугев. Алжаналде щив ине вугев ва жужах1алъе ц1ар хъварав щив вугев. Ва гьеб гуреб нахъиябги. Бач1ун буго цо гьадинаб бицен: Т1арикъаталъул цо устарасда жиндирго гьит1инав васас абунила, мажгиталда ругеб бук1алда: «Дада, алжаналде унезулги жужах1алде унезулги хьит1ал рат1а гьарилищ дица», - ян?
 
Ункъго Мазгьаб
11.05.2009

Mp4

 
Суфизмаялъул гьумер, 1-еб бутlа. Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьов гьоркьохъан кквей
27.05.2009
Суфий – гьев ккола т1арикъат чи. "Суфий" абуниги "т1арикъатчи" абуниги маг1на цого бук1уна, гьединлъидал дица т1ехьалда бат1алъи гьабич1ого цин-цинаб х1алт1изабун буго к1иябго раг1и.Суфизабаз абула: "Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьов чара гьеч1ого цо устар яги шайх вук1ине ккола. Гьев устарас гьавула г1адан Аллагьасде г1агар, ва гьес гьавула гьев Аллагьасде швезе", - ян. Гьеб буго т1аракъит жинда т1ад бараб, гьелъул кьуч1лъун бугеб суфизабазул г1акъида, гьелда гьезул рак1ги ч1ч1ола. Ва гьеб жо рак1алдагун уна устарасухъан вирд босизеги – иналъе г1иллаго гьеб буго.
 
<< В начало < Пред 1 2 3 4 5 6 7 След > В конец >>

Цойгидал сайтал
ИА Джамаатшариат
ИА Кавказцентр
ИА Тавхид.ру
ИА Кавказанхаамаш
ИА Поэзия Джихада
ИА Кавказмонитор
ИА Шамильонлайн
ИА Нурудин Инфо
ИА Медиа Ислам
ИА Векалат ИК
ИА Кавказчат
ИА Хунафа
ИА Имамтв
Аль-Азкар
Саваб Инфо
БФ Солидарность
ИА Исламиндекс
Аварагасул хвел-1

wmv     flv
Аварагасул хвел 2-б бутlа

wmv    flv
Къуръаналъул Таржама
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав"-1
Аллагьасул нигlматал "Мух1аммад-гlариф хунзахав" -2
Лъугьа-бахъинал
Иман. Ислам. Гlакъида
Батlи-батlияб
Пикраби ва х1акъикъат
Гlибрат босизе
Аятал ва х1адисал
Рияду Ссалихlин
Рияду Ссалихlин

 

>